Москваялда тухумчилъи тIагIани, гьеб тIагIина Дагъистаналдаги...

Дагъистаналда тахбакIалги, депутатазул мандаталги, хIатта гIиси-бикъинал хъулухъалгицин цебего гIадин гьанжеги хIакимзабаз ирсалъе кьолел рукIиналдаса разилъи гьечIолъи бихьизабула республикаялъул гIадамаз.

Гьеб буго чанго анцI-анцI соналъ гьединан бачIунеб бугеб тухумчилъиялъул къагIида. Гьеб ахIвал-хIал хисизабизе вачIун витIун, вугин жив Россиялдасан Дагъисталдеян лъазабун букIана Рамазан ГIабдулатIиповас.

Щиб гьелъие гIилла? Цо-цояз гIунгутIаби ралагьула республикаялъул бетIерасул командаялъулъ – гIумруялъ пачалихъ бикъун ругьунал чагIи хутIун ругила гьенир жегиги. Цогидаз абулеб буго Рамазан ГIабдулатIиповас хъулухъаздаса ракь тезабурал хIакимзабаз бецIулеб бугин гьанже гьесие, квалквалал гьарун гьесул политика цебехун ине толеб гьечIила.

Дагъистаналдаса журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIалисултан ГъазимухIамадовас рикIкIунеб буго республикаялда тухумчилъиги цогидаб гIал-гъважаги лъугIизабизе кIолин бищун дагьаб кIиго анкьида жаниб, амма Кремлялъул къасд букIине кколинха гьелъие.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Дир пикруялда, дозие къваригIун гьечIо гьаниб гIадлу букIине. Рамазан ГIабдулатIиповас байбихьуда рагIи кьун букIана гьанир кIуди-кIудиял хиса-басиял гьаризе. Амма гьабсагIаталда гьелъул цо берда бихьулеб хIасил гьечIо. Гьелъул магIна ккола Дагъистан кутаклада чороклъун, вахIшилъун букIин, республикаялде вачIиналде цеве гьесда гьаниб бугеб унго-унгояб ахIвал-хIал лъалеб букIинчIолъи. Гьесда гьеб федералияб централъ бицунги гьечIо. Амма гьелъул магIна кколаро ГIабдулатIипов вачIин Дагъистаналъе квеш кканин аби. Щайгурелъул Рамазан Дагъистаналде вачIун араб лъабго соналда жаниб лъугIана гIадамал чIвай. Гьелги чIвалел рукIана тахбакIал щвезелъун. Гьединго гIарацги кьун чIвалел гьечIо ГIабдулатIиповасул оппонентал.

ТIокIаб жо гьечIонигиха, Рамазан ГIабдулатIиповас дагъистаниял ахIулел руго ришватчилъи лъугIизабизе. Гьединаб жо нилъер гьаниб кида букIараб?

Цойги бер речIчIун бихьулеб жо буго рацIцIа-ракъалъи бачIин».

Тарихчи ва жамгIияв хIаракатчи Маркъо ШагIбановас рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса (Шималияб Кавказалдаса) цIикIкIун тухумчилъи Россиялда бугила.

Маркъо ШагIбанов: «Киназего ахIдезе бокьула Дагъистаналда, гьединго Шималияб Кавказалда гIорхъолъа ун тухумчилъи бугила хIакимзабазда гьоркьоб. Москваялда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьани, дол нилъедаса бергьун руго гьеб рахъалъ – гъолго Сердюковалги, эменгун васазухъ ругел банкалги – нилъеда гьединаб тухумчилъи бихьунцин букIинчIо. Гьединлъидал гIицIго нилъеде гьеб гIайиб гIунтIизаби битIараб гьечIо. Гьеб цо.

КIиабизе. Гьеб тухумчилъи тIагIинабизе бегьула кадрал хIадурулеб къагIида кьучIдасанго хисизабуни. Гьедин Рамазан ГIабдулатIиповас лъикIаб хIалтIи байбихьун букIана хъулухъазде росулел гIадамазда гьоркьор къецал тIоритIизе. Амма дагь-дагьккун хIакимзабаз хвезабуна гьеб хIалтIи, квалквалаги гьарун. ГIадамазул тIубан ракIбуссинабуна. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, хъулухъазде тIамизе ккола лъикIаб лъайги бугел, амбициялги ругел, хадур хасал чагIиги гьечIел гIолохъаби. Амма гьелъие гIоло цо революция гIадаб жо гьабизе кколаха. Гьеб рахъалъ нилъеца мисал босизе бегьула Гуржистаналда гьабуралдаса. Узухъда, цо-цо нилъее данде кколарел жалги руго гъора. Масала, нилъ – Дагъистан – жибго жиндаго чIараб хIукмуат гурелъулха. Амма, цогидаб рахъалъ босани, Дагъистанги Гуржистанги релълъарал руго гIамал-хасияталъулги, маданияталъулги, халкъалъул къадаралъулги рахъалъ. Гуржистаналда бищунго беццулеб ахIвал-хIал лъугьарал идарабазда гьоркьоб полиция рехсола гьабсагIаталда. Амма I5 соналъ цебегицин гьениб ришватчилъи нилъер гьанибалдасаги гIорхъолъа ун букIана».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда цо-цо дагъистанияз абуна тIалъиялда бугеб ришватчилъиги тухумчилъиги лъугIизабизе ккани, тIоцебесеб иргаялда, жалго гIадамазул бичIчIи хисизе кколила.