Фрэнсис Фукуяма: «Путинизм» ва исламияб радикализм демократиялъе альтернатива гуро

Политолог Фрэнсис Фукуямаца абулеб буго Россиялъул президент Владимир Путиницаги «Исламияб Пачалихъ» абулеб экстремистикияб гIуцIиялъги къасд гьабулеб бугин либералияб демократиялъе альтернатива базе, аммаила, гьеб чIобогояб хьул бугин.

Россиялъул президент Владимир Путиница ва Исламияб Пачалихъ абулеб экстремистикияб гIуцIиялъ гьа бана жидерго тушбабазде данде къеркьезе, ва гьеб рахъалъан цоцада дагьалъниги релъарал руго гьел.

Цолъарал Штатазул Стэнфорд Университеталъул профессор, полититог Фрэнсис Фукуямаца абулеб буго Исламияб пачалихъалъул тIалъиялъги Кремлалъги къасд гьабулеб бугин гьанжесеб либералияб демократиялъе политикияб альтернатива базе. Ва гьесул хIисабалда гьеб чIобогояб хьул буго.

1991 соналда Совет Союз шушаралдаса хадуб гIемерал гIадамазул хьул букIана гьениб кватIичIого демократия букIиналда. Доб заманалда Фукуямаца хъвана «Тарихалъул ахирищ?» абулеб жиндирго тIехь. Гьеб тIехалъул аслияб магIна – Магърибалъул либералияб демократиялъе щвараб бергьенлъи.

Амма демократиялъул цо-цо реформаби Ельцинил заманалда байбихьун рукIаниги, Путинил заманалда Россиялда политикияб ахIвал-хIал гIаксаб рахъалдехун тIубанго буссинабун буго, ян абулеб буго профессор Фукуямаца.

«Путинизмилан» абулеб гьеб политикияб система демократиялъул системаялде цо дагьалъниги релъараб бугониги, амма берцинго балагьани гьеб буго унго-унгояб авторитаризм. Кинабго квершел ва кинабго бечелъи – Путинил ва гьесул чукъаялъул кодоб бугин.

Путиница бараб авторитарияб система либералияб демократиялъе политикияб альетнативалъун рикIкIине ккеларин, щай гурелъул, гьеб бугин чIобогояб система, ян абулеб буго профессор Фукуямаца.

Фрэнсис Фукуяма: «Гьес жиндирго системаялъе кьучIое босун буго энергетикияб модель, амма энергосурсатазул багьа дунялалда учузлъулеб мехалда гьеб бихъулеб буго, ва нилъ балагьила анцIго сон ун хадуб щибдай букIине бегьулеб.

Магърибалъул улкабазда бугеб эркенлъиялъе ва цебетIеялъе гьадинаб загIипаб ва божукъаб экономикияб система альтернативалъун букIине рес гьечIо».

Фрэнсис Фукуямада гьединго бихьулеб гьечIо Радикалияб Исламалъул букIинесебги. Гьебги либералияб демократиялъе альтернативалъун букIине рес гьечIо, - ян абулеб буго гьес.

Фрэнсис Фукуяма: «Исламияб пачалихъилан» жидерго багъа-бачариялде экстремистаз абулеб бугониги, хIакъикъаталда гьеб пачалихъ гуро. Гъозул хиялцин гьечIин пачалихъ базе. Гъозие цо-цо гьитIинал бергьенлъаби щолел ругониги, гьеб гъозул гучалда гуреб – гьел хурхарал руго ГIараб улкабазул авторитариял режимазул загIиплъиялда.

Узухъда, гIараб дунялалда либерализмалъул рахъалъан ахIвал-хIал лъикIаб гьечо, амма дида ккола Европаялда ва Шималияб Америкалда бугеб гIадаб эркенаб политикияб системаялъе радикалияб Ислам альтернативалъун букIине гьечIин».