Эркенлъиялъул пикрабигун

«Звезда Поволжья» газеталъул бетІерав редактор Рашит АхІматовас абулеб буго яги Россия буссине кколин хІакъаб демократияб улкаялде яги Татарстаналъ ракълилаб къагІидаялда гІуцІизе кколин жиндирго лъиданиги бачІеб пачалихъин,эркенаб гуреб улкаялда рижунин эркенлъиялъул пикраби. Бажаризе букІанищ жакъасел шартІазда Татарстаналда яги Россиялъул цогидал субъектазда жидерго пачалихъ гІуцІизе?
Кинаб букІине бегьулеб гІемермиллатазул Дагъистаналъул къисмат, нагагьлъул миллатчагІазул анищал гІумруялде рахъани?

Рашит АхІматовас абулеб буго, жакъа Россия гІицІго кагътида кколин федерацияйин. ХІакъикъаталдайин абуни, гьеб унитариябцин гуреб, кинабго нухмалъи централде буссинабураб, гурхІел гьечІого провинциялъул «би цІцІулеб» пачалихъ кколин. Гьесул пикруялда, Кремлалъ хисизаризе ккола централъул регионазулгун гьоркьорлъаби.

АхІматовас абулеб буго, тІоцебего Россиялъе къварагІараб жо кколин, улкаялда хІакъаб демократия чІезабийин. Гьедин гурони халкъазда бихьизе гьечІин гьел ращадал рукІин, Кремлалъе киналго халкъазул цого даражаялъул гІагарлъи букІине кколин. Жакъайин абуни, гьесул пикруялда, Кремлалъ миллатчагІазулгун расандиял гьарулел руго ва гьезие ресал кьолел руго гІурус гуреб халкъал батІи-батІия къагІидаялда хІакъир гьаризе. Гьединаб хІакъикъат халат бахъунеб бугони, Татарстаналъ бищизе кколин лъиданиги бачІеб пачалихъ гІуцІиялъул нухин. Бажаризе букІанищ Татарстаналда гьединаб нухдаса ун жидерго пачалихъ гІуцІизе ва кинаб гьелдаса пайда гьелъие букІунеб? АхІматовас рачунел руго гьадинал аргументал.

Рашит АхІматов, жамгІияв хІаракатчи, журналист

Рашид АхІматов: "Экономикияб рахъалдасацин пайда гьечІо Россиялъул Федерациялда гъорлъ рукІин. Капиталъул 85 процент къватІибе битІулеб бугони, гьеб ккола суперколония гІадаб жо. Гьедин букІанин абизе бегьула І9 гІасруялда. Гьеб ккола «гІалхулаб къагІидаялда» эксплуатация. Гьанир ругел гІурусазцин рахъ кколеб буго кІиго-лъабго нухалда Москваялде битІулеб капитал дагьлъизабиялъул.

Цингиги гьединал пикраби щулалъизарулел руго москваялъул политикаялъги. Гьелда гьечІо сахаб цІодораб магІна. Путин нижехъе Сабантуялде вачІана. Цо заманалда ракІалдаги гьечІого гьев гьенисан нахъе ана ДобегІанисеб Машрикъалъул рагъулазул округалде жинцаго ругьунлъиялги лъазарун. Универсиада унеб мехалда ярагъ кодобе боси щиб кколеб! НекІсияб Грециялдани рагъцин чІезабулеб букІун буго Олимпиял хІаял унеб мехалда. Россия лъугьине ккола демократияб пачалихълъун. Татарстан Россиялда гъорлъ букІине ккола, гьеб демократияб улкалъун бугони. Амма гьеб гьединаб гьечІоха."

АхІматовас абулеб буго Кремлалъул политика хурхараб бугин гІицІго коррупциялдайин ва жидер халкъалъе «откатазул» экономикаялда гъорлъ букІине бокьун гьечІин.

Рашид АхІматов: "Гарвардалдаса гІалимчагІи рачІун рукІана нижехъе. Гьез цІеххолеб букІана бизнесхІаракатчилъиялъул даража. Гьезул хІасилалъ бихьизабуна, татаразул гьединаб хІаракатчилъи ункъгогІан нухалъ американиязулалдасаги цІикІкІун букІин, ай татаразулъ буго безнесчагІазул чІва.

Нижее бокьун буго хІалтІизе, церетІезе. 500 соналъ чІезарун ругел гІорхъабаз хІалуцин бижинабун буго нижер халкъалда жаниб. Гьанже гьеб джиналъе бокьун буго къватІибе борчІизе. Нижее бокьун гьечІо щпдгун рукІаниги рагъулел рукІине. Лир пикруялда, Татарстаналда гІурусазул гІумруялъул даража букІине ккола Россиялъул цогидал территориязда гІумру гьабун ругел гІурусазулаздаса борхарабин. ГІарац ва ресал киназего гІола гьаниб, бакІазде нухмалъиялъул ресал кьуни. Амма Москва монстр гІадаб жо. Гьелъ «чІегІераб каратІин» абулеб гІаламаталъ гІадин кваналел руго кІуди-кІудиял гІарцал. БичІчІунеб гьечІо сундуе.
Экономикаялда откатазул 70 процент бугони, сундол бицине бегьулеб! Коррупция буго гьезул гьединаб. Амма нижеда кІоларо гьединаб коррупциялъулъ къан рукІине."

Гьедин бихьулеб буго жиндирго республикаялъул букІинесеб татаразул жамгІияв хІаракатчи ва журналист АхІматов Рашитида. Шималияб Кавказалъул республикабазда гьединаб пикраби машгьурал гьечІин рикІкІунеб буго «Справедливая Россия» партиялъул дагъистаналъул бутІаялъул лидер ГІумаров ХІажимурадица. Амма гьелдаго цадахъ жакъа гІуралъ улкаялда гІуралъ машгьураблъун ккола «ГІела Кавказ хьихьараб» абураб ахІи. Левада-централъул баяназда рекъон, гьелъул рахъ кколеб буго улкаялъул халкъалъул бащдалдасанги цикІкІун къадаралъ.

Националистаз гІамал гьабулеб буго Шималияб кавказалъул республикаби ратІа гьаруни, Россия буссине бугин гьайбатаб, талихІаб халкъалъул улкаялдейин абураб пикруялде россиялъулал ругьун гьаризе. Кинаб къисмат букІине бегьулааан Щималияб Кавказалъул республикабазул, гьездаго гъорлъ Дагъистаналъул миллатачагІазул анищал гІумруялде рахъарабани?

«Настоящее время» газеталъул бетІерав редактор Милрад Фатулаевас рикІкІунеб буго гьединаб сценарий гІумруялде бахъин рес баккизе рес бугин.

Милрад Фатулаев, "Настоящее время" газетаялъул бетІерав редактор

Милрад Фатулаев: "Балагьизе бегьула, кин бихарабали Совет Союз. БукІана референдум. Халкъалъ жиндирго гьаракь кьуна Совет Союз хутІиялъе. Амма лъабго чияс къисмат хисизабунин абизе бегьула гьелъул Беловежская пущаялда. Къабул гьабуна улка бикьялъул ва Лъиданиги рачІел улкабазул цолъи гІуцІиялъул къотІи-къай. Улка бихана, прибалтикаялъулал хутІизегІан кинабго халкъ данде букІаниги. Гьединабго схема жакъаги загьирлъизе рес буго.

Централда хІукму гьабизе бегьула бусурбабазул факторалъул, 20 миллионгІанав чиясул къадаралдаса улкаялъе хІинки бугинги абун. Къабул гьабизе бегьула Шималияб Кавказалъул федералияб округ Россиялъул Федерациялдаса къватІибе бачунеб букІиналъул хІукму. Дица гьединаб гали букІине рес бугин рикІкІуна. Совет Союз биххиялъул прогнозги лъицаниги гьабулеб букІинчІо. Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъ у, гьабулеб букІана гьединаб прогноз. Амма гьелдаги ккун букІинчІо гьеб гьедигІан хехго гьеб лъугьине бугин.

Щиб лъалеб щиб метер Россиялъул федерациялда букІине бугебали. Буго гури нухмалъиялъ националистазулгун расандиял гІуцІулел. Гьеле босе Пугачев шагьаралда ккараб. Гьебги гьелъулго бутІа ккола. Дова хварав васасул инсуца ахІи балеб букІана гІадамазде, акциябазде рахъунгеян, гьеб хІужжаялда сверун ахІи-хІур бахъинабугеян абун. Гьесда щивниги гІенеккичІо. Гьеб лъугІа-бахъиналдаса пайда босулеб буго гьединал къокъабаз. АхІиял гьарулел руго Пугачевалдаса Шималияб Кавказалъул гІадамал нахъе къотІиялъул. Хварасул эбелалъни чачанал рикІкІунел руго мигранталлъун. Россиялда гІемерисез чачанал къватІисел улкаялъул чагІилъун рикІкІунел руго. Гьединаб даражаялдацин бихьулеб буго халкъалъул пикруялъулъ рикьун рукІин. Дица бицен гьабулеб буго гІурус халкъалъулги, кавказалъул халкъазулги. Улка тІоцебе территориалияб къагІидаялда гуреб, бутрузулъ биххула. Дица рикІкІуна гІадамазул пикруялъулъ гьеб гьанжеялдего биххун бугин."

ЭР: Гьединаб финалалде рачІани, дур пикруялда Бажаризе букІанищ Дагъистаналда жиндирго пачалихъ гІуцІизе?

Милрад Фатулаев: "Лъиданиги бачІеб пачалихъ гІуцІиялда хурхарал пикраби загьир гьаризе байбихьун букІана Дагъистаналда гІага-шагарго 80-абилел соназул ахиралда. Гьебги хурхараб букІана миллатчагІазул бербалагьи щулалъулеб мехалда. Хадуб гьеб кинабго гІодобе ккана. ЖамгІияб пикруялъ бихьизабулеб букІана Дагъистанияз россиялъул федерациялда гъорлъ цебетІеялъул нух бищун букІин. Амма Манежкаялдаялда сверун загьирлъараб ситуациялъ Шималияб Кавказалъул республикаби Россиялъул Федерациялдаса ратІа гьаризе къваригІиналъул суал гІурусазул националистаз машгьурлъизабун хадуб, цІидаса баккана гьединаб бербалагьи. ЦІидаса баккана, бажаризе бугищ, мисалалъе, Дагъистаналда батІа чІун лъиданиги бачІеб пачалихъ хІисабалда хутІизе абураб суал. Алекперов, Кисриев гІадал социологазул пикруялда, бажаризе буго гьеб. Гьезулго пикруялда, югославиялъул вариант загьирлъичІого хутІуларо. ХІассилалдаги Дагъистаналда батизе буго, жибго цебетеялъул нух. Баянаб жо ккола гьеб хурхараб букІине буго кІудиял камияздаян абулеб буго гьез. Цингиги баянаб жо ккола гьеб лида букІаниги бараб букІунеблъи, гьеб бараб букІине буго къватІисел рахъазда, гьедин букІаниги гьелъул лъугьине буго жиндаго жибго чІараб пачалихъ. Щайгурелъул гьединал мисалал дунялалда цІакъ гІемер ругелъул."

Журналист МахІамадов ГІалица рикІкІунеб буго Татарстаналъулги Шималияб Кавказалъулги политикиялгун-экономикиял шартІал батІи-батІиял ругин. Амма я гьелъие я нилъер республикаялъе жидерго пачалихъал гІуцІиялъе шартІал рукІунаро. Гьелъул къварагІел букІинги гьесда баянго бихъулеб гьечІо.

ГІали МахІамадов:

Your browser doesn’t support HTML5

ГІали МахІамадов




ГІумаров ХІажимурад, "Справедливая Россия" партиялъул Дагъистаналъул бутІаялъул бетІер




«Справедливая Россия» партиялъул дагъистаналъул бутІаялъул лидер ГІумаров ХІажимурадица рикІкІунеб буго миллатчагІаз лъикІлъиялде улка бачунарин ва жакъасел шартІазда Дагъистаналда бажаруларин пачалихъ гІуцІизеян. Европаялда машгьураб бугин цолъиялъул пикру, рикъиялъул идеялъ жахІдаялъул хІалалде рачунин.













ГІумаров ХІажимурад:

Your browser doesn’t support HTML5

ГІумаров ХІажимурад:




БиасвгІалиев МахІамад, "Миллат" газеталъул бетІерав редактор


«Миллат» газеталъул бетІерав редактор БисавгІалиев МахІамад божулев вуго, Дагъистаналда бажаризе бугин лъиданиги бачІеб пачалихъалде буссинеян. Гьесул аргументал руго гьадин.









БисавгІалиев МахІамад:

Your browser doesn’t support HTML5

БисавгІалиев МахІамад 1


ЭР: Гьедин батани, кколиш дуца абулеб, республикаялъул халкъаз гьединаб рахъалдехун, ай батІа чІараб пачалихъ гІуцІиялдехун нух бахъизе гІамал гьабизе кколин абураб?

БисавгІалиев МахІамад:

Your browser doesn’t support HTML5

БисавгІалиев МахІамад 2