Райан Крокер ккола Цолъарал Штатазул бищунго кΙудияб хΙалбихьи бугел дипломатазул цояв. Ливаналда, Кувейталда, Сириялда ва Пакистаналда Цолъарал штатазул дипломатлъун хΙалтΙун хадув Крокер тΙамун вукΙана Ираналда вакиллъун, 2011, 2012 соназда гьев хΙалтΙана Афгъанистаналда гьебго дипломатияб хъулухъалда. Гьанже гьев ккола Техасалъул университеталъул Пачалихъияб нухмалъиялъул ва жамгΙияб хъулухъалъул школаялъул декан. Гьаб анкьалда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияб Ассамблеялда ираналъул вакиллъиялъ Райан Крокер ахΙун вукΙана Тегераналъул ядерияб программаялда сверун кΙалъа-басаязде.
ЭР. Араб анкьалда Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялда букΙана Ираналъул анкь. Генералияб Асссамблеялда цере рахъана Цолъарал Штатазул президент Барак Обама ва ираналъул коллега ХΙасан РоухΙани. Хадуб ираналъул гΙахьаллъигун тΙобитΙана «5+Ι» форматалъул гара-чΙвари. Гьелдаго цадахъ дандчΙвана Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри ва Ираналъул къватΙисел ишазул министр МахΙамад Зариф. Кинаб бугеб ахΙвал-хΙал ираналъул ядерияб программаялда сверун?
Райан Крокер: «Дир пикруялда гьеб букΙана лъикΙаб анкь. Гьелъ бихьизабуна, кинаб букΙине кколебали ираналъулазулгун диалог. БитΙараб бицани, ираналъул президентасул доклад рикΙкΙана «пропагандаялъулаблъун». Цингиги баянаб жо ккола, ирналъул рахъалъ цогΙаги чΙван къотΙараб рагΙи кьечΙеблъиги. Амма абизе бегьула, гьеб гара-чΙвариялъ хадусел галабазе лъикΙаб база гΙуцΙанин. Амма нилъее къваригΙараб жо ккола Ираналъ ядерияб ярагъ гьабулеб гьечΙеблъиялда халкъазда гьоркьосеб жамгΙият божизабулел, РоухΙанил тΙадеросизязда рекъон, мухΙканал ишал ва галаби. Цебего бижараб щаклъи ракΙалдеги босун, къваригΙине руго чΙван къотΙарал, мухΙканал, цо-цо нухалда хъачал кΙалъа-басаял. Нью Йоркалда ираналъулазул дискуссиялде балагьун, дида бичΙана, ядерияб программаялда сверун Магърибалъул ургъелал тΙагΙинариялъул мурадалда хурхарал церелъеял гьез гьаризе рукΙин. Балагьилахъа, букΙунищали гьеб гьедин. Гьеб ккола лъикΙаб байбихьи. Амма гьеб ккола гΙицΙго байбихьи».
ЭР. Ираналъул ядерияб программаялда сверун авторитет кΙудиял дунялалъул улкабигун къотΙи-къаялде рачΙиналъе РоухΙаница бихьизабуна лъабгоялдаса анлъгоялде щвезегΙан моцΙ. Сунца гьединаб жигараб галиялде Иран гьанже гьесизабулеб бугеб?
Райан Крокер: «Дида рагΙухъе, президент РоухΙаница ва гьесул къватΙисел ишазул министрас абуна, ахирисеб микьго соналда жаниб босун букΙараб нух хΙасил кьолеб букΙинчΙин я халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъе, я Иранлъеян. Цо нухалда гьес абуна, микьго соналъ цебе букΙаралдаса нилъер хΙал жакъа лъикΙ бугин абизе лъаданиги кΙоларин, гьанже заман щун бугин щиб букΙаниги цΙияб жоялъул хΙалбихьизе, нулалдаса байбихьун «кΙиябго рахъ бергьунеб» къагΙидаялде руссинеян. Дида ираналъулал ричΙчΙухъе, «кΙиябго рахъ бергьин» абураб ккола, ираналъулаз ядерияб программаялдаса инкар гьаби ва халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъ Ираналде гьабулеб тΙадецуй чΙезаби. Гьебго заманалда МАГАТЭялъул нормабазда рекъон ракълилаб ядерияб программа Ираналъ халат бахъинаби.»
ЭР. Дагьалъ цебе дуца рехсана 2001 соналда 11 сентябаралда гьарурал терактазда хадуб Цолъарал Штатазул пачалихъиял хъулухъчагΙаз Афгъанистаналдаги ГΙиракъалдаги хурхун Ираналъулгун гьарурал балъгоял кΙалъа-басаял. Гьелдаса хадуб чан балъгоял кΙалъа-басаял Вашинготоналдаги Тегераналдаги гьоркьор тΙоритΙарал, мисалалъе гьаб Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул данделъиялде щвезегΙан?
Райан Крокер: «Дица рагьун абила. 11 сентябралда хадуб Афгъанистаналда хурхун дагьалъ хадуб ГΙиракъалда хурхун кΙалъа-басаял рукΙинчΙо балъгоял. Гьел тΙоритΙана официалияб изну кьун. Гьел тΙоритΙана цΙодораб къагΙидаялда. ЛъикΙалан балагьани, бихьулеб буго гьелъул хΙакъалъулъ прессалядаги хъвалеб букΙараблъи. Амма гьел кΙалъа-басаял абизегΙанго машгьурлъичΙо щаялиго».
ЭР. Кин дуца абилеб, Сириялъул кризисалда хурхун Ираналъулгун Цолъарал штатаз тΙоритΙулищ къватΙир чΙвазаричΙел кΙалъа-басаял?
Райан Крокер: «Дихъ гьединаб битΙахъе информация гьечΙо. Нью-Йоркалда Сириялда хурхун ираналъул нухмалъулезулгун рукΙарал кΙалъа-басаязда нижеца халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъул цΙаралдаса абулеб букΙана вахΙшияб къагΙидаялда гΙадамазул гΙумру бахъулеб конфликт чΙезабиялъе цадахъаб хΙалтΙи гьабизе ккеялъул хΙакъалъулъ. Узухъда, химикияб ярагъ хΙалтΙизабиялда бан ираналъулазул позиция баянаб букΙана. Ι980 соназда гьел жалгоги лъугьун рукΙана гьединаб ярагъ хΙалтΙизабиялъул къурбаналлъун».
ЭР. Кинаб букΙине бегьулеб хΙасил америкаялъулгун ираналъул гьоркьорлъаби рукΙалиде руссани регионалда? Кин гьеб къабул гьабизе бегьулеб ГΙиракъалдаги Афгъанистаналдаги?
Райан Крокер: «Цолъарал Штатазул вакил хΙисабалда дун хΙалтΙараб гьеб кΙиябго улкаялда гьеб цΙакъ лъаикΙ къабул гьабизе буго, дир пикрялда. ГΙиракъалъулал даимго руго жал Ираналдаги Цолъарал Штатаздаги гьоркьор хутΙарал гΙадин. Ираналъулгун хурхараб историяги буго гьезул, руго проблемабиги. Амма гьеб гьезие ккола жидерго мадугьалихъ бугеб цΙакъ кΙудияб пачалихъ хΙисабалда. Дир ракΙ чΙараб буго Цолъарал Штаталги Иранги гΙагарлъиялдаса гьезул гΙумру бигьалъизе букΙиналда. Гьединго Афгъанистанги. Нижеца ираналъулазулгун Афгъанистаналъул гΙумру бигьалъизабиялда хурхарал ритΙахъел кΙалъа-басаял тΙоритΙулеб мехалда, афгъанистаналъул нухмалъулезе гьеб цΙакъ ракΙалъе гΙолеб букΙана. Дир пикруялда, регионалда руго гьелдаса ургъел ккезе бегьулел улкабиги. Иранги Цолъарал Штаталги бокьараб рахъалдаса цо пикруялде рачΙиналдаса, регионалда парахалъи щулалъун гурони, кинабгΙаги цΙияб альянс гΙуцΙулеб гьечΙеблъи бичΙинабизе ккезе буго нижеца гьединал улкабазда. Гьединал хΙинкъиял рукΙине бегьула Ираилалъул, яги гΙарабазул, яги цогидал рахъазул. Нижеца гьел гΙодоруссинаризе ккола хΙинкъиялъе багьана гьечΙеблъи бихьизабун».
Райан Крокер: «Дир пикруялда гьеб букΙана лъикΙаб анкь. Гьелъ бихьизабуна, кинаб букΙине кколебали ираналъулазулгун диалог. БитΙараб бицани, ираналъул президентасул доклад рикΙкΙана «пропагандаялъулаблъун». Цингиги баянаб жо ккола, ирналъул рахъалъ цогΙаги чΙван къотΙараб рагΙи кьечΙеблъиги. Амма абизе бегьула, гьеб гара-чΙвариялъ хадусел галабазе лъикΙаб база гΙуцΙанин. Амма нилъее къваригΙараб жо ккола Ираналъ ядерияб ярагъ гьабулеб гьечΙеблъиялда халкъазда гьоркьосеб жамгΙият божизабулел, РоухΙанил тΙадеросизязда рекъон, мухΙканал ишал ва галаби. Цебего бижараб щаклъи ракΙалдеги босун, къваригΙине руго чΙван къотΙарал, мухΙканал, цо-цо нухалда хъачал кΙалъа-басаял. Нью Йоркалда ираналъулазул дискуссиялде балагьун, дида бичΙана, ядерияб программаялда сверун Магърибалъул ургъелал тΙагΙинариялъул мурадалда хурхарал церелъеял гьез гьаризе рукΙин. Балагьилахъа, букΙунищали гьеб гьедин. Гьеб ккола лъикΙаб байбихьи. Амма гьеб ккола гΙицΙго байбихьи».
ЭР. Ираналъул ядерияб программаялда сверун авторитет кΙудиял дунялалъул улкабигун къотΙи-къаялде рачΙиналъе РоухΙаница бихьизабуна лъабгоялдаса анлъгоялде щвезегΙан моцΙ. Сунца гьединаб жигараб галиялде Иран гьанже гьесизабулеб бугеб?
Райан Крокер: «Дида рагΙухъе, президент РоухΙаница ва гьесул къватΙисел ишазул министрас абуна, ахирисеб микьго соналда жаниб босун букΙараб нух хΙасил кьолеб букΙинчΙин я халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъе, я Иранлъеян. Цо нухалда гьес абуна, микьго соналъ цебе букΙаралдаса нилъер хΙал жакъа лъикΙ бугин абизе лъаданиги кΙоларин, гьанже заман щун бугин щиб букΙаниги цΙияб жоялъул хΙалбихьизе, нулалдаса байбихьун «кΙиябго рахъ бергьунеб» къагΙидаялде руссинеян. Дида ираналъулал ричΙчΙухъе, «кΙиябго рахъ бергьин» абураб ккола, ираналъулаз ядерияб программаялдаса инкар гьаби ва халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъ Ираналде гьабулеб тΙадецуй чΙезаби. Гьебго заманалда МАГАТЭялъул нормабазда рекъон ракълилаб ядерияб программа Ираналъ халат бахъинаби.»
Дида ираналъулал ричΙчΙухъе, «кΙиябго рахъ бергьин» абураб ккола, ираналъулаз ядерияб программаялдаса инкар гьаби ва халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталъ Ираналде гьабулеб тΙадецуй чΙезаби. Гьебго заманалда МАГАТЭялъул нормабазда рекъон ракълилаб ядерияб программа Ираналъ халат бахъинаби. Райан Крокер