Рамзан Къадиров сентябрь моцI щвезегIан Чачан республикаялъул бетIерасул ишал тIуралевлъун тана Россиялъул прездент Владимир Путиница ва цIидасан гьеб хъулухъалде вищиялда хьул бугилан абуна.
Цебеккун политологазгун экспертаз лъазабулеб букIана, Къадировасул амбициял Шималияв Кавказалдаса къатIире рахъун ругин, гьев Кремлиялда хIалтIизе унев вугин. Щиб хисизе бугеб гьев Чачаналда хутIиялъ мадугьалихъ бугеб Дагъистаналда, кин роцIцIине ругел республикаялда ругел чачаназда хурхарал суалал, хисизе ругищ кIиябго республикаялъул гьоркьорлъаби абурал суалал кьуна «Эркенлъи» экспертазе.
Жакъа, 25 марталда Россиялъул президент Владимир Путиница Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасда лъазабуна, гьев заманаялъ республикаялъул бетIерлъун толев вугин. Ай, сентябралъул рищиял щвезегIан. Гьединго улкаялъул нухмалъулес абуна, жиндир хьул бугин Къадиров гьел рищиязда гIахьаллъилин ва чачаназ гьесда божилъи гьабилин.
Цебегоса нахъе экспертаз ва политологаз рикIкIунеб букIана, чачаназул лидер республикаги тун Москваялде ине вугин хIалтIизе, гьесул амбициял ва политикияб ригь кIодолъун бугилан. Кин бугониги, республикаялда гьев хутIиялъ аскIор ругел регионазда кинаб асар гьабизе бугеб Москваялъул квербакъи бугев ва хас гьабун Владимир Путинида мугъчIвай гьабулев политикас? Гьединаб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ полотолог Ханжан Къурбановасе.
Гьесул пикруялда рекъон, кIудиял хиса-басиял регионалда рукIине гьечIо, щайгурелъул, Къадиров цевеккунги гьебго даражаялда вукIанин ва гьес ургъунго кIудияб асар гьес мадугьалихъ ругел регионазда гьабизе хIаракат бахъулеб букIинчIин. Гьес кинабго кIвар кьолеб букIанин жиндирго регионалда жаниб вертикаль щула гьабизе.
Ханжан Къурбанов: «Гьес чанцIулго абун букIана, жив бокьараб мехалда хъулухъалдаса ине хIадур вугин, жив Путинил рагъухъан вугин. Дида ккола, кинаб бугониги рагъулаб хъулухъ кьелин гьесие, кьуниги. Гьеб гьесие бокьулеб пиша буго.
Кинаб асар букIине бугеб Дагъистаналда абун цIехани, гIемерисез рикIкIунеб буго гьесие кIвар бугеб суал бугин ГIавухъ мухъ цIигьаби, Дагъистаналда хасаб чачаназул мухъ гIуцIи. Амма, дир хIисабалда, гьесда бараб жо дагьаб буго. ГIемерисеб бараб букIине буго республикаялъул бетIерлъуда вукIине вугев чиясда. Рамазан ГIабдулатIипов жиндир болжал рагIалде бахъинегIан гьенив хутIани, гьеб иш рагIалде бахъине буго хехго.
ХутIичIони, цIияв республикаялъул бетIерас гьабулелда бараб букIине буго цIикIкIун. Чачаназул нухмалъиялъул кIудиябго Дагъистаналда асар гьабизе хIаракат цебеккунги букIинчIо. РукIана гIицIго цеве вукIарав парламенталъул нухмалъулев Духваха ГIабдурахIмановасул лъазабиял, территориалиял претензиял. Амма гьел лъазабияллъун хутIана, чIван къотIарал галаби рукIинчIо».
«Черновик» газеталъул политикияв журналист МухIамад МухIамадовасул пикруялда рекъон, Къадиров хIакъикъаталдаги политикияб рахъалъ жиндирго республика тун къватIиве инегIан кIудияв гIун вуго. Гьединлъидал, мадугьалихъ ругел регионазда гьесул асар цIикIкIине буго.
Дагъистаналда руго гьесул лъикIал позициял. Гьел ккола Пенсионнияб фондалъул нухмалъулевлъун вукIарав Сагид МуртазагIалиевасул команда ва Чачан республикаялъул нухмалъулев иш бажарулев чи вугилан ракIалде ккарал, телевизоралъухъ балагьун гьесие къимат кьолел дагъистаниял.
Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповги Рамзанил асаралда гъоркь вугев политик вугилан рикIкIине бегьула. Гьев кIияв цого политикияб даражаялъул нухмалъулев вугилан абуни мекъи ккезе руго. Гьеб бихьулеб буго, гьес ГIавухъ мухъ гIуцIиялда хурхун гьарулел лъазабияз абун рикIкIунеб буго МухIамадовас.
Гьединго, журналистасул пикруялда рекъон, Дагъистаналъул политикияб элитаялда Рамзан Къадиров вихьулев вуго цо кинабалиго политикиял къуватал жинда аскIоре цIалев центрлъун, гьесул кумекалдалъул Москваялда суалал роцIцIине бегьулин абураб пикруялда ракI чIун буго гьезул.
Гьединазда гъорлъ рикIкIине бегьула Рамазан ГIабдулатIипов ва парламенталъул спикер Хизри Шихсаидов. Цогидаз рикIкIунеб буго, Рамзанилгун нейтралиял гьоркьорлъаби цIунизе кколин ва гьесда бухьинабулеб гьечIо жидерго политика. КидалъагIан гьеб хIал халат бахъине бугеб, заманаялъ бихьизабизе бугилан бицана журналист МухIамадовас.
Лъалеб букIахъе, Къадировасул нухмалъиялъул болжал лъугIизе кколаан 7 абилеб апрелалда. ЦIиял рищиял рукIине руго 18 сентябралда. Чачаналда рищиял руго тIолгохалкъалъул.