Терроргун бухьен бугел такъсирал Россиялъул Кавказалда дагьлъанин Сириялда бугеб конфликт сабаблъунилан, рикIкIунеб буго «Эркенлъи» радияолъ жаваб босарал экспертаз. Мисалалъе, политолог Денис Соколовасул пикруялда рекъон, хIал парахалъиялъе буго кIиго гIилла. «ГIиракъгун Сириялде бугеб рагъда ана Кавказалдаса изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе рукIарал, гьединго ана гьенире радикалиял бербалагьиял ругел чагIи. БатIи-батIиял баяназда рекъон, гьенир рагъда аза-азар кавказалъулав вуго», - ян бицана экспертас. Гьединго гьес абухъе, араб соналда низам цIунулез жидерго хIалтIуе кIвар цIакъго кьолеб букIана Олимпиада сабаблъун.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул шураялъул нухмалъулев Александр Черкасовасги абуна, жидеца гьабураб цIех-рехалда рекъон, 2014-леб соналда Шималияб Кавказалда рагъулал кIудиял конфликтал ккечIин. Терроралъул хIинкъи бугеб регионлъун Дагъистан бугин жакъа къоялдаян абуна экспертас ва тIаде жубана Чачаналъги ахIвал-хIал хисизе бегьулин.
Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул буюрухъалда рекъон рохьилазул гIагарлъиялъул минаби рухIиялъ изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъ жеги чагIи ккезарилин, рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулес. Гьес абуна Чачаналъа рохьилаз такъсирал республика тун къватIире гьарулел гьечIин, амма Шималияб Кавказалда «Исламияб пачалихъалъул» идеология тIибитIани, бугеб хIал хисилин.
Александр Черкасов: «Шималияб Кавказалъул щибаб регионалда руго гьенир гIумру гьабулездасан гIуцIарал рохьилазул къукъаби. Амма цоял республикаялда ругел къукъабаз цогидалгун бухьенал кколел ругин абизе кIоларо. «Исламияб пачалихъалъул» идеологиялда рекъон, батIалъи гьечIо, кисса мун кколев, амма диналъул тIалабал тIуразе ккола бокьараб бакIалда. Санидаса санаиде абула рохьилазда гъорлъе унел дагьлъулел ругин, амма щай гьел тIубанго тIагIинаризе кIолеб гьечIеб? Къуваталъул методал хIалтIизарулел руго гIемерисала. Ингушетиялда ахIвал-хIал хисана диалогалъул процесс байбихьидал. Щай гьединабго нух тIаса бищизе бегьулареб Чачаналъ яги Дагъистаналда? «Исламияб пачалихъ» Кавказалда бачIинин хIинкъи буго. Профилактикияб хIалтIи букIине ккола гьелдалъун. Гьеб гьабичIони, раккила цоцалгун бухьенал ругел, миллат ва республика батIалъи гьечIел рохьилал».
Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялъул офисалъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца абуралда рекъон, инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса ахирисел соназда гьоркьоса 2014 сон букIана бизун хIалуцараблъун. Гьелъ ракIалде щвезаруна Чачаналъ рохьилазул гIагарлъиялъул рухIарал минабиги, хасаб операциялда Временный росулъ риххарал минабиги. «Времменный поселокалда лъабго моцIалъ букIараб хасаб операциялъ бихьизабуна низам цIунулез къуваталъул гурел цогидал методал хIалтIизаризе хIаракат бахъулеб гьечIолъи. Гьеб операциялда низам цIунулезул вахIшиял ишазе букIине кколе къимат кьечIо республикаялъул нухмалъиялъ. Рохьилал кквезе ккола, амма гIадатиял гIадамазул щиб гIайиб бугеб? Къуват хIалтIизабун терроралде данде къеркьани, террор дагълъуларо», - ян абуна Локшинаца.
Гьейгун рази вуго машгьурав журналист Орхан Джемаль. Цодагьалъ цебе гьев щун вукIана Дагъистаналда ва Временный росулъеги щвана гьев. Гьес абуралда рекъон, ахIвал-хIал хIалуцине буго, амма гьелъие гIиллалъун рохьилазул ишал рукIине гьечIо – хIукуматалъул политикаялъ гIадатиял гIадамал хисулел руго, радикалияллъун гьарулел руго гьел.
Орхан Джемаль: «ТIубараб декабрь бана дица Кавказалъул батIи-батIиял регионазда ва дида бихьана кин гIадамал радикалиял бусурбабилъун рахъунел руго. Дун щвана Генуб росулъ. Гьеб росулъа гIадамаз гIумру гьабулеб буго хасаб операция тIобитIараб Временный росулъ. Гьеб росулъ биххун буго 52 мина. Федералиял информалатаз Чачаналъ рухIарал анцIго минадул бицунеб буго, амма Временныялдаса росдалчагIазда тIаде ккараб балагьалъул къанагIат гурони бицунеб гьечIо. ГIадамаз киса-кирего хъвана гIарзаби, амма гьезухъ гIинтIамулел ратичIо. Къуваталъулазул вахIшиял ишазул бицунеб буго гьез, амма прокуратура яги цIех-рех чагIи рачIичIо гьелгун кIалъазе. Гьеб росулъа 12 сон барав васгун кIалъалев вукIана дун. Дица гьикъана гьесда, щал гьесул кумирал ругелян. «Исламияб пачалихъилан» жаваб кьуна гьес. Щайилан гьикъана. Щайгурелъул, абуна гьес, «Исламияб пачалихъалъ» буссурбабазул ихтиярал цIунулел руго. ГьитIинав васасде гьеб кисса лъалеб? КIудияз бицун. ХIукуматалъ рехун тарал гIадамазда жидер ихтиярал цIунулеллъун рихьулел руго бандитал. Гьедин гьеб ахIвал-хIал тани щуго-анцIго соналдаса Россиялда букIина ГIиракъ».
«Мемориал» гIуцIиялъул нухмалъулев Олег Орловас абухъе, терроралде дандекъеркьей вахIшилъизе буго исана. Гьес рикIкIунеб буго гIадамал цIунизе кколин изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъ ккеялдаса. «Суфияздаги салафияздаги гьоркьоб кIиго соналъ цебе байбихьун букIараб диалог тIубанго тIагIана, адаптациялъул комиссия хIалтIулеб гьечIо. Гьел суалазе кIвар кьезе ккола. Чара гьечIого къваригIун буго профилактика», - ян абуна инсанасул ихтиярал цIунулес.