Ссылки для упрощенного доступа

WhatsApp квешаб батани, кинаб бугеб Instagram?


Социалиял интернет-сурсатаздаса жамгIияталъе кIудияб зарал бугин рикIкIунеб буго Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас. Ахирисел къоязда гьабураб иргадулаб лъазабиялда гьес жамгIият ахIулеб буго социалиял интернет-сурсатаздаса ва Америкаялъул мессенджераздаса инкар гьабиялде.

Ахирисеб лъазаби гьабиялъе гIилла бугин, рикIкIунеб буго цо-цо информалатаз, Ножаюрт мухъалъул полициялъул бетIер гIемер сонал рарав Нажуд Гучиговасулги I7 сон барай Луизой (Хедой) Гойлабиевалъулги ригьиналда сверун багъарараб ахIи-хIур Къадировасе ракIалъе гIунгутIиян.

«Грозный» телеканалада бихьизабураб видеоялда Къадировас лъикIаланго кIал гьикъулеб буго WhatsApp мессенджер хIалтIузабун дунялалдаго машгьуралъараб ригьиналда хурхун махсараби тIиритIизарурал руччабазеги бихьиназеги.

Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадиров ва дунялалдаго машгьурлъараб бертадул бахIарав Ножаюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев Нажуд Гучигов
Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадиров ва дунялалдаго машгьурлъараб бертадул бахIарав Ножаюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев Нажуд Гучигов

Рамзан Къадиров: «Нужеца гIадамазул ракI бакъвазабулеб буго. Нужеего ракIалъе гIезе букIанищ, нужер хIакъалъулъ кисса-кибего бицунеб букIарабани? Нужеда лъала гури ясалъул къадру хвезабулеб мехалда щиб букIунебали! Тушбабилъун лъугьуна, бидул рецIелцин босула».

WhatsApp-алдасахун хъвадарулел рукIинчIого, рукъуб хIалтIиги гьабун, лъималазухъ балагьун рукIа, абун малъарана гьединго чачаназул лидер. Кинаб къагIидаялда баянлъизарурал ригьиналда хурхун махсараби тIиритIизарулел рукIарал гIадамал, лъазабулеб гьечIо.

WhatsApp гIадал мессенджераздасаги социалил интернет-сурсатаздасаги, хасго Америкаялъул сурсатаздаса, инкар гьабиялде ахIулел лъазабиял чачаназул нухмалъулес гьарун рукIана цереги. Гьес абулеб буго гьел сурсатаздаса зарал бугин наркотиказдаса цикIкIунин.

Гьесулго рагIабазда, интернеталъул ва WhatsApp гIадал мессенджеразул кумекалдалъун «Исламияб пачалихъ» гIадал экстремистиял гIуцIияз гIолохъаби ахIулел руго жидерго кьеразде.

Дагъистаналъул шоферзабазул лъиданиги бачIеб профсоюзалъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи ГIисалмахIамад Набиевас абулеб буго, Чачан республикаялъул бетIерасда бихьулеб гьечIин Сириялдеги цогидал бакIаздеги гIолохъаби иналде WhatsApp-лъалъ гурел, халкъалъе, хасго гIолохъанлъиялъе пачалихъалъ кумек гьабиялъул бакIалда, батIи-батIиял шартIал тIагIинарулел рукIиналъ гьесизарулел рукIинин. Хасго чачаналъ эркенго хIухь цIазецин ресал гIечIеб атмосфера живго Къадировас, республикаялъул бетIер хIисабалда, бижинабулеб бугин, жубалеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:03 0:00
Загрузить файл

Гъизильюрталдаса блогер Ибрагьимов Бадрудиницаги рикIкIунеб буго жамгIияталъе гьечIин хIинкъи я социалиял интернет-сурсатаздаса, я мессенджераздаса. Жиндирго принципал гьечIев, цIодорлъи гьечIев чияс мекъал галаби интернеталъул асар гьечIониги гьарулин, абулеб буго гьес.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:01:16 0:00
Загрузить файл

Набиевасги абулеб буго интернеталда гьечIин кинабгIаги гайиб. ГIагсалда жалго нухмалъулез, гьевго чачаназул лидерас ва ахирисеб хIужжа ракIалде босани, Ножаюрт мухъалъул полициялъул бетIерас, гьебго нухмалъиялъул вакил хIисабалда, квешаб мисал бихьизабулеб бугин жамгIияталъеги, жидерго пикру гьечIел гIадамазегийин.

пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:00:49 0:00
Загрузить файл

XS
SM
MD
LG