Цоабилеб февралалда рилана МахIачхъалаялъул Шамхал росулъа Мурад Къурбановги Каспийскалдаса Шамил Расуловги. Риларазул гIагарлъиялъ гIарзаби хъвана республикаялъул инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабазде.
Къурбановасул вацгIал НурмухIамад ГIисаевасул рагIабазда рекъон, гьатIан къоялда радал Мурад жиндирго автомобилалда ун вуго МахIачхъалаялде. Шагьаралда телефонал къачIалеб гьитIинаб салон буго Къурбановасул ва гьеб салоналда гьевгун хIалтIулев вукIарас бицун буго Мурад хIалтIуде вачIинчIин. Къурбановасул чIужуялъул рагIабазда рекъон, сагIат ичIго тIубараб мехалда гьелъ росасухъе ахIун буго, амма телефон гьесул свинабун батун буго гьелъие. Цо-кIиго сагIат индал, гьелъ салоналде ахIун буго ва гьелда лъан буго рос хIалтIуде щвечIевлъи.
ГIагарлъиялдаса киналго чагIазухъе ахIун хадуб, Къурбанов цIехезе рортун руго гьесул вацал. ГIисаевасул рагIабазда рекъон, вацгIаласул автомобиль батана гьезда Шамхалалъул сверухълъиялда. Автомобилалъул нуцIби рахан рукIун гьечIо ва кIулалги салоналда жанир рукIун руго. МахIачхъалаялда ругел полициялъул бутIабазде ун руго гIагарлъиялдаса чагIи, амма гьениб гьезда абун буго, Къурбановасул хIакъалъулъ информация жидехъ гьечIилан.
Каспийскалдаса Расуловасул яц Саидаца бицухъе, вац радал Избербашалде эбелалъухъеян ун вуго, амма эбелалъухъе гьев щун гьечIо. «Шамил сагIат микьго тIубараб мехалда вахъана къватIиве. МахIачхъалаялде ана гьев тIоцеве имгIаласухъа эбелалъе дараби росизе. ИмгIалас абуна дарабиги росун, сагIат ичIгоялда Шамил югалъулаб автостанциялде анилан», - ян бицана инсанасул ихтиярал цIунулеб «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъе Саида Расуловалъ. Вацасул телефон свинабун батун буго гьелда.
Къадеялда нахъе Расуловасул гIагарлъиялдаса чагIи автостанциялде щун руго. Вацасул суратги бихьизабун, гIадамазда гьез гьикъулеб букIун буго вихьаравищали гьезда гьев, амма лъиданиги гьев лъан гьечIо. Гьел гьединго полициялъул бутIабаздеги щун руго, амма гьенивги гьезда виларав вац ватун гьечIо.
Расуловасул ва Къурбановасул гIагарлъиялъул рагIабазда рекъон, гьел кIиялго салафияллъун рукIана. Цоцалгун гьезул лъай-хъвай букIинчIин абулеб буго гIагарлъиялдаса чагIаз. Гьединго гьез абуна, я Къурбановас, я Расуловас къануналда данде кколареб жо гьабун букIинчIин.
Гьал къоязда Дагъистанлада гьединго вилана Гъизилюрт мухъалъул Стальское росулъа МухIамад Давудовги. Гьесул гIагарлъиялъул рагIабазда рекъон, гьев викъун ватизе бегьула гьесул диниял бербалагьиял сабаблъун.
Давудовасул вац ГIумарица бицухъе, 29-леб январалда МахIачхъалаялде жиндирго автомобилалда хIалтIуде ана МухIамад. Росуцоясул минаялда жаниб ремонталъул хIалтIаби гьарулел рукIун руго гьес. Амма хIалтIуде Давудов щун гьечIо ва гьесул телефонги свинабун батун буго. Къануналда данде кколареб иш киданиги гьабун букIинчIин Давудовасилан абулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Гьесул вацасул рагIабазда рекъон, Давудовасул халатаб мегеж букIана ва гьев салафиявлъун кколаан. Гьесул чIужу ва ясал хIижабалги ретIун хьвадулаан. Диниял бербалагьиял сабаблъун низам цIунулез гьев викъун ватизе бегьулин, абулеб буго Давудовасул вацас.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда «Эркенлъиялъе» абуна, гIадамал рилиялъулъ низам цIунулезул лъалкI бугин аби мекъаб жо бугин, ва полициялъулаз щаклъи бугел гIадамал рагьунго кколин. Риларазул хIакъалъулъни министерлъиялда абуна, гьел цIехезе ругин, кIвараб жо гьабилин.
«Дагъистаналъул улбул» гIуцIиялъул адвокат Елена Денискол рагIабазда рекъон, ахираб заманалда гIадамал рикъиялъул хIужжаби республикаялда дагьлъана.
Елена Денисенко: «Такъсир гьабиялъул ишал рагьи цIикIкIунел ругин абизе бегьула. Салафиял рикъиялъул хIужжаби дагьлъана. Низам цIунулез гьанже гьел кколел руго. Ккуразул рагIабазда рекъон абуни, низам цIунулез гьез гIумру гьабулел минабазда чIухь балеб буго ва гьениб гьезда батулеб буго ярагъ. Гьеб ярагъ жалго полициялъулаз рехараб бугин бицунаан ккураз. Амма рикъиялъул чанги хIужжабазул хIакъалъулъ лъалебги гьечIо ахIвал-хIалалда хадуб халкколезда. Цо-цо рикъаразул гIагарлъиялъ хIаракат бахъулеб буго жидерго каналаздаса риларал ралагьизе».
Ахиралда тIаде жубала, цодагьалъ цебе «Эркенлъиялъ» бицун букIана, жал полициялъ кколел ругин мугжул сабаблъунин гIарз гьабулеб бугин салафияллъун рикIкIунел бусурбабаз. Гьезул рагIабазда рекъон, полициялъул бутIаялдеги рачун гьезие суалал кьолел руго гIагарлъиялъул хIакъалъулъ, рохьилазулгун рукIине бегьулел бухьеназул хIакъалъулъ ва, суратал рахъун хадур, нахъе ричалел руго.