Ссылки для упрощенного доступа

9 млн. гъурщил пасалъи гьабун буго бюджеталъе


26 февралалда тIобитIана Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул иргадулаб сессия. Гьениб спикер ШихсагIидовас какана араб анкьалда «Справеливая Россия» партиялъул дагъистаналда бугеб бутIаялъул цевехъан ХIажимурад ГIумаров вухарал чагIиги, "Патриоты России" партиялъул вакилас абуни гьениб ахIи балеб букIана лезги миллаталъул хIакимзаби цIунизе ккеялде. ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулес бицана республикаялъул хIакимзабаз бикъулеб гIарцулги.

Сессиялда Халкъияб Мажлисалъул спикер Хизри ШихсагIидовас кIвар буссинабуна гъоркьанкьида МахIачхъалаялда «СР» партиялъул цевехъан ХIажимурад ГIумаров вухиялде. Гьелда цебесеб къоялъ гьес абун букIана живго ГIумаровас цIех-рехалъул идарабазде гIарза кьун гьечIин, гьединлъидал парламенталъги гьезде хитIаб гьабун бажаруларин. Амма сессиялъул къоялъ спикерасул пикру хисана.

Хизри ШихсагIидов: «Щибниги кколеб гьечIилан ххвелалги гьарун нилъ чIанани, иш дагьабги кIудияб бакIалде ине рес буго. Гьев ХIажимурад ГIумаровасего гIадаб жо политикаялда гъорлъ вугев нилъер щивасеги гьабизе бегьула. Гьединлъидал гьеб хIужаялде кIвар кьуни бокьилаан дие».

Щибаб сессиялъул байбихьуда гIадатлъун лъугьун буго парламенталда ругел фракциязул вакилзабаз республикаялда ругел гIунгутIабазда тIасан политинформация гIадаб жо гьабулеб.

Амма коммунистазул вакил Мурзадин Авезовас бицунеб жоялдасан Совет союзалъул заманги Хрущевгун Брежневги ракIалде щолел рукIана. ГIицIго цохIо пикру кквезе щвана – Франциялда гьезул Революция кIодо гьабулеб гIадин, Россиялдагун Дагъистаналдаги Октябралъул революция ккаралдаса 100 сон тIубаялъул юбилейги кIодо гьабизе хIажат букIин.

«Россиялъул патриотал» абураб партиялъул вакил Руслан Шахпазовасул кIалъай букIана лезги миллаталъул хъулухъчагIи цIунараб. Жибго гьеб партиялда гъорлъги гIемерисел лезги миллаталъул чагIи руго. Шахпазовас абуна цин байбихьанила МухIарамкент мухъалъул нухмалъулесдаса. Гьурмазда маскаби ххурал чагIаз чIухь банила гьесул кабинеталда. Гьанже гьебго жо гьабулеб бугила Дербенталъул экс-мэр Имам Яралиевасда хурхунги. Жибго исана сонго байбихьанила Дербенталдасан – Яралиевасда хурхун гьенир гьарурал провокацияздасан. Масала, 15 январалда Яралиевасул доба чIухьги бан, 1 февралалда гьесда сверухъ цIех-рех байбихьана. Хадув Дербенталде экс-министр Азади РахIимов витIун вачIинги бадибчIвана «патриот» Шахпазовас. Хъулухъалда гIадамал гIолохъанаб ригьалъул тезе ругин абулила республикаялъул нухмалъулес, амма гIолохъанав вугилан Азади РахIимовасда киндила абилеб.

Республикаялъул нухмалъиялъ букIине кколеб къимат кьолеб гьечIин Яралиевасда сверухъ низам цIунулез гьабулеб хIалтIуеян абураб разилъи гьечIолъи бугоан депутат Руслан Шахпазовасул. Яралиевасин абуни жиндирго гIарцухъ босанила Дербенталъе хIажатаб къайи-цIа. Амма гьелда бан парламенталда лъицаниги рагIи абичIо.

Дагъистаналъул прокуратураялъ цебе лъуна миллатазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ къанун къабул гьабизе ккеялъул суал. Амма цояз абуна Россиялда гьединаб къанун гьечIила, гьединлъидал Дагъистаналда къабул гьабизе кколарила гьеб. Щайгурелъул дора ругел къануназда релълъарал рукIине кколила гьанир къабул гьарулелги. Цогидаз гьикъана гьеб къануналъулъ бугеб хIажалъи щибин? Къанун букIиналъищин Дагъистаналда гIасрабаз миллиял бухьенал лъикIал ругел? Цинги прокуратураялъул вакил Заур Тархановас жаваб кьуна къанунал къабул гьарулин гIадлу-низам букIинелъун. Нагагьлъун гьеб гIадлу хвезабизе цонигиязда ракIалде ккани, сундалъун гьезие тамихI гьабилебали лъазе ккеларищин. Лъабабилезул щаклъи баккана гьеб миллиял бухьеназда хурхун къанун бахъани, цебесеб гIасруялъул 90 абилеб соналда рукIарал гIадал миллиял багъа-башариял раккизе бегьулин цIидасан Дагъистаналда. Нилъецайин абуни гьанжего гьанже инкар гьабун букIанин гьездаса.

ХIисаб кьолеб палатаялъул нухмалъулев Билал ЖахIбаровас бицана ахир заманалда жидеца цIакъ гIемерал хал гьабиял тIоритIанин, амма гьезда рекъон букIине кколеб цIех-рех гьабулеб рагIуларо низам цIунулез. Гьедин батIи-батIиял идарабазда бюджет гIарац пасат гьабун батун буго 9 млн-ги хадубги гъурщил къадаралда. Хъулухъалдаса вахъун вуго 11 чи. Гьеб ккола пачалихъиял хIажалъабазе босулеб къайиялъул багьа документазда цIикIкIинабун бихьизабиги, конкурс лъазабичIого гьеб къайи босиги.

Билал ЖахIбаров: «Лъай кьеялъул идарабазе биччараб бюджеталъул гIарцул 200 млн гъурущ бикъун буго. Информациялъулгун басмаялъул министерлъиялъул идарабаз бикъун буго 15 млн гъурущ. 12 млн гъурщил зарал гьабун буго рукIа-рахъиналъул магIишаталъул идарабаз. МахIачхъалаялъул диагностикаялъул централъ тIокI гьарун руго 3 млн гъурщил багьаял дараби. 10 млн гъурщил къадаралда гIадамазе гьелъул тохтурзабаз гьабураб хъулухъалъухъ щвараб гIарацин абуни кассаялде кьун батичIо».

Халкъияб Мажлисалдаса прокуратураялъ тIалаб гьабуна МухIамад Шабанов депутатлъиялдаса махIрум гьавизеги. Щайгурелъул депутатго гIадин гьев ккола Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевги. Гьанже гьесул бакIалде щив вачIуневин абураб суалги буго. Щайин абуни Дагъистаналда «Правое дело» абураб партиялда гъорлъ гIицIго Шабанов гурони гьечIилан махсара гьабула депутатазги цогидазги.

XS
SM
MD
LG