Халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтияразда тIасан Amnesty International идараялде мугъчIвайги гьабун талат къоялъ «Америкаялъул гьаракь» абулеб радиостанциялъул интернет тIанчида тIибитIизабуна информация Россиялъул инсанасул ихтияразда тIасан «Мемориал» центр къазе бегьиялъул хIакъалъулъ.
Гьеб информация нахъ чIвана инсанасул ихтиярал цIуниялда тIасан «Мемориал» централъ.
Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда «Мемориалалъул» нухмалъулев Олег Орловас якъин гьабухъе гьеб ккола мекъаб информация.
Диваналъ гьединаб хIукму къотIун буго 8 апрелалда Санкт Петербургалда бугеб дискриминациялде данде чIей гьабулеб «Мемориалин» цIарги бугеб идараялъе.
Гьеб идараялъ тIоцебесеб инстанциялъул диваналъ гIунтIизабураб гIайибалда тIасан аппеляция кьун букIун буго. Амма кIиабилеб инстанциялъул диваналъги гьеб нахъ чIван буго.
Олег Орловасул рагIабазда рекъон Санкт Петербургалъул «Мемориал»- абулеб идараги инсанасул ихтияразда тIасан «Мемориал» центрги ккола гьудуллъиялъулал идараби. Амма юридикияб кьучI гьел идарабазул батIи-батIияб буго.
Инсанасул ихтияразда тIасан «Мемориал» централда бан абуни гьебги балагьун чIун буго диваналъул хIумуялъухъ.
Диван тIобитIизе буго 15 апрелялда Москваялъул Замоскварецкая мохъалъул диваналда.
Олег Орловасул рагIабазда рекъон инсанасул ихтияразда тIасан «Мемориал централъги къец гьабизе буго гьеб къватIисел хIукуматалъул агент кколин абун прокуратураялъ диваналде битIараб гIарцаялда тIасан.
Жидер идараялъул къисмат кинаб букIинебали гьеб диваналдаса хадуб лъалин абуна Олег Орловас.
"Мемориал" централъул нухмалъулес къимат кьуна талат къоялъ россиялъул конституциялъул диваналъ коммерциялъул гурел идарабазда тIасан къанун россиялъул конституциялде данде кколин гьабураб хIукмуялъеги.
Олег Орлов: «Россиялъул конституциялъул диваналъ хIакъикъаталда нух рагьана гIемерисел инсанасул ихтиярал цIунулелги, гьел гурел цогидалги идарабазде данде репрессиял гьаризе.
Нижер идараялъул (инсанасул ихтияразда тIасан «Мемориал» централъул С.З.) къисматалъулъ гьеб хIукму кигIанги квеш загьирлъизе буго.
Пачалихъиял гурел ва коммерциялъул гурел идарабазда тIасан къанун гIуцIун бугеб къагIидаялъухъ балагьунги, гьеб Россиялъул юстициялъул министерлъиялъ хIалтIизабулеб бугеб къагIидаялъухъ балагьунги, идараби гьелъ росулел руго гьадинаб гIочIотIе: чIезабулеб буго гьабизего гьабулареб политикияб хIалтIи гьабулеблъун чIезабулеб буго гьезие къватIисеб улкаялдаса гIарац бачIунеб бугин абун, цинги тIамулел руго, я жал къватIисел хIукуматалъул агентал ругин абизе, яги, гьеб гьабулеб гьечIони, идараялъ жиндирго хIалтIи къотIизе тезе кколеб буго».
«Мемориал» централъ киданиги жибго къватIисел улкабазул агентлъун рикIкIине гьечIин абуна Олег Орловас. Гьесул рагIабазда рекъон къануналъ тIамулел руго гьереси бицине.
Олег Орлов: «Мемориалалъ жиндирго хIалтIул хIакъалъулъ гьереси бицине гьечIо я къватIисел улкабазда цебе, я россиялъул къанун цIунулезда цебе. КигIан цIакъ гьезие къваригIун букIаниги. ВукIа гьев гIадан, букIа гьеб идара, жидерго хIакъалъулъ гьереси бицине тIами, гьеб цониги правоялде данде кколаро».
Гьеб буго къанун хвезаби, ва репрессиял.- ин абуна инасанасул ихтияразда тIасан «Мемориал» централъул нухмалъулев Олег Орловас. Россиялда жакъасеб къоялда Олег Орловас абухъе къватIисел хIукуматалъул агент кколин лъазабуразул сияхIалда буго цо идара.
Олег Орлов: «Гьеб бакIалда буго цо кIвар буссинабизе кколеб иш «Гьеб къануналъул буго цо сихIираб рахъ. Чиновниказ жидецаго чIвалеб гьечIо идараялда дангъва-гьеб къватIисел улкабазул агент бугин абураб.
Гьез лъолеб букIараб ани жавабчилъиги букIинаан гьезда тIад. Нижго тIамулел руго нижедасанго тIасан гIарза хъвазе Юстициялъул министерлъиялде.
Ниж гьеб къватIисел улкабазул агентазул сияхIалде росеян абун. Хадуб абизехъин буго нижеца нужецаго гурищ гьединаб гIарза хъвараб абун.
Инсанасул ихтияразда тIасан «Мемориал» централъ гьединаб гIарза хъвазе гьечIо. Хадуб ккараб, ккун букIина».