Щванищ, магIарулав, мун АхIулгохIде? (видео)

АхIулгохI

Исана 174 сон тIубала АхIулгохIда тарихияб къеркьей байбихьараладса. Гьений шагьидлъана Шамилил тIулбикьарй яц ва гьесул лъади. Араб шамат къолъ гьанибе зиярат гьабуна аза-азар Дагъистанияз. Кинаб бакI кколеб Россиялъул ва Дагъистаналъул тарихалда жанию АхIулгохIалда букIараб рагъалъ? Щиб щвараб Россиялъе гьеб кверде босунилан?

Каваказалъул рагъул тарихалда жаниб бищунго кIудияб бакI кколин абизе бегьула 1839 соналъ АхIулгохIда букIараб къеркьеялъ. БатIи-батIиял баяназда рекъон пачаясул аскаралъул 15 азарго гIанасев чиясда дандечIей гьабун рагъана муридзабазул цIакъго дагьав чи. Гьеб букIана гурхIел гьечIеб ращалъи гьечIеб рагъ. ТарихчагIазул биценазда рекъон пачаясул аскаразда дандечIей гьабун АхIулгохI цIунун чIарал чагIазул къадар букIана щуазарго чи.

Роол моцIазул тIоцебесеб июналъул 15 къоялдаса августалъул ахиралде щезегIан лъабго моцI гIанасеб мехалъ халат бахъана гьеб къеркьей. Аза-зар мурид шагьидлъана гьенив. Гьений къадарале щвана Шамилил лъади Жавгьарат. Кверде щивниги чи унгейилан Имамасул буюрухъалъе хилиплъичIого гIассияб кьурулъа гъоркье кIанцIун хвана Шамилил тIулбикьарай яц, ПатIимат. АхIулгохIда букIраб къеркьеялъул хIакъалъулъ хъван руго гIемерал назамаби, кучIдул, туркаби.

Гьеб киналъулго бицана араб шамат къоялъ сентябралъул 28 къоялъ АхIулгохIда зиярат гьабиялъул хIурматалда тIобитIараб мажлисалда. ГIемерав чи вачIун вукIана гьеб къоялъ гьениве.

Мажлисалъул байбихьудаго гьеб гохIда тIад букIараб гурхIел гьечIеб рагъул хIакъалъулъ гьадин бицана ГIашилтIа росдал имам МухIамадица. Доб мехалъ 200 гIанасеб гурони цIараки гьечIеб гьеб гьитIинабго росулъа АхIулгохIда букIараб рагъулъ гIахьалъи гьабун буго 300 гIанасев чияс.

ГIашилта росдал иамам, МухIамадхIабиб: «Роол моцIалъул 15 июналадса нахъе сверун ккун буго гьаб гохI пачаясул солдатаз ва офицерзабаз. Гьедин байбихьана гьаб гъазават. Лъабго моцIалъ халат бахъанин гьабилан абулеб буго биценазда рекъон. Цогидал баяназда рекъон 33 азарго чи вукъанин гьанивиланги абула. Гьеле гьевгощинав чиясда данде рагъулел рукIана муридзабазл 1500 гIансев чи. Нужецаго хIисаб гьабеха диналхул вайал гIадамасул лъай гIакълуялда борцине кIолеб хIакикъат бугищ гьебали. Нижер гIашилтIаса чIахIиял чагIаца бицунаха 20 гурони цIараки гьечIеб росулъа 300 гIанасев чи гIахьаллъанин гьеб рагъулъилан. Гьединго ЧIиркъатIаса тIубараб 30 хъизам хун буго гьениб»

Кинаб бакIха кколеб АхIулгохIалъ улкаялъул тарихалда жанибго. Гъоркьлъалие жиндирго васги кьун рескъотIараб хIалалде ккарав Шамилица АхIулгохI тезе хIукму гьабуниги, гIурусазухъе гьеб щваниги пачаясул аскар гьениб бергьараблъун рикIкIине бегулиш? Гьединаб суал нижеца кьуна Шамилил фондалъул вукIарав нухмалъулев. Дадаев Юсупие. Жиндир заманалда гьес хъвана АхIулгохI абураб тIехь.

Дадаев Юсуп: «Тарихалда жанир карал лъугьа-бахъиназул хIакъикъат кьезе ккола бугеб къагIидаялъ. АхIулгохIалъул тарих киданиги хвезе гьечIо, гьеб насалабаз наслабазе кьун цIунун хутIизе буго. Гьеб рагъулъ гIурусазулги дагъистаниязулги цоцаздехун бугеб бербалагьи хисанищан абунин абуни, хисана, гIурусазги гIемераб вахIшилъи хIалтIизабуна магIарулаздехун, гIемрав чи шагьидлъана гьенив…»

Э.Р АхIулугохI гIурусазухъе щваниги гьел тIуранго бергьараллъун рикIкIине бегьулиш гьенир, Шамил кинго наххъсуссарвлъун рагъ цIигьабизе

Дадаев Юсуп «Узухъда гьеб битIраблъун букIинаро, Шамил Чачаналде ун цIидасан къуватги данде гьабун байбихьана рагъде. ГIурусазеги буго гьеб тарихияб бакIлъун, нилъее магIарулазеги гьеб АхIулгохI ккола бахIарчилъиялъул ва эркенлъиялъул борхараб байрхълъун:

АхIулгохIда букIараб рагъ гIалимзабаца релълъинабулеб буго Бадру УхIудалда букIараб рагъуда.Салат-салам лъеяв МухIаммад аварагасул къурайшиязда данде ислам цIунун гьабураб гъазават ккола гьебги. Живго имам Шамилида абула анлъабилев ахIабилан. Дунялалда тIад цоги гьединав чи вахъинчIилан чIезабуна цебего.