«Левада-Централъул» цIех-рехаз бихьизабухъе, Россиялда гIумру гьабун ругел гIадамазул цIикIкIунисеб бутIаялъ Крым ва гьелдаго цадахъ Украинаялъул цогидал регионал Россиялде гъорлъе рачиналдаса разилъи загьир гьабулеб буго. «Эркенлъи» радиоялъ гьабураба цIех-рехалъги гьелда бан роххел загьир гьабулел дагъистаниязул къадарги гьитIинаб гьечIо. Гьединаб къагIидаялда улка кIодо гьабиялдаса кинаб персоналияб пайда бугеб гIадамазе?
Исана март моцIалъул ахиралда Россиялъул «Левада-центр» абулеб статистикаялъулаб идараялъ гьарурал цIех-рехаз бихьизабулеб буго россиялъулазул цIикIкIунисеб бутIа, Крымалдаго цадахъ Украинаялъул цойгидал бутIабиги Россиялде гъорлъе рачиналда рази рукIин. Гьез цого-цо тIаде жубалеб буго цин крымалъулалго гIадин гьел цойгидал регионалда гIумру гьабун ругел гIадамазеги жидеего бокьизе кколин россияналлъун рукIинейилан.
Левадаялъул баяназда рекъон цIех-рех гьабуразул 28 проценталъ рикIкIунеб буго Россиялъул киналгIаги ихтиярала гьечIила цере Совет Союзалда гъорлъ рукIарал гIурусаз гIумру гьабун ругел ракьал тIадруссинаризе, амма Крымаллда хурхун Россиялъ гьабулеб сиясат битIараб бугилан лъазабулеб буго гьез. 58% проценталъул ракI чIун буго гьел ракьал Россиялъ тIад руссинаризе кколин, гьенир гIумру гьабун ругел гIурусалги цIунизе кколилан, цIех-рех гьабунщинав чиясда гьоркьов цохIо 4 проценталъ гурони гьеб чияр ракь бахъи мекъаб иш бугилан рикIкIунеб гьечIо.
«Эркенлъи» радиоялъ гьарурал цIех-рехазги бихьизабуна Дагъистаниязул гIемерисездаги Крым Россиялда гъорлъе бачиналъулъ лъикIаб рахъ гурони бихьулеб гьечIилан. БукIине кколеб иш гьабунин Россиялъилан абураб пикру буго гIемерисезул. Гьединго Украинаялъул цойгидал регионалги гьоркьоре рачун Россиялъул гIурхъалаби гIатIидгьариялдасаги разилъи гуреб тIокIаб жо загьир гьабулеб гьечIоан гIадамаз. Амма цIех-рех гьабуразул цохIонигиясда чIван къотIун жаваб кьун бажаринчIо Крым Россиялде гъорлъе бачиналъ Кавказалъе хасгьабун Дагъистаналъе щиб пайда бугебилан абураб суалалъе.
Политолог Эседов Альбертил пикруялда рекъон Крым Россиялде гъорлъе бачIиналъул я пайда я зарал Дагъистаналъе букIине гьечIун. Гьес абуле буго ахирал къояз интернелада Дагъистанги Крымги данде ккун хъвадаризе лъугьи мекъаб иш бугилан, цохIого-цо Россиялъул бюджеталдаса бачIунеб гIарац гурони гьеб кIиябго регионалъул цониги дандекквезе жо гьечIилан.
Эседов Альберт: «Дица интернеталда ва батIи-батIиял информалатазда цIалана Крым Дагъистаналде данде кквезе лъугьине бегьулин абурал баянал. Дир пикруялда рекъон гьеб гIададисеб хIалтIи буго. Гьеб кIиябго регионалъул гьаб сагIаталда жаниб щибниги гIахьалаб жо гьечIо, ва батIи-батIиял бакIал данде кквей мекъаб иш буго. Дагъистанги Крымги цохIого –цо Россиялъ кьолел дотацияз цолъизарун ругин абизе бегьула. Крым буго бечедаб, гIодобе биччараб регион, жибго жиндаго таниги гIадада хвеларо гьел. Дагъистанин абуни гьаниб бугеб терроризмалъул ва такъсирчилъиялъул хIасилалги, гIадада хвараб экономикаги босун Крымалде данде кквей битIун букIинищха. Крым Россиялде гъорлъе бачIунин абун нилъее батIияб хиса-баси ккеларо, нилъ Россиялда гьоркьор рукIунин абун Крымалъеги щиб къварилъиха букIинеб».
Крымги крым гурел цойгидал бокьарал хIукуматалги рачIине риччан тейин Россиялде гъорлъе, амма гьелъул чвантинире раккаругейин, ай, гьелъул бюджеталде хьул лъун рукIунгейин гьелилан абураб пикруги буго цо-цоязул. Гьез рикIкIунеб буго Россиялъе хьихьизе гIадамалги регионалги гIезегIан ругин, гьединлъидал жидецаго жидерго экономикаги цойгидаб магIишатги цебе тIезабизе биччан тейин гьел Россиялдъе гъорлъе жидеего бокьун рачIаразилан. Гьеб пикру гIахьал гьабулеб буго журналист ХIажиева Лайлацаги.
ХIажиева Лайла: «Крым Россиялде гъорлъе бачIиналда данде щибго гьечIо дир. Россиялъул батIиялл регионазе квал-квал гьабулеб гьечIони, цойгидалги гьелда гъорлъе рачIиналдаги щибго дагIба гьечIо дир. Крым Россиялде гъорлъе бачIиналъ нилъер пачалихъалъ гьезие гIарац биччазе ккола, гьелъ цойгидал Россиялъул регионазе , гьездаго гьоркьоб Дагъистаналъеги, щвезе кколеб букIараб гIарац камизе бегьула. Россиялда ругел тIурачIел гIемерал масъалабиги тун, пачалихъалъул къватIисеб политика цебе тIезабун, гIорхъалаби гIатIид гьаризе лъугьин, дир пикруялда рекъон гIадаб жо буго. Гьединлъидал гьаб сагIат Крым Россиялде гъорлъе бачиналъ, дир пикруялда рекъон, Россиялъул цойгидал регионазда хурхун гьабулеб социалияб политика хвезаби гуреб тIокIаб щибниги пайда гьечIо. Гьедин букIинчIого букIине ккани Крымалъги, цойгидал Россиялде гьоркьоре лъугьине бокьилин ккарал регионал ругони гьезги жидецаго бетIербахъи гьабизе ккола, тIадежоялъе Россиялъул бюджеталдеги гIарац кьезе ккола."
Кавказлъазабулев, гIалимчи, политолог Энвер Кисриевасулгун букIараб гара-чIвариялда гьес «Эркенлъи» радиоялъе бицана лъазабуна Крымалда хурхун Россиялъ гьабураб ахIи-хIуралдаса хадуб гьелъ чара гьечIого жиндирго жанисеб политика хисизабизе кколилан.
Кисриев Энвер: «Россиялъ Крымалда хурхун гьабураб сиясат букIана сунданиги релълъинчIеб жолъун. Гьелдаса хадуб Россиялъ жанисеб политика хисизабизе ккола, гурони гьеб квешаб бакIалде бачIуна. Кинабго рахъ роцIцIараб, къватIисеб политикаялде регIараб хIукумат гуро жакъа Россия. Бугелъуб бугебги тун Крымалда кинабго роцIцIинабизе лъугьиналъ цойгидал регионазул разилъунгутIи баккизе бегьула. Дун экономист гурелъул Дагъистаналъе Крым Россиялде гъорлъе бачIиналъ кинаб экономикияб пайда бугебали абун бажаруларо дихъ. Амма гьел лъугьа- бахъиназдаса хадуб дир хьул буго Крымги гIемер миллатаз, бусурбабаз гIумру гьабун бугеб регион бугелъул Россиялда кавказалъулазде ва Исламалде дандечIчIей лъугIилилан».
Исана март моцIалъул байбихьуда Россиялъ Крымалъе гIарцулаб кумек гьабизе бугин абураб лъазабиялдаса хадуб гьеб рахъалъ тIокIал баянал къватIире кьечIо. КигIан гIарац ва кида гьеб биччарабали мухIканго лъалеб гьечIо.