Россиялъул МиллатчагIаз Кавазалъе бищун гIемераб гIарац щолеб бугин абураб лъазаби щибниги кьучI гьечIел лъазабиял рукIин баян гьабулеб буго улкаялъулго финансистаз ва экспертаз. Россиялъул цогидал регионазе щолеб гIарац Кавказалъул республикабазе щолелдасаги гIемерго цIикIкIараб букIин баян гьабулеб тарихал лъун руго гьез интернеталда. Мисалалъе Россиялъул бюджеталдаса бищунго гIемераб бутIа щолеб буго улкаялъул бищунго рикIкIадал ругел регионазе. Гьел ккола Чукотка, Магадан, Ямало Ненецкоялъул автономияб округ, Приморский край, Ханты-Мансийск гIадал регионал.
Гьелад тIадеги 2012соназда Шималияб Кавказалъе дотациялъул регион хIисабалда биччалеб гIарацги лъикIаланго дагь гьабун буго. Мисалалъе босани кIиго батIияб заманалда рагъулал тунка-гIусиял жаниса араб Чачаназул республикаялъе бюджеталдаса дотациялъул щун буго I3миллиард гъурущ, гьебго заманалда Камчатка мухъалъе щун буго 22 миллиард, бищунго бечедабилан рикIкIунеб Якутиялъе щун буго 3I миллиард гъурущ дотациялъул.
Дотациялъул рахъалъ дагьаб къадар гурони гIарцул щоларел регионазда гъорлъ рехсолеб буго цохIо Чачаназул республика. Дагъистаналъул хас гьабун гьениб бицен гьабулеб гьечIо.
«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна хIакъикъаталдаги улкаялъул бюджеталдса кигIанасеб къадар гIарцул Дагъистаналъе щолебали лъазелъун. 2005 соналдаса байбихьун дагь гьабулеб бугин республикаялъе дотациялъул къадарилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Финансазул министерлъиялъул
Каинбековас бицаралда рекъон 2013 соналъ Дагъистаналъе улкаялъул бюджеталадса биччан буго 44 миллиардгун 270 миллион гъурущ, процентазул къадаралда реъкон гьеб ккоеб 65 процент дотациялъул. Гьедин соналдаса соналде дагьлъулеб бугин гьелъул къадарилан бицана экспертас:
Нижеца Каинбековасда гьикъана гьабсагIат республикаялъул экономикаялда бугеб ахIвал-хIалалда рекъон гьеб гIарац гIураб къадаралда гIолищ киналго масалаби тIуразе, ялъуни тIадеги хIажалъулищ республикаялъе гIарацилан, гьале гьес кьураб жаваб:
Каинбеков Олег: «Исана маялда улкаялъул бетIер Путиница абуна врачазе, мугIалимзабазе, ва цогидалги социалиял хъулухъачагIазе моцIрол харж цIикIкIинабизе кколилан. Гьел киналго указал гIумруялде рахъинарнизе лъугьани Дагъистаналъе биччараб 46 миллиард гъурущ гIезего гIоларо. ТIадеги жеги 5 миллиард гъурущ гIарцул хIажалъула».
Федералияб бюджеталдаса дотация щолел регионазда гьоркьор Шималияб Кавказалъул регионал рикIкIуна бищунго нахъе ккараллъун. Амма гьелда тIуванго рази гьечIо Дагъистаналъул Финансазул рахъалъ министерлъиялъул цогояб бюджеталъул бутIаялъул нухмалъулев. Каинбековасул рагIабазда рекъон республикабазда гIумру гьабун ругел гIадамазул моцIалъе щолеб харжги хIисабалде босун кьураб къимат кколин гьеб. Амма цохIо хIукуматалъул харжида бадивги валагьун чIарав чи гIемерав гьечIин Дагъистаналда. Цоял жидерго хасаб бизенесги рагьун ругин, цоял ралел бакIазад хIалтIун гъоркьан тIасан жидеего щагьи-кепек балагьичIого гьел чIоларин.
«ГIела Кавказ кваназабурабилан
Каинбеков Олег: «Дагъистан кидаго букIана жибго жинхъаго хьихьун бажаризе кIолеб регионлъун. Советияб заманалда республикаял рукIарал батIи-батIиял магIишаталъул бутIабаз лъикIаб хайир кьолеб букIана республикаялъе. Совет хIукумат биххун хадуб хадуб араб 20 соналда жаниб чIунхутIи букIана гьелъул рахъалъ. Гьанже гьел цIигьаризе руго. Ракьулъа рахъулел магIданазул рахъалъ гуребги, Дагъистан бечедаб буго цIолбохъанлъиялъ
15 августалда Россиялъул президент Путинилгун букIараб дандчIваялда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница абуна жиндица гIарац гьаризе гьечIин хIукуматалъул хъулухъчагIазе харж цIикIкIинабизелъ