ГIурадаса ИбрагьимхIажи – рагъухъан, политик ва гIалим

Нилъер гIемерисезда «гIалимчи» абураб рагIи рагIарабго цо живго жиндиего чIарав ва сверухъ бугеб дунялалъул тIалаб гьечIел чагIи цере тIамула. ХIакъикъаталдайин абуни нилъеда бихьулеб буго Дагъистаналъул гIалимзаби гьелъул гIаксалда жамгIияб гIумруялда бакьулъ рукIараллъи. Гьел гIицIго рагIул ва гIелмуялъул гурел ишалъулги чагIи рукIараллъи.
Гьезул тIоцересезул кьерда рехсезе бегьила машгьурав хIаракатчи, гъваридго фикгьи ва гIараб грамматика лъалев гIалим, мадрасабазе ва Исламияб гIелму тIибитIизабиялъе кьучI лъурав ГIурадаса ИбрагьимхIажи. Гьелда тIадеги ИбрагьимхIажи тарихалда хутIана 1740 абилел соназда къажаразул Надиршагьасда данде дагътстаниял рахъизаруразул цевехъан хIисабалдаги. Гьаниб абичIого гIоларо, гъоркьехун кьолел баянал киназдего гIагарун руго нилъер заманалъул кIиго машгьурав гIалимчиясул цIех-рехазул хIасилал Т.М. Айтберовасул «ГIурадаса ИбрагьимхIажил биографиялъул цIиял баянал» ва А.Р. ШихсагIидовасул «ГIурадаса ИбрагьимхIажил гIелмияб ирс» абурал цIех-рехазул.

ИбрагьимхIажи гьавуна ГIурада росулъ машгьурав фикъгиялъул ва гIараб адабияталъул гIалим, мадрасалъе кьучI лъурав гIуцIарухъан ХIажимухIамадил хъизамалда. Ибрагьимие лъикIаб лъай щвана бакIалъул гIалимзабаздаги, жиндирго инсуда цебеги, гьединго цIалана Дагъистан бахъун хадубцин. Жалго гьидерида гьоркьор хутIарал биценазда рекъон Ибрагьим вукIун вуго цIакъ захIмат бокьулев ва гIелмуялъухъ къечарав чи. Гье ун вукIун вуго ХIежалде, гьениб бухьен ва лъай-хъвай ккун буго Маккаялъул,Бусраялъул ва Дамаскалъул гIемерал гIалимзабазулгун, гIахьаллъун вуго гIелмиял суалазда тIаса кIвар бугел данделъабазда ва бахIсазда. ГIелмуялда гьесул букIараб къадруялъул бицана хадусел гIасрабазул гIалимзабацацин.

Машгьурав гIалим, имам Шамилилгун пикруцояв ва тарихчи Гъумекиса ГIабдурахIманица (1837-1901) жиндирго «РакIалдещвеязулъ» ГIурадаса ИбрагьимхIажи рехсолев вуго ХVII- ХIХ гIасруялъул аслияв гIалим-факъигьлъун.
Шайих ЧIохъа МухIамадгIалица ИбрагьимхIажил рахъалъ хъвалеб буго: « Гьев вукIана гъваридаб гIелму щварав чи, ХIежалде ва ГIумраялде гьарурал сапаразги рес кьуна гьесие гIелму босизе. Гьев дандчIвана машгьурал фатваби кьурав Маккаялдаса СагIидгун, Дамаскалда шафигIитазул муфтийлъун вукIарав ал-Гъазигун, хъвана аль-Бухариясул хIалтIабазе баянал» - ин.

Персазул кьалбал ругев Бакихановасул (1846 абилеб соналъ хвана) пикруялда рекъон бакъбаккул мацIал лъалел гIалимзабалъ рехсезе мустахIикъав вуго анкьго чи, гьезда гъорлъ вуго ИбрагьимхIажиги. Багинуса ШугIайб-Апандияс машгьурал аваразул гIалмазабалъ рехсолел руго ИбрагьимхIажиги, МачIадаса ХIадисги, Байбунги.

Тумав ЗамиргIалица (хв.1940) ГIурадаса ИбрагьимхIажи рикIкIунев жиндир заманалъул бищунго камилав юристлъун. Гьесул руго гIемерал фатваби, хасго гьел хIажалъана Закавказьялде чабхъенал гьарулел магIарулазе баяналъе. ХIасил калам, бакъбаккул мацIалги лъалел, исламияб гIелмуялъул лъикIаб лъайги щварал батIияб заманалъул ва батIи-батIиял миллатазул гIалимаз кIудияб къимат кьолеб буго гIалим ГIурадаса ИбрагьимхIажиясе.

ГIалимчиясул библиотека – рухIияб ирс

ГIалимчи Амри ШихсагIидовасул пикруялда рекъон гIемерал тарихиял ва гIелмиял бухьеназул кьучIалда Дагъистаналда лъугьана интеллектуалияб фонд – гIараб гIелмуялъул тIахьал. Гьединаб къиматаб хазиналъун рикIкIине бегьула ГIурадаса ИбрагьимхIажиясул хъвай-хъвагIаязул ва тIахьазул фондги.

Гьенир руго ХII абилеб гIасруялдаса бахъараб ХIХ абилеб гIасруялде щвезегIан рукIарал хъвай-хъвагIаял, живго гIалим хваралдаса тIаде лъуралги. Аслияб къагIидаялда руго ХIII абилеб гIасруялъул. Гьезде щвараб къиматалъул ва кIваралъул хъвай-хъвагIаял гьечIо Дагъистаналда. Руго некIсиял хIалтIабиги. Масала ан-Нававил хIалтIуда тIаса цогидав машгьурав гIалим, Мисриялъул юрист Ибн ХIажар ал-Хайтамица (1565с) къокъ гьабун гьабураб хIалтIи. ИбрагьимхIажихъе гьеб щвана ирсалъе. Копиялда тIад хъван буго гьеб хIалтIи кагътиде босанин «Гьидерил ва ГIурадисезул кIиябго хIужраялъубе зиярат гьабурав ГIалил вас МухIамадица 1684 абилеб соналъул риидал». ГIагарлъиялъул хIаракаталдалъун, хасго ХХ абилеб гIасруялъул 20-30 абилел соназда цIунизе кIвараб ГIурадаса ИбрагьимхIажил тIахьазул ва хъвай-хъвагIаязул нахърател буго Дагъистаналъул бищунго къиматаб хазинабаздаса цояблъун. Гьезул къимат тIадегIан гьабулеб цойги хIужалъун буго гьел киналго некIсиял хъвай-хъвагIаял рукIин ХIII абилеб гIасруялдаса бахъараб хIатта ХVIII гIасруялде щвезегIан хъварал рукIиналъ. Киналгго хъвай-хъвагIаял руго гIараб мацIалда, кIиго гьитIинабго гIараб алфавиталда авар мацIалда хъварал кагътал хутIун.

ИбрагьимхIажил биография ва наслу

ГIурадаса ИбрагьимхIажи мухIканго чанабилеб соналъ гьавуравали чIезабизе захIмат буго, гьел баянал гьечIо. Цониги гIалимас гьев гьавураб соналда хурхун хъвай-хъвагIай тун гьечIо. Гьелда хурхун гIалимчи Тимур Айтберовас хъвалеб буго ИбрагьимхIажил цIар тIоцебе дандчIвалеб бугила Хъазанищиса къади ШайихмухIамадица 1735 абилеб соналъ ГIурадаса гIалимасухъе хъвалеб кагътида. Гьеб заманалда гIага-шагарго ИбрагьимхIажиясул букIине ккола лъеберго сонин ри кIкIунеб буго Т.Айтберовас. Живго ИбрагьимхIажи кколев вуго 1700-05 абилел соназда гьавурав чи. ИбрагьимхIажи хвараб мехалда хурхун руго батIи-батIиял хъвай-хъвагIаял:1761,1810, 1850 сонал.

ЧIохъа МухIамадгIалил пикруялда гьев хун вуго 1810 абилеб соналда, гьелда тIад рекъолев гьечIо Дургъелиса Назир, гьесул пикруялда ИбрагьимхIажи хвана 1760-61 абилел соназдаго. Амма ГIурада цо зонода гьабураб хъвай-хъвагIай батIияб буго. ИбрагьмхIажил хоб буго некIсиял хабзалалъ, Лъахъ росдал рахъалдаса рачIунаго нухлул квегIаб рахъалда. Хабада тIад буго борхатаб зани, сверухъ гIемерал ххамил кескал тIад рухьараб – гьеб буго Ислам бачIинелде цере рукIарал гIадатздаса цояб. Гьедин къачIалел рукIана диниял чагIазул,
АллагьасдегIанал чагIазул хабзал ругел бакIал.

ГанчIида берцинго бекIкIун гьабураб хъвай-хъвагIай кагътиде босана ГIаламудин Шейхилавица: «1184 абилеб сон (1770-71). Гьаб хъвай-хъвагIай гьабуна Ибрагьимил васас. Нилъер беразда цереса зияратал арабго цIикIкIун хиял лъола гьезухъ. Нилъеца ганчIазда рекIкIана нилъее рокьулезул цIарал, гьел лъугьуна гIузрабазе дарулъун. Гьаб хоб буго шайихзабазулги шайих, шаригIат лъаялдалъун машгьурав, къавудаялъул гIазабалъукье ккарав, цере арал гIалаимазул лъалкIал цIи гьарурав ХIажи Ибрагьимил, гIакъилав ва лъай бугев ХIажи МухIаммадил вас, гьесулги эмен ХIажигIали. Аллагь гурхIайги гьасда алжаналъув».

Гьаб къо-моцI данде кколеб буго Рихьуниса Дибир МухIамадица ХIХ абилеб гIасруялда хъвараб Т.Айтберовас бахъараб хъвай-хъвагIаялда. Гьелда рекъон «1184 абилеб соналъ (1770-71) Гьидалъе щвана къавуда унти, хвана гIалимал: ХIадис, хIажи – Ибрагьим, Байбун ва Багъужалав ва цогидал машгьурал гIадамал» - ин хъвалеб буго гьениб. Зонодаги къавудаялъ хванин хъван букIиналъ данде кколеб буго гьеб кIиго хъвай-хъвагIай.
Гьелъул рахъалъ руго щивали чIезавизе кIвечIев авторасул рагIабиги, къавудаялъ гIадамал хвезарураб Гьидерил ракьалде щун хадур хъварал:

ТIагIаталда чIараб гьидерил боги
ТIагIуналъул унтуд гъурулеб буго…
Гьаб Дагъистаналда гIелму тIибитIун,
ГIарабустаналда хIукму тIибитIун,
ХIежгин гIумра гьабун ГIураде щведал,
ГIунтIумо батанин Бичасул гIажал.
ХIукму-патваялде мутабахIирав;
Вуссанищ ракьалде, Ибрагьим-хIажи?...

Гьал мухъаз бицунеб буго ХIежалдаса тIад вуссун заман балелде ИбрагьимхIажи къадаралде щванин. ЗамиргIалица бицунеб буго гьеб соналъул ихдал ИбрагьимхIажи кIиабизе анин ХIежалде, доба къадар щвелин хьулгун, доваго хвезегIан чIезе ниятгун. Амма «кинаралиго цIунтIасез» гьесул кIиго вас чIваялда бан тIад вуссине ккана ИбрагьимхIажиян. Амма гьидерил хъвай-хъвагIаязулъ бицунеб буго ГIахьвахъ гьесул цо вас ГIабдула чIваялъул. Лъалеб жо буго доб заманалда тIад гIахьвалазда ЦIунтIа-ГIахьвахъ абулеб букIараблъи, гьенив хун ватизеги бегьула ИбрагьимхIажил вас. ЧIужуялъ хъван буго ИбрагьимхIажихъе кагъат тIад вуссаян. Гьеб гIиллаялъ тIадги вуссуе вуго гIалим, амма росулъе щвезегIан доба къавуда батун росдадаса рикIкIад хъошги гьабун чIун вуго, гьенибеги щун буго унти гьесда хадуб ва хвана 1770-71 соналъ. Лъалеб жо гьесул эмен МухIамадхIажи хвана 1747 абилеб соналъ херав чи, 100 сонил ригьалда.

Гьесул тIахьазда гъорлъ батана цо къиматаб хъвай-хъвагIай хъизамалъул бицараб: «КIудияв ХIажи ва гьесул лъимал: ХIажи Ибрагьим ва ДархIа ( гьеб рагIуда тIаде жубан буго: «тIоцебе букIараб цIар») ГIабдурахIман ва МухIамад, Ганжадулавин абулев. ХIажи Ибрагьимил лъимал – Самилав, ГIабдулагь. ДархIал лъимал – ГIали, Абубакар, ДархIалав, ГIумар».

Хъвай-хъвагIаязулъ рехсолел руго гьезул наслабазул цIарал. Гьени в ГIали абурав чиясе гьавун вуго вас МухIамад, гьесие гьавула лъабго вас: Ибрагьим хадув ИбрагьимхIажилъун вахъарав, ГIабдурахIман хадуб ДархIа абураб цIар рекIарав ва МухIамад – Ганжадулав абулев.

МухIамад (Ганжадуласул) йиго кIиго яс – Хадижат ( Меселасул МухIамад гьавурай) ва Хатимат (Рокьолав гьавурай) ва вас ХIажиясулав ва гьесул вас МухIамад, хадуы ЦIахIилав абун цIар тарав.

ДархIал рукIана ункъго вас: ГIали, Абубакар, ДархIалав ва ГIумар. ДархIал лъималазул лъугьана кIудияб наслу-тухум. ГIалил рукIана кIиго вас – Ибрагьимхалил ва ГIусман, Абубакарил вас – ГIаликъади, дархIаласул - НурмухIамад ва хIажияв, ГIумарил вас – ГIумарилав абун машгьурлъарав. Библиотекаялда руго хъвай-хъвагIаял живго ИбрагьимхIажил наслуялъул бицунелги. Фикъгьиялъул техьалда тIIад гьабун буго хъвай-хъвагIай:
«Ибрагьимил вас ХIажил рукIана кIиго лъимал, цоясда лъун букIана 1742 абилеб соналдда хварав вацасул цIар. Хадув гьесул гьавуна цойги вас ГIабдулагьин цIар лъурав 1747 абилеб соналъ. Хадув ИбрагьимхIажил вас Сомоласул гьавуна МухIамад абурав вас 1767 абилеб соналъ. ГIабдула чIвана ГIахьвахъ, гIага-шагарго 1770 абилеб соналъ 23 соналъул ригьалда. Гьелда бан аслияб машгьурлъи ва наслу лъугьана гьесул цояв вас Сомоласул. 1759 абилеб соналъ хъвана чанго тIехь, гьениб тун бугоан гьаб хъвай-хъвагIайги.

Гьаниб ракIалде щвезабизе кколеб буго дагьаб кватIараб тарих, Генуса ХIасанилас (хв 1898 с.)абурав чияс авар мацIалда хъвараб, гьес бицунеб буго имам ГъазимухIмадил умумул рукIанин Гьидалъаян. ХIасанилас хъвавухъе имам ГъазимухIамад вукIана ГIурадаса ИбрагьимхIажиясул вас ИсмагIилил МухIамадил вас. Амма хъвай-хъвагIаязулъ батулеб гьечIо ИбрагьимхIажиясул ИсмагIил абурав вас вукIиналъул хIакъалъулъ. Гьаниб бачIунеб буго гьадинаб пикру, рес буго Сомолав абун гьидерица тIокIцIар лъурав чиясда битIараб цIар ИсмагIил батизе. Гьеб мехалда лъугьунеб буго ИбрагьимхIажиясда ва имам ГъазимухIамадида гьоркьоб бухьен имам лъугьунев вуго машгьурав гIалимасул васасул васасул вас. ГъазимухIмадил эмен ИсмагIилил МухIамад гьавун 1767 абилеб соналъ Гьидалъ, вас гьавун вуго 1795 соналъ Генув.

Надир-шагьасулгун къеркьей

Надир-шагьасда данде къеркьеялъулъ ИбрагьимхIажияс гьабураб хIаракаталъул жеги лъазабизе ккола мухIканго. Лъалеб букIахъе ИбрагьимхIажица машгьурав ва гIалиим хIисабалда Дагъистаналда машгьурав чи вукIиналъ кагътал хъвалел рукIана жамагIатазухъе зулмучагIазда данде къеркьезе рахъаян. Гьел кагътал цIунун хутIун руго ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадихъе, лъикIго гIараб лъалев гIалимасухъ. Гьел жеги басмялда рахъичIо, я гьезие баян кьечIо лъицаниги. Гьезул рахъалъ баян кьун букIана НурмухIамадил МухIамадица 1990 абилеб соналъ «Бартовдовскалъул цIалиязулъ». Гьениб бицунеб буго ИбрагьимхIажил ункъго кагъаталъул, цо кагъат хъван буго живго Надир-шагьасухъе.

РакIалде щвезабулеб буго 1741 абилеб соналъ ГIаймаки росдал къварилъухъ ккараб рагъ ва шагьасул аскар цIикIкIараб букIиналъ магIарулал нахъе къазе ккеялъул. Кагътида хъван буго: «… чIухIуге нуж гIемер ругин, кIоларо ниж квегъизе нужеда. Нижги реххун тун рокъоре тIад руссани ритIун ккезе руго нуж». ХутIарал кагътал руго магIарулазул жамагIатазухъе хъварал. Гьидехъе хитIабалда хъван буго: «Нужеда тIадаб буго ТIидиб росдада сверухъ гъварилъи бухъизе ва кванил нахърател чIезабизе… Къеркьезе ккола бусурбаби цолъизариялда тIад ва тIамила нилъеца тушман рекъел гьабизе» - ян. Цойги кагъат битIун буго бакълъулазул, гIандадерил, балъхъадерил ва ансалтIисезул жамагIатазухъе. Гьел ахIулел руго рагъде хIадурлъизе. Профессор В.ХIажиевас «Дагъистаналда Надир-шагь щущахъ виххизави» абураб тIехьалда лъун буго кагъат.

Гьел кагътазул хIакъалъулъ ЗамиргIалица ХХ гIасруялъул 30 абилел соназда бахъараб макъала букIана тумазул мацIалда. ИбрагьимхIажиясул гьел кагътал рахъун рукIана 1990 абилеб соналъ «Советский Дагестан» журналалда. ЗамиргIалида балагьараб мехалда лъалел рукIун руго ИбрагьимхIажияс аварзул жамагIатазухъеги, Надиршагьасухъе ва гьесул рахъккурав лъарагIазул шамхал Хасбулатихъе хъварал кагътал рукIараллъи: «Лен уж, Надирил рахъ ккурал, щибизе нуж нижеда тIаде рачIунел, ниж бусурбаби гурелищ? Нужеца къисас босана Сурхай ханасдаса, Нужеца абухъе, нужер ракьаздаса араб бечелъиги бахъана гьесухъа. Нужеца махIрум гьавуна гьев киналдасаго. Щиб нужее цойги хIажат бугеб? Ниж Исламалде рачинеян рачIун ратани, гьединаб хIажалъи гьечIо, ниж капурзаби гуреллъидал, нижеда магъало лъезе рачIун ратани гьебго нижеца кьоларо, ниж эркенал чагIи руго, лагъзал гуро. Нижеца лъиданиги тIад зулму гьабулеб гьечIо, ниж руго мискинаб ва къварид гьабураб халкъалъе гIоло къватIир рахъизе ва рагъизе хIадурлъун. Ниж чIезаризе кIвезе гьечIо я нужер аскаразда, я нужер къуваталда. Аскарал кIудиял кидаго гурел бергьунел, гIезегIан руго мисалал дагьал бояз кIудиял аскарал лъутизариялъул»

ЖамгIияб ва гIелмияб хIаракат

1736-37 абилел соназда Гьидерил Лъахъ росулъ ИбрагьимхIажияс байбихьана лъималазда исламиял гIелмаби малъизе. Амма гьесул гIумру ва хIаракат гIицIго гIелмуялдалъун лъугIулеб букIинчIо. ЗамиргIалица хъвалеб буго ИбрагьимхIажи гIицIго гIалим гурев « кидаго цеве ине нахъе къаларев кIудия бахIарчиги вукIанин». РукIун руго гьесул Гуржиязде гьужумазулъ аскаразе нухмалъиялъул мисалалги. Амма гIицIго гьесул гурони цойги бакIалда гьидерица гуржиязде ИбрагьимхIажил нухмалъуда гьарурал чабхъеназул бицунеб гьечIо. Амма гIелмияб хIаракат гьесул цIикIкIун цебе бачIунеб буго. 1750 абилел соназда росулъ ГIурада вукIаго ИбрагьимхIажил унеб буго хъвай-хъвагIаял цогидал гIалимазулгун. Гьесухъе хъвалел руго кагътал дагIба бугел суалазе Исламалъул баян кьеян. Гьесул кагътал ва бухьенал диниял суалазулъ рукIана КIаратIаса Теталасулгун, МухIамад аль ХIанафи абурав гIарабасулгун, Муса абурав Гъолодаса гIолохъанав гIалимасулгун. ГIемерал суалазулъ фатваби ва баянал кьуна ИбрагимхIажияс. Гьев вукIана тIоцебе гIелмуялъул Исламалда чIужугIаданалъул ругел ихтияразул рахъалъ нилъер гьаниб суал борхарав гIалимлъунги.