Ультиматумазул болжалал рагІалде рахъана...

Талат къоялда рагІалде бахъана 1 июлалда Мисралъул рагъул къуватазул тІадегІанаб мажлисалъул нухмалъиялъ киналго политиказе лъазабун букІараб ультиматум. Гьелъул вакbлаз телевидениялдасахун загьир гьабураб лъазабиялда абулеб букІана,улкаялъул политикиял къуватазе 48 сагІат кьолеб бугин «мисралъул халкъалъул тІалабал тІуразариялъейин».
Гурони рагъулал гъорлъе лъугьине ругин ахІвал-хІалалде, улкаялъул ва халкъалъул букІинеселда бан жидерго «нухлолаб карта» хІалтІизе биччазе бугин.

Протесталъул гІахьалчагІаз гьединаб лъазаби къабул гьабун букІна роххун. Цо-цо журналистазул пикруялда, гьез гьеб ультиматум къабул гьабуна Мурси ва гьесул бербалагьиялъул рахъ кколеб нухмалъи тІаса рехи гІадин.

Генерал ГІабдель-Фаттах аль Сисиль рагІабазда, Мисралда чанго къоялъ загьирлъулел нухмалъиялде данде гІемер халкъ гІахьаллъарал акцияби ккола «киданиги бихьун букІинчІеб халкъияб хьул загьир гьаби.»

Армиялда хадуб мисралъул полициялъги рахъ ккуна Каиралъул Тахрир майданалда ракІараразул. «Жидерго хьул загьир гьабизе къватІибе бахъараб мисралъул халкъ нижеца рехун тезе гьечІо» - ян абулеб буго полициялъул лъазабиялда. Полициялъулаз рагІи кьуна «Бусурбаби-вацал» багъа-башариялъул гІахьалчагІздаса протесталъул гІахьалчагІи цІунизе.

Талат къоялда президент МахІамал Мурсица нахъ чІвана рагъулазул ультиматум.

Талат къоялдаго Аль-Гарабия телеканалалъ лъазабуна, живго лъикІав лъугьун хъулухъалдаса нахъе анин мисралъул премьер-министр Хишам Кандилин. Амма гьеб баян нахъ чІвана Рейтерс агентлъиялъ. Гьелда цебе хъулухъал теялъул хІакъалъулъ лъазабун букІана нартил ва финансазул министраз. Дагьалъ хадуб гьединабго галиялде ун вуго къватІисел ишазул министр МохІамад Камель Амр. Гьев кколев рагІула гьеб галиялде арав анлъабилев министр.

Лъазабулеб буго гьединго хъулухъаздаса нахъе лъугьиналъул гІарза кьунин цогиги чанго министрасин. Гьезда гъолъ рагІула туразмалъул, гражданияб авиациялъул, коммуникациязулгун информациялъул технологиязул, гьекъолеб лъел ва санитариялъул, парламенталъул ишазул ва тІабигІат цІуниялъул, гьединго юстициялъул министрал.

Цолъарал штатазул президент Барак Обамаца мисралъул президент МохІамад Мурси ахІана рази гьечІезул гьаракьалъухъ гІенеккиялде.

Нухмалъиялде данде акциялда гІахьаллъулел итни къоялда тІаде кІанцІана «Бусурбаби-вацал» абураб гьанже нухмалъиялда бугеб багъа-башариялъул штаб-квартираялде ва гьеб бухІана. Улкаялъул президент МохІамад Мурси ккола гьеб гІуцІиялъул гІахьалчи. Улкаялъул аслияб хъулухъалдеги гьев вачІана гьелъул кумекалдалъун.

Кинабго миллаталъул протесталъул нухмалъиялда бугеб «Таммаруд» абураб оппозициял багъа-башариязул цоялъги президентасе лъазабун букІана жиндирго ультиматум. Талат къоялъул маркІачІуде гьев хъулухъалдаса нахъе ун, заман щвелелдего президентасул рищиял лъазаричІони, тІолабго улкаялдаго буюрал гІадахъ росунгутІиялъул акция тІобитІизе бугин хІинкъиял кьолел рукІана гьеб гІуцІиялъ.

ГьатІан къоялда Мурсица ультиматум нахъ чІвана. «Бусурбаби-вацал» абураб багъа-башариялъул вакиль Гехад Хаддадица лъазабун буго Би-Би-Си агенлъиялъе, генерал Сисил нухлолаб картаялда рекъон, заман щвелалдеги президентасул рищиял тІоритІиялъул къварагІел гьечІин. Гьесул рагІабазда генералас тІадецуй гьабизе бегьула, парламенталъул рищиял тІалаб гьабун.


(ЭР)