Бигьаго букIинчIо Альмир ва Душица жидерго бицине тIамизе.
Жал гIадатиял гIадамал ругин щибин жидеца бицине кколебин кьварун чIун рукIана гьел.
ХIакъикъаталда гьезул история гIадатияб гьечIо. СалихIович Альмир вуго бусурманав чи, Рендулич Душица- сербай. Гьезул хъизан буго рагъдаса хадуб Сребреницалда дин батIиязда гьоркьоб ригьин гьабураб тIоцебесеб хъизан. Рагъуца Сребреницалда тун букIана хъваридаб ва бидулаб лъалкI. 1995 соналда сербазул къуватаз гьенив чIван вукIана бусурбабазул бихьиназул ва васазул 8000 чи.
Альмирил ва Душицал лъай-хъвай ккун буго лъабго сон цебе босниялъул Тузда шагьаралда. Гьев гьенив хIалтIулев вукIун вуго ва Душица абуни кIодоэбелалъухъе гьоболлъухъ ячIун йикIун йиго.
Душицал буго гургинаб гьумер, багIарал гIанаби ва тlогьилаб рас.
Гьелъ элъулаго бицана Альмир жиндихъго валагьизелъун жинца ургъунго бортизе биччанин рахьдал шишайин.
Душица: «Дир гьесухъ рокьи ккана балагьарабго. Ниж данчIвана, гьесие дунги йокьана ва ригьин гьабуна. Нижер рукIана берцинал гьоркьорлъаби».
Бертин гьабун заман иналде гьел гочуна Сребреницалде. 1995 соналда гьитIинав Альмир гьениса нахъе лъутун вукIана ва гьенивго чIван вукIана гьесул анкьго имгIал.
ЛъимадулгIадам гьими бугев ворхатав чи вуго Альмир. Гьес бицана сербайгун цадахъ Сребреницалде вачIине кинанин дуда кIварабин гIемераз абунин жиндаян. Амма гьесул ракI чIараб буго битIараб тIасабищи жинца гьабун букIиналда.
Альмир: «Ниж цадахъ руго ва дагь-дагьккун гIумру цебе тIолеб буго нижер. Узухъда, кризисалъул заманги букIана, амма дир хьул буго лъикIаб букIиниселда».
Австриялъул рахIмуялъул фондалъул кумекалдалъун гьез бан буго цIулал рукъ. Гьебго фондалъ гьезие кумек гьабун буго цIани росизеги, дагьаб цебегIан кьун буго чуги.
Араб соналда гьезул хъизамалъе гьавула вас ва гьесие кьола Юсуп абун Альмирил чIварал имгIалазул цоясул цIар.
Къануналда рекъон ригьин гьез жеги гьабун гьечIо. РакIалда буго бертин маялда гьабизе. Хорватиялда гьаюрай ва рагъул заманалда Сербиялде лъутарай Душицаца абулеб буго Альмирил кIудияб хъизаналъул бутIалъун жийго йикIин жинда байбихьудасанго биччанин.
Душица: «Дун хIинкъулей йикIинчIо. Дида лъалеб букIана ниж цадахъ ругони кинабго лъикI букIине бугеблъи. Цо-цо гIадамазе ниж цадахъ рукIин рекIее гIолеб гьечIо, амма гьединал нижер хъизамазда рукIинчIо ва гьечIо. Альмирил хъизаналъ дун лъикI къабул гьаюна ва дидехун квешаб бербалагьи гьаниб киданиги букIинчIо».
Цебе букIараб Югославиялда бусурбабазда, христианазда ва католиказда гьоркьор ригьинал гьари гIадатияб ишлъун букIана. Амма рагъдаса хадуб гьединазул къадар лъалаго дагьлъана,тIубанго тIагIанин абичIониги.
Душицаца бицана жидеца бусурбабазулги христианазулги байрамал кIодо гьарулин. Диниял проблемаби гьечIониги экономикиял проблемаби дандчIвалел руго гIолилазда.
Босниялъул бащдаб халкъалъул хIалтIи гьечIин абизе бегьула жакъа. Щвараб-щвараб гьабун гурони, цо ккураб хIалтIи гьечIо Альмирилги. Амма гьесул хьул буго гьитIинаб бугониги жиндирго иш байбихьизе кIвезе букIиналда ва гьезулгIадал журарал ригьинал улкаялда цIикIкIине рукIиналда.
Салимович Садикъ