Евроцолъиялъ, Цолъарал Штатаз ва Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъ Украиналъе гьабизе ракIалда бугеб финансазул кумекалъул къадар борцунеб буго долларазул миллиардаз. Амма гьез Киевалда цере лъолел руго пуланал шартIалги. Гьезул аслияб ккола - коррупция «кверзукье боси». Кин гьединаб мурадалде Киев щвезе кколеб? Данде кколищ нилъер улкаялъе коррупциялде данде къеркьолел халкъаздагьоркьосел гIуцIабаз Украиналъеги цогидал пачалихъазеги кьолел рекомендацияби? Рес бугищ Россиялъул нухмалъиялъ коррупциялде данде къеркьеялъул лъикIаб хIалбихьи бугел улкабазул малъа-хъваял къабул гьаризе?
Евроцолъиялъул улкабазул цояз ассоциация гьабиялъул къотIи-къай гъулбасизе хIадурулел рахъаздаса битIахъего тIалаб гьабулеб буго мухIканал коррупциялде дандечIеялъул реформаби тIоритIи. Халкъазда гьоркьосеб финансазул гIуцIаби ва Transparency International абурал гIадал хIукуматалъул гурел гIуцIабаз лъазабулеб буго, жал хIадурал ругин гьединал улкабазе кумек
гьабизейин.
Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къай гъулбасизе Украиналъул ракIалда букIиналда хурхун, гьел гIуцIияз хIадур гьарун руго хасал рекомендацияби. ХIакъикъаталдагиян, абулеб буго экспертаз, рехсараб къотIи-къай ракIалде босичIониги, гьел рекомендацияби ккола коррупция минимумалде бачине бокьарал пачалихъазе лъикIал ресал рагьулел малъа-хъваял. Гьез гьеб сурукъаб гIамалалъе кьучIодасаго багьанаби тIагIинарулел ругин.
Киналха ругел гьезул аслиял рекомендацияби?
Евроцолъиялде гъорлъе нух бахъулел улкабазул пачалихъиял хъулухъчагIазда, «интересазул конфликт» баккизе биччангутIиялъул мурадалда, тIадаб буго жидерго буголъиялъул декларация гьабизе. Гьединабго тIалаб гьабулеб буго «Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къаялъги».
Евроцолъиялъул суалазул рахъалдаса Transparency International гIуцIиялъул директор Карл Доланица абулеб буго, «интересазул конфликт» бижунин хъулухъчагIазе жидерго акцияби ругел фирмабазе кумек гьабизе рес кьолел хIукмаби къабул гьарулел ругони.
Карл Долан: «ТIоцебесебго иргаялда бихьизе ккола аслиял реформаби гьарулел рукIин. Гьезул планалда рукIине ккола пачалихъияб секторалда реформаби гьариялъул кьучIиял байбихьиялгIаги. КъварагIараб жо ккола хъулухъчагIазул буголъиялъул декларация ва гьел декларациязул щвалде-щун хал гьабиялъул къагIидаби.
Доланил рагIабазда, жамгIияб контроль гьечIого пачалихъиял контрактал гьаризе рес щолеб бугони, коррупция загьирлъиялъул ресалги цIикIкIуна.
Карл Долан: «КIиабилеб, цIакъ кIвар кIудияб къварагIел – пачалихъиял контрактал рикьиялъул къагIидабазул реформаби гьари. Нижеда бихьухъе, контрактал рикьулел мехалда пачалихъияв хъулухъчиясул яги политикияв хIаракатчиясул ресазул даража цIикIкIараб бугебгIан, коррупция загьирлъиялъул ресалги цIикIкIарал рукIуна. Гьединаб рахъалда къваригIуна хIакъаб конкуренция ва баянлъи.»
Пачалихъалъ сурсатал ва къайи босулеб мехалда аслияб халкъазда гьоркьосеб юридикияб документ ккола ТIолабго дунялалъул дармил гIуцIиялъул «Пачалихъалъул сурсатал ва къайи босиялъул къотIи-къай».
6 апрелалда рухIалде бачIана гьеб «КъотIи-къаялъул» дагьалъ хисизабураб, рагьараб ва дискриминация гьечIеб принципазул кьучIалда гIуцIараб, версия.
Гьеб «КъотIи-къаялъул» асаралде гъоркье кколел руго гьанже министерлъиял ва хIукуматалъул идараби. Гьелъин абуни бигьалъизабулеб буго пачалихъиял контрактазухъ конкурсазда гьитIинаб бизнесалъул фирмабазул гIахьаллъи ва цIикIкIинарулел руго ахирисезул гьеб конкурсалда бергьиналъул шансал.
Гьанже Молдовалъул, Черногориялъул ва Украиналъул кIалъа-басаял унел руго «Пачалихъалъул сурсатал ва къайи босиялъул къотIи-къайялде» улкаби жураялда хурхарал. Гьеб кколеб буго ТIолабго дунялалъул дармил гIуцIиялъул Даран цебетIезабиялъе квербакъи гьабулел проектал гIуцIулеб хасаб комиссиялъе приоритетлъун.
Финасазул рахъалдаса пачалихъазе кумек гьабулел халкъазда гьоркьосел гIуцIиязул анцI-анцI соназ мурад буго коррупциялъул цIех-рех ва тамихI гьабиялъул лъиданиги бачIеб диваналъул система гIуцIи. БатIалъи гьечIо лъие гьелъ кумек гьабулеб бугебали, букIине те гьеб Афгъанистаналъе, Машрикъалъул Европаялъе, Африкаялъе яги Латин Америкаялъе.
Доланица абулеб буго, коррупциялде данде къеркьеялъул ишалда бихьулеб эффект букIунаан, гьединаб мурадазде нилъ щолелани, ай, «хIакъаб лъиданиги бачIеб антикоррупциялъулаб диваналъул система гIуцIулебани».
Евроцолъиялъул ва Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъул стратегияби рекъезарулев Европаялъул
реконструкциялъулгун цебетIеялъул банкалъул нухмалъулев директор Алан Руссоца рикIкIунеб буго, конкуренция бугеб бизнесалда «ращадал ресал» чIезариялъе квербакъи гьабизе бегьулин цогидал «батIи-батIиял» гIуцIиязгиян.
Алан Руссо: «ГIицIго гьедин гурищха нижеца коррупциялде данде къеркьеялъул структура гIуцIиялъул мурадалда жигараб хIалтIи гьабулеб бугеб Украиналъул нухмалъиялъулгун. Гьеб структура хIалтIизе ккола аслияб къагIидаялда омбудсмен хIисабалда, фирмабазулгун жавабияб бухьен гIуцIун. Гьеб мехалда фирмабазул рес букIине буго гIарз гьабизе ритIухъаб гуреб пачалихъияб гIуцIиялъул букIа, бизнесалъул рахъалдаса конкурентазул букIа хьвда-чIвадиялда хурхун. Лъиданиги бачIеб гIуцIиялъ тIобитIизе буго цIех-рех ва бихьизабизе буго кинал санкцияби хIалтIизаризе бегьулелали низам хвезабуразде данде».
Коррупциялде данде къеркьолез кIвар буссинабилеб буго асар кIудиял гIадамаз, бизнесалъ ва асар гьабиялъул къокъабаз балъгояб къагIидаялда рищиязул кампаниялъе гIарац биччан рищиязде жидерго асар гьабиялъул рес букIиналде. Гьелъин абуни, цIикIкIинабулеб буго политикияб коррупциялъул даража.
Политикияб коррупция «quid pro quo» яги «хъулухъалъухъ хъулухъ», гьеб ккола рищарал хъулухъчагIаз жидер политикиял партиязе финансазул квербакъи гьабуразе къануналде данде кколареб хъулухъ гьаби. Transparency International гIуцIиялдаса Доланица абулеб буго, политикиял партиязе финансазул кумек гьабиялъул баянлъиялъул гарантия кьолел къанунал къабул гьаризе кколин киналго улкабаздайин.
Карл Долан: «Украиналъе къваригIунел антикоррупциялъулал реформабазул бицунаго, бихьулеб буго дунялалъул цогидал бакIаздаги жибго Евроцолъиялдаги аслиял проблемаби релъарал рукIин. Мисалалъе, политикиял партиязе финансазул квербакъиялъул баянлъи гьечIолъи.»
Гражданияб жамгIияталъул чIван къотIараб хъаравуллъи, лъугьа-бахъунелда хадуб хал кквезе рес гьечIеб, журналистазул жидерго цIех-рехал гьаризе рес гьечIел бакIазда коррупция тегьалеб букIунин, рикIкIунеб буго коррупциялде данде къеркьолез. Коррупция баянлъизабизе ва гьеб тагIинабизе квербакъи гьабула информациялъул эркенлъиялъул къанунал хIалтIулел бакIазда.
«НугIлъи ва Латин Америкаялдаса дарсал» абураб Централияб ва Жанубияб Америкаялдаса группаялъ, гьединаб мурадал ракIалде росун, гIуцIун буго коррупциялда хадуб хал кквезе рес кьолеб интернет платформа.
«Хвасарлъиялъул халкъазда гьоркьосеб комитет» абураб гумманитарияб квербакъиялъул хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъ рикIкIунеб буго, Афгъанистаналда хIалтIулел гуманитариял гIуцIиязул асар цIикIкIанин жидерго информация тIибитIизабизе байбихьун хадубин.
Афгъанистан цIигIуцIиялъул рахъалдаса хасав генералияв инспектор Джон Сопкоца лъазабуна, Цолъарал Штатазул хIукуматалъул гурел гIуцIабаз жидедаго гьоркьоб гуребги информация тIибитIизабизе кколин Евроцолъиялъулгунги Цолъарал миллатазул гIуцIиялъулгунгиян. Гьелъ рес кьезе бугин гуманитарияб кумек цIунизеги гьеб букIине кколеб къагIидаялда бикьизегиян.
Коррупциялде данде къеркьолел халкъазда гьоркьосел гIуцIиязул рекомендацияби кигIанги данде кколин Россиялъеги бокьараб улкаялъегиян, абулеб буго политолог ва «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевас. Гьезда гьечIин гьабин абизе бегьулеб цIияб пикруйин ва гьел рекомендацияби кколин жибго демократиялъул принципаздаса рачIунел къагIидабийин.
Цоги рахъалъан балагьани, коррупциялъул даражаялъги бихьизабулин абизе бегьула пуланаб улкаялъул демократия хIалтIулеб даражагийин, жубалеб буго Фатулаевас. Россиялда бугеб коррупциялъул, политикияб коррупциялъул кIудияб даражаялде балагьун, абизе бегьулин демократия улкаялда гIуралъ декларативияб бугин. Фатулаевасул рагIабазда, политикияб коррупциялъул байбихьи буго улкаялъул нухмалъиялъул талъиялда.
Милрад Фатуллаев: «Гьеб, коррупция, узухъда, байбихьула тIадтараздаса. РакIалде щвезабизе бегьула "чурукабин"абулеб гIарац къануналъул претензия букIунареб хIалалде буссинабиялде данде кьеркьеялъул халкъазда гьоркьосеб конвециялъул ратификация гьабиялдаса Пачалихъияб Думаялъ инкар гьаби. Гьелъие бугеб багьана букIине кколеб къагIидаялда загьир гьабичIо. Гьелдаго цадахъ пачалихъиял хъулухъчагIазул буголъи, гIарац, акцияби къватIисел улкабазда гьукъиялъул мурадалда президентас хIукму гьабулеб буго халкъазда гьоркьосеб даражаялда финансазул хьвадиялда тIад контроль чIезабиялъул. Амма гьединабго галиялде россиялъул нухмалъи унеб гьечIо улкаялда жаниб."
Аммаян, абулеб буго Фатулаевас, жинда лъикIго бихьулеб бугин, улкаялда жаниб коррупциялде данде щвалде-щун къеркьолеб бугин ккеялъе чанги галаби гьарулел рукIин. Гьеб ккола хIасилал кьлареб нух. Гьединлъидал загьирлъулеб кIигьумерлъи баянлъичIого хутIуларин.
Милрад Фатулаев: "Нилъер Генералияб прокуратураялда рагьун букIана гIуцIараб такъсирлъилъиялде данде кьеркьеялъул масъалаби лъураб хасаб идара. Дида лъахъе, гьанжелъезегIан гьеб идараялъул гьечIо мухIканав нухмалъулев. Гьенив гьанжелъезегIан вуго ишал тIуразарулев. Гьебги щиб, информалатазул ва интернеталъул лъазабиязда божизе бегьулеб батани, гьев кколев вуго жиндирго заманалда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул жинде гIицIго коррупциялда хурхарал суалал рукIарав чи. МухIкан гьабуни гьел суалал хурхарал рукIун руго къануналде данде кколареб къагIидаялда къватIисел улкабаздаса, хасго ДобегIанисеб Машрикъалдаса продукция улкаялде баччиялда."
Гьебни щибин абулеб буго Фатулаевас, проблемаялде дагьалъ гIатIидго балагьани, коррупция улкаялда цо-цоязда бихьулеб бугин пачалихъалъул нухмалъи гьабиялъул хасаб къагIида хIисабалдайин.
Милрад Фатулаев: "Улкаялда коррупция щун буго бихьизе захIматаб борхалъуде. Цо-цо экономистаз гьанже абулеб буго, гьелъул даражаялъ рес кьолеб бугин абизе, коррупция Россиялда буссун бугин улкаялъул нухмалъи гьабиялъул хасаб къагIидаялдейин. Баянаб жо ккола, гьеб мехалда административиял, экономикиял ва цогидал сферабазда хъварал къанунал гурел, формалиял гурел къотIи-къаял хIалтIулел рукIунеблъи.
ТIалъиялда загьирлъулеб схема такрарлъула гIодобги. Босе нилъерго Дагъистан. Республикаялъул нухмалъулев гьанже тIаса вихьизавун тола. Цебейин абуни, Дагъистаналда букIана кIиго референдум. Гьеб кIиялдаго лъун букIана президентлъиялъул институт республикаялда рагьиялда хурхараб суал. Гьеб институт баккизе тIадегIанаб нухмалъиялъеги бакIалъулаб элитаялъе бокьун букIана. КIиябго нухалда халкъалъ инкар гьабуна республикаялъул нухмалъи бакIалъулав президентас гьабиялдаса. Щибха цинги? Коллективияб президентин нилъеца абулеб букIараб Халкъияб мажлисги биххизабуна тIаса хуIкмуги гьабун, гьединго тIасахун бихьизабуна президентлъиялъул институтги. Гьеле гьениса гурищха кинабго жо байбихьулеб!
Гьеб тахалде тIамиялъухъ гIарац яги цоги жо кьей тIадаб гьечIо, гьединаб хIужжа букIинеблъиялда гIемер гIадамал божулел рукIаниги. Амма коррупция пачалихъияб сфераялда гIарцица гуребги, цоги категориязги борцине бегьулеблъидал. Гьенир рукIине бегьула батIи-батIиял балъгоял къотIи-къаял, гьенир рукIине бегьула цо-цо бигьалъиял щвеялъул ресал, гьеб хурхуарб букIине бегьула цо-цо проектал гIумруялде рахъинари, амма кинабали хъулухъалъухъ, ишалъухъ. Гьай-гьай къанунияб къагIидаялда гуребха.
Гьеб киналъго - дица цебе рехсон букIараб конвенциялдаса Пачалихъияб Думаялъ инкар гьабиялдаса байбихьун ахирисеб хIакъикъалде щун - бихьизабулеб буго Пачалихъалъул тIадтаразул коррупциялде данде кьеркьеялъул хIакъаб интрес гьечIолъи.
Загьирлъулеб хIакъикъаталде балагьун, тIаса рихьизарулел бакIалъулал бутIурузул, гьединаб интерес баккиялъе багьана батизеги захIматго букIинарищха. Регионалияб, бакIалъулаб даражабазда гьелго механизмал, гьебго схема такралъулеб буго. Босе ахирисеб мисал. МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулевлъун тIамулев вуго лъабабилев чи. Дида бихьухъе, гьеб гьабулеб буго добго схема хIалтIизабун. Дида бичIчIунаро, щиб босарабали кьучIое республикаялъул нухмалъиялъ МуртазагIали Рабаданов вахъун, гьесул бакIалда Сулейман МахIамадов тIамулев мехалда. Гьезда гьоркьоб кигIан кIудияб батIалъи бугеб? Лъида гьеб лъалеб? Гьеб ишалда руго гIемерал суалал, баянлъи дагьаб буго.
Халкъалдаса балъголъи гьабизе кколеб жойищ гьеб кколеб, гьелда нахъ коррупциялъул схема батичIони. Дица абулеб гьечIо гьанже гарцIил хIакъалъулъ. Дица бицен гьабулеб буго букIине бегьулеб цо къокъаялъе цогидаб къокъаялъе яги персоналъе гьабизе бегьулеб хъулухъалъул.»
гьабизейин.
Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къай гъулбасизе Украиналъул ракIалда букIиналда хурхун, гьел гIуцIияз хIадур гьарун руго хасал рекомендацияби. ХIакъикъаталдагиян, абулеб буго экспертаз, рехсараб къотIи-къай ракIалде босичIониги, гьел рекомендацияби ккола коррупция минимумалде бачине бокьарал пачалихъазе лъикIал ресал рагьулел малъа-хъваял. Гьез гьеб сурукъаб гIамалалъе кьучIодасаго багьанаби тIагIинарулел ругин.
Киналха ругел гьезул аслиял рекомендацияби?
- ЦIикIкIинабизе ккола пачалихъалъул секторалъул жавабчилъи.
Евроцолъиялде гъорлъе нух бахъулел улкабазул пачалихъиял хъулухъчагIазда, «интересазул конфликт» баккизе биччангутIиялъул мурадалда, тIадаб буго жидерго буголъиялъул декларация гьабизе. Гьединабго тIалаб гьабулеб буго «Евроцолъиялъулгун ассоциациялъул къотIи-къаялъги».
Евроцолъиялъул суалазул рахъалдаса Transparency International гIуцIиялъул директор Карл Доланица абулеб буго, «интересазул конфликт» бижунин хъулухъчагIазе жидерго акцияби ругел фирмабазе кумек гьабизе рес кьолел хIукмаби къабул гьарулел ругони.
Карл Долан: «ТIоцебесебго иргаялда бихьизе ккола аслиял реформаби гьарулел рукIин. Гьезул планалда рукIине ккола пачалихъияб секторалда реформаби гьариялъул кьучIиял байбихьиялгIаги. КъварагIараб жо ккола хъулухъчагIазул буголъиялъул декларация ва гьел декларациязул щвалде-щун хал гьабиялъул къагIидаби.
- Пачалихъияб хьезариялъулъ букIине ккола баянлъи ва къец гьабизе ресал цIунулеб къагIида.
Доланил рагIабазда, жамгIияб контроль гьечIого пачалихъиял контрактал гьаризе рес щолеб бугони, коррупция загьирлъиялъул ресалги цIикIкIуна.
Карл Долан: «КIиабилеб, цIакъ кIвар кIудияб къварагIел – пачалихъиял контрактал рикьиялъул къагIидабазул реформаби гьари. Нижеда бихьухъе, контрактал рикьулел мехалда пачалихъияв хъулухъчиясул яги политикияв хIаракатчиясул ресазул даража цIикIкIараб бугебгIан, коррупция загьирлъиялъул ресалги цIикIкIарал рукIуна. Гьединаб рахъалда къваригIуна хIакъаб конкуренция ва баянлъи.»
Пачалихъалъ сурсатал ва къайи босулеб мехалда аслияб халкъазда гьоркьосеб юридикияб документ ккола ТIолабго дунялалъул дармил гIуцIиялъул «Пачалихъалъул сурсатал ва къайи босиялъул къотIи-къай».
6 апрелалда рухIалде бачIана гьеб «КъотIи-къаялъул» дагьалъ хисизабураб, рагьараб ва дискриминация гьечIеб принципазул кьучIалда гIуцIараб, версия.
Гьеб «КъотIи-къаялъул» асаралде гъоркье кколел руго гьанже министерлъиял ва хIукуматалъул идараби. Гьелъин абуни бигьалъизабулеб буго пачалихъиял контрактазухъ конкурсазда гьитIинаб бизнесалъул фирмабазул гIахьаллъи ва цIикIкIинарулел руго ахирисезул гьеб конкурсалда бергьиналъул шансал.
Гьанже Молдовалъул, Черногориялъул ва Украиналъул кIалъа-басаял унел руго «Пачалихъалъул сурсатал ва къайи босиялъул къотIи-къайялде» улкаби жураялда хурхарал. Гьеб кколеб буго ТIолабго дунялалъул дармил гIуцIиялъул Даран цебетIезабиялъе квербакъи гьабулел проектал гIуцIулеб хасаб комиссиялъе приоритетлъун.
- Гарантия чIезабизе ккола коррупциялда хурхараб цIех-рех щвалде-щвараб букIиналъе ва гьелъул хIасилал хIалтIизарун диваналъ ритIухъаб тамихI къотIи.
Финасазул рахъалдаса пачалихъазе кумек гьабулел халкъазда гьоркьосел гIуцIиязул анцI-анцI соназ мурад буго коррупциялъул цIех-рех ва тамихI гьабиялъул лъиданиги бачIеб диваналъул система гIуцIи. БатIалъи гьечIо лъие гьелъ кумек гьабулеб бугебали, букIине те гьеб Афгъанистаналъе, Машрикъалъул Европаялъе, Африкаялъе яги Латин Америкаялъе.
Доланица абулеб буго, коррупциялде данде къеркьеялъул ишалда бихьулеб эффект букIунаан, гьединаб мурадазде нилъ щолелани, ай, «хIакъаб лъиданиги бачIеб антикоррупциялъулаб диваналъул система гIуцIулебани».
Евроцолъиялъул ва Халкъазда гьоркьосеб валютаялъул фондалъул стратегияби рекъезарулев Европаялъул
Алан Руссо: «ГIицIго гьедин гурищха нижеца коррупциялде данде къеркьеялъул структура гIуцIиялъул мурадалда жигараб хIалтIи гьабулеб бугеб Украиналъул нухмалъиялъулгун. Гьеб структура хIалтIизе ккола аслияб къагIидаялда омбудсмен хIисабалда, фирмабазулгун жавабияб бухьен гIуцIун. Гьеб мехалда фирмабазул рес букIине буго гIарз гьабизе ритIухъаб гуреб пачалихъияб гIуцIиялъул букIа, бизнесалъул рахъалдаса конкурентазул букIа хьвда-чIвадиялда хурхун. Лъиданиги бачIеб гIуцIиялъ тIобитIизе буго цIех-рех ва бихьизабизе буго кинал санкцияби хIалтIизаризе бегьулелали низам хвезабуразде данде».
- Гарантия чIезабизе ккола политикиял партиязе финансазул квербакъи гьабиялъул баянлъи букIиналъул.
Коррупциялде данде къеркьолез кIвар буссинабилеб буго асар кIудиял гIадамаз, бизнесалъ ва асар гьабиялъул къокъабаз балъгояб къагIидаялда рищиязул кампаниялъе гIарац биччан рищиязде жидерго асар гьабиялъул рес букIиналде. Гьелъин абуни, цIикIкIинабулеб буго политикияб коррупциялъул даража.
Политикияб коррупция «quid pro quo» яги «хъулухъалъухъ хъулухъ», гьеб ккола рищарал хъулухъчагIаз жидер политикиял партиязе финансазул квербакъи гьабуразе къануналде данде кколареб хъулухъ гьаби. Transparency International гIуцIиялдаса Доланица абулеб буго, политикиял партиязе финансазул кумек гьабиялъул баянлъиялъул гарантия кьолел къанунал къабул гьаризе кколин киналго улкабаздайин.
Карл Долан: «Украиналъе къваригIунел антикоррупциялъулал реформабазул бицунаго, бихьулеб буго дунялалъул цогидал бакIаздаги жибго Евроцолъиялдаги аслиял проблемаби релъарал рукIин. Мисалалъе, политикиял партиязе финансазул квербакъиялъул баянлъи гьечIолъи.»
- Улкабаз чIезаризе ккола къваригIараб информация щвезе рес букIиналъул гарантияби.