Ссылки для упрощенного доступа

Эрменазе бокьун гьечIо Россиялъул расанкIабилъун рукIине


Туркиялъулгун Россиялъул дагIба багъарун хадусала, цо-цо россиялъул политологаз ахIи-хIур багъаризабуна хасго 1915 соналда эрменазул кIудияб къадар чIваялъул проблемаялда бан. Гьеб тарихияб хIужа геноцидлъун рикIкIунарел жавабчилъиялде цIазе ккола ян, ахIи балеб буго гIемерал политологаз ва политиказ. Амма жибго эрменазул жамгIияталъ гьаб нухалъ цIодорго гIинтIамулеб буго рехсараб ахIиялъухъ, гьеб политикияб хIайлъун рикIкIулаго.

КIудияб хIаракат бахъулеб буго ЛДПР партиялъул цевехъан Владимир Жириновскияс. «Гьанже заман щванин эрменазул суал Туркиялде данде алат хIисабалда хIалтIизабизе», - ян лъазабуна гьес Туркиялъул гьавадул боржароялъ Россиялъул СУ-24 кьвагьун бортизабун хадусала. Гьеб гуребги, абулеб буго Жириновскияс, Туркия бикьизе кколин цо бутIа эрменазе, кIиабилебги курдазе кьун.

Эрменазул гIемерал вакилзабазул хIисабалда гьеб политикияб хIай ккола, ва жидее бокьун гьечIин Россиялъул расанкIабилъун рукIине. ГIемерал гьадинал комментариял толел руго социалиял сайтазда ццим бахъарал эрменазул хIаракатчагIаз ва гIадатиял гIадамаз.

БатIи-батIиял сайтазда загьирарун руго цо-цо тарихиял документал, ва абун буго 1915 соналда эрменал гIемераб къадаралда чIваялъул гIайиб Россиялдаги тIад бугин. Мисалалъе «Лъидаго РачIел Журналистазул» сайталда загьирабун буго «БатIияб Тарих: Россиялъ гьабураб хияналъи ва 1915 соналъул геноцидилан» абулеб макъала.

Гьениб рехсолеб буго Эрменазул цIар арав тарихчи Лео Бабаханянил тIехь. Авторас гьелда бицен гьабулеб буго Россиялъул империялъ ва Европаялъул улкабаз 1915 соналда хIараб квешаб ролялъул. Эрменал кканин кIудияб гьересиялъул къурбаналлъун, гIурус пачаясда лъимал гIадин божун. Гьеб букIанин Кавказалда тарав сардар Воронцов-Дашковасул план – эрменазул къеркьей багъаризабун, гьел турказде данде чIезари.

Гьалеха, кIиабилеб нухалъ бидулаб гъалатI такрар гьабизе бегьуларин, абулеб буго эрменазул хIаракатчагIаз ва гьезул къисматалъул ракI бацIадаб тIалаб-агъаз гьабулел политологаз. Мисалалъе Борис Тумановас.

Борис Туманов: «Дица гьеб жигаралъе цIакъ квещаб къимат кьолеб буго, гьеб гуребги, дида ккола гьеб бугин гIакъилаб гуреб гали, гъозул цинизм бихьизабулеб щай, щай гурелъул гьеб буго коньюнктуралъул къанун, дол чIварал гIадамазул рухI хIакъир гьабулеб. Боржаро бортиялъул хIужа гьечIебани, гьез геноцид ракIалде щвезабилароан».

Пачалихъияб Думаялда эрменазул геноцидалда хурхараб къануналъул проект цебе лъуна Справедливая Россия партиялъул депутатаз. 1915 соналда букIараб чIвадари геноцидлъун рикIкIунарел ва гьеб хIужа нахъ чIвалел гIадамал жавабчилъиялде цIазе ккола, ян лъазабун букIана жиндирго Твиттералда рехсараб партиялъул цевехъан Сергей Мироновас.

XS
SM
MD
LG