Ссылки для упрощенного доступа

ХI.Доногъо: Тарихиял гъалатIазе мукIурлъизе ккола (видео)


Россиялъул история гIаммаб лъайкьеялъул школазда малъизе ккола улка гIуцIарал ва гьеб тIибитIарал территориязул тарихги малъулаго. Гьединаб балансалъул рахъ кколеб буго гIелмияб цIех-рех гьабулел институтазул вакилзабаз. Гьал къоязда гьез дандбалеб букIана Россиялъул историялъулаб жамгIиталъ цебе лъураб историялъулабгун-культураялъул стандарталъул проект. Гьеб стандарталъул авторал разиял руго историялъе «гIемерал даражазулаб» ва «гIемерал факторазулаб» хасият кьезе ккеялда. Кинабха букIине кколеб Россиялъул школазда тарих малъизе бугеб цогояб тIехь?

РакIалде кколеб буго школазда малъизе бугеб историялъул тIехьалда тIокIаб букIине гьечIин «татаразулгун-монголазул иго» абураб термин. Гьеб хисизе рес буго «ордаялъул ханазул къайимлъиялда россиялъул ракьал рукIиналъул система» абураб терминалъ. Гьеб тIалаб гьабулеб букIана Татарстаналъул тарихчагIаз. Россиялъул тарихалда «татаралгун-монголал» рихьизарула гIасрабаз улка лагълъуда ккун рукIарал чагIилъун. Татарстаналда абуни, «Меседил Орда рикIкIуна империялъун ва живго Чингисханги гьенив зулмучилъун гурев реформаторлъун вихьулев вуго». Гьедин рикIкIунеб буго Татарстаналъул гIелмабазул Академиялъул вице-президент Рафаэль ХIакимовас. Гьес нухмалъи гьабулеб буго республикаялъул тарихалъул Институталъеги.
ГIемерал территориял цолъизарун лъугьараб ва гIемерал халкъалгун гьудуллъиялъулал гурел тушманлъиялъулал гьоркьорлъабиги рукIараб Россиялда киназего данде кколеб ва цогиязул къадру гIодобегIан гьабулареб киназего гIаммаб тарихалъул тIехь гIуцIи бигьаяб масъала гурин рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса тарихчи ХIажимурад Доногъоца.

ХIажимурад Доногъо: «Жакъа киназего гIаммаб тарихалъул тIехь хъвазе лъугьани киназего бокьухъе гьеб хъвазе кIвазе гьечIо. Гьеб кин хъвалебалигицин дида лъаларо, жакъа гьеб лъалев чиги ватиларо. Масала, Россиялъул империялъ Кавказ мукIур гьабиялъул хъвалеб бугони кин гьеб хъвалеб. Россиялъул рахъалдасан гьеб буго бахIарчилъиги, багьадурлъиги ва «нахъе ккарал халкъазе» цебетIей щвезабиги. Кавказалъул халкъазе гьеб букIана жал мукIур гьари ва зарукье роси. Гьединал мисалал Россиялъул тарихалда гIунги тIокIал руго. Хъвазе къваригIун буго ритIухъаб ва киналго халкъазе данде кколеб историялъул тIехь. 1812 соналъул рагъул бахIарчи Россиялда Кавказ мукIур гьабуравлъун лъалев Алексей Ермолов гьенив бахIарчилъун хутIулев вугониги Кавказалда гьев вуго росаби рухIулев ва руччабигун лъимал гъурарав гIащтIичи. Кавказалдаги бахIарчийищха гьев вукIине кколев? Кколаро».

Советияб заманаялда ва гьелдаса хадуб цIияб Россиялда школазда дарс кьезе рихьизарурал историялъул тIахьазда кьурал баяназда разиял рукIинчIо татаралги, чергесалги, чачаналги, дагъистаниялги цоги гIисинал миллаталги. Цебе гьеб пикру рагьун загьир гьабизе кIолеб букIинчIоги гьанже гьединаб рес щведал рагIулел руго гьел халкъазул тарихалда кIвар букIарал цо-цо хIужабазул я мекъса бицунеб букIанин, ялъуни бицунебцин букIинчIин абулел пикраби. Империя гIуцIулаго жидеца гьарурал гъалатIазе мукIурлъи бугин гьанже цогояб ва киназего данде кколеб историялъул тIехь гIуцIизе бищунго лъикIаб нухин рикIкIунеб буго ХIажимурад Доногъоца.

ХIажимурад Доногъо: «Тарихалда рукIарал улкаялъул цо-цо халкъазе данде кколарел хIужжаби хъвачIого тезейищха кколел? Кколаро. Гьеб трагедия букIун батани, мукIурлъизе ккола гьелъие. МукIурлъизе ккола гьеб цо рахъалъ колониалияб рагъ букIиналъе цогияб рахъалъ гьелде данде гьабулеб рагъ букIараблъиялъе. МукIурлъиялъулъ нечезе ккараб жоги гьечIо. Гьеб буго тарихияб хIужжа».

Щалниги сундуениги мукIурлъиялъул щибго рагIулеб гьечIелъул, гьел хIужжабазул церегогIадин гьанжеги рехсечIого тезе рес бугин ва политика историялде гьоркьобе лъугьунеб бугин рикIкIунеб буго тарихчияс.

ХIажимурад Доногъо: «Политика буго киса-кибего. Кинаб бугониги халкъалъул историялъул бицунеб бугони гьенир рукIарал рагъулал ишазул бицинчIого рорчIуларо. Гьел халкъал мукIур гьариялъул, гьезие колониализация гьабиялъул планазулги бицине ккола. Гьединлъидал цIакъ тIад ургъун гьабизе кколеб хIалтIи буго гьеб».

Гьал къоязда Дагъистаналда ракIалде щвезарулел руго АхIулгохIда I70 сон цебе букIараб рагъда къурбанлъарал. Гьеб мехалда Дагъистан ва Шималияб Кавказ багъулеб букIана гIурус паччаясде данде ва гьеб кIиябго рахъалъул гьел хIужжабазул бихьигун бичIчIиги цогояб гьечIо.

ХIажимурад Доногъо: «АхIулгохI дагъистаниязе буго Бородино гIурусазе гIадинаб жо. Гьединлъидал кавказалъул рагъул бицунебщинаб бакIалда, тарихиял документазда АхIулгохIалъул бицунги буго, щайгурелъул гьениб букIана кIудияб ва вахIщияб рагъ, гьенир хвана кIиябго рахъалдасан цIакъ гIемерал гIадамал, гьеб рагъул тарихияб кIварги цIакъ кIудияб буго. Россиялъул историялда Кавказалъул бицунеб бакIалда чара гьечIого хъвазе ккола АхIулгохIалда, Гъунибалда ва СалтIа рукIарал лъугьа-бахъиназул.

Историялъул цогояб тIехь гIуцIулаго советияб заманалъулал гъатIал такрар гьариялдаса цIодорго чIезе кколин рикIкIунеб буго Ярлыкапов АхIмадица.
Гьев ккола Россиялъул гIелмияб Академиялъул этнологиялъул ва антропологияб цIех-рехалъул институталъул хIалтIухъан.

Ярлыкапов АхIмад: «Дица рикIкIуна бищунго лъикIаб гьабулайинги абун гIадамаз бищунго гIантал ишал гьарулин. Гьанже историялъул цогояб тIехь гьабулайин абунги гьабулеб бугин ккола цо гIантаб иш, хасго гьеб хIадурулеб бугеб куц бихьун ва гьелда цере ругел масъалаби ракIалде росун. Гьеб буго советияб заманаялде тIадруссин. Доб мехалдаги рукIана историялъул цогоял тIахьал, амма гьанже гьарулел ругел гьездасаги кIудияб фарслъун ккезе руго. Гьелъие гIиллаги буго доб мехалда цогояб тIехь гьабизе гIураб идеологияги, гьелъие хIажатал технологиялги рукIин.

Дол тIахьазда рикIкIунеб букIана Меседил Орда Россиялъул кIудияб тушман букIанин. ХIакъикъаталда абуни, Россиялъул пачалихъ гIуцIиялъулъ кIудияб лъалкI тана гьелъ. Советиял тIахьазда гьелъул бицунеб букIинчIо. Дида ккола гьанже хIадурулеб бугеб цогияб тIахьидаги бицине гьечIин. Амма гьеб букIине буго кIудияб гIантлъилъун, щайгурелъул гьанже бокьараб магIданалдасан бокьараб информация щвезе рес букIун. Гьединаб Россиялъул тарихалда кIудияб лъалкI тарал халкъазул бицунеб гьечIеб тIехьалдехун гIадамазул бербалагьи кинаб букIине кколеб?»

Амма цIигIуцIулеб бугеб историялъул цогояб тIехьалда банги Ярлыкаповасул хьулал кIудиял гьечIо.

Ярлыкапов АхIмад: «Кавказалъул рагъул бицани, гьеб буго цIакъ цIодорго рагьизе кколеб тема. Амма битIараб бицине кколелъул. Цебе нилъ гьелдаса махIрум гьарун рукIана, ракIалде кколеб буго цIияб тIахьидаги кинабго битIараб бицине гьечIин».

Жинда рекъон россиялъул гIаммаб лъайкьеялъул школазда малъизе бугеб историялъул тIехь хъвазе буго бицен гьабулеб историялъулгун-культурияб стандарталда хурхун проекталда тIасан. Гьелъул ахирисеб версия 1 ноябралда кьезе буго президент Владимир Путинихъе.
XS
SM
MD
LG