Ссылки для упрощенного доступа

Мисралда цIияб дандечIей


Мисиралъул президентасде данде гIуцIараб демонстрация. Каир, 25Июн2013
Мисиралъул президентасде данде гIуцIараб демонстрация. Каир, 25Июн2013

Мисиралъул президент МухIамад Мурсица нухмалъи гьабулеб «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул политикияб гIаркьеллъун кколеб Эркенлъиялъул ва РитIухълъиялъул партиялъул офисалде тIаде кIанцIи гьабуна гьесул политикаялда разилъи гьечIел гIадамаз. Гьез абулеб буго президентасда кIвечIин Мисиралъул экономикиял ва социалиял проблемабазе асар гьабизе.

Мисиралъул президентлъун МухIамад Мурси вахъана гъоркьиса 30 июнялда. Доб къоялъ тIобитIараб гьа баялъул тадбиралда гьес халкъалъе рагIи кьуна улкаялда цере ругел аслиял масъалаби тIуразаризе. Жинца улкаялъе нухмалъи гьабуралдаса лъагIел тIубалаго, гьес гьадинаб каламгун цеве вахъана телевидениялдаса:

МухIамад Мурси: «Мисиралда цебе гIемерал проблемаби руго. Политикияб дандечIей бахана нилъер гьанжего-гьанже бижулеб демократиялъе кIудияб хIинкъи кьолеб даражаялде. Гьелъ улка палижалде ва хаосалде ккезабизе бегьула».

МухIамад Мурсица халкъалде ахIи бана миллияб маслигьат гьабиялде. Оппозициялодехун вуссун, гьес абуна протесталъул акциял тIортIизегIан, рищиязда гIахьаллъанани лъикI букIинаанин.

Мисиралъул президент гьединго мукIурлъана жинца гьарурал гъалатазе, амма мухIкан гьабичIо – хасго сундул гъалатIал гьел кколелали?

Жиндир иргаялда Мисиралъул оппозициониял партиязул вакилзабаз лъазабуна цониги цIияб жо жидеда рагIичIин президентасул каламалда.

Гьединаб хитIаб рагIарал ва гьелда разилъи гьечIел гIадамаз Шаркия шагьаралда бугеб Эркенлъиялъул ва РитIухълъиялъул партиялъул офисалде тIаде кIанцIун доба гордал рекана ва цIа гъуна минаялда сверухъ.

Президентасул политикаялда разиял гьечIел гьел гIадамаз лъазабуна 30 июнялда жеги кIудияб демонстрация тIобитIизе. Доба демонстрантаз тIалаб гьабизехъин бугин президентас хъулухъ тей.

Демонстрациял тIоритIана Мисиралъул цогидал шагьараздаги. АрбагI къоялъ Эль-Мансурия шагьаралда аскариязда ва демонстрантазда гьоркьоб багъарараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда кIиго чи чIван вуго.

АрбагI къоялъ гьабураб жиндирго телевизионияб хитIабалда Мух1амад Мурсица ракIалде швезабуна – жив улкаялъул яргъид гIуц1арал къуватазул тIадегIанав бетIер вугин абун.

Оппозициялъул пикруялда МухIамад Мурсица жиндирго квершел щулалъизаби гурони тIокIаб щибниги гьабичIо цо соналда жаниб. Гьесда кIоларин демократия цебетIезабизе ва гьесул аслияб мурад бугин – «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул асар цIикIкIинаби.

Рехсараб багъа-бачариялъул цевехъанлъун кколев МухIамад Мурси президентлъун вищун вукIана 2011 соналда ХIосни Мубарак тIаса рехун хадусала.

МухIамад Мурсица цониги цIар рехсечIого, гIайибал гIунтIизаруна Мисиралъул инкъилабалъул пуланал къватIисел тушбабаздеги улка ришватчилъиялде ва ханлъия гьабиялде тIад буссинабизе бокьулел жалго Мисиралъул цо-цо хIаракатчагIаздеги.

Мисиралъул хIаракатчагIазул къукъабаз лъазабуна жидеца 15 миллион гъулбас бакIаризехъин бугин иргадулал гурел президентасул рищиял тIалаб гьабулеб кагъаталда гъоркь.

Кувейталде сапар бухьулаго, Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Мисиралъул демонстрантазде ахIи бана сабру бакIариялде ва протестал ракълилаб къагIидаялда тIоритIиялде.

Мисиралъе Америкалъ кьолеб гIарцул кумек миллиард-миллиард долларалде бахунеб буго.

МухIамад Мурси президентлъун вахъун хадуб Мисиралъул экономика гIодобе ккун буго, аслияб къагIидаялда туризмалдаса щолеб хайир ва къватIисел улкабаздаса щолел инвестициял дагьлъун рукIиндал.
XS
SM
MD
LG