Левада-центр: "Шималияб Кавказалда хIалуцин гIодобе кколеб буго".

Шималияб Кавказалда терроралъулал такъсирал тIагIунел ругилан ва республикабазда ахIвал-хIал хисулеб бугилан рикIкIунезул къадар Россиялда жеги цIикIкIана — гьедин лъазабулеб буго жамгIияталъул пикруялъул цIех-рехал гьарулеб «Левада-централъ». ЦIех-рех «Левада-централъ» гьабун буго Россиялъул 46 регионалда гIумру гьабулелгун. Суалал кьун руго 1600 чиясе.

Шималияб Кавказалда хъинтIараб иргадулаб докладалда централъ лъазабулеб буго, цере гьарурал докладазда рехсон рукIарал тарихал гьанже тIуранго хисанин.

РакIалде щвезабила, гьаб соналъул байбихьуда «Левада-централъ» цIех-рех гьабуразда гьоркьосан Кавказалъул республикабазда ахIвал-хIал парахатаб бугин рикIкIунезул къадар 18% букIана, ахIвал-хIал хIалуцараб бугин рикIкIунезул къадар 60% букIана. Гьебго темаялда тIаса марталда гьабураб цIех-рехалъ бихьизабуна, Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал парахатаб бугин рикIкIунезул къадар цIикIкIараблъи ва 41% бахана гьеб, гIодобе ккана хIалуцараб ахIвал-хIал бугин абулезул къадарги - 43%.

Гьел хиса-басиял социологаз ричIчIизаруна Украинаялда бугеб конфликталъ. Гьезул рагIабазда рекъон, Крым Россиялде гъорлъ бачиналъги ва Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъги россиялъулазул бербалагьи хисизабуна. ТIадежоялъе Кавказалъул тема федералиял СМИяздаса тIагIанин ва «квешал кавказалъулазул» хIакъалъулъ макъалаби прессаялда къанагIат гурони раккулел рукIинчIин.

Ноябралъул ахиралда «Левада-централъ» гьабураб цIияб цIех-рехалъ бихьизабуна Россиялда оптимистал гIемерлъулел рукIин. АхIвал-хIал лъикIаблъун рикIкIунезул къадар гьанже бахана 49%, квешаблъун гьеб рикIкIунезул къадар жеги гIодобе ккана — 37%. АхIвал-хIал жеги лъикIлъизще бугин рикIкIунезул къадар буго 25%, 8% буго хIал хIалуцине бугин абуразул. ХутIаразе — гьелги 12% —чIванкъотIараб къимат кьезе кIун гьечIо.

«Левада-централъул» эксперт Наталия Зоркаялъ «Кавказский узел» сайталъе баян кьолаго, рехсана Украинаги Крымги, амма гьелъ тIаде жубана Кавказалъул республикабазда бугеб ахIвал-хIал цогидал регионазда лъикIаблъун бихьулеб батаниги, унгояб хIал батIияб букIин бичIчIулелги ругин. Гьелъ гьединго абуна, цере цIех-рехал гьарулеб мехалда Кавказалда лъикIлъулеб ахIвал-хIал Владимир Путинил бергьенлъабазул сияхIалде хъвалеб букIинчIин гIадамаз, амма гьанже гьез баркала гIицIго Россиялъул президентасе кьолеб бугин.

Россиялъулазул Кавказалъул республикабаздехун бербалагьи хисиялъе гIилла чанги бугилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе инсанасаул ихтиярал цIунулей Варвара Пахоменкоца.

Варвара Пахоменко: «ТIоцебесеб гIилла: ахирисеб бащдаб лъагIелалда информациялъул алатаз кIвар кьолеб буго Украиналда кколел лъугьа-бахъиназе, гьелдалъун Кавказалъул тема кIиабилеб планалде ана. Прессаялда цебе Кавказ тIоцересел гьурмазда букIун батани, гьанже гьелда хъинтIараб жо къанагIат гурони батулеб гьечIо. КIиабилеб гIилла: Шималияб Кавказалда унго-унгоги оперативияб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисана. Тунка-гIусиязда чIваразул ва лъукъаразул статистикаялдаса бихьулеб буго гьеб, терроралъул такъсиралги дагьлъана. ТIадежоялъе гьел такъсиразул хIакъалъулъ федералияб прессаялда цебе гIадин хъвалеб гьечIо. Сочиялда Олимпиада унеб мехалда централиял СМИязе Кремлалъ гьъукъана Кавказалдаса негатив кьезе. РакIалде кколеб буго, гьеб тенденция жеги хутIун бугин. Федералиял СМИяздаса информациялъухъ гIенеккулезда ракIалде кколебги батила Шималияб Кавказалда хиса-басиял ругин. Гьелдалъун Грозныялда ккараб лъугьа-бахъин гIемерисезда гIажаибаблъун бихьизе батила».

Югалъулаб Россиялъул республикабазда оперативияб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисанин рикIкIунеб буго Кавказалъул масъалабазул цIех-рехал гьарулеб МГИМОялъул Централъул вакил Николай Силаевасдаги.

Николай Силаев: «Балагьахе, ахIвал-хIал парахалъана Ингушетиялда, Кабардино-Балкариялда, Дагъистаналдацин гьеб гIодоб биччана. Теракталги гьоркьоса къотIичIин абичIониги, гьел дагьлъана. Гьеб цо. КIиабизе, Украиналда конфликт хIалуцана. ТIадежоялъе Россиялъул СШАгун бухьенал холел руго, цоцаздехун бугеб позиция квешлъулеб буго. Гьединабго хIал буго Европагунги. Гьелдалъун Шималияб Кавказалда кколебщинаб цогидаб фоналде унеб буго. Кавказалъул масъалаби батIаго кIвар кьезе кколеллъун рихьулел гьечIо гьанже. Гьелдалъун гIадамазул бербалагьиги хисана. Грозныялда ккарабщиналъги щибго кьезе гьечIо. Дида ккола, цо букIа кIиго букIа терракталъ гьеб бербалагьи хисизе батиларин».

Ахиралда тIаде жубала, «Кавказский узел» информагентствоялъул статистикаялда рекъон, 2013 соналъул тIоцересел лъабго кварталазда Шималияб Кавказалда ккарал рагъулал конфликтазул къурбанлъун вахъана 718 чи, 2014 соналъул кварталаздани — 356 чи.