Гуржиялъул бусурбаби: тарих ва букIинисеб

Тифлисалда бугеб Жума-мажгит

Совет пачалихъ биххун хадуб пачалихъиял гIорхъабаз кIийиде рикьана гIемерал Шималияб Кавказалъул миллатал. Гьезул цо къукъа хутIана Кавказалъул кIудияб балалъул жанубияб рахъалда, масала Гуржиялда. Кинаб бугеб гьезул жакъасеб гIумру ва улкаялъул политикияб гIумруялда гIахьаллъи.

Гуржиязул хIукуматалъ 2002 соналъ гьабураб тIолгохалкъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, улкаялда гIумру гьабулеб буго 400 азаргоялдаса цIикIкIун бусурбабаз, ай гIаммаб халкъалъул къадаралдаса 10%. Руго гьезда гъорлъ шигIитал ва суннитал. Аслияб къагIидаялъ гьел ккола Картлиялда ругел азербайжанал, мугIрузулаб Аджариялда ругел бусурбанал гуржиял, Панкиссиялда ругел чачанал ва Къварелиялда аваразул росаби.

Гуржиязул политикияб ва жамгIияб гIумруялъулъ гIезегIан кIудияб гIахьаллъи гьабулеб буго чачаназ. Гьединал баянал кьуна Гуржиязул пачалихъияб университеталъул мугIалим, социолог Алеко Квахадзеца. Гьесул пикруялда рекъон, Гуржиялъ гIумру гьабулел азербайджаназда данде ккун, чачанал политикияб ва жамгIияб рахъалъ церетIурал руго. Гьединго абизе бегьула Къарелиялда ругел аваразул хIакъалъулъги. Экспертасул баяназда рекъон, ахирал соназда Гуржиялъ бусурбабазе кинабго рахъалъ эркенлъи кьолеб буго, гьединлъидал Къварелиялъул аваразе жидерго тIалабал ва ихтиярал гIумруялде рахинаризе кинабгIаги квал-квал гьечIо.

ГIемерисел экспертазул пикруялда рекъон, Советияб пачалихъалъул заманалда Гуржиялъул бусурбаби гIемер лъикIаб гуреб хIалалда рукIана. Пачалихъалъул идеология букIана НАТОялда гъорлъе унеб Турциялда ва бусурбабазда данде чIараб. Туркал ва гьезда цадахъ киналго бусурбабиги лъазарун рукIана гуржиязул тушбабилъун. Журналист Гела Васадзел пикруялда рекъон, бусурбабазде лъикIаб гуреб бербалагьи букIана пачалихъ бихханиги, 90-лел соназдаги. ТIубанго гьелдаса инкар гьабизе тIамуна президент Михаил Саакашвилил политикаялъ. 2011 соналъ гIуцIана Гуржиязул бусурбабазул динияб идара. Гьелъул нухмалъулев Вагиф Акперовасул рагIабазда рекъон, президент Михаил Саакашвилица киналго бусурбабазул ихтиярал цIунулел руго ва динияб идара гIуцIиялъе тIоцебесеб иргаялда гьес квербакъана.

Араб соналъул октябралда рукIарал парламенталъул рищиязул хIасилалда тIалъиялде цIияб партия щун хадуб гьелъул нухмалъулев Бидзина Иванишвилица бусурбабазде гьужумал гьарулел ругилан бицана Гела Васадзеца. Гьелъул хIасилалда чанго бакIалда бусурбабаздагун насраниязда гьоркьор тунка-гIусиял кколел ругилан хъвалеб буго батIи-батIиял информалатаз. ГIатIидго гьелъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана чанго соналъ Гуржиялъ гIумру гьабун вугев журналист Панфилов Олегица.

Панфилов Олег: «Тунка-гIусиял ккана чанго бакIалда. Насранияб диналъул гуржияз биччалеб гьечIо бусурбабазе как балел рукъзал, мажгитал разе. БакI-бакIазда полиция гьокьоб жубазе ккарал тунка-гIусиялги рукIана. Ахиралда гьединаб лъугьа бахъи ккун букIана Чела абураб росулъ. Гьениб тIалъикодосезул хIукмуялда рекъон мажгиталъул минара лъезе гьукъун букIана, хIатта гьеб гьукъизе киналгIаги гIиллаби гьечIониги. Абулеб букIана гьеб Турциялдаса босун бугин ва киналго документал рекъезарун гьечIилан. Гьеб жо багьана букIана.

Политикияб гIумруялъул бусурбабазул гIахьаллъи дагьаб гурони гьечIилан абизе бегьула. Хас гьабун бусурбабазул ихтиярал цIунулел, гьезие гIоло хIалтIулел идарабиги дида лъаларо. Амма руго мисалалъе, туркал-месхетиязул, ялъуни азербайджаназул ихтиярал цIунулел. Чачаназул ва аваразул гIахьаллъи политикаялда ялъуни жамгIияб гIумруялда халлъизе захIмат буго, щайгурелъул гьезул къадар цIакъго дагьаб буго.

Диналдехун Гуржиялъ кидаго лъикIаб бербалагьи букIуна. Тифлисалда шагьар бакьулъ аскIоб цо бакIалда руго бусурбабазе мажгитги, жугьутIазе синагогаги, насраниязе килисабиги. Гьединлъидал, ахираб заманалда ругел тунка-гIусиял руго цIияб тIалъиялда бусурбабазулгун хIал рекъезабизе лъангутIи. Мисалалъе, цебеккун президент М. Саакашвили унаан азербайджаназул Навруз-байрам баркизе ва хадубккун гьеб байрам гьабуна Гуржиялъул официалияб байрамлъун».

Цо-цо гуржиязул диниял экспертазул пикруялда рекъон, Гуржиялъ диниял ва миллиял тунка-гIусиял ккеялъе квербакъулеб буго Россиялъ. Шималияб Кавказалда унеб рагъул хIасилалда Россиялъего гIадин Гуржиялъеги исламияб хIинкъи бугилан абураб пикру гъираялда билълъанхъизабулеб буго цIияб тIалъиялъ ва гьезул рахъ кколеб Россиялъ абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе чачанав-кистинав, исламиял суалазул рахъалъ эксперт Аюб Борчашвилица. Гьединлъидал, ахираб заманалда Гуржиялъ бусурбабазул ихтиярал хвезариялъул хIужаби цIикIкIунел руго ва гьелъул хIасилалда тунка-гIусиялги гIемерлъулел руго.

Къварели мухъалда ругел аваразул росабазул вакилзабаз абухъе, гьаб ахираб соналда жаниб гуржиязул цо-цо хIаракатчагIаз хIалбихьулеб буго гьел росабалъ жидерго ихтиярал рилълъанхъизаризе. Мисалалъе, росдада аскIор чIвалел руго кIудиял хъанчал. БакIалъулаз гьел чанцIулго рахъаниги, жеги рачIунел руго. Гьелъул хIасилалда дагIба-рагIиялги камулел гьечIо. Гьанжесеб Гуржиялъул политикияб ва жамгIияб гIумруялда бусурбаби къойидаса къойиде цIикIкIун гIахьаллъулел руго ва жидерго ихтияразе гIоло гIемер къеркьолел руго.