L'Express газеталъе комментариял гьарулаго Франциялъул тарихчи Жан-Франсуа Сулеца лъазабун буго Крымалъул мисалалъ Украиналъул цогидал регионал гьесизаричIого хIутIизе бегьулин Россиялде гъорлъе лъугьиналъул галабаздейин. Амма Крымалъул мисалалъул хIинкъи бугин цогидаб рахъалдасайин. Гьелъ Путиние рес кьезе бугин килищ килищалда кIутIичIого цоги территориял гъорлъе рачинейин. Гьелдаса тIоцебесеб хIинкъи бугин Молдовалъе, гьелъул бутIа Приднестровьеялъ тIубанго лъиданиги бачIеб политика билъанхъизабулеб букIиналда банин.
Сулеца гьединаб прогноз загьир гьабуна анкьалъ цебе. Гьанже «Ведомости» сайталъ лъазабулеб буго, Приднестровьеялъул лидераз хитIаб гьабунин Пачалихъияб Думаялде Россиялде жанире цIиял территорияби росиялъе рес кьолел багьанаби гIатIилъизариялъул гьаригун. Сайталъул лъазабиялда рекъон, гьединаб хитIаб Пачалихъияб Думаялъул спикер Сергей Нарышкинихъе битIун буго Приднестровьеялъул республикаялъул ТIадегIанаб мажлисалъул бетIер Михаил Бурлаца.
Щиб кколеб Приднестровье? СССР биххилалде 1990 соналда Днестр гIоралъул квагIаб рахъалда бугеб Молдовалъул щуго мухъалъ жалго лъазаруна СССРалде гъорлъе унеб Приднестровьеялъул союзалъулаб республикалъун, хадуб – лъиданиги бачIеб Приднестровьеялъул Молдовалъул республикалъун. 1992 соналда, Молдовалъул нухмалъиялъ гьенире рагъул къуватал ритIун хадуб, гьениб багъарана конфликт. Халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъ хIаракат бахъана Приднестровьеялъул къисмат баянлъизабизе, амма рахъазда бажаричIо гьеб территориялда хурхун цо пикруялде рачIине. 2006 соналда регион суверенияб пачалихъ хIисабалда къабул гьабуна Абхазиялъ ва Жанубияб Осетиялъ. Ахирисел жалгоги ккола дунялалъул аслияб бутIаялъ гьединабго статусалда гьанжеги къабул гьаричIого хутIарал регионаллъун.
Добго соналда Приднестровьеялда тIобитIараб референдумалда Россиялде гъорлъе лъугьиналъул рахъ ккун гьаркьал кьуна рищарухъабазул 97-ялдасаги цIикIкIун проценталъ. 2009 соналъул хаслихълъиялда Приднестровьеялъул лидер Игорь Смировас лъазабун букIана республика хIадураб бугин Россиялъул Федерациялде гъорлъе лъугьинеян. Гьеб гуребги араб соналъул ахиралда парламенталъ тасдикъ гьабуна халкъазда гьоркьосеб жамгIияталъ жиндир статус къабул гьабичIеб республикаялда Россиялъул федералиял къанунал хIалтIизе риччаялъул проект. Пачалихъияб мацIлъун лъазабуна гIурус мацI.
«Миллиял стратегиязул проблемаби» абураб журналалъул бетIерав редактор Аждар Куртовас рикIкIунеб буго «Крымалъул хIужжаялъ Приднестровьеялъе шанс баккизабулеб бугин» Россиялде гъорлъе лъугьиналъейин. «Крымалъул варианталъ гьединалго ахIвал-хIалалда ругел территориязе «гIурччинаб корридор» рагьулеб буго» - ян абулеб буго Куртовас «Росбалт» абураб интернет-сурсаталъе комментариял гьарулаго. Аммаян жубалеб буго гьес, гьеб кинабго бараб букIине бугин гьеб суалалда хъурхун россиялъул элитаялъул хьулазул даражаялдайин.
Гьебго сурсаталъе жиндирго пикру загьир гьабурав Россиялъул гIелмияб академиялъул Европаялъул институталъул гIалимчи Виктор Мироненкоца абулеб буго, Крымалъул хIужжа ракIалде босун, Приднестровье Россиялде гъорлъе босиялъе квал-квал гьабулеб сангар жинда бихьулеб гьечIин я халкъазда гьоркьосел къануназул, я психологиял, я жанисеб политикаялъул рахъалдасан балагьаниян. Цоги суал кколин, кинаб гьелъул хIасил букIине бегьулин абураб? Гьесул пикруялда, гьитIинаб экзотикияб чанго улкаялъ гурони, гьеб гали цогIаги пачалихъалъ къабул гьабуларо. Россиялъул ками хурхараб букIине бугин гIицIго имиджалъул рахъалдасайин. Европаялъулазе яги америкаялъулазе нилъгун рагъизе бокьун гьечIолъиялда бан, гьеб процесс халат бахъине бугинги рикIкIун, экспертас абулеб буго, «гьединаб къагIидаялда, нилъер улкаялда ракIкIизе ругин Жанубияб Осетия, Абхазия, Крым ва Приднестровье гIадал гIемер «ругъналин».
Талат къоялда Крым Россиялде гъорлъе босулеб букIиналда хурхарал проектал руссана хIакъикъаталдаде. Цо-цо экспертаз рикIкIунеб буго, Украиналъул цоги регионазда хурхунги «дагьалъ хисизабураб Крымалъул сценарий хIалтIизабизе бегьулин Кремлалъин. Талат къоялда парламенталда цеве вахъунаго живго президент Владимир Путиница гьединаб пикру нахъ чIвана.
Владимир Путин: «Нуж божуге Россияги рехсон, Крымалда хадуб, цогидал регионазда хурхунги гьединабго хIужжа загьирлъизе бугин абун, нуж хIинкъизарулезда. Нижее бокьун гьечIо Ураина бикь-бикьизабизе. Гьеб нижее къваригIараб жо гуро. Крымалъул бицунеб бугони, гьеб букIана ва хутIизе буго гIурусазулги, украиналъулазулги, Крымалъул татаразулги. Такрар гьабила, гIасрабаз букIарабго гIадин, гьеб букIине буго гьениб гIумру гьабулел халкъазул гIагараб рукълъун. Амма гьеб киданиги букIине гьечIо бендералъулазул.»
Гьебго Молдовалъул жанубияб рахъалда бугеб Украиналда гъорлъ Крымалъулго гIадаб статус бугеб Молдовалъул Гагаузиялъул автономиялъги загьир гьарулел ругин Молдоваялдаса батIалъиялъул хьулалин, хъвалеб буго дунялалъул инфоралатаз. «NEWSru.com» сайталъ хъвалеб буго, Гагаузиялъ жидерго рагъул къуватал гIуцIулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Кинаб къисмат ахириселъул букIине бугебали гьанжеги баянаб гьечIо. Амма Gagauzinfo.md сайталда жидерго пикраби загьир гьарулел цо-цо политиказ абулеб буго евроинтеграция жидее данде кколарин, жидеца жидерго нух бищизе кколин.