Тарихияб гIелмуялъул ва гIадамазул пикрабалъ бищунго бахIсал ва дагIбаял гьарзаяб хIужалъун рикIкIине бегьула нилъер умумуз мадугьалихъ ругел халкъазе гьарулел рукIарал чабхъенал. Гьеб тарихалъул рахъалъ цо хасаб мухъалъул, бакIалъул лъазабизе нилъ лъугьани бищунго чабхъадулал гIемераб бакI батулеб буго Хиндаллъи. ХVIII абилеб гIасруялда гьез Гуржи-ЦIоралъул ва Азербажаназул гIезегIан ракьазде гьужумалгун чабхъенал гьарун ругоан.
Гьединаб тарих лъазабулаго лъикIаб буго чIван къотIарал мисалаздалъун хасал чагIазул гIумруялъул ва ишазул цIех-рех гьаби. ГЬелъ рагьула хIакъикъат лъугьа-бахъаралъул. Жакъа бицен гьабулеб буго лъабго кьер машгьурал бодул церхъабилъун рукIарал Балахьуниса Чончолав, гьесул вас Чончол Муса ва машгьурав Мусал ГIадаласул хIакъалъулъ. Гьеб заманалъул бахIарзазул хIакъалъулъ жиндирго хъвай-хъвагIаязулъ бицун буго Шамилил наиб Гьигьалъа Иман-МухIамадицаги:
«Арал гIасрабазда Дагъистаналъул росабалъ рукIана гъазаваталъул нухда рагъулел бодул церехъаби. Гьел рукIана жеги имам Шамил ваккилелде. ГЬезул цо-цоял хутIана Шамил «загьирлъизегIан» ва рагъана гьесда цадахъги. Шамил ваккизегIанги къанщана гIезегIан бахIарзал: ЦIобокьа БацIилав, Унсоколоса ГIусманил НурмухIамад ва ЧIегIерав ХIужа, ХарачIиса Рекъав Ражбадин, Бекьилъа Хъаба ГIалилав,ХъахIаборосулъа Юсуп, Балахьуниса Мусал ГIадалав, кIкIаралазул Къурбан ва гьесул вас Муса, Къедиса КIушкIантIи ва цогидал.Гьел машгьурал церехъаби гьитIинаб къоялдасаго лъадарана хвалчал рагъулъ ва кверзул рагъулъ, гIел цоял эбелалъул керен хахун ругеб заманалдасаго. Капурзабазул ракьалда гьел сверулаан жидерго чан кквезе тIаде кIанцIулел цIиркъазде ва гъалбацIазде.
ТIадехун рехсарал бодул церехъабаз аслиял гьужумал, ай гъазават гьабулеб букIана Тушетиялдегун Кахетиялде. Гьезул рукIана батIи-батIияб къадаралъул къокъаби, Дагъистаналъул гIолохъабаздаса гIуцIарал.
Нухда дандчIварал гуржиязул бихьинал гьез чIвалаан, лъималгун руччаби асир гьарун гьарун рачун унаан.Гьел чабхъеназул хIасилалда Дагъистаналда туш-кахетиязул тайпа ва би бугел чагIи цолъана гIемерисел магIарулазул уздензабигун ва лъелъе реххарабго цIам гIадин риана дагъистаниязда гъорлъ. Гьаб сагIаталдаги гьел ратIа тIун хутIарал бакIазда магIарулазул уздензабигун гьел асиразул наслабазул букIуна вакьадасулгун дурцасул цоцаде бугеб гIадаб гьоркьоблъи.» - ян хъвалеб Иман-МухIамадица.
Чончолав
Балахьуни росу кидаго машгьураб букIана бахIарчиял, нахъе къай гьечIел бодул церехъабаздалъун. Аслияб машгьурлъи щун букIана Гуржи-ЦIоралде чабхъенал гьарулел церехъабаздалъун.Биценалъ, абиялъ ва халкъиял кучIдулъ хутIун руго жидер бахIарчилъиялдалъун ругьунал бодул церехъаби Чунчалав, Чунчал Муса[1], Мусал ГIадалав, КIудияв НурмухIаммаде, Юсупил МухIаммаде, ХIожол ГIиса ва цогидал балахьунисел.
ТIоцебе гьел бодул церехъабазул рахъалъ хъвана тарихчи Расул МухIаммадовас. Гьеб букIинчIо гьесул цIех-рехазул хIасилалда гьабураб гIелмияб хIалтIи, букIана фольклоралдаса, биценаздаса гьеб тарих лъикI лъалев Балахьуниса НурмухIмадов АхIмадица бицаралдаса данде гьабураб.
Гьес бицаралдаса хъварал руго Чончоласул рахъалъ гьал мухъалги:
Ярагъ – чаран, чу – гьалаг
Чончаласул болъе а,
Чуял къадарал чагIи
Моцосиялде рахъа. (Тушетиялде абураб магIнаялда).
Гьелдего рачIарал мухъал кьун руго Чончоласул хIакъалъулъ жиндирго тIехьалда МухIамад СагIдулаевас: «Ярагъ чаран гIадал, чу гьалакал – Чончоласул болъе, гьеб гьечIел – ах-хуралъул хIалтIабазде». Амма фольклоралдаса ва биценаздаса гурони Чончоласул хIакъалъулъ документалиял баянал ралагьизе нижеда кIвечIо.
Чончол Муса
Инсул гьечIониги гIезегIан документазда дандчIвалеб буго гьесул вас Мусал цIар ва рачизе кIола хIужаби. Масала, «ГьерекIли кIиабилесул ханлъи» абураб хIалтIулъ гьесул заманалъул тарихчи Оман Херхелуидзеца чанго бакIалда рехсолев вуго Чончол Муса». Гьеб документалда рекъон I757 абилеб соналъ Теймураз хан ва ГьерекIли ун руго Картлиялде ва гъурун руго гьенире чабхъад щварал «лекIаби» (магIарулал магIнаялда)
«Жидерго аскаралги нахъе риччан гьел лъалхъана дагьабго замнаялъ хIухь бахъизе Кцхинвал хъаладухъ. Гьоркьоб заман инелде Дагъистаналъул аскаразул церехъаби: Чончол Муса, ПатIара ГIиса ва ГьитIинав цадахъ 4000 чи вугеб аскаргун рачIун байбихьана кьвагьдезе хъалаялде. Тарихчи Оман Херхеулидзеца хъвавухъе «ханзаби рукIана аскар гьечIого, цадахъ рукIана гIицIго гьел цIунулел чагIи». Амма гьезда цадахъ букIине кколаан хъала цIунулеб гарнизонги. Гьел бахIарчиго данде кьвагьдезе лъугьарабго Чончол Мусаги аскарги цогидаб хъала босизе ана абун хъвалеб буго. Гьаниб хан ГьерекIли кIиабилесул бахIарчилъиялда щаклъизе бакI гьечIо. Гьелъие нугIлъун буго гьесул тIубараб гIумру кьалда араб биография, хIатта живго цохIо къеркьезе вахъун гьев бергьарал бакIалги. Кин бичIчIилеб кIудияб аскаргун Чончол Муса нахъе анин абураб жо. ГЬаниб Мусада бихьун батила хъала сверун ккун, гьеб босизе гIемер замани не бугеблъи ва тIаде гуржиязе кумек щвезе бегьулеблъи, гьебги хIисабалде босун ун ватила цогидаб хъала босизе.Гьебги хIисабалде босун Мусал аскар ун буго «Алис цихе» абураб хъала сверун кквезе.
«Хъалаги босун, гIемерал асиралгун ва кIудияб давлагун ана Муса нахъе» - ян хъвалеб буго документазда.
Хадусеб, I758 абилеб соналъул октябрь моцIалда «лекIабазул» кIудияб аскар кIанцIана Картлиялда тIаде. Гьенив Чончол Муса вукIун вати щакаб жо буго, щайгурелъул Херхеулидзеца кьолеб буго гьадинаб баян. Аскар кIанцIана Гартискариялде Мцхеталда аскIоб, Тифлисалдасаги рикIкIад гьечIеб бакIалда. Гьел тIаде кIанцIана тохлъукьего Константин Мухренали князасда тIаде Мухраниялдаса Тифлисалде гьев унеб нухда. Князги чIван кIанцIана дармил караваназда тIаде ва бахъун ана гIемераб бечелъи.Херхеулидзеца хъвалеб буго:
«Теймураз ханас ГьерекIли ханасухъе хъвана Кахетиялда гьезие нух кквеян. Инсул тIадкъайги тIубан ГьерекIли чIана Непареулалда, вагъана гьенив «лекIабигун», гъурана гьел, бахъана гьез араб бечелъи ва жалго лъутизаруна».
Теймураз ханас живгоги Картлиялда чIун Кахетиялда ханлъи гьабизе тана ГьерекIли хан. Балагьараб мехалда киб магIарулазе гъоркьчIел гьабизе кколебали Теймуразица малъун буго ГьерекIлида. ГьерекIли чIун вуго Напареули абураб бакIалда ЦIунтIе унелъув нухда. Гьениб Кахетиялъул гуржияз кьаби щвезабун буго магIарулазда. Тохлъукьего щвараб кьабиялъ магIарулал лъутизе ккун руго жидерго росабалъе асиралги, давлаги гъоркьго тун.
Амма хадусеб, I759 абилеб соналъ цIидасан кIудияб аскаргун чабхъен гьабун буго магIарулаз. Бодул церехъабилъун рукIун руго Чончол Мусаги, Унсоколоса Малачиги. (Гуржиязул хъвай-хъвагIаязулъ КIохIтIа абураб цIаралда вуго « вакIа-вахарарав, къамартIав абураб магIнаялда). КIиго аскар,гIага-шагарго щибазулъ 4000 чи вугел лъугьана Кахетиялде батIи-батIиял бакIаздаса.
КIудияб дандечIей гуржиязул росабалъги батичIого Чончол Муса ана Мачабели князасул Ачабети хъала босизе. Сверунги ккун кверде босана хъала ва гIемерал асирал.Гьениса Муса ана аскаргун Лиахви гIоралъул бетIерлъиялде, гьаб сагIаталда бугеб Югалъулаб Осетия. Гьениса Мусаца сапарал гьаруна гIасатIиназул росабалъе, цадахъ давлагун асиралги рачун. Проне гIор ккун гъорлъеги рещтIана Авневи росулъе ва сверун ккуна гьениб хъала. Малачилас сверун ккуна Къварелиялда букIараб Атоци хъала.
Гьеб мехалда Теймуразица кагъат хъвана Имеретиялъул хан Соломонихъе кумекалъе аскар битIе аварал нахъе хъамизеян.Оману Херхулидзеца хъвавухъе,
«Соломон хан аварзда данде вагъизе багьанаги букIун ана Теймуразил ахIиялда рекъон кумекалъе ва гьелги щущахъ риххизарун бахъана Атоци Малачиласухъа ва гъурана КохтIал аскар». Хъвай-хъвагIаязде балагьун бихьулеб буго Малачиласда ва Чоночол Мусада данде аскаргун ине Соломон хнасе гIилла букIана гьесул ракьазде гьарулел чабхъенал рукIин. Бащдаб гуреб къуваталъул къеркьеялъулъ хIасил кколареблъиги бихьун хIукму гьабула авараз аскараз тIад руссине.
Гуржиязул сиясияб ахIвал-хIал
Картлиялъул хан Теймураз ва гьесул вас хан ГьерокIли захIматаб хIалалда рукIана Чончол Мусал ва КIохтIал (Малачиласул) гьужумаз. Грузия загIиплъизабун букIана гьоркьоса къотIичIого авараз гьарулел чабхъеназ. Папуан Орбелианца хъвалеб буго: «Лезгиназ гьоркьоса къотIичIого гьарулел рукIана Картлиялде чабхъенал. Цо-цо мехалда гуржиязул ханзабаз гъурулаан гьел, цо-цо кIудияб давлагун ва асиралгунги унаан.
КIудияб зарал гьабулаан гьел чабхъеназ росдал магIишаталъе, кIолароан гIадамал къватIир рахъизе. 1757 абилеб соналъ чабхъеназул хIасилалда ккараб ракъиялъ хер кваналеб букIана гIадамазин хъвалеб буго документазда. Бищунго кIудияб гьужум гьабуна лекIабаз 1759 абилеб соналъ Чончол Мусал ва КIохIтIал (Малачиласул) нухмалъиялда гъоркь 8000 чи вугеб аскаралъ. Теймуразица, ГьерекIли ханас ва Соломоница хвасар гьабуна гьелги хъамун Грузия ва КIохтIа (Малачилав) чIванаян хъвалеб буго. (ХIакъикъаталда гьев чIвагна 1770 абилеб соналъ. Гьел чабхъеназул хIасилалда мискинлъарав ва рес къотIарав Теймураз валагьизе ккана Шималияб рахъалъул мадугьалзабахъ. 1752 абилеб соналъ Теймуразица жиндирго васгун ритIана митрополит Афанасий ва князь Симеон Макаев гIурус пача Елизавета Петровнаялъул къайимлъиялде живго вачеян. Нилъехъе щвана гуржиязул ханзабаца гIурус пачаялъухъе хъвараб кагъат, гьениб хъвалеб буго « сверун ккун руго квешал, дин батIиял халкъаз, чабхъенал гьарун чIвалел, рикъулел руго гIадамал, гьезие бокьун буго килисаби чIунтизаризе ва христианствоялъе ахир лъезе».
Хадуб Картлиялъул хан Таймуразица хIукму гьабула живго гIурус пачаялъухъе ине. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго вас ГЬерекIли ханасулгун гьесул гьоркьоблъи хвей. Грузиялдаса кIудияб къукъагун вахъарав Теймураз 1760 абилеб соналъ щвана гIорхъода бугеб гIурусазул хъала Гъизларалде. Гьев Россиялде вачIун вукIун вуго авараздаса жиндир ракьал цIунизе кумек гьарун ва Кавказалдагун Ираналда Россиялъул асар цIикIкIинабилин абураб пикругун. Амма Россиялдаса абизегIанасеб кумек Грузиялъе щвечIо 1760 абилел соназул ахиралде щвезегIан. Картлиялде ва Кахетиялде аваразул чабхъенал гьоркьор къотIичIо цониги соналъ. Масала, 1763 абилеб соналъул риидал гьабун буго чабхъе Гори абураб шагьаралде, гьениса рачун ана 15 чи, гьенир ругел гIадамаз данде рагъ гьабуниги, нухда Дюшети росулъаги ана рачун 90 чигун кIудияб давла, гъоркьчIелги гьабун гуржияз гIадамал рахъула»- ян хъвалеб буго. Цо-цо баяназда рекъон гьеб соналъ Грузиялде чабхъен гьабун буго Чончол Мусал аскаралъ ва щун руго Гори шагьаралде ва Душети росулъе.
Чончол Мусал хвел
Гьоркьоса къотIичIел рагъаз ва даим гьарулел чабхъеназ кида щваниги бачIине кколаан хвел. I767 абилеб соналъ турказ гьужумал гьарулев Имеритиялъул хан Соломоница кумек гьарана гьелгун рагъизе аваразухъа. Хадуб ккун буго документазда хъвавухъе гьадин: Соломонил рахъалда туркалгун жиндир тушбаби рагъулел ругин давлаялъухъин рагIарав ГьерекIли ханас хIукму гьабула тIад руссунел гьезие къор гъезе. Аскарги бакIарун чIана гъоркьчIел гьабун Иори гIурул рагIалда. Чабхъадаса гIемераб давлагун, боцIигун рачIарал свакарал магIарулаз гIор бахъулаго лъуна кьаби ГьерекIли ханас.
«Хъевехъана Дагъистаналде хабаргун инецин чи течIого». Гьелъул рахъалъ мухIканго хъван буго Гъизларалъул комендантас архимандрит Григорийихъе гьабураб хъвай-хъвагIаялъулъ. Гьенир кIиябго рахъалдаса рукIарал камиял гурел къо-моцIги бихьизабун буго 12 (23) декабрь 1767 сон. Гьеб сон кколеб буго Чончол Муса чIвараб сонлъунги.Гьесул вас, машгьурав Мусал ГIадалав гIолев вукIана эмен гьечIого, амма тарбия ва гIумруялъул нухлуе кьучI лъуна гьесда лъимадул ригьалда рагIарал умумузул бахIарчилъиялъул къисабаз, харбаз ва кучIдуз.
КIваричIо, ГIадалав, дуе гьеб чабхъен
Чабхъад вукIунлъидал дуе эмен камурав.
Бакьангуро, дир вас, цIоралъул давла,
Давла сабаблъунин дур вацал-вацгIалзаби дора хутIарал.
Хундерил ханасе давла щун,
Бодул церехъабазе хвалил гIажал щун
Щибго рахъи гьечIеб рагъде вахъине,
Вореги ГIадалав, гIедегIуге мун.
ГIангурал тIаделъун тIетIезе гурин,
ТIавап гьабизецин гIечIел дур куркьбал[2].