ГIайиб лъида бугеб, хIакъикъат киб бугеб?

​Социалиял гьиназда тIибитIараб, учителалъ цIалдохъанасде квер борхулеб видеоялъ кIудияб резонанс багъаризабуна жамгIияталда жаниб.  Гьеб тайпаялъул видео Дагъистаналда жеги бахъун, тIибитIун букIинчIин, абулеб буго республикаялъул Лъай кьеялъул министерлъиялда.  Улбузул пикруялда, цIалдохъанасде квер борхиялде иш кколеб бугони учительзаби хIалтIудаса нахъе рахъизе кколел руго.

МахIачхъалаялъул 42 школалъул мугIалималъ дарсалда цIалдохъанасда кьабулеб видео тIибитIана гьаб анкьида жаниб социалиял гьиназда. Гьелда бихьулеб буго нахъияб патраялда гIодов чIарав цIалдохъанас дарсил заманаялда бахъулеб буго видео, ва гIин тIамичIеб мехалда цебесеб партаялда нахъа гIодов чIарав цIалдохъанасда кьабулеб буго учителалъ. Гьелдаса цебе интернеталда гьедино букIана тIибитIун видео, МахIачхъалаялъул 39 школалда мугIалималъ тIамун, киналго цIалдохъабаз цояв цIалдохъан вухулев. Гьев вас улбуз школалдаса нахъе вачун, цогидаб школалде кьун вуго вас.

https://www.facebook.com/zumrud.rizvanova/videos/915437561897379/

МугIалималъ цIалдохъанасде квер борхиялда хурхун, Дагъистаналъул Лъай кьеялъул министерлъиялда баян гьабуна, гьеб тIоцебесеб гьединаб хIужа бугин ва гьелда хурхун цIех-рех тIобитIизе тIад къан бугин МахIачхъалаялъул лъай кьеялъул нухмалъиялда. Республикаялда жеги цIунун хутIн ругин учителасдехун цIалдохъанасул адаб, гьединал лъугьа-бахъиназул цониги лъазаби жидехъе бачIунарин баян гьабуна Лъай кьеялъул министерлъиялъул ГIаммаб лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулей Лариса Абрамовалъ «Эркенлъи» радиоялъе.

42 школалда ккаралда бан МахIачхъалаялъул шагьаралъул Лъай кьеялъул нухмалъиялда хамиз къоялъ тIобитIун буго данделъи, гьеб школалъул директор ва видеоялда йигей мугIалим ахIун. Данделъиялъул хIасилалда гьеб школалъул нухмалъиялъе тIадкIалъай гьабунин бицана шагьаралъул Лъай кьеялъул нухмалъиялъул бетIер хисулей Эльмира Рамазановалъ.

Эльмира Рамазанова: «Сон гьанире ахIана гьей учительги, директорги, цинги гьркьоб лъун букIана гьеб лъугьа-бахъин. Абизе ккола, къанагIалъи ккола школалда гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин ккун, нижехъе лъазаби, гьеб лъугьа-бахъин абуни, интернеталдаса кибго тIибитIана. Школалъул нухмалъиялъе ккаралда хурхун тIадкIалъай гьабуна, иш гьабсагIат цIех-рех гьабун лъугIичIогон буго, мугIалим гьединго хIалтIулей йиго, гьелъул иш хал гьабиялда буго жеги».

Дарсил заманаялъ классалъул гIинтIамизабизе бажаруларев мугIалим школалда вукIине бегьуларин рикIкIунеб буго улбуз. Масала, МахIачхъалаялдаса МаламухIамадова ПатIиматил лъимал хьвадулел руго «Возрождение» абураб хIукуматалъул гуреб школалде. Дарсида гьезухъ телефон батани, улбузухъа гIакIа бахъулин бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

МаламухIамадова ПатIимат: «Гьединал лъугьа-бахъинал, талихIалъ, нижер школалда рукIунаро. Школалде телефон босизе толаро лъимада. Дарсил заманаялъ гьеб телефон кодоб тей мекъаб иш буго. Дида бичIчIухъе, гьединаб жо ккеялъе гIилла буго учителасул лъималазда гъорлъ къимат гьечIолъи. Гьесул лъималазе бокьулеб дарс букIарабани, гьеб бакIалде бачIунароан иш. Гьеб хIалтIи тун, цогидаб хIалтIи балагьизе ккела гьев учителас».

Учителас цIалдохъанасде квер борхулеб гIадин, камуларо лъугьа-бахъинал цIалдохъабаз учителасде квер борхулелги. Эбел-инсуда ракIчIун, гьарулин гьединал жал цIалдохъабаз. Гьеб киналъего гIиллаги бугин рокъоса тарбия кьечIолъийин рикIкIунеб буго педагог МухIидинова Бахуца. ЦIалдохъанасда ва мугIалимасда гьоркьоб дистанция тIагIанила гIицIго 90 соназдаса бахъун.

МухIидинова Баху: «Гьеб буго эбел-инсуца лъималазе тарбия кьечIолъиялъул хIасил. Гьел эбел-эмен жалго руго тарбия щвечIел. Дол, 90 соназ, рехун тун, тарбия гьечIого гIурал лъимал жакъа руго жалго улбул, цинги дол учителзабазулги жидергоги къимат –къадру букIине кколин кколеб гьечIо гьезда. Гьез гIаксалда абулеб буго учителасул ихтияр гьечIин квер борхизе. Лъималазул рахъ ккун эбел-эмен кIалъалел рукIиналъ, гьелги бокьа-бокьараб гьабизе лъугьунел руго. Амма гьезда бичIчIулеб гьечIо, жакъа учителасде борхараб квер, метер эбел-инсудеги борхулеблъи».

Педагогалъ баян гьабухъе, Советияб заманаялъ улбул лъималазул рахъалда гурел, учительзабазул рахъалда рукIунел рукIун руго, гьелъ гьединал лъугьа-бахъиналги кколароанила.