Жидецаго гIумруялда жаниб гьабичIеб жо сабаблъун тарихалда хутIарал чагIи гIемер ратиларо. Гьедин къанагIатав ва гIажаибаб биографиялъул, гьелдасаги гIажаибго гьелъ литератураялда лъалкI тарав чи вуго Илисуялдаса ХIажиагъа.
Машгьурав Лев Толстоясул «ХIажимурад» абураб хвел гьечIеб асаралда живго наиб ХIажимурад чIваялъул хIакъалъулъ буго гьадин хъван: « … Гьев вагъарулев вукIинчIо,амма сверухъ лъугьунеб жо гьесда бичIчIулеббукIана. ТIоцеве гьесда аскIове векерарав ХIажиагъаца кьабуна ХIажимурадил ботIрода кIудияб ханжар, гьесда кколеб букIана жиндир ботIрода лъицаялиго бакIаб гьецIокъ кьабулеб бугин,амма гьесда бичIчIулеббукIинчIо щай гьеб кьабулеб бугебалГьеб букIана ХIажимурадил жиндирго лага-черхалда хурхун бугебахирисеб бичIчIи,асар.
Хадуб гьесда щибниги бичIчIулеб букIинчIо. Тушбабаца мерхьунеб ва къотIулеббукIана гьесулгун гIаммаб жо щибниги хутIичIеб лага-черх. ХIажиагъаца къаркъалаялъул мугъзада хIетIегичIун кIицIул кьабун къотIана бетIер ва мухIканго,хIатIазде би бахунареб хIалалъ хIатIица гирананахъе батIа гьабураб гьеб. Къаркъалаялдаса чваххулеб канчIаб ва ботIродаса бачIунеб чIегIеркьераб би чвахана харидатIаде».
Нажапилазул фамилия
ХIажимурад чIвараб бакIалде нилъ жеги тIадруссина. Гьанже рачIина ХIажиагъал тухумалде ва Илисуб росдал тарихалде. Бищунго мухIканаб ва гIатIидаб баян Илису росдал хIакъалъулъ нилъеда батула араб соналъ къватIибе бачIараб «Елису и Горный магал в ХII-ХIХ веках (очерки истории и ономастики)» абураб тIехьалда. Илису букIана советияб власталъ кверщел гьабизегIан ГIурумухъ абураб бакIалда букIараб аваразул росу. Хадуб АзССРалъул нухмалъиялъ гьабураб политикаялъул хIасилалда гьезухъа бахъана авар мацI ва сверана азербайжаназде. ГьабсагIаталда Илисуялда киналго гIадамал кIалъала азербайжан мацIалда. 1844 абилеб соналъ пачаясул аскараз биххизабизегIан гьеб букIана бакъбаккул Кавказалда букIараб Илису султанаталъул 400 цIараки бугеб, рагIи билълъараб росу.
Бищунго рагIи билъараздаса цояблъун гьеб росулъ букIана бегзабазул Нажапилал абураб хъизан (Наджафбековал). Гьезул вакилзаби рукIана ХIажиагъа ва гьесул гьитIинав вац ГIабдулпаша. 1845 абилеб соналъ вукIана прапорщиклъун ва гьесул вукIана кIиго вас ГIабдулхIамид ва Халил. Гьез кIвар бугеб бакI ккун букIана султIан Даниялбегил заманалда. Гьеб фамилиялъул вакилзабазда гъорлъ дандчIвала аваразул цIарал: Ханав, Багъин – аваразда гьоркьоб тIибитIараб бихьиназул цIар). Живго ХIажиагъа 1844 абилеб соналъул 21 абилеб июналда гIурусаз росу чIунтизабун хадув жиндирго лъимал Лалага, Ади – Гурклу ва МухIамад – Садикъгун ана Шамилил имаматалде. Амма дагьабго заманалдасан, 13 абилеб агусталда, тIадвуссана Илисуялде ва цIидасан лъугьана пачаясул хъулухъалде.
ХIажиагъа Дагъистаналде ун вукIана Даниялбегида цадахъ, гьоркьоб мех инелде гьезда гьоркьоб ккола дагIба, рагIи дандеккунгутIи. Цо-цо баяназда рекъон, Илисуялъул султанлъи цIунизе кколеб букIун буго Дагъистаналъул нухмалъиялда гъоркь. Гьеб къотIи гьабун букIана имам Шамилица ва Илисуялдаса Даниялбегица гьениб гIаммаб магIишатияб ва политикияб асар цIуниялъул мурадалда.
1850 абилеб соналъ Хунзахъа ХIажимурадица Алазаналъул рагIаллъуде чабхъен гьабулеб рагIарабго ХIажиагъаца гьесие нух кьуна чабхъен гьабизе, муридал цIикIкIун ругеб, къеркьезе рес гьечIеб ххвелги гьабун.
Нажапилал абураб тухумалъул бицунаго, рехсезе бегьула Закаталаялъул ракьазулаб комиссиялда хъвараб:«Наджаф-бекил умумул ккола ГIалибег, Мирзабег, гьезул эбел гIадатияй лезгияй (дагъистанияй) абула».
Гьанив рехсарав ГIалибегица 1695 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб букIана султанаталъе. Сарыбаш абураб росдал гIадамаз бицунеб буго Даниялбегица ва ХIажиагъабегица рикIкIунев вукIанин гьев жидер умумузул цоявлъун.
КIахъ районалъул Амирджан абураб росулъ буго тIадехун рехсарав Мирзабекидаса бачIараб бегзабазул тухум. 1870 абилеб соналъ гьеб тухумалъул бегзабазул 11 хъизаналъ гIумру гьабулеб букIараб гьеб росулъилан хъвалеб буго Закаталаялъул ракьазул комиссиялда.
Гьеб тухумалъул кIудияв вукIана ЦIетIав-агъа Керим огълы (1832 соналъ гьавурав). ХIХ абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гьев вукIана вищунго бечедав ва рагIи билълъарав чилъун Амирджаналда. ЦIетIасул магIишат букIана цере Елисуялъул султанаталде гъорлъе унел рукIарал цоги росабалъги. Гьединго гьесул рукIана гIиял кваналел авлахъал Сарыджаялда, хасалил мучIдул Мубарак, Чанут ва Дамил-Казук абурал бакIазда ва гьединго Аджиноуралда Синаглу абураб хасалил мечI. Цойги рагIи билълъарав ва бечедав чилъун Амирджаналда вукIана гьесулго гIагарав чи Мусал Нуцал ва гьесул кIиявго вас ИсхIакъги МахIмудги.
Амирджаналъул бегзабазул Нажапилазулгун рикIкIадисебго гIагарлъи букIун батани, Агъчаялдаса бегзаби рукIана ХIажиагъал аскIосел гIагарал чагIилъун ва гьезул тухумалда гъорлъе унел рукIана. Тухумалъул цIар щун буго гьелъул цевегосев лъалев вукIарав чи Нажап-бегидаса. Амма щивлъун гьев кколев вукIарав Мирзабекиеяли лъалеб гьечIо. Наджап-бегил васасда цIар букIун буго МухIамад, хадусеб чанго кьералда лъалел гьечIо цIарал, хадувги ваккулев вуго Кичи-хан, гьесул вас Ибах, хадув Паша-бег ва Зиад.
Даниял-бегидагун ХIажиагъада гьоркьоб рикIкIадисеб инсухъеб гIагарлъи гуреб, жеги аскIосеб гIагарлъиги букIана. Архивалда ругел баяназда рекъон, ХIажиагъал эмен Ляляагъал чIужу йикIана АхIмадханил яс. Даниял-бег вукIана АхIмадханил вас. Гьединлъидал, Даниялбеггун АхIмадхан вукIана вацгIал. Гьеб гуребги, Даниялбегил яс Нана-ханум йикIана росасе ХIажиагъал вас МухIамадханихъ. Цееккун гьей йикIана Гъумекиязул ханзабазул тухумалдаса чи ГIабдурахIман-бегил чIужулъун. Гьев хун хадуй Даниялбегица росасе кьун йиго жиндир вацгIаласул васасе.
Гьединлъидал, ракIчIун абизе бегьула, ХIажиагъа вукIана Илисуялъул султаназул тухумалъул цо гIаркьелалдаса чи. Султаназул умумул рукIун руго ГъецIеб абураб, Гъуниб районалъул ракьалда, ЧIарада районалъулгун гIорхъода букIараб аваразул росулъа чагIи. Илисуялде гьел гочун руго XV абилеб гIасруялда.
Мугьажирлъи
XIX абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда Россиялъул империягун рагъда рукIаралщинал гIемерисел илисуялъулал гочана Турциялде. Даниял-бег Россиялъ ихтиярги кьун Кавказ тун ана 1869 соналъ Истанбулалде. Гьесдасаги цеве гьениве гочана ХIажиагъа. Амма гьесие ихтияр кьун букIинчIо. 1868 соналъ гьевги гьесул васги хIежалде ун рукIана. Гьенисан нахъруссунаго гьез къасд гьабуна Истанбулалда чIезе.
Гьелъие гIиллалъун букIине бегьула ХIажиагъал хъизамалдаги Закатала округалъул начальник, Нухаялдаса армянав Шелковниковасул хъизамазда гьоркьоб кьал ккей. Кавказалъул сардарасда цере гьес Илисуялъул тухумал чIегIер гьарулел рукIун руго округалъул начальникас. Нажапилазул рагIи билълъараб тухумалъ квал-квал гьабулеб букIана гьезие ингилоялъулазда насранияб дин босизабизе.
Цойги лъугьа-бахъин ккун букIана Нухаялда. ХIажиагъал васасдагун Шелковниковасул вацасда гьоркьоб кьал ккун букIана.
МухIамад-ханица Турциялда рагъулаб карьера гьабуна. Гьениб гьесда бицунеб букIана Мехмед-паша Дагъистани» абун. Турказул тарихчагIазул баяназда рекъон, «Мехмед Мухлис-паша Дагъистани» вукIана гIусманиязул чол аскаралъул командирлъун Балканазда. Гьев вукIана ХIажиагъал кIудияв вас. ГьитIинасда цIар букIана Сайпулла. Рагъулаб хъулухъ гьес гьабулеб букIана Болгариялъул Старая Загора абураб шагьаралда. Хадув гочана Истанбулалде, гьенивго хвана ва вукъана.
«Сайпулла-паша Дагъистани»
Турказул армиялда ва пачалихъияб хъулухъалда лъикIаб бакI ккурал илисуялъулазда гъорлъ тIоцеве рехсезе бегьула Сайпула-паша. Турказул энциклопедиялда гъорлъеги арав Сайпуллада (1852-1909) лъалаан авар мацI. Гьев вукIана Балканазда унел рагъулал операциязулъ гIахьаллъи гьабулев. Ва гьединго Сайпуллаца бухьен чIезабун букIана Бакъбаккулаб Анатолиялда гIумру гьабун бугеб Имам Шамилил хъизамалъулгун.
ТIадехун рехсараб энциклопедиялда хъван буго: «Сайпулла гьавуна дагъистаниязул Илису росулъ доваса бегзабазул хъизамалда» абун. Тифлисалъул гимназиялда лъайги щун, 18 сон барабго Сайпула гочана Турциялде. ГIусманиязул армиялда хъулулъ гьабулев вукIарав гьес 1877-1878 соназ букIараб гIурус-турк рагъулъ гIахьаллъи гьабуна. Гьев вукIана рагъулав разведчик. 1885 соналъ Грециялъул рохьазда чанахъанасул ххвелги гьабун информация балагьулев вукIана.
Рагъулаб карьера гьес гьабуна Балканазда – Грециялда, Албаниялда, Косовалдагун Болгариялда рукIарал рагъулал операциязда гIахьаллъун. Цо-цо гуржиязул документазда хъван батулеб буго Сайпулла-пашал эмен вукIанин МухIаммадхан. Амма гьеб мекъи хъвараб буго. ХIакъикъаталда ХIажиагъал битIараб цIар букIана МухIамадхан. ХIажиагъа букIана Илисуялда тIибитIараб цIар. «ХIажи» - хIежалде арав вукIун, «агъа» - хIурматияв абураб магIнаялда.
Истамбулалъул хабалазда
Исана соналъул риидал Турциялъул Ялова шагьаралда букIараб гIелмияб конференциялде арабго, Истамбулалда ругел аварал – Шагьабудин Озденица ва Гекхан Ментешица нижер лъай-хъвай гьабуна Илисуялдаса ХIажиагъал наслуялдаса чи ГIадил Тунджалгун. Ниж дандчIвана Истанбулалъул Европаялъулаб рахъалда. Гьес ниж рачана жиндир тухумалъул чагIи рукъараб Караджа АхIмад абурал хабалазде. Заназул хал гьабурабго цойги гIажаибаб жо тIатана. ГIемераб мехалъ Кавказ лъазабулел гIалимзабазда лъалеб букIинчIо кин рехсолеб букIараб бакIалъулал гIадамаз росдада цIар: «Илису», ялъуни «Елису». Хъвай-хъвагIаяздаса бичIчIана гьез «Илусуб» абун бицунеб букIараблъи. Гьениса бичIчIана живго ХIажиагъада Турциялда «ХIажи МухIаммад-ХIасаби-бег Дагъистани» абулеб букIараблъи.
Хабалазда ратана хадусел илисуялъулазул хобал.
1. ХIажи МухIамад-ХIасиб-хан (ХIажиагъа; инсул цIар хъван гьечIо). Илису. Хвана 1296 с. Гьижраялъул (1879).
2. Сайпулла-паша, МухIамад-ХIасиб-ханасул вас. Хвана 16 абилеб, Сафар моцI, 1327 с. (8 март 1909 с.). Зонода хъван буго хвелалде цебе гьесул чин букIанин турказул армиялда генерал-лейтенант (фарикъ).
3. МухIамад-ГIадил, МухIамад-бегил вас (МухIамад-ХIасиб-хан). Хвана – Зуль-къагъида 1290 с. (декабрь 1873).
4. Генерал лейтенант МухIаммад Мухлис-паша. Хвана – 9 абилеб Рамазан 1313 сон. (22 февраль 1896 с.)
5. Джафар, МухIаммад-Мухлис-пашаясул вас. Хвана 1309 с.
6. Фирдаус, МухIамад-Мухлис-пашаясул чIужу. Хвана 1313 соналъул шаввал моцIалъ. (март 1896с.)
ХIасил, Илисуялъул султIаназул тухумалъул цо гIаркьелалдаса Джафар-бекие гьавун вуго вас Лала-агъа, гьесие – ХIажиагъа (МухIамад ХIасаби хан). Гьесул рукIун руго лъимал: Лала-агъа, МухIамад-хан (Мухамад-Мухлис), МухIамад-Садикъ ва Сайпула.
Турциялде гочун буго тIубанго хъизан. Амма гьел рехсаразул гурони хобал ратичIо. Гьезда аскIор руго, тIад чIварал заназухъ балагьун, лъилали чIезаризе кIвечIел хобал, хъизамалъул хутIарал чагIазул хобал ратизеги рес буго гьел. Гьеб хIалтIи жеги хадубккун гьабизе ракIалда буго. ХIажиагъал хъизамалъул хабалаздаса 10 метралъ рикIкIад руго Имам Шамилил гIагарлъиялъул хобал. Гьелъ бицунеб буго гьел хъизамазда гьоркьор лъикIал гьоркьорлъаби рукIиналъул. РакIалде щвезабилин, Шамилил кIудияв вас ГъазимухIамадил чIужу йикIана Даниялбегил яс Каримат. Гьей хун йиго Турциялде гочиналдего ва юкъун йиго Шекиялда. Амма гьей хваниги хъизамазул гьоркьорлъаби хутIараб къагIида.
ХIажимурад чIваялъул хIакъалъулъ
Цебехун абухъе, гIемерисезда ХIажиагъа лъала Лев Толстоясул «Хаджи Мурат» абураб романалдасан. Гьезул пикруялда рекъон, ХIажиагъа ккола дов гIемерал аскараз сверун ккурав, захIматго лъукъарав наиб ХIажимурадил бетIер къотIарав чи. Толстоясе – цIар рагIараб асаралъул авторасе – къваригIун букIана тарихалъул хIакъикъат гуреб, рекIелъ хутIулеб сюжет ва трагизм. Амма хIакъикъаталда иш гьедин букIинчIо, Толстоясул «Хаджи Муратги» буго художественнияб асар.
XIX абилеб гIасруялъул гIурус документазда хъвалеб буго ХIажиагъал къокъа цогидазда цадахъ ХIажимурад сверун кколаго гьениб гIахьаллъун букIанин. Гьенибго хъвалеб буго чIваразул бутIрул гьенир къотIун гьечIин. Гьезул къаркъалаби росун руго Нухаялде, гьенир пачаясул сардар Михаил Воронцовасул приказалда рекъон къотIун руго бутIрул ва Тифлисалдегун Закаталаялде ритIун руго. ХIажимурадил бетIер щун буго Воронцовасухъе ва бихьизабун буго Тифлисалда, хадуб битIун буго Петербургалде.
Цойги рахъ буго гьеб суалалъул. Россиялъул полковник ХIажиагъаца унго-унгоги лъукъарав ХIажимурадги чIван гьесул бетIер къотIун букIун батани, цебе чIезабизе кIоларо 10 соналдасан Имам Шамилил гIагарлъи ва гьудулзаби рукIараб Турциялде гочарав гьесул доба эркенаб гIумру букIин. Гьезда гъорлъ рукIине бегьулаан ХIажиагъа жидер тушманлъун ва бидулавлъун рикIкIине кколел ХIажимурадил гьудулзаби. Хадубги, щай гочарав Турциялде жиндир ватIаналда гIемерал ракьалги ругев, ХIажимурадил бетIер къотIун пачаясул аскаралда цебе жиндир мукIурлъиги загьир гьабурав полковник? Истанбулалда ХIажиагъаца ва гьесул гIагарлъиялъ армиялда ва спецслужбабазда кIудиял хъулухъал ккун рукIана. Кьезе рукIанищ гьединал хъулухъал турказ, холев кавказалъул рагъул бахIарчиясул черх инжит гьабурав чиясе ва гьесул наслуялъе?
Бихьулеб буго, ГIусманиязул империялъул армиялда кIудиял хъулухъазда бугеб тухумалъул бетIерасул цIар чорок гьабизе бокьун букIин. Л. Толстояс «Хаджи Мурат» хъван буго 1890-1900 соназ, къватIибе бачIун буго 1912 соналъ, гьев хун хадуб. Толстояс материал бакIарулеб букIана Россиялъул армиялъул офицераздаса ва Тифлисалда бугеб Кавказалъул штабалдаса. Гьенир рукIана Шелковниковасул хъизамалдаса ХIажиагъал тушбабиги, Россиягун рагъда бугеб Турциялъул армиялда кIудиял хъулухъазда бугеб хъизам чIегIер гьабизе бокьаралги.