Лъабго сон цебе Шималияб Кавказалъул федералияб мухъ гIуцIараб мехалда президент Дмитрий Медведевас гьеб гIуцIиялъул мурадлъун рехсон букIана «регионалъул проблемаби» къуваталъул кумекалдалдалъун гуребги экономикиял тадбираздалъунги рагIалде рахъинари.
Гьел масъалаби рагIалде рахъинариялъул ишги тIадкъан букIана Красноярскалъул ракьалъул губернаторлъун вукIарав бизнесчи Александр Хлопонинида. Гьев тIамун вукIана вице-премьерлъунги. Щибха хисараб регионалда гьелдаса нахъе ва Шималияб Кавказалда Александр Хлопонинил хIаракатчилъи?
Красноярскаялъул ракьалъеги Москваялда гъоркьехун бугеб ва бечедал гIадамаз гIумру гьабулеб бакIлъун лъалеб Рублёвкалдасан нухмалъи гьабун ругьунав Александр Хлопонин цIияб хъулухъ щвараб мехалда Кавказалде гочинеги гIедегIичIин хъвалеб буго Лента.ру сайталда Дмитрий Ковалевас.
http://lenta.ru/articles/2013/05/30/hloponin/
Гьебго макъалаялда абулеб буго гьеб хIукмуялдалъун Москваялъ цIи гьабунин Кавказалда сардарлъиялъул кIочон букIараб тарихияб институтин.
Ставрополалъул ракьгун цадахъ «проблемияб регион» батIа тIезабун букIана Кубаналдаса, Доналдаса ва Гъоркьияб Волгаялдаса. Гьениб росдал магIишатги индустрияги руго цере тIурал, руго гIадамазул миллионаз гIумру гьабулел шагьаралги.
Шималияб Кавказалъул Федералияб мухъалде абуни гьоркьоре уна парахалъи гьечIел республикабиги, цебе бечедаб букIараб, амма гьанже хIалихъе бетIербахъи гьабулеб бугеб Ставропольги, зама-заманалда гваргъун бачIунеб терроризмалъул цIаги, 1995 соналдаса нахъе чIечIого багъулеб бугеб 58-билеб армияги.
Россиялъ цин бергьун цин къун 500 соналъ рагIалде рахъинарулел ругин «Кавказалъул проблемабиян» хъвалеб буго тIадехун рехсараб макъалаялда.
Хлопонин вукIана Кавказалдаса гIезегIанго рикIкIадисев чи. Гьев гьавун вукIана Цейлон чIинкIиллъиялда димломатазул хъизамалда. Гьев олигарх вукIиналъги гIадамазул хьул бижулеб букIана Кавказалъе нухмалъи цIалаца гуреб гъурщица гьабизе букIиналда.
Административияб нухмалъиялъулги кIудияб хIалбихьи букIана гьесул. Москваялъул финансазул компаниялда бизнесчагIи Владимир Потанинил ва Михаил Прохоровасул партнёр-гьес нухмалъи гьабулеб букIана «Норникелалъе».
2002 соналда Красноярскаялда губернаторасул рищиязда гьев къеркьолев вукIана Александр Уссгун. Гьел рищиязда щибаб гьаракь рикIIараб кьварараб къец букIана унеб. Гьеб мехалда президент Владимир Путиница Красноярскалъул губернаторасул ишал тIуразарулевлъун гьеб тIамун вукIана хасаб буюриги хъван. Гьедин загьирлъана гьев Путинил чи вукIин.
Гьениб гьесда ракьулъа магIданал рахъиялдалъун бажарана индустрия цебе тIезабизе, энергообъектал разе ва инвестициял рачIинаризе. Кавказалдаги гьебго гьес гьабилин хьулги букIун батилин Москваялъулин рикIкIунеб буго Лента. Руялда макъала хъварав Дмитрий Ковалевас.
Гьесго абулеб буго вачIинахъего Хлопонин Кавказалъул элитабаз цIакъ цIодорго гурони къабул гьавулев вукIинчIин. 2010 соналда гьес рагьун какулев вукIанин Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзан гьес тIобитIулеб гIолилазул политикаялъухъ ва гIарабазул улкабазде гьарулел сапаразухъ. Чачаназул нухмалъи абуни хIинкъулеб букIанин гьенибе гIарац биччаялъул суалазде гьоркьове Хлопонин лъугьине бегьиялдаса, амма гьеб гIададисеб хIинкъи батанин. ТIасияб 2011 соналда гьел цо командаялъул чагIилъун лъугьанин хъвалеб буго Ковалевас.
«Карнеги» централъул гIелмияв хIалтIухъан ва тарихиял гIелмабазул доктор Лексей Малашенкоца абуна Эркенлъи Радиоялъе жив божуларин Хлопонин лъил командаялъул чи вукIаниги Шималияб Кавказалда гьес щиб букIаниги бицинегIанасеб жо гьабизе букIиналда, щайгурелъул гьес гьанжелъизегIан гьабураб яги гьабичIеб хIалтIуца гьеб бихьизабулеб бугин.
Алексей Малашенко: «Дун божуларо Хлопонинида Шималияб Кавказалда щиб букIаниги гьабизе кIвезе бугин абураб жоялда. Щайгурелъул гьанжелъизегIанги бажарун гьечIелъул. Гьев гьениве вачIунин абун агрессияйищ дагьлъараб, кинаб хиса-баси ккараб? Бихьизабе дида Шималияб Кавказалда ккараб ва Хлопониница гьабураб гьабин абизегIанасеб хиса-баси».
Кавказ цебетIезабиялъул суал байбихьудасанго хурхинабулеб букIана курортазул сектор цебетIезабиялда. «Шималияб Кавказалъул Курортал» абулеб корпорациялъул нухмалъулев Билалов АхIмадица гьабулеб букIана Сочиялда Олимпиадаялъул хIаял тIоритIизе спорталъул объектал раялъул хIалтIиги. Гьениб кколелдаса гIемерго цIикIкIун гIарац харж гьабунин абун гьениса нахъе рехарав мехалда Билалов курортазул корпорациялдасаги нахъе уна. Гьанже Хлопониница гьесул бакIалда тун вуго регионал церетIезариялъул рахъалъ министр хисулевлъун вукIарав Сергей Верещагин.
Алексей Малашенко: «ГIемер бицуна Шималияб Кавказалда гьабизе бугеб туристикияб кластералъул. Щив гьенив хIалтIизе вугев? Цоги бакIазде дандеккун гьениб гьабулеб хIухьбахъи хираго чIолеб мехалда нуж гьенире ине ругищ хIухьбахъи гьабизе? Хираго гьеб букIине буго щайгурелъул гьенибе харж гьабураб гIарац нахъбуссинабизе кколеб букIун.
Экстремалияб туризмищ гьениб букIине бугеб? Гьелъул магIна щиб вагьабиявгун цадахъ коньяк гьекъей абураб жойищ?
Гьанже бицунеб бугеб гьел жалазде 10-15 соналъ цере хIадурлъизе кколел рукIана. Щайгурелъул гьенире нухал рачунел гурониги гьенире хIухьбахъи гьабизе рачIаразе хъулухъ гьабизе лъалелги гIадамал гIезаризе кколелъул. Лъица хъулухъ гьабизе бугеб петеразда? Мужагьидасищ пиво восун бачIине бугеб? Гьелда дир кIудияб щаклъи буго.
Дида ккола кавказалдаса чиясул менталитет гьоболасул гIадаб менталитет бугин. ТIаде вачIарав гьоболлъун дида гьев вихьула, амма тIаде вачIарасе хъулухъ гьабулевлъун вихьуларо.
Масала, гьениве хIухьбахъи гьабизе вачIарав гIурусас абеха бакIалъул чиясде: «Пиво босун вачIа дие!»-ян. Гьесда гьеб квеш бихьизе буго, гьесие щвараб тарбия гьединаб гьечIо. Гьединал жал гьаризе къваригIуна батIиял гIадамал, батIияб наслу, батIияб гIарац.
Дида рагIун букIана гьадин абулеб: «Гьел петеразде рачIаразе хъулухъ гьабулел рукIине руго гIурус руччаби»,-ян абулеб. Гьебищ хIалтIул бакIаздалъун гIадамал хьезариялъул къагIида?
Кремлалдаса къватIибе бачIунеб бокьараб идея кутакалда лъикIаб букIуна, амма гьеб рагIалде бахъинабиялде иш ккараб мехалда, иш батIайиса ккола.
Дица гьаниб бицунебцин гьечIо гьел мурадазе биччараб гIарцуе гьабизе бугелъул. Суалал руго щал гьенире ине ругел, сунда гьел гьенир бахиллъизе ругел, лъица гьезие хъулухъ гьабизе бугебин абурал».
«Шималияб Кавказалъул Курортал» абулеб корпорациялъул цIияв нухмалъулев Сергей Верещагин хисулев чилъун Хлопониница тун вуго жиндирго дурц Никита Шашкин. Гьел баянал къватIире кьураб «Ведомости» газетаялъ гьединго хъвалеб буго гьеб корпорациялда гьединго хIалтIулев вугин Никитал эмен Артем Шашкингиян. Гьанже гьез кьезе буго МахIачхъалаялде ралъдал рагIалда хIухьбахъи гьабизе ва Чачаналъегун Гъалгъаялъе хасало хъещтIезе гIадамал щай унарел абурал суалазе жавабал.
Гьединаб суалалъе жиндирго жаваб буго Алексей Малашенкол.
Алексей Малашенко: «Дагьал церегIан соназ дун унев вукIана Хасавбрталдаса Буйнахъскаялде. 45 километралъул манзил бугин ккола гьезда гьоркьоб. Сверухъ мугIурул, гьайбалъи! Швецария щиб букIунеб гьелде данде!
Амма-гьеб 45-ябго километралъул халалъуда нухлул кIиябго рахъалъан анцI-анцI метралъул манзил букIана рощнол цIун. Дица гьениб абуна, гIолохъаби, лъазабе ракълил цо къо ва биччанте гьеб къоялъ полициязги «рохьилазги» сверухълъи рощнодаса бацIцIад гьабизеян, биччанте гьеб раццалъи чIезабиялъул идея миллияб цолъиялъул идеялъун букIинеян.
Гьениб букIараб жо видеоялде бахъун цогиязда бихьизабуни, гьелъ Кавказ суризабизе букIана. Рощнолъ къараб берцинлъи-гьедин абила дица».
2013-2025 соназда Кавказ цебетIезабиялъул планалда рекъон, гьелъие хIажатал триллионал региналде риччазе руго гIицIго 2020 соналдаса байбихьун. Гьелде щвезегIан бугеб анкьго соналъ регионалъе кьезе буго гIицIго 235 миллиард гъурущ. Гьезулги 90 процент бюджеталъул гуреб гIарац букIине бугин лъазабулеб буго Хлопониница. «Аслияб куцалда гьел рукIине руго пачалихъиял монополиязул, чIахIиял корпорациялгун компаниязул программаби, гьездаго гьоркьор Шималияб Кавказ цебетIезабиялъул ва «Шималияб Кавказалъул Курортал» корпорациялги»,-ян бичIчIизабулеб букIана Хлопониница.
Гьесул ахирисел инициативаязул цояллъун рукIана чачаналгун гъалгъаязда гьоркьоб бугеб территориялияб къецалде гьоркьове лъугьинги, Кавказалда нусго балгун кьолел ЕГЭял щалали лъазариги. Амма гьесул аслияб масъала бугин Кавказалда кадрабазул суал цоцаде ккезабизе Кремлалъе кумек гьаби ва Дагъистаналде ГIабдулатIипов Рамазан тIамун хадуб Гъалгъайлъигун Гъабардагун-Балкариялъул нухмалъиги хисизе рес бугин хъвалеб буго хъвалеб буго Лента.ру сайталда Дмитрий Ковалевас.
Исана хасалихъе губернатор вищизе вуго Ставрополалда. Гьеб буго ритIарал рищияздаса инкар гьабичIеб цого-цо регион. Гьелъул официалияб куцалда жеги лъазабун гьечIин, амма рищиязул бутIабазда хIалтIи унеб бугин хъвалеб буго Ковалевас.
Живго Хлопонинида абуни Шималияб Кавказалда хIалтIи цебе унгутIиялъул гIилла бихьулеб буго гьениб кIудияб кIвар бугеб тухумчилъиялъулъ. Гьес гьедин абун букIана Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул данделъиялда Пятигорскалда исана маялъул ахиралда.
Гьесул рагIабазда рекъон, гьевги гьесул аппаратги политикиял ва экономикиял инициативаби рагIалде рахъинаризе лъугьунеб мехалда гьел дамиго дандчIвалел руго «этникияб компонентгун». Гьединлъидал хIукмуялги къотIулел ругин цо пуланаб этносалъул яги пуланал гIадамазул тIалъиялде гIагарлъараб къукъаялъул мурадал цIунунин абуна гьес.
Гьелъие мисаллъунги гьес бачана Шималияб Кавказалъул цIикIкIунисел республикабазда кадрабазул суал гIуцIун бугеб куц ва киналго абухъе республикабазда цIунун хутIун ругел ракьазда сверун масъалаби.
Хлопонинил пикруялда, гьеб киналго рачунел руго тIалъиялда ва халкъалда гьоркьоб рикьалаби лъугьиналде.
БакI-бакIазул нухмалъулез хIукмуял гьарулеб мехалда пачалихъалъул гурел жидерго миллаталъул яги гIага-божаразул мурадал цIунулел ругин ва гьелъ халкъ тIалъиялдаса рикIкIадги гьабулеб бугин абуна Хлопониница рехсараб данделъиялда.
Хлопониница Кавказалда гьабураб лъабго сонил хIалтIул бергьенлъабазда гьоркьоб экспертаз рехсолеб буго «Минеральные воды» аэропорталъе гIемерал соназ гьабулеб букIараб реконструкция рагIалде бахъинаби, «Селигералъул» кавказалъулаб вариант «Машук» абулеб форум гIуцIи. Гьелъул гIурхъабалъ Пятигорскалъул рагIаллъиялде ахIула Ставрополалдаса ва регионалъул республикабаздаса гIолилал лезгинкагун гIурус-миллиял кьурдаби кьурдизе ва толерантлъиялъул дарсал росизе.
Гьединго Благовещения абулеб динияб байрам тIобитIараб 7 апрелалда Пятигорскалда Спасский абулеб гьатIан къачIана лъабго цIумуралдалъун. Лъабалъего кьун буго жиндирго цIарги: Кирилл, Лев ва Александр. Гьел кколел руго 1937 соналда биххун букIараб гьатIан цIи гьабулаго бищунго цIикIкIун хIаракат бахъарав лъабго чиясул цIарал: Партиарх Кириллил, Пятигорскалъул мэр Лев Трутневасул ва гьатIан цIигьабиялъе жиндирго гIемераб гIарац кьурав Александр Хлопонинил.
Амма кин бугонги Шималияб Кавказалде вачIинаго жинда тIад лъун рукIарал масъалаби тIуразурун Хлопонинида бажарулеб гьечIин рикIкIунеб буго Валерий Хомяковасги. Гьев ккола Миилияб стратегиялъул суалазда сверун Шураялъул генералияв директор.
Валерий Хомяков: «Биччалеб буго гIемераб гIарац Дагъистаналде, Гъалгъаялъе, Гъабардагун-Балкариялде, Чачанлъиялде гьебги экономика накабаздаса тIаде бахъинабизе ва гIадатияб халкъалъул гIумру лъикIлъизабизе. Щибха кколеб бугеб хIакъикъаталдаги? ГIарац бикъа-хъамулеб, бикьа-къотIулеб буго. Хадусан Москваялда раккулел руго «Ферари» автомашиназда хъамарулел гIисинал васал.
Кавказ, узухъда, Россиялъе къваригIун буго. Амма гьеб къваригIелалдаса жидеего бокьухъе пайда босулеб буго гьеб региналъул нич тIагIарал хъулухъчагIаз. ГIадатияб халкъалъ абуни гьениб бетIер-бахъи хIалихъе гьабулеб буго.
Шималияб Кавказалде президентасул вакиллъун витIулаго «регионалъул проблемаби» къуваталъул кумекалдалдалъун гуребги экономикиял тадбираздалъунги рагIалде рахъинаризе тIадкъан букIарав Хлопонинида бажарулеб гьечIо гьеб тIадкъай тIубазабун.
Бокьилаан нилъер магъалоял кире унел ругелали лъазабизе. Лъазабизе ккола пуланав хъулухъчи яги гьесул вас Москваялда хириял автомашинаязда щай хъамарулел ругелали».
Ковалевасул пикруялда жакъа Александр Хлопонин хутIун вуго цогояб Шималияб Кавказалъул цого-цо вугев символлъун. БакIалъул гIадамазул гьесдехун бербалагьиги цо ккураб гьечIо. «Старополье-Кавказ гуро»-ян ахIулел гIурус-миллатчагIаз гьев даимго какула, дагьаб цебе Пятигорскалда лъарагIазул съезд тIобитIулеб мехалда ахирисеб инстанциялъул вихьулев вукIана гьев, амма аслияб куцалда гьевги гьесул асарги бихьулеб гьечIо. Федералияб тIалъиялъул вакиласе гIемерго лъикIаб хIужалъун кколарин гьеб, регионалде кинаб букIаниги асар гьечIев чилъун вихьулев вугин гьевин рикIкIунеб буго Ковалевас.
Красноярскаялъул ракьалъеги Москваялда гъоркьехун бугеб ва бечедал гIадамаз гIумру гьабулеб бакIлъун лъалеб Рублёвкалдасан нухмалъи гьабун ругьунав Александр Хлопонин цIияб хъулухъ щвараб мехалда Кавказалде гочинеги гIедегIичIин хъвалеб буго Лента.ру сайталда Дмитрий Ковалевас.
http://lenta.ru/articles/2013/05/30/hloponin/
Гьебго макъалаялда абулеб буго гьеб хIукмуялдалъун Москваялъ цIи гьабунин Кавказалда сардарлъиялъул кIочон букIараб тарихияб институтин.
Ставрополалъул ракьгун цадахъ «проблемияб регион» батIа тIезабун букIана Кубаналдаса, Доналдаса ва Гъоркьияб Волгаялдаса. Гьениб росдал магIишатги индустрияги руго цере тIурал, руго гIадамазул миллионаз гIумру гьабулел шагьаралги.
Шималияб Кавказалъул Федералияб мухъалде абуни гьоркьоре уна парахалъи гьечIел республикабиги, цебе бечедаб букIараб, амма гьанже хIалихъе бетIербахъи гьабулеб бугеб Ставропольги, зама-заманалда гваргъун бачIунеб терроризмалъул цIаги, 1995 соналдаса нахъе чIечIого багъулеб бугеб 58-билеб армияги.
Россиялъ цин бергьун цин къун 500 соналъ рагIалде рахъинарулел ругин «Кавказалъул проблемабиян» хъвалеб буго тIадехун рехсараб макъалаялда.
Хлопонин вукIана Кавказалдаса гIезегIанго рикIкIадисев чи. Гьев гьавун вукIана Цейлон чIинкIиллъиялда димломатазул хъизамалда. Гьев олигарх вукIиналъги гIадамазул хьул бижулеб букIана Кавказалъе нухмалъи цIалаца гуреб гъурщица гьабизе букIиналда.
Административияб нухмалъиялъулги кIудияб хIалбихьи букIана гьесул. Москваялъул финансазул компаниялда бизнесчагIи Владимир Потанинил ва Михаил Прохоровасул партнёр-гьес нухмалъи гьабулеб букIана «Норникелалъе».
2002 соналда Красноярскаялда губернаторасул рищиязда гьев къеркьолев вукIана Александр Уссгун. Гьел рищиязда щибаб гьаракь рикIIараб кьварараб къец букIана унеб. Гьеб мехалда президент Владимир Путиница Красноярскалъул губернаторасул ишал тIуразарулевлъун гьеб тIамун вукIана хасаб буюриги хъван. Гьедин загьирлъана гьев Путинил чи вукIин.
Гьениб гьесда ракьулъа магIданал рахъиялдалъун бажарана индустрия цебе тIезабизе, энергообъектал разе ва инвестициял рачIинаризе. Кавказалдаги гьебго гьес гьабилин хьулги букIун батилин Москваялъулин рикIкIунеб буго Лента. Руялда макъала хъварав Дмитрий Ковалевас.
Гьесго абулеб буго вачIинахъего Хлопонин Кавказалъул элитабаз цIакъ цIодорго гурони къабул гьавулев вукIинчIин. 2010 соналда гьес рагьун какулев вукIанин Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзан гьес тIобитIулеб гIолилазул политикаялъухъ ва гIарабазул улкабазде гьарулел сапаразухъ. Чачаназул нухмалъи абуни хIинкъулеб букIанин гьенибе гIарац биччаялъул суалазде гьоркьове Хлопонин лъугьине бегьиялдаса, амма гьеб гIададисеб хIинкъи батанин. ТIасияб 2011 соналда гьел цо командаялъул чагIилъун лъугьанин хъвалеб буго Ковалевас.
«Карнеги» централъул гIелмияв хIалтIухъан ва тарихиял гIелмабазул доктор Лексей Малашенкоца абуна Эркенлъи Радиоялъе жив божуларин Хлопонин лъил командаялъул чи вукIаниги Шималияб Кавказалда гьес щиб букIаниги бицинегIанасеб жо гьабизе букIиналда, щайгурелъул гьес гьанжелъизегIан гьабураб яги гьабичIеб хIалтIуца гьеб бихьизабулеб бугин.
Дун божуларо Хлопонинида Шималияб Кавказалда щиб букIаниги гьабизе кIвезе бугин абураб жоялда.
Кавказ цебетIезабиялъул суал байбихьудасанго хурхинабулеб букIана курортазул сектор цебетIезабиялда. «Шималияб Кавказалъул Курортал» абулеб корпорациялъул нухмалъулев Билалов АхIмадица гьабулеб букIана Сочиялда Олимпиадаялъул хIаял тIоритIизе спорталъул объектал раялъул хIалтIиги. Гьениб кколелдаса гIемерго цIикIкIун гIарац харж гьабунин абун гьениса нахъе рехарав мехалда Билалов курортазул корпорациялдасаги нахъе уна. Гьанже Хлопониница гьесул бакIалда тун вуго регионал церетIезариялъул рахъалъ министр хисулевлъун вукIарав Сергей Верещагин.
Алексей Малашенко: «ГIемер бицуна Шималияб Кавказалда гьабизе бугеб туристикияб кластералъул. Щив гьенив хIалтIизе вугев? Цоги бакIазде дандеккун гьениб гьабулеб хIухьбахъи хираго чIолеб мехалда нуж гьенире ине ругищ хIухьбахъи гьабизе? Хираго гьеб букIине буго щайгурелъул гьенибе харж гьабураб гIарац нахъбуссинабизе кколеб букIун.
Экстремалияб туризмищ гьениб букIине бугеб? Гьелъул магIна щиб вагьабиявгун цадахъ коньяк гьекъей абураб жойищ?
Гьанже бицунеб бугеб гьел жалазде 10-15 соналъ цере хIадурлъизе кколел рукIана. Щайгурелъул гьенире нухал рачунел гурониги гьенире хIухьбахъи гьабизе рачIаразе хъулухъ гьабизе лъалелги гIадамал гIезаризе кколелъул. Лъица хъулухъ гьабизе бугеб петеразда? Мужагьидасищ пиво восун бачIине бугеб? Гьелда дир кIудияб щаклъи буго.
Дида ккола кавказалдаса чиясул менталитет гьоболасул гIадаб менталитет бугин. ТIаде вачIарав гьоболлъун дида гьев вихьула, амма тIаде вачIарасе хъулухъ гьабулевлъун вихьуларо.
Масала, гьениве хIухьбахъи гьабизе вачIарав гIурусас абеха бакIалъул чиясде: «Пиво босун вачIа дие!»-ян. Гьесда гьеб квеш бихьизе буго, гьесие щвараб тарбия гьединаб гьечIо. Гьединал жал гьаризе къваригIуна батIиял гIадамал, батIияб наслу, батIияб гIарац.
Дида рагIун букIана гьадин абулеб: «Гьел петеразде рачIаразе хъулухъ гьабулел рукIине руго гIурус руччаби»,-ян абулеб. Гьебищ хIалтIул бакIаздалъун гIадамал хьезариялъул къагIида?
Кремлалдаса къватIибе бачIунеб бокьараб идея кутакалда лъикIаб букIуна, амма гьеб рагIалде бахъинабиялде иш ккараб мехалда, иш батIайиса ккола.
Дица гьаниб бицунебцин гьечIо гьел мурадазе биччараб гIарцуе гьабизе бугелъул. Суалал руго щал гьенире ине ругел, сунда гьел гьенир бахиллъизе ругел, лъица гьезие хъулухъ гьабизе бугебин абурал».
«Шималияб Кавказалъул Курортал» абулеб корпорациялъул цIияв нухмалъулев Сергей Верещагин хисулев чилъун Хлопониница тун вуго жиндирго дурц Никита Шашкин. Гьел баянал къватIире кьураб «Ведомости» газетаялъ гьединго хъвалеб буго гьеб корпорациялда гьединго хIалтIулев вугин Никитал эмен Артем Шашкингиян. Гьанже гьез кьезе буго МахIачхъалаялде ралъдал рагIалда хIухьбахъи гьабизе ва Чачаналъегун Гъалгъаялъе хасало хъещтIезе гIадамал щай унарел абурал суалазе жавабал.
Гьединаб суалалъе жиндирго жаваб буго Алексей Малашенкол.
Алексей Малашенко: «Дагьал церегIан соназ дун унев вукIана Хасавбрталдаса Буйнахъскаялде. 45 километралъул манзил бугин ккола гьезда гьоркьоб. Сверухъ мугIурул, гьайбалъи! Швецария щиб букIунеб гьелде данде!
Амма-гьеб 45-ябго километралъул халалъуда нухлул кIиябго рахъалъан анцI-анцI метралъул манзил букIана рощнол цIун. Дица гьениб абуна, гIолохъаби, лъазабе ракълил цо къо ва биччанте гьеб къоялъ полициязги «рохьилазги» сверухълъи рощнодаса бацIцIад гьабизеян, биччанте гьеб раццалъи чIезабиялъул идея миллияб цолъиялъул идеялъун букIинеян.
Гьениб букIараб жо видеоялде бахъун цогиязда бихьизабуни, гьелъ Кавказ суризабизе букIана. Рощнолъ къараб берцинлъи-гьедин абила дица».
2013-2025 соназда Кавказ цебетIезабиялъул планалда рекъон, гьелъие хIажатал триллионал региналде риччазе руго гIицIго 2020 соналдаса байбихьун. Гьелде щвезегIан бугеб анкьго соналъ регионалъе кьезе буго гIицIго 235 миллиард гъурущ. Гьезулги 90 процент бюджеталъул гуреб гIарац букIине бугин лъазабулеб буго Хлопониница. «Аслияб куцалда гьел рукIине руго пачалихъиял монополиязул, чIахIиял корпорациялгун компаниязул программаби, гьездаго гьоркьор Шималияб Кавказ цебетIезабиялъул ва «Шималияб Кавказалъул Курортал» корпорациялги»,-ян бичIчIизабулеб букIана Хлопониница.
Гьесул ахирисел инициативаязул цояллъун рукIана чачаналгун гъалгъаязда гьоркьоб бугеб территориялияб къецалде гьоркьове лъугьинги, Кавказалда нусго балгун кьолел ЕГЭял щалали лъазариги. Амма гьесул аслияб масъала бугин Кавказалда кадрабазул суал цоцаде ккезабизе Кремлалъе кумек гьаби ва Дагъистаналде ГIабдулатIипов Рамазан тIамун хадуб Гъалгъайлъигун Гъабардагун-Балкариялъул нухмалъиги хисизе рес бугин хъвалеб буго хъвалеб буго Лента.ру сайталда Дмитрий Ковалевас.
Исана хасалихъе губернатор вищизе вуго Ставрополалда. Гьеб буго ритIарал рищияздаса инкар гьабичIеб цого-цо регион. Гьелъул официалияб куцалда жеги лъазабун гьечIин, амма рищиязул бутIабазда хIалтIи унеб бугин хъвалеб буго Ковалевас.
Живго Хлопонинида абуни Шималияб Кавказалда хIалтIи цебе унгутIиялъул гIилла бихьулеб буго гьениб кIудияб кIвар бугеб тухумчилъиялъулъ. Гьес гьедин абун букIана Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул данделъиялда Пятигорскалда исана маялъул ахиралда.
Хлопонинил рагIабазда рекъон, гьевги гьесул аппаратги политикиял ва экономикиял инициативаби рагIалде рахъинаризе лъугьунеб мехалда гьел дамиго дандчIвалел руго «этникияб компонентгун».