"Прессаялъул эркенлъи - 2014": Россия рейтингалъул "рачIалда"

​Freedom House абураб халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул цIех-рехалъ бихьизабулеб буго прессаялъул эркенлъиялъул даража дунялалда ахирисеб анцIго соналда жаниб минималияб даражаялде ккун букIин. Гьебги щиб, гьеб даража гIодобе ун буго цебе пуланаб прогресс бихьизабулел рукIарал улкабаздацин. 20I3 соналда щибав анкъабилев чиясул гурони рес букIун гьечIо информалатаздаса пайда босизе.
Гьедин бицунеб буго хамиз къоялда биччараб санайилаб «Прессаялъул эркенлъи – 20I4» абураб гIуцIиялъул докладалда. Гьелда къимат кьолеб буго I97 улкаялъул ва территориялъул информалатазул эркенлъиялъе. Докладалъул авторазул пикруялда, бищунго квешаб хIал буго Шималияб Кореялда.

Улкабазул рейтинг бикьун буго лъабго категориялде - эркенаб пресса бугел улкаби, цорахъалъулаб эркенлъи бугел улкаби ва прессаялъул эркенлъи гьечIел улкаби.

Freedom House-алъул рейтингалда 63 пачалихъ рикIкIун буго «эркенаб пресса» бугеблъун», 68 улка – «цорахъалъулаб эркенлъи» бугеблъун ва 66 – «эркенаб гуреб» пресса бугеб улкалъун.

ГIаммаб къагIидаялда, гьеб гIуцIиялъул хIисабалда, дунялъул тIолабго халкъалда гъорлъан 14 проценталъ гурони гIумру гьабун гьечIо эркенаб пресса бугел пачалихъазда.

Freedom House гIуцIиялъул «Прессаялъул эркенлъи» проекталъул директор Карин Дойч Карлекарица жидерго докладалда хурхун журналистазе комментариял кьолаго абуна, дунялалда гьанжеги гIемер хутIулел ругин информалатазе кутакаб квал-квал гьабулел къокъабиги нухмалъиялгиян.

Карин Дойч Карлекар: «Нилъеда бихьулеб буго информалатазул лъазабиязда тIад контроль гьабизе, гьезда хурхун манипуляцияби гьаризе бокьарал асар кIудиял къокъаби хутIулел рукIин. Гьез хIаракат бахъулеб буго, материалал къватIире кьелелде цере гьезул магIна жидеего бокьухъе хисизабизе. Нилъеда гьединго бихьулеб буго блоггерал хIинкъизаризе, гьезде тIадецуй гьабизе бахъулеб хIаракатги. Гьединаб асаралде гъоркье ккарал информалатаздаса жамгIияталъе зарал гурони, пайда букIунаро. Гьединаб тIадецуялде данде чIарал журналистазул къисматалда хурхун кIудияб хIинкъи бугел улкаби дунялада гьанжеги гIемер хутIулел руго.»

Прессаялъул эркенлъиялъул даража тIолабго дунялалда гIодобе ккеялъул тенденциялде гуребги, докладалъул автораз хасаб кIвар буссинабулеб буго чанго пачалихъалде ва регионалде. Мисалалъе, жибго Freedom House бижараб Цолъарал Штатал гьеб рейтингалда эркенал информалатал ругел улкабазул сияхIалда рихьизарун рукIаниги, гьаб нухалда гьел чанго позициялъ гъоркье ккун руго.

Карлекарица кIвар буссинабулеб буго ахирисеб анцIго соналда жаниб Цолъарал Штатазда СМИялъул эркенлъиялъул рахъалъан араб соналда ахIвал-хIал цебе киданиги букIинчIеб даражаялъ гIодобе ккун букIиналде. Гьелъул рагIабазда, гьеб тIоцебего хурхараб буго, «миллияб хIинкъигьечIолъиялъул информация тIибитIизабиялда тIад контроль лъезе хIукуматалъ гьабулеб букIараб хIалбихьиялда. ТIоцебего бицен гьабулеб буго Милллияб хIинкъигьечIолъиялъул агентлъиялъ гражданаз телефоналдасахун гьабулеб бухьеналда тIад котроль чIезабун букIиналъул бицунел журналистаз жидее информация кьурал гIадамал тIатинаризе инкар гьабулеб букIиналда бан гьезде тIадецуй гьабулеб букIиналъул.
Улкаялда информалатазул эркенлъиялъул даража гIодобе ккеялъул хIужжаялъе хъачIаб къимат кьолеб буго жибго америкаялъул жамгIияталъ. Томас Джефферсонил цIаралда бугеб РагIул эренлъи цIуниялъул централъ Цолъарал Штатазул юстициялъул министерлъиялъе ва ХъахIаб рукъалъул пресс-хъулухъалъе бихьизабун буго «Джеферсонил чIолорхъа» абураб «шапакъат». Гьеб кьолеб рагIула Цолъарал Штатазул Конституциялда гьабураб ТIоцебесеб хиса-баси хвезабиялъе гIоло. Гьелдайин абуни, рихьизарун руго батIи батIиял, гьездаго гъорлъ СМИялъул, эркенлъиязе чIезарурал гартантияби.

Гьелда релъараб яги батIияб реакция загьирлъичIо Россиялда, гьеб Freedom House-алъул сияхIалда 176 бакIалда бихьизабун бугониги. Прессаялъул эркенлъиялъул рахъалдаса Россиялда бугеб ахIвал хIал данд балеб буго Эфиопиялдаги Суданалдаги загьирлъулеб ахIвал-хIалалда.

Докладалда абулеб буго, «Рейтингалда I85 бакIалда бугеб Китай ва I76-леб бакIалда бугеб Россия гIадал асар кIудиял авторитариял режимал ругел улкабазда хутIулеб бугин бакIалъулаб прессаялдаги электрониял СМИлдаги тIад кIудияб, хъачIаб контролин. Гьелдаго цадахъ гьединал пачалихъазда нухмалъияз гIамал гьабулеб бугин гIуралъ эркенал пикраби загьир гьабулеб блогосфераялдаги, къватIисел улкабазул интернет-сурсатазда загьир гьарулел бербалагьияздаги хадуб хал кквезейин.»

Информациялъул алатал хIалтIиялъе Россиялда ругел «шартIазул» бицунаго, гьадин лъазабуна Freedom House гIуцIиялъул «Прессаялъул эркенлъи» проекталъул директор Карлекарица.

Карин Дойч Карлекар: «Телевидениялъ кьолебги, хасаб периодикаялда бахъулебги информациялъул аслияб бутIа буго пачалихъалъул контролалда гъоркь. ХIакъикъаталдаги Россиялда эркенго жиндирго пикраби загьир гьабулеб бакI ккола Интернет. Араб соналда нилъеда рихьулеб рукIана Интернеталда бахъулелда тIад контроль цIиккинабиялъе гьарулел галаби. Бахъана Интернталда бахъаралде балагьун, диваналда цере чIезаризе рес кьолеб къанун.»

«Информалатал пачалихъалъул контролалда гъоркь чIезарурал улкабазда бакIалъулал журналистазе захIматго букIуна эркенго лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицине. Гьединал шартIазда бахIсал рагъаризарулел темабазул бициналъе аслиял хьулал рукIуна къватIисел улкабазул информалатазул журналистазде. Амма 20I3 соналда чанго улкаялда гьезул хIалтIуеги квал-квал гьабулеб букIана.» - ян лъазабуна Карлекарица.

Мисал бачун, гьелъ ракIалде щвезабуна Россиялъги Китаялъги машгьурал къватIисел пачалихъазул журналистазе визаби кьезе инкар гьабизе байбихьиялъул хIужаби. КIвар буссинабуна гьединго Совет Союзалъул ва Россиялъул темабаздалъун машгьурлъарав Америкаялъул журналист Дэвид Саттер Россиялдаса нахъе къотIиялде. Гьеб кколеб рагIула «ЦIорораб рагъалъул» заманалдаса хадуб тIоцебесеб хIужжа.

«Россиялъул СМИялъул сфераялъе къимат кьолаго абизе ккола, гьениб лъиданиги рачIел журналистазде тIадецуй гьабиялъе хIалтIизабулеб бугин нухмалъиялъул контролалда гъоркь бугеб диваналъул системайин. Гьениб журналистазда хурхун загьирлъула кинабгIаги тамихI гьабичIого хутIулеб физикияб агрессия, журналистал чIваялъул хIужжаби. ГIадатиял СМИялъул тIолабго гIанаб къадар хутIулеб бугин абизе бегьула пачалихъалъул асаралдаги контролалдаги гъоркьин.» - хъвалеб буго Freedom House-лъул докладалда.

Хасаб кIвар гьелда буссинабун буго гьаб нухалда гражданияб рагъ багъариялъул хIинкъи бугеб Украиналдеги. Гьелъул рейтинг гъоркье ккун буго ва гьеб гьанже рехсолеб буго информалатазул эркенлъи гьечIел улкабазда гъорлъ. ТIоцебего гьеб хурхараб буго Киевалда Евромайданалда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул бицунел журналистазде гьарурал тIадекIанцIиязда.

Карин Дойч Карлекар: «20I3 соналъул ахиралда протесталъул багъа-башари ва Евромайдан байбихьараб мехалда, нилъеда бихьана гьениб гьел протестазул хIакъалъулъ бицунел журналистазде тIадекIанцIиязул чанго хIужжа. Гьениб бихьулеб къагIидаялда цIикIкIана Украиналда загьирлъулел лъугьа-бихъиназул бицине хIалбихьулел журналистазде физикияб тIадецуй ва тIадекIанциял.» - ян лъазабуна проекталъул директор Карлекарица

Араб соналда Украина хутIулеб букIана СМИялъул «цорахъалъулаб» эркенлъи бугелги «эркенлъи гьечIелги» улкабазул «гIорхъода». Амма Украиналда протесталъул акцияби байбихьилелде цебеги загьирлъулеб букIана нухмалъиялде гIагарлъи бугел группабазухъе информалатал «ракIариялъул» процесс.

Прибалтикаялъул улкаби хутIизегIан постсоветияб I2 улка Евразиялъул регионалда «эркенал» улкабазул сияхIалде ккун гьечIо цогIаги. Беларусь, Узбекистан, Туркменистан рихьизарун руго рейтингалъул «рачIалда».

Гьелъие ругел багьанаби гьадин рихьизаруна Карлекарица.

Карин Дойч Карлекар: «Гьел киналго улкабазда медиагIатIилъиялъе чIезарун руго цIакъ чIедерал гIорхъаби. Хасал информалатал гьечIин абизе бегьула. Интернеталъул информалатазулги асар гьитIинабго буго. Лъиданиги рачIел эркенал пикрабазе нух къала ва гьезул авторазе тамихI гьабула.»

Демократиялъул суалал рорхизарулел экспертазул цояз абулеб буго, демократия «гIанкъизабулел» яги «демократиябин» кагътида жидерго улка бихьизабун букIин гурони, хIакъикъаталдаги щиб гьеб демократия кколебали берцинго цебе чIезабизецин жиндир халкъалда кIоларел улкабазда информалатазул эркенго хIалтIизе рес гьечIин гIарзал гьариялъул кинаб гIаги магIна гьечIин. Гьоркьохъеб Азиялъул гIемерисел пачалихъазул лидераз, жидералдаса батIияб пикру загьир гьабизени щиб, гьединаб бербалагьи букIине бегьулел информалатал жидерго улкабазда жанир раккизецин толарин. Гьез гIемер энергия хвезабулин халкъазда гьоркьосел гIуцIиязда жидерго «турараб диктатураялъул минаялъул фасадалда месед бахиналъейин».

Гьединал пачалихъал прессаялъул эркенлъиялъул рейтингалде гъорлъе росиго, гьезул пикруялда, кколеб буго гIададагосеб хIалтIи.

Карин Дойч Карлекар: «Гьоркьохъеб Азиялда ахIвал-хIал хутIулеб буго ракI бохизабулареб. Щуго улкаялдаса кIиго – Теркменистанги Узбекистанги – буго нижер «бищунго квешазда гъорлъан квешазул» категориялда гъорлъ. Казахстаналъулги Таджикистаналъулги рейтингал руго квешал. Гьединаб къагIидаялда, гьезу медиагIатIилъи, дицани абилаан, цIакъ къваридаб бугин ва ахIвал-хIал гьениб тIадеги квешлъулеб бугинин. Нижеца кIвар буссинабулеб буго Казахстаналда информалатазде данде диваналъул система хIалтIизабизе гIамал гьабулеб букIиналде. Дагьалъ цебе гьениб хIалбихьун букIана уголовияб кодекс хисизабизеги.»

Freedom House-алъул рейтингалда Узбекистанги Туркменистанги бихьизабун буго ахирисеб Жанубияб Кореялда цебе, ай, I95 бакIалда. Амма гьеб рейтингалда Узбекистаналъул мадугьаллъун гьечIо Киргизстан. Гьеб бихьизабун буго прессаялъул цорахъалъулаб эркенлъи бугеб улкабазда аскIобехун – I47 бакIалда. Докладалъул автораз гьеб пачалихъ бецулебцин буго. Карлекарица абулеб буго, гьеб хурхараб бугин Киргизстаналда загьирлъулеб бугеб тенденциялдайин.

Карин Дойч Карлекар: «Киргизия, дицани абилаан, гъвангъараб танкI бугин Гьоркьохъеб Азиялдайин информалатазул эркенлъиялъул рахъалдаса. Гьеб буго «эркенал гуреб» категориялъул улкабазда гъорлъ. Амма, цогидазде данде ккун, гьеб сияхIалда гьеб буго «лъикIаб» бакIалда. Исанаги нижеда гьениб бихьулеб буго лъикIаб рахъалдехун галаби. ХIакъикъаталдаги нижеда бихьулеб буго гьениб квешал хIужжаби дагьлъулел рукIин. Гьенир дагьлъун руго тIадекIанциял, дагьлъун буго прессаялъе гIорхъаби чIезарулел къанунал хIалтIизариялъул хIужабиги.»

Кавказалъул республикабазда гъорлъги гIуцIиялъе батун буго бецизе бегьулеб пачалихъ. Гьеб кколеб буго Гуржи.

Freedom House-алъул пикруялда, гьенибги загьирлъулел руго лъикIал хьулал рижинарулел тенденция. Амма Гуржиялъул гIорхъода бугеб Азербайджаналда информалатазда хурхун загьирлъулеб бугин унго-унгояб диктатураялъулаб бербалагьиян, хъвалеб буго автораз.

Карин Дойч Карлекар: «ЦIакъ квешаб къимат кьолеб буго Азербайджаналъе. Гьедингоги дагь хутIарал, аслияб къагIидаялда Интернеталда хутIарал эркенал гьаркьазде данде репрессиял гьарун, дица абила, гьеб улка унеб бугин мекъаб рахъалдехунин.

Армениялда шартIал дагьалъ лъикIал руго.

Гуржиялъ бихьулеб буго дагьалъ позитивияб динамика. Гьеб хурхараб буго гъоркьиса къабул гьабураб хасаб къануналда. Кануналъ тIадаблъун бихьизабулеб буго киналго кабелалъул операторазда киналго телеканалал жидерго сияхIазда рихьизари.

Гуржиялъ гьединго дагьлъулел руго инфоралатазул хIалтIухъабазде тIадекIанцIиял. Гьеб къимат тIадеги багьа цIикIкIараб буго, араб сон рищиязул сон букIин ракIалде босани.»
Кавказалъул республикабазда гъорлъан Гуржиязул пачалихъ бихьизабун буго прессаялъул цорахъалъалаб эркенлъи бугел улкабазда гъорлъ. Гьеб буго 93 бакIалда. Арменияги Азербайджанги буго СМИ эркенал гурел улкабазул сияхIалда I34-балеб ва I83 бакIазда.

Позитивияб тенденция бугеблъун гIуцIиялъ рикIкIун буго Молдоваги. Рейтингалда гьеб буго гуржиязул мадугьал – II2 бакI. Карлекерил рагIабазда, гьелъул нухмалъи ругьунлъулеб буго критика букIине кколеб къагIидаялда къабул гьабизе.

Карин Дойч Карлекар: «Ахирисеб чанго соналда жаниб нилъеда бихьулеб букIана медиагIатIилъи кIодолъулеб букIин. Гьеб ккола цIакъ позитивияб тенденция. Рагьана гIемер телеканалал ва радиостанцияби, гьелъ лъикIлъизабуна улкаялъул информалатазда гъорлъан рищизе бугеб рес. Цо-цо къанунал хисизаруна. Нижеда бихьухъе, гьеб медиагIатIилъиялъе чIезарурал гIорхъаби дагьлъана. Нухмалъи хIадураб буго жибго какулеб букIин хIехьезе. Информация загьир гьабиялъул шартIал эркенлъиялъул рахъалде руссана.»

Freedom House гIуцIиялда бищунго хехал темпазда рагIиялъул эркенлъи, прессаялъул эркенлъиялъул даража гIодобе кколеб регионлъун бихьун буго ГIагараб Машрикъ. Иран ва Сирия рейтингалъул рагIалдехун лъунги, гьез тасдикъ гьабулеб буго жидерго пикру.

Кинал улкабазда бугеб журналистазул хIалтIуе унго-унгоял сахал шартIал?

Инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул пикруялда гьединал улкаби руго тIоцебего Скандинавиялда, Европаялъул шималиябгун магърибалъул рахъалда. Гьезул сияхалъул тIоцересел бакIазда рехсолел руго Нидерландал, Норвегия, Щвеция, Бельгия, Финляндия, Люксембург, Швейцария, Исландия ва цогидал.

Карлекарица абулеб буго, гьел улкаби гIемер соназ ругин гьел позицияздайин. Ва гьеб кколин хIакъаб демократияз жидерго хазинаби лъикI цIунулин ва гьединал жамгIиятазда гьел хазинаби хIинкъиялде гъоркье рачине бокьаразул къадарги бихьуларин, абурабин.

Постсоветиял улкабазда гъорлъан гьел улкабазул мадугьаллъун рейтингалда лъугьун буго цого-цо Эстония.