«Операция «Дрожь» яги инглис лъаларезул балагь

Итни къоялда «Россия-I» телеканалда Дмитрий Киселевас бихьизабуна «Операция «Дрожь» абураб журналист Евгений Поповасул фильмалъул хIакъалъулъ сюжет. ТIубанго гьеб фильм бихьизабизе рагIула арбагI къоялда. Гьелда Кремлалъе рихарав Алексей Навальный вихьизавулев рагIула цебе Россиялде инвестицияби гьарулев вукIарав ва гьанже Путин какулев Уильям Браудерица вичун восарав Британиялъул хасаб хъулухъалъе пайдагун хIалтIулев агент хIисабалда.

Живго Навальныясги гьесул рахъ кколезги абулеб буго, гьел рагIаби «бацIцIадаб фантазия» кколин ва жиде гьеб гьедин тезеги гьечIин.

Фильмалъул фрагменталда авторас абулелъе «далилал» хIисабалда рачунел документаз, аудиохъвай-хъвагIаяз, нугIлъияз интернет-гIатIилъиялда бижинабуна кIудияб реакция. Аслияб кIагIидаялда комментариял толел релъанхъулел руго авторасулги живго Киселевасулги хIалтIул къагIидабазда тIад.

The Insider абураб сайталъ кIвар буссинабулеб буго Поповас жиндирго фильмалда рачунел «Америкаялъулги Британиялъулги хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз къватIире кьурал документазул» копиязде. Гьезде балагьун кколеб буго гьел «жасусазда» жидерго рахьдал мацI лъалебцин гьечIин.

Документалъул автораз гъалатIал риччай гуребги, хъвалебги буго инглис мацIалда жинца абураб бичIчIине захIматаб Виталий Муткол къагIидаялда. Гьелда тIад релъанхъулаго, сайталъул автораз макъалаялъул бутIалъул бетIералъе цIар кьун буго «Евгений Попов спикс фром хиз харт» абураб.

Гьезул щаклъи буго гьединго Евгений Попов фильмалъул автор вукIиналдаги. Журналист гIемер заманалъ хIалтIулев вукIун вуго Цолъарал Штатазда. Цо заманалда гьев Нью-Йоркалъул бюроялъул бетIерлъунцин вукIун вуго.

Фильмалда документалин абун рихьизарурал кагътазда риччанщинал грамматикиял гъалатIазде балагьун, гьез абулеб буго, жидеда кколин фильмалъул хIакъал автораз пайда босун бугин «Google-translate» абураб текст буссинабулеб сурсаталдасайин.

Жалго документазда ругел грамматикиял гъалатIазул бицнчIониги, гьезда руго гIемер хIужжабазулги датабазулги дандеккунгутIиялги. Гьанже информалатаз лъазабулеб буго, программаялъул тIоцебесеб версиялда баянго рихьулел датабазул гъалатIал кIиабилеб версиялда хисизарун ругин.

Цогидал критиказ кIвар буссинабулеб буго фильмалда хIалтIазарулел аудиоязде. Гьезда баянго бихьулеб буго гьел гьаркьал кIалъалезул гьаркьазде данде кколел гьечIеллъи. Мисалалъе, бихьизабулеб буго Навальныясулги Пачалихъияб Думаялда оппозицияв депутатлъун вукIарав, гьанже улка тун къватIив вугев Илья Пономаревасулги диалог. Баянго бихьулеб буго гьел гьезул гьаркьал гьечIеллъи. Фильмалда тIад хIалтIараз киннниги бицунеб гьечIо, кин гьел кIиязулго Skype’алдасахун кIалъайин абун бихьизабураб жо гьезухъе щварабали.

Фильмалда абулеб рагIула Британиялъул МИ-6 абураб хасаб хъулухъалъ Навальныясе гIарац Москваялъул Хельсинкиялъул группаялдасахун битIулеб бугин. Цебегоялдаса нахъе улкаялда хIалтIулеб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Людмила Алексеевалъ чIван къотIун нахъе чIвалел руго гьезул рагIаби, я жинца Навальныясе яги Навальныяс жиндие киданиги гIарац битIун букIинчIинги абун. Алексеевалъ абулеб буго Браудерихъаги жидер гIуцIиялъе гIарац киданиги бачIун букIинчIин. Жидеца гIарац Навальныясени щиб, киданиги лъиениги битIун букIинчIин.

Живго Навальныясги абулеб буго МИ-6 гIуцIиялъулгун жиндир хурхен букIин абураб кколин фантастикаяйин.

Интернеталда комментариял тараз гьединго кIвар буссинабулеб буго фильмалда рехсолел агентазде. Щаялиго гьез жидерго документал цIунулел рагIула Украиналда ругел серверазда. Щайялиги, фильмалда кинниги баянлъизабулеб гьечIо.

«Нижеца гьеб фильм хIалтIизабулеб буго телепропагандистаз битIараб цо рагIицин бицунарин абун цойги нухалда бихьизабиялъе. У, дир фамилия Навальный буго – хIакъикъаталде данде чIезе кIоларо. Амма хутIанщинаб гIадатияб гьересини щиб, унго-унгояб бугьтан ккола. ГIицIго гьединлъидал нижеца хIукму гьабуна диваналде гIарза кьезе», - ян лъазабуна живго Навальныяс, гьеб фильмалда хурхун комментариял гьарулаго.

Дмитрий Киселевас жиндирго рахъалдаса лъазабун буго, Навальныясул ихтияр бугин диваналде хитIаб гьабизе, амма жидеца гьесул хIаракатчилъиялда хурхараб цIех-рехх халат бахъинабизе бугин.