КIудияб даран битIайги

2013 соналда Дагъистаналъул прокуратураялде бачIун буго инсан викъанин абун 215 гIарза, гьезулги 190-яб букIун буго бахIарал хъамиялда хурхараб. 2001соналдаса 2006 соналде щвезегIан щуго соналда жанибин абуни хъамун йикIун йиго 181 бахIарай. Гьединаб статистика кьолеб буго Даптар.ру абулеб сайталъ Дагъистаналъул прокуратураялда мугъчIвайги гьабулаго. Яс хъами ва гьелда нахъа ругел психологияздаса байбихьун диниязде щвезегIан суалал.
Лъадилъун ячине яс хъамунин абураб гIаразаялде балагьун, гIадатияб къагIидаялда такъсир гьабиялъул иш рагьуларин ва цIикIкIунисеб нухалда гьединаб иш диванханаялдеги гIунтIуларин бицун буго тIадехун рехсараб интернет ресурсалъе прократураялъул хIалтIухъанас. ГIемерисеб нухалда гьединал гIарзаби хъамун арай ясалъул эбел-инсуца кьолин ва жалго ясаз гьарун гьел нахъеги росулин жал жидеего бокьун гьел гIолилалгун анин ва гьезда жидер дагIба гьечIинги абун. Ясаз гьедин абулин жал хъамуразда дагIба букIаниги гьезие росасе ине бокьун гьечIониги, щайгурелъул хъамунги йикIун нахъе ячIарай ясалдехун бербалагьи гIемерго лъикIаб букIунарелъулин бицана Эркенлъи Радиоялъе жийгоги росас хъамун ячарай Ажабикаца. Жий хъамулеб мехалда гIемер хIинкъиялъ жиндир бордул хъигъанин ва жинда ретIун рукIарал хьитал рортун ругоаанин бицана гьелъ.

Ажабика: «Дун кутакалда хIинкъана гьез машиналъуй къазавурай мехалда. Дида лъалеб букIинчIо лъица ва кие дун хъамулей йигеяли. Дида кколеб букIана эбел-инсухъа гIарац бахъизе йикъулей ятилин. ГIемер хIинкъиялъ дир бохдул гъихъан, къаркъалаго данде къан букIанин абизе бегьула. Щула гьарун рухьун ретIун рукIарал хьитал рортун ругоан дидаса.
Хадуб лъана лъица хъамулей йигеяли. Лъалев чи гьев ватидал дагьай гIодое йиччана, бичIчIулеб букIана гьес дие ва дир хъизамалъе квешлъи гьабулареблъи, амма гьеб мехалдаги хIинкъи бачIана эбел-инсуда. Дида кколеб букIана дун йигеб бакIал гьезда лъазе гьечIин ва гьеб харбица гьел чIвазе ругин. Хадуб гьезда лъазабун бугоан. МаслигIатги гьабун, бертинги гьабун гIуцIанаха нидеца цинги хъизан. Гьанже нижер гIумру-яшав квешаб гьечIо».

ЭР: Гьанже яс хъамун йигин хабар рагIараб мехалда дуде ракIалде щиб ккола? Гьезда гурхIизейищ дур бачIуна ялъуни гьеб расги гуреб жо бугинищ кколеб?

Ажабика: «Валлагь, ракI гурхIула, амма васги ясги цоцалъ рекъон лъутун ругин абулеб бугони кIудияб авараго букIунаро, гьаниб гьединги букIунелъул. Ясалъе бокьичIого яги гьелда лъачIого гьей хъамуран йигони дирго хIинкъи ракIалде щола. Дида лъалелъул гьеб рухI тагIин. ГIумруялъ кIочонареб батула гьеб».

ЭР: Хъамурал ясаздехун бербалагьи гIадамазда гьоркьоб хисун бугин кколищ дуда?

Ажабика: «Аслияб куцалда гьечIо. ЦебегогIадин гьанжеги абула гьей жийго гьесда хадуй ун ятулин. Амма дида ккола ахираб заманаялда ясал хъамиялъул хIужаби дагьлъун ругин. Ахираб заманаялда рагIунебго гьечIо. Лъаларо, къватIибе лъазе толарогойищ бугебали. Цебе гьелъул кIудияб ахIи-хIур букIунаа. Гьанже балъго гьабулебги батула. Лъаниги, гIадамазулъ яс хъамиялда кIудияб гIажаиблъи букIунаро гьанже.
9-10 сон цебе цакъ гIемерал ясал хъамун рукIана. Нижер мадугьалихъги руго жидеего лъудби хъамурал вацал. Гьелни цоцалъ рекъон цадахъ лъутарал рукIанин ккола. Гьел цереги дандчIвалел рукIана. Гьанжеги гьел цоцалъ квеш гьечIо».

Ажабикал рос ХIамзатида гьикъана нижеца дуца лъади гIадатияб куцалда эбел-инсудаги гьарун ячинчIого щайин хъамурайин?

ХIамзат: «Гьарун ячинеги бегьулаан гьей, амма гьелъул эбел-инсуца цо ричIчIуларел жал гьарулел рукIана. Жакъа рачIа, метер рачIаян жо жал рицине лъугьана. Гьедин чIани къаригIарай ясги щвечIого хутIизе рес бугин диринги ракIалде ккун хъамуна дица гьей. Ниж цадахъ руго 10 соналъ. Лъималги руго нижер. Цоцалъ цIакъ лъикlги руго ниж».

Ажабикаца бицана ахираб заманаялда ясал хъамулел гьечIин кколин жинда Дагъистаналъул РухIияб идараялъ хъамун ячIарай ясалда магьари лъезе имамзабазе гьукъун букIиналда бангиян. Гьеб гьукъиялъул Эркенлъи Радиоялъе бицана рехсараб идараялъул пресс-хъулухъчи Ражабов ХIажимурадица.


Your browser doesn’t support HTML5

Ражабов ХIажимурад



Ясал хъамиялъул проблемаялъул гIемер бицуна Эркенлъи Радиоялъ. Гьединаб щибаб хIужаялъул букIуна жиндирго хасаб гIиллаги жиндирго ахирги ва къокъго бицун гьеб лъугIуларо. Гьебго суалалъулъ руго психологиялгун диниял гурелги социалиялгун инсанасул ихтиярал цIуниялде щвезегIан рахъалги.
ТалихIал хъизаби цоцазда релъарал рукIуна, тIалихI къаразул талихIкъин щибалъул жинди-жиндир букIуна-ян абула гIурусаз.
Жакъа нижеца бицен гьабуна яс хъамиялъул ахир тIалихIаб лъугьа-бахъиналъул, амма ахир талихIаб гьечIелги дагьал рукIунаро гьел. Гьел гурелги шаргIалъул рихьизариял цIунун гьарурал ригьиназулги ахир кидаго гуреб талихIаб букIунеб. Гьелда бан -кIудияб даран битIайги-ян абураб аби буго магIарулазул.