Равил ГIайнудин: "Туркал нилъер тушбаби гуро"

Туркиялъулгун Россиялъул гьоркьобакI квещнун хадуб цо-цо улкабаз цере рахъана гьоркьохъанлъиялъул жигаргун. Масала Азербайжан ва Иран. Гьадинабго жигаргун цеве вахъана Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равиль ГIайнудинги. Гьелъухъ гьесде цо-цояз гIунтIизабуна пантюркизмалъул идеяби тIиритIизариялъул гIайиб. Жиндирго позиция нижер радиоялъе бичIизабуна живго ГIайнудиница.

Сириялъул гIурхъида аскIоб Россиялъул рагъулаб боржаро Туркиялъул авиациялъ кьвагьизабун хадусала политикияб дагIба багъарана. Россиялъ Туркиялде хъващтан лъазаруна санкциял. Гьеб гуребги, Россиялда гIумру гьабулел турказде тIадецуй гьабизе байбихьана.

Россиялъул муфтиязул Шураялъ гIедегIана жиндирго рагIи абизе. Гьелъул бетIер Равил ГIайнудиница абуна Россиялъул бусурбабазда тIадаб бугин гьоркьохъанлъи гьабизе.

Гьес абуна инсаниятлъиялъул масъалаби дипломатиялдалъун гуреб, политикаялдалъун гуреб, рухIияб къагIидаялъ тIуразаризе кколин. Кавказалда ва Централияб Азиялда ругел улкаби – гьел ккола тюрк мацIаз кIалъалел миллатазул улкаби. Гъозие бокьун гьечIин Туркиялъулгун ругел бухьенал гьоркьоса къотIизе. Ва гьез я Россиялдаса, я Туркиялдаса ратIалъизе гьечIо, ян абуна Равиль ГIайнудиница.

Гьадинаб лъазабигун цевевахъун хадусала ТIолгодунялалъул ГIурус мажлисалъул Централъул бетIер Роман Силантьевас гьесде пантюркизмалъул гIайиб гIунтIизабуна. Жиндирго рагьараб кагътида Силантьевас гьадин хъвалеб буго:

«Инсанасул ихтиярал цIунулеб Централъул бетIер ва Ислам-дин лъазабулев гIалимчи хIисабалда дие бокьун буго Равил ГIайнудинил лъазабиялде кIвар буссинабизе.

Гьес абуна, жиндир хиял гьечIин Туркиялъул диниял ишазул министерлъиялъулгун бухьенал гьоркьоса къотIизе. Гьес гьединго инкар гьабуна Туркиялъул авиациялъ Россиялъул рагъулаб боржаро бортизабиялъул хIужа какиялдаса, жив политик гурин абун. Аммаила, абулеб буго Силантьевас, щайха жив жинцаго политиклъун рикIкIунарев ГIайнудиница дагьалъ цебе НАТО-ялъул хIаракатчилъи беццулеб букIараб?

Гьединлъидал пачалихъиял ва диниял идарабазда тIадаб бугин гьоркьоб лъезе ГIайнудинида божилъи гьечIолъиялъул суал. Нижер радиоялъе гьелда бан живго Равил ГIайнудиница гьадинаб баян гьабуна.

Равиль Гайнутдин: «Россиялъул жамгIияталъги бусурбабазги кIудияб кIвар кьолеб буго улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъе, хасго Туркиялъулгун питна багъарун хадусала. Бусурбабазул рухIаниязул пикруялда бараб кIудияб интерес буго прессаялъулги.

ГIемерал информалатаз нижедехун руссун, нижее суалал кьолел руго. Гьединал суалал сан гьаричIого тезе рес гьечIо. Гьединлъидал дица журналистал гьоболалъухъе ахIун, гьезде кинабго ракI бацIадго бицана гъозие.

Дирабго пикру бахчун толеб гIадат гьечIо дир. Ва дица битIараб нух ккун цевехун унев вугин, дида ккола. Гьеб буго цохIого цо мунпагIатаб нух. Хасго гьелъухъ дир ватIанцояз, динцояз, жамгIияталъ дир хIурмат гьабулеб буго».

ГIайнудинида бичIуларищ гьесул гьеб жигар гIададисеб букIин? Жиндаги бусурбабазул жамгIияталдаги кIвеларин Туркиялъулгун Россиялъул маслихIат гьабизе Кремлалъе гьеб бокьун гьечIони, ян абурал пикрабиги рагIула. Гьединлъидал цо-цоязул щаклъи кколеб буго гьадинаб жигаргун цевевахъине жибго Кремлалъ ГIайнудинида тIад къан букIиналда. Нижер программаялъе гьелда бан гьадинаб баян гьабулеб буго политолог Руслан Айсиница.

Руслан Айсин: «ТIоцебесеб иргаялда абизе ккараб буго гьадинаб жое: Россиялъул бусурбабазул рухIаниязул вуго кIиго бетIер. Цояв – Централияб Динияб идараялъул бетIер ТIалхIат Тажудин, цогидавги Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равил ГIайнудин.

Гьезда гьоркьоб халаб бахъунеб буго къец. Путинил разилъи рагIизе бокьулев ТIалгат Тажудиница квершеллъиялъул киналго жигаразе квербакъи гьабулеб бугони, Равил ГIайнудиница цIакъ мустахIикъаб ва лъидаго бачIеб позиция кколеб букIана кидаго.

Политолог Руслан Айсин

Гьес ризго загьирарула квершеллъиялъе бокьуларел пикраби. Мисалалъе гьес бусурбабазул мигрантазул проблемаялде кIвар буссинабуна. Эхеде борхизабуна Россиялъул жамгIияталда баккараб исламофобиялъул проблема, гьоркьоб лъуна мажгитал раялъул суал, гьел темаби официозалда гьукъарал ругониги.

Туркиялъулгун Россиялъул маслихIат гьабиялъул жигаралъул бицани, дида ккола, гьеб бугин гьесул хасаб жигар. Кремлалъул жигар гьеб гуро.

Туркия гьанжелъагIан букIана цохIого цо кIудияб улкалъун Россиялъул Исламгун бухьенал хутIулел ругеб. Гьел бухьенал гIицIго политикияб рахъалъан гурелги - генетикияб, динияб, маданияб рахъалъанги церетIураллъун рукIана. Щайин абуни Ислам-диналъул тюрказул гIатIилъи ГIусманияб империялъул заманалдаса байбихьун Россиялъул бусурбабазул умматалда хъинтулаан нус-нус соналда жаниб.

ГьедегIан гIагарал бухьенал ва гьединаб некIсияб гIадат хвезабизе ГIайнудиние бокьун гьечIо. Туркиялда тIибитIизабураб ханафиязул мазгьаб Россиялъул гIемерал регионаздаги тIибитIизабун буго. Гьеб ккола кIиябго улкаялъул бусурбабазул гIагарлъиялъул ишара.

Буго цойги кIвар цIикIкIараб жо: Россиялъул муфтиязул Шураялъул бухьенал руго Туркиялда ругел батIи-батIиял диниял, маданиял, лъайкьеялъул гIуцIабазулгун. АнцI-анцI сон бана Россиялъул рухIанияз гьел бухьенал щулалъизарулаго. Ва цо параялъ гьел бихъ-бихъани, гьеб хIалтIи зарараб ва гIадада гьабураблъун хутIила».

ЭР: Гьедин батани, гьадинаб жигаралъул магIнаги пайдаги щиб?

Руслан Айсин: «Номенклатуралъул хIаял гъваридго лъалев Равил ГIайнудинида букIинесеб якъинго бихьула. Масала нагагьлъун метер Кремлалда цояс чиртани, гьел бухьенал нахъеги щулалъила. Россиялда гьединал ишал бигьаго гьарулел руго.

ТIалъиялъ изну кьун, цо лахIзаталъ кинабго сверула гIаксаб рахъалдехун. Гьале гьадин ккани, жакъа Анкара какулел щинал чиновниказ ккараб хIужа кIочон тун, метер гIаксаб бицине бегьула.

Гьеб бичIчIулаго Равил ГIайнудиница гIамал гьабулеб буго жиндирго къадру цебеккунго цIунизе. Буго цойги гIилла. Ахирисеб заманалда Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас хIаракат бахъулеб буго Россиялъул бусурбабазул официалияв гурев алтернативияв цевехъан хIисабалда вахъине.

КIудияб гIамал бугев чилъун кколев Равил ГIайнудинида гьеб бихьулаго, жиндирго хасият бихьизабулеб бугин, дида ккола. Россиялъул гIемерал бусурбаби разиял гьечIо Туркиялде данде бачунеб пропагандаялда. Гьединлъидал, Равил ГIайнудиница бицунеб - гьеб буго гьел бусурбабазул гьаракь».

Туркиялъул Анталия шагьаралда гIумру гьабулел россиялъулал хIинкъулел руго Анкараялъулгун Москваялъул багъарараб политикияб дагIбаялъ жидерго гIумруялъе квешаб асар гьабизе бегьулеблъиялдаса. ГIаммаб къадаралда гьениб чIей гьабулеб буго 40 000 россиялъулас. Гьес абулеб буго жидерго букIинесеб гьанже баянаб гьечIин.

Дагьалъ цебе Анталиялда гIуцIун букIана «Ракълил ва паракъалъиялъул» фестиваль. Гьелъул мурад – Москваялда баккараб гIадаб тушманлъиялъул бербалагьи ва рокьукълъи гьениб цебеккунго нахъ чIвай. Турказги гIурусазги цадахъ рекъон гьединаб гIамал гьабулеб буго.

Фестиваль гIуцIаразул цояй Лариса абулей чIужу-гIадан ккола кIиго лъимералъул эбел. Гьелъул рос – туркав. Гьелъ абулеб буго гьенир ругел гIурусазде лъицаниги тIадецуй гьабулеб гьечIин.

Лариса: «Соналдаса соналде щулалъулел бухьенал цо сагIаталда жаниб рихъизе лъиданиги кIоларо».

Ирина Балчи абулей цогидай гIурусай микьго соналда жаниб хIалтIулей йиго «Россиялъул маданияталъул ассоциациялъул бетIерлъун. Гьелъ абулеб буго Анталья бугин жиндирго гIагараб шагьар.

Ирина Балджи: «ГIемерал гIурус руччаби Туркиялда росасе ана. Мадугьалзабазулги гьезда лъикIаб бербалагьи буго. Турказ нижее кинабгIаги хIинкъи кьолеб гьечIо».

Ирина Балджи

Ункъго лъимералъул эбел Иринаца гьединго абуна, гIурусал лъикIалан журан ругин Туркиялъул жамгIияб гIумруялде. Анталиялда бугеб «Гьудуллъиялъул ва солидарлъиялъул ассоциациялъул» вакил туркай Эмел Чакмакица абулеб буго гьениб ксенофобиялъул проблема гьечIин.

Гьенир ругел шинал гIурусазда турк мацI лъалеб бугин ва жамгIияб гIумруялда гIахьаллъи гьабулеб бугин. «ГIурусал- нижер гьудулзаби гурелги, гьел ккола ниж гIадал Туркиялъул гражданал», - ян абуна гьелъ.

Амма цо-цо квешал ишалги рукIанин, рекIелъ гIагалигун абулеб буго 29 сон барай Алинаца. Масала дагьалъ цебе Анталиялда гIолилазул цо къукъаялъ жиндирго рокьукъли загьирабун букIанин.

Алина: «Гьез ахIулаан, гIурус гIабдалзаби. Нахъе гьаниса. Нужерго Россиялде аила нуж. Мисиралда Россиялъул боржаро бортун букIиналдаса жал разиял ругин. Жидее гIурусал рокьуларин».

Алинал рагIабазда рекъон гьадинал гIадамал гьенир гIемерал ругин. Аммаила араб соналда политикияб конфликт багъарун хадусала, гIезегIанго турказ кIванагIан кIудияб хIаракат бахъулеб буго гьудуллъи цIунизе.

Алина хIалтIулей йиго таржамачIужулъун. Гьелъул йиго ункъго сон барай яс. Ясалъул Туркиялъул паспортгун кодоб Россиялде ине хIинкъулей йигин жий. Щайин абуни Туркиялде нахъ юссине жий йиччазе гьечIин Россиялъул гIурхъаби цIунулез. Гьадинабго хIинкъи цогидал гIурусазулги буго.

Анталиялда 13 соналда жаниб гIумру гьабулей Москваялдаса Светлана абулей чIужу-гIаданалъ гьадин абулеб буго.

Светлана: «ХIакъикъаталдаги дир рахIат ххун буго. Россиялда дир гIагарал руго. Дие бокьун буго дир эменги вацги гьанире ахIизе. Амма визаялъул режим нахъеги лъазабуни, захIмат букIина гьеб.

Гьединго баккулеб буго кIицул гражданлъиялъул суал. Цо параялъ нижедаса тIалаб гьабизе буго цо гражданлъи тIаса бищи. Дир яс Маргариталда захIмалъи бихьила. Гьей йиго туркайги гIурусайги. Гьелъул буго кIиго ватIан».

Россиялдаги Туркиялдаги гIадатиял гIадамазул гьадинаб ахвал-хIал бихьулаго, Равил ГIайнудиница абулеб буго туркалги россиялъулалги цоцазе тушбаби гурин:

Равиль Гайнутдин: «Туркиялъулгун Россиялъул некIсиял бухьенал руго. Дун политикги гуро, пал тIамулев чиги гуро. Амма гIадатияв бусурбанчи ва Россиялъул бусурбабазул рухIанияв хIисабалда дида тIадаб буго дирго рагIи абизе.

Гьале, бечедаб ва захIматаб тарих буго Россиялъулгун Туркиялъул. КIиябго улкаялъул бухьеназе лъабабилеб рахъалъ кидаго къасд гьабулаан асар гьабизе. Нижеда гьоркьоб тушманлъи бижизабизе хIалбихьулеб букIана.

Жакъаги руго гьадинал къуватал, нижее асар гьабизе хIалбихьулел. Ахирисел соназ щулалъарал нижер гьал бухьенал гьоркьоса къотIизе бегьуларо. Гьел бухьеназул пайда гIицIго бецав чиясдацин бихьуларо.

Миллион-миллион россиялъулав Туркиялда хьухь бахъула, аза-азар чи рукъзал ричун росула, гIуцIулел руго цадахъал идараби, фирмаби. ГIатIилъулеб ва цебетIолеб буго цадахъаб динияб, маданияб хIалтIи, лъай-кьеялъул система. Бегьулищ гьеб кинабго цо къоялда жаниб щущазабизе, цо-цо исламофобаз бицунелде божун? Туркал нилъер тушбаби гуро».