Незар АхΙмад Багьави: «Гьел цΙакъ кΙвар кΙудиял къецал ккола. Олимпияб медаль щвей ккола бокьарав спортсменасул бищунго кΙудияб анищ. Гьединлъидал нижеца, спортсменаз кΙал кквечΙого тела гьал хΙаязда. Амма Рамазан моцΙалда кквечΙого тарал кΙалал нижеца рецΙила хадур. Щайгурелъул щибаб къойил ниж рукΙуна къецазде хΙадурулел. Къецазде хΙадурулеб мехалда бегьулеб жо гуро ракъун чΙезе, хасго лъин гьекъечΙого чΙезе.»
СагΙудиязул ГΙарабиялъул яги ИраналъулгΙадал консервативиял бусурбабазул улкабазул олимпиял комитетаз жидерго спортсменаздасан тΙалаб гьабизе бегьула Рамазан моцΙалъ налъи тΙубазаби. Амма Олимпиадаялда гΙахьаллъизесел бусурбабазул гΙемерисез абулеб буго, жал цереккунго данде кколареб, ритΙухъабгуреб хΙалалде кколел рукΙин ракΙалдеги босун, жидеца кΙал кквеяллъул заман нахъе цΙазе бугила.
Динияв гΙалимчи Сидикулла Федайи: «Гьеб бараб буго кир гьел хΙаял тΙоритΙулел рукΙиналда: спортсменалъул росулъ яги гьесул гΙагараб шагьаралда – гьеб цо жо буго. Гьел къецал цогидал бакΙазда тΙоритΙулел ругони, къургΙаналъ абулеб буго гьадин: нуж унтун яги нухда ратани, кΙал кквей те хадусеб заманалде, абун»
Федайица абулеб буго гьединго, сапаралда гьечΙел гΙадамазеги кΙал кквеялъул яги ккунгутΙиялъул хΙукму жидецаго гьабизе рес кьолеб бугила къургΙаналъила.
Сидикулла Федайи: «Чиясул сахлъиялъул проблемаби ругони, яги кΙал кквеялъе гΙоло чорхол хΙал квешлъулеб бугони, яги кинал рукΙаниги цогидал багьанабазе гΙоло чи кваначΙого чΙезе бегьулев гьечΙони, гьеб мехалда бусурбанчияс жинцаго бищизе ккола, кинаб нух гьесие данде кколебали. Гьеб ситуациялда бихьизабун гьечΙо мухΙканаб гали, чияс жинцаго бищизе кколеб буго, бегьулищ гьес кΙал кквей цогидаб заманалде бахъизе яги бегьуларищ.»
24 сон барав Мо Сбигьи ккола Британиялъул бусурбабазул тΙоцевесев расихъан. Гьесги абулеб буго жинца кΙал кквей ноябралде тезе бугин. Олимпиял хΙаязда гΙахьаллъиялъе гΙумруялда жаниб цо нухалъгурони рес щвечΙого хутΙизе бегьулин, гьединаб ресалдасан пайда босичΙого тани, хадуб цΙакъ ракΙ хвезе бугин. Газа секторалдасан 20 сон барав векерухъан Багьаа аль Фаррае динияв гΙалимчияс изну кьун буго Олимпиадаялъул ва гьелде хΙадурулеб заманалда кΙал кквечΙого тезе. Гьес гьеб хадуб бецΙизе рагΙула.
Медекиял экспертаз абулеб буго, спортсменазе, хасго ччобориялъул къуват къваригΙунел спорталъул тайпабазул атлетазе зарал ккезе бегьулин, гьел къецал унеб яги гьезде хΙадурулеб мехалда кваначΙого яги лъин гьекъечΙого чΙун ругониян. Британиялъул журналалъ хъвалеб буго, 2007 соналда алжиралъул кΙал ккун спортивиял къецазда гΙахьаллъарал спортсменазул хал гьабун, бихьулеб букΙанин, гьел хехлъиялъулги, реакциялъулги, хΙехьеялъулги рахъаздасан гΙуралъ талхун рукΙин. Гьедин букΙанигиян абулеб буго Халкъазда гьоркьосеб Олимпияб комитеталъул кванил суалазда сверун къокъаялъул нухмалъулев Роналд Моница, анцΙгогΙан соналъ цебе Лонданалда тΙориΙтизесел Олимпиял ХΙаязул хΙакъалъулъ лъазабун букΙаниги, лъицаниги, кинабгΙаги улкаялъ протест загьир гьабун букΙинчΙила.
Роналд Мон: «Узухъда гьеб ккола цΙакъ кΙвар кΙудияб суал. Халкъазда гьоркьосеб олимпияб комитеталъул ургъел ккун буго гьединал спортсменал цебеккунго захΙматал шартΙазда рукΙиналдасан. ХΙаял тΙоритΙиялъул бакΙги болжалги чΙезарун рукΙана комитеталъ. Ресал рукΙана гьеб график хисизабизе. Амма лъицаниги загьир гьарун рукΙинчΙо жидерго претензияби.»
Монил рагΙабазда, гьанже претензияби загьир гьарулел кколел гьечΙо битΙахъе Олимпиял ХΙаязде хурхен бугел чагΙи. Гьедин букΙаниги, бусурбан диналъул спортсменазе Лондоналда хасал шартΙал – кΙал кквеялъул квенде радакь рахъиналдасан байбихьун кΙал биччаялде щвезегΙан - чΙезаризе хΙаракат бахъулеб буго Олимпияб комитеталъ.
Инсанасул ихтиярал цΙунулел цо-цо гΙуцΙабаз Халкъазда гьоркьосеб Олимпияб комитет ахΙулеб буго Олимпиял хΙаял цогидаб заманалде рахъиялде. Моница абулеб буго, гьеб суалалда хурхун нахъ тΙамичΙого хΙукму гьабизе захΙматго бугила. Санайилго бахΙсалги рукΙунила кколищ яги кколарищ бусурбабаз кΙал кквезе спортивиял къецазде хΙадурулеб мехалда абун. Аммаян абулеб буго гьес, батΙа чΙарал спортсменаз абулеб букΙунила кΙал кколеб мехалда жидер тΙадеги жигарлъи букΙунила рухΙияб къуватги таде жубалеб букΙиналин гьебила.