Тамерлан Царнаевасул лъалкI цIехезе Дагъистаналде рачIарал журналистал гьанже МахIачхъалаялде гурелги, Утамыш росулъеги унел руго. Гьеб буго Гъаякент мухъалда.
Амма росдал гIадамал, хасго администрациялъу
Вильям Плотников Дагъистаналде вачIун вукIанин 2010 соналдайин бицун буго Ирина Гордиенкое экстремизмалда данде къеркьолеб централъул хIалтIухъанас. Гьеб мехалда вас Дагъистаналде аравлъи эбел-инсуда лъалеб букIун гьечIо. Банкалдаса лъабазарго долларги бахъун, жив Франциялде унев вугилан хъван кагъатги тун ун вуго гьев рокъоса къватIиве.
Гьедин изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен бугев чи хIисабалда 2010 соналъул декабралда Дагъистаналъул Избербаш шагьаралда аскIов ккунги вукIун вуго. Гьеб мехалда гьесухъ батун букIун буго интернеталдасан гьес бухьен кколел Шималияб Кавказалдаса гIадамазул сияхIги. Гьениб букIун буго Тамерлан Царнаевасул цIарги. Гьелдаса хадуб Плотников виччан тун вуго Дагъистаналъул низам цIунулез. Щайин абуни гьесда хадуб кинабгIаги такъсир яги гIунгутIи батичIого. Гьедин Вильям Плотников Избербашалда гIагарлъухъ бугеб Утамыш росулъ гIумру гьабулев вукIун вуго бащдаб лъагIалица. Гьедин бицун буго дов экстремизмалда данде къеркьолеб Дагъистаналъул централъул хIалтIухъанас журналисталъе.
Амма росулъ гьев вихьулев вукIун гьечIо.
Утамыш росдал мажгиталъул имам Арслангерей:
«Росулъа васгун цадахъ как базе кIиго нухалъ мажгиталде вачIун вихьана дида гьев, тIокIалъ вихьичIо. Росулъ гIумру гьабун, яги мажгиталде хьвадулев вукIинчIо гьев, гуревани нижеда вихьичIого хутIилаанищ гьев къойилго?»
Плотниковги жеги анлъго гIолохъанчиги чIвараб хасаб операция Утамышалда гъоркьисала I2 июлалда тIобитIана. Гьеб хIужа ккана росдадаса кIиго километралъ рикIкIад бугеб фермаялда гIагарлъухъ.
ГIуру къараб, лъицаниги тIалаб гьабичIого рехун тараб ракьги ижараялъе босун, анцIго соналъ цебе гьеб хIалтIизабизе лъугьана Арслангереевазул хъизан. Бана чанго рукъ бугеб минаги аскIобго кIудияб гьорги, гьабуна саламатаб ахги. Арслангерейил васаз гьенир гьарулаан гIурусаз хIамамалде цадахъ росулел миккигъотIол тIанхазул цIилцIалги. Гьелдалъун бетIербахъи гьабулаан.
ЦIилцIал гьаризе миккигъотIол тIанхазда хадур рохьоре ингун, цо къоялъ гьел васал блиндажалде тIаде ккола. Гьенир рахчун ратула росулъа гIолохъабиги дов Канадаялдаса Вильям Плотниковги. Утамышалдаса гIадамаз ЭР-ялъе бицухъе, къаси-къаси гIадамазде тIадекIанцIиял гьарун, жидеего бетIербахъи гьабулеб букIун буго гьез. Гьединго Арслангерейил фермаялдеги раккулаанила къваригIараб-тар
Хасаб хъулухъалъул хIалтIухъабаз лъагIалица халккун букIун буго гьезда хадуб. Гьедин жидер хъизан гьел рохьор рахчарал гIадамазда тIадрекъолел гьечIолъиги бичIчIун, жидер васал чIвачIого танин аскарияз хасаб операция гьабулеб заманалдаян бицана ЭР-ялъе фермаялъул бетIергьан Арслангерейица. Амма хIалтIул алаталги цогидаб къайи-цIаги цIунараб гьезул гьоралда лал тIамун бугоан аскарияз. Гьединго гулбузул гIужал руго фермаялда бараб гьезул минаялда. Хасаб операция лъугIун чанго къоялдасан инсуца вас витIун вуго тIаса лъугьин гьарун полициялде.
Эмен Арслангерей: «Гьесда тIад би гьечIо. Гуребани гьесие туснахъалъул 15-20 сон кьолаан».
Хъачагъазе кумек гьабулев ватунилан Арслангерейил вас Зайнудиние туснахъалъул ункъо сон кьуна. Дагъистаналъул полициялъ сурав босулелъул гьадин бичIчIизабулеб буго гьес жиндир хьвада-чIвади.
Зайнудин Арслангереев: «Дица абулаан гьезда нужее кумек гьабиялъул хIинкъи бугин диеги дир хъизаналъеги. Амма доз жаваб кьуна гьедин хIисаб гьабуни, чиясе хIинкъи кинабго рахъалъан букIине рес бугилан. Бищунго Аллагьасукьа хIинкъизе кколила».
Амма гьеб суравалда Зайнудиница рехсолел изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ гьечIоан Вильям Плотниковасул цIар. Ислам дин босун хадуб Вильямица цIар хисун батилин тезе бегьилаан. Амма Утамышалъул хабалалъ лъураб гьесул зонодаги хъван буго 1989 соналда гьавурав Виталийил вас Вильям абун.
Гьениб гьесул хоб цогидаздаса батIаго буго. Росуцоял байбихьуда Канадаялдаса гIурусав жидер хабалалъ вукъиялда дандечIун рукIун руго. Амма бусурбан динги босун букIиндалин гьесул инсуца гьаридал, разилъи кьун буго.