Ссылки для упрощенного доступа

"ЦIале, цIале, дир цIодор"


ТIоцебсеб сентябралъ Россиялъул школаз жидерго нуцIби рагьана аза-азар цIияв цIалдохъанасе. Дагъистаналда исана тIоцебесеб классалде ине вуго 45 азарго чи. Араб соналде дандеккун гьеб тарих цIикIкIун буго 10 азарго гIан чияс. Амма республикаялда гIемер руго лъимал цIализе къабул гьаризе киналго шартIал гьечIел, риххун иналде ккарал гIемерал школалги.

Дагъистаналда жакъа къоялъ буго 1540 школа, гьенив цIалулев вуго 370 687 чи. Юг России абураб федералияб программаялда рекъон ахираб кIиго соналда жаниб республикаялда бан буго 5150 чиясе бакI бугеб 16 цIияб школа, 2017 соналда ракIалда бугин жеги 12 школаги бан бахъинабизеян бицана «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ.

Амма респбуликаялда 148 школа буго жакъа биххун ине къачIараб къагIидаялда. Гьел разе пачалихъалъ бихьизабураб гIарац щолеб гьечIилан абулеб буго министерлъиялъ.

Исана тIоцебесеб классалде Дагъистаналда унев вуго 45 азарго чи, араб соналде дандеккун гьел 10 азарго гIанниги чиясдасаги цIикIкIун ругилан абуна Лъай кьеялъул министерлъиялда. Амма мугIрузул мухъазда чанги руго школал цIалдохъабазул къадар цебеялде дандеккун кIиго нухалъниги дагьлъараб.

Мисалалъе Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъ жакъа къоялде цIалулев вуго 150 ялде вахинчIев чи, амма 20-30 соналъ цеве гьенив гьел кIигогIан цIикIкIун чи вукIана цIалулев. Гьединал бакIал республикаялда цогидал мухъаздаги ругин абуна Лъай кьеялъул министерлъиялъ, мисалалъе ЧIарада, ЛъаратIа, ЦIунтIа ва цогидалги мухъазда. Жидеца гьелъие нух батулеб букIанин гьединал дагьал гурони цIалдохъаби гьечIел школалги цолъизарун гьезул цо гIаммаб лъай кьеялъул центр гIуцIизе, амма гIемерисел эбел-инсуе гьединаб къагIида рекIее гIечIин.

ТIоцебесеб сентябралде эбел-инсуе кIудияб гIунгутIилъун хутIулеб жидерго лъимал гьелде хIадури. КIиго ва цIикIкIун лъимал ругел хъизамаз цохIо ретIел- хьит ва цIалул къайи-цIа босизе харж гьабизе кколеб буго 30 азаридаса цIикIкIун гъурущ.

Амма гьелда тIадеги росизе кколел цIалул тIахьалги. МахIачхъалаялдаса ГIалимирзаева Зайнабица абуна «Эркенлъи» радиоялъе гьедин цохIо цIалул тIахьал росизе хIажалъулеб буго 5-6 азарго гъурущ. Зайнабил вас цIализе унеб лъабабилеб школалда абун буго ункъабилеб ва щуабилеб классалъул тIахьал гурони гьечIин жидер гьанир, хутIарал ричун росизе кколел ругилан.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьанже щибаб тIехьалда цадахъ росизе кколел руго риццатал цо даптаралги, гьелги малъун унеб буго щуазарго гъурущ. КIиго-лъабго лъимал ругел эбел-инсул цохIо тIахьазухъ ине хъин буго 15 азарго гъурущ, цIакъ захIмалъизехъин буго гьезие исана.

Гьединго мугIалималъ абулеб букIана жакъа 11 класс лъугIизегIан цIализе чIолев гьечIила цIалдохъан, ичIабилеб классалдаса хадуб ПТУ-ялде цIализе унел ругила гьел.

ЭР: «Гъол тIахьал гьечIолъие гIилла кин баян гьабулеб бугеб гьез?».

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьез абулеб буго Лъай кьеялъул министерлъиялъ кьолел гьечIила жидее тIахьалилан. Жидер ругила цIияб программаялъул тIахьал, амма цIалдохъабазе гьелгун хIалтIизе захIмалъулеб бугилан».

Амма тIаде балагьун лъималазе босулеб ретIел-хьиталъухъги цIалул тIахьазухъги унеб гIарац бищун аслияб гIунгIутIиян кканиги, бищун аслияб гIунгIутIи бугин лъималазе школалда кьолеб дарсилан рикIкIунеб буго, Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмиябгун-цIех-рехалъулаб институталъул гIелмияй хIалтIухъан Баху МухIидиновалъ.

Баху МухIидинова: «Лъималги къачIан рукIине ккела, гьезие тIахьалги рукIине ккела, гьел цоцада хурхарал руго. Амма эбел-инсуца лъимал школалде кьола лъай щвезелъун, гьеб лъай гьезие щвезе ккани жалго мугIалимзаби рукIине ккола тIоцере тарбияги-лъайги щварал. Амма жакъасел мугIалимабазухъ хал гьабуни гьезие жидеего тарбияги лъайги кьезе кколеб хIисаб буго, жиндирго гьеб гьечIев мугIалимас лъималазда щибха малъилеб?

МагIарул мацIалъул мугIалимзабигун хурхен бугей гIадан хIисабалда дида лъала жакъа гьезул бищун кIудияб гIарз буго цIалул тIахьал гьечIилан абун, амма унго-унголъунги хIалтIуде гъира бугел мугIалимзабазе жидерго дарсал кьезе киналгIаги тIахьал хIажалъуларо».

Советияб заманалдаго гIадин школалде ретIунеб ратIлил цо форма гьабизе кколилан абураб суал борхулеб буго цIалдохъабазул эбел-инсуца. Жибго гьеб лъикIаб пикру бугин, амма тIубараб Россиялдаго школалде ретIунеб ратIлил цо форма гьабун бажаруларин, щайгурелъул жиб-жиб миллаталъул рукIунин жидерго миллиял хасалъаби, гьебги хIисабалде босун киназего гIаммаб ретIел чIезабун дандекколарин абулеб буго Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливановас.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG