Данделъи рагьулаго Шималияб Кавказалда вугев президентасул вакил Хлопонин Александрица тIадчIей гьабун бугоан лъабабилеб нухалдаги тIобитIулеб гьаб тадбиралъул хIасилал гьарулаго абизе рес бугин гьанжелъагIан гьабураб хIалтIул лъикIал рахъал гIезегIан ругеллъи. Вице- Премьерас бицухъе ХIинкъи гьечIолъиялъул шураялъулгун гьабураб цадахъаб хIалтIуда рекъон киналго ракIалда рукIанщинал тадбирал рагIа-ракьанде щун тIуразарун руго, ва гьелъул хIасилалда лъикIаланго лъикIлъун рагIула регионалда криминалияб ахIвал- хIал, халкъалъул рукIа- рахъиналъул шартIал, регионалъул социалиябгун -экономикияб бутIаялдаги лъугьун рагIула лъикIабго цебетIей.
РакIалде швезабила гIицIго ахирисеб анкьида жаниб Шималияб Кавказалда ккарал рагъулал тунка- гIусиязул хIасилазда гьелъул къурбаналлъун ккун руго 12 чи, гьезда гьоркьоб хасго кIвар буссинабизе ккола Дагъистаналда ккарал пашманал лъугьа-бахъиназде. Анкьил байбихьудаго Дербенталда чIвана шагьаралъул имамги гьесул гIагарал чагIиги, Табасаран мухъалда кIиго къоялъ халат бахъараб хасаб операциялда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кIигояв чIванилан кьуна лъазаби. Ноябралъул тIоцебесеб къоялъ Хив мухъалда полициялъулазде кьвагьдей лъурав чи жавабалъулаб кьвагьиялдаса хадув чIвана низам цIунулез, моцIалъ цебе гIадин абуни Дагъистаналда киналго шагьаразда циндаго хиралъана чадил буханкадул багьа, 25 гъурщиде швезегIан.
Цо кIиго соналъ цебеги жиндаго цере лъурал масъалаби тIуразеян лъугьарав гIадин вукIанин, гьанже Хлопониница жиндирго хIалIти тIаса -масаго гьабулеб бугин, гьелъул ургъелцин гьечIин гьесиеян абуна ЭР-ялъе «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Бияхъай МухIамадовас. Хасго Россиялъул президентлъун кIиабизеги Путин вачIиндал тIубанго загьирлъанин гьеб кинабгоян.
Бияхъай МухIамадовас хадубги абуна Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIаразда хурхун гьабулеб хIалтIул бицунаго МухIамад Салам МухIамадовас чанго нухалда абунин киналго тадбирал демократияб куцалда тIоритIизе кколилан. Гьедин гьес абунин мисалалъе рикъаразул гIагарлъигун дандчIваялдаги, цогидал бакIазда кIалъазе вахъунелъулги. Пятигорскиялда тIобитIараб данделъиялда абуни гьес абунин изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьор рукIун нахъруссараздехун тамихI къвакIизабиялъул мурадалда уголовнияб кодексалъул статьялда сверухъ хиса- басиял гьаризе кколилан:
Бияхъай МухIамадов. «Киназго абулеб буго чанго соналъ цебеги гьаб кинабго букIинчIилан. Мажгитал рухIун, гьенир жанир чи чIварал хIужаби рукIинчIо. Квешабщиналде байбихьана МухIамад Салам вачIун хадув. ЧIикIаса КIудияв чIвана, чIвалел руго мажгиталъул имамзабиги, гьединго гIадатияб халкъги. Кинабго чорокабщинабжо гьесул нухмалъиялда гурони букIинчIо».
Хлопониницаги гьесда релълъарал цогидазги бицунебщинаб чIанда чIалгIанин жидедаян абуна жиндирго кIалъаялда «Отечество» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей Ражабова Неллицаги. Жакъа кинаб гIумру бугеб дагъистаналдаян бихьизе цониги нухалъ кIвар кьун хал гьабурабищин гьез. Кинаб парахатаб гIумруялъул бицунелин гьел ругел жакъа чанго батIияб рагъулъ гIахьаллъи гьабурал гIадамал гIиллагицин баян гьабичIого рокъоса къватIире къотIун къварид гьаруле ругеб мехалъ, республикаялда хIалтIизе бакIги швечIого гIолилал цоял Дагъистан бахун къватIире, цогидал ярагъги босун рохьоре унеб мехалъ, чанги мискинай эбелалъул расги гIайиб гьечIел васал чIвалел ругеб мехалъ:
Раджабова Нелли: «Нужеца хIисаб гьабун бихье тIуранго чIван лъугIулел руго гIадамал. Дагъистаналъул мугIрузде рехулеб буго ядерныяб ярагъ, халкъалда жеги гьеб лъалеб гьечIо лъан хадуб гьез хIехьезе гьечIо гьеб, гьеб киналдаго тIад гьез хвезабулеб буго гIемераб гIарац . Гьединаб куцалда чIван лъугIизабулеб буго нилъер халкъ. Гьединаб ахIвал хIал жеги букIинчIо нилъер гьаниб. Дагъистаналда вижарав чияс хIехьезе гьечIо жиндирго ватIаналда гьабулеб гьединаб зулму. Гьеб кинабго ургъун гьабулеб буго Россиялъул тIалъиялъ, гьелъ малъун тIамурал Кавказалда ругел гьезул чагIазги. ХIажат гьечIо нижее гьев Хлопонин, нижерго руго чагIи».
Республикаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал- хIалалда тIасан тIолго дагъистаниязул халкъияб съезд тIобитIана араб анкьалда Москваялда. Амма гьеб мажлисалъул рахъкквезе инкар гьабуна гIемерисел дагъистанияз.