МахIачхъалаялда рагьана бесдалазул тIоцебесеб тукен

Бесдалазе рагьараб тукада

Гьал къоязда тIоцебе МахIачхъалаялда рагьана социалияб тукен. Гьеб тукадаса бокьарав бесдалас жиндиего данде кколеб къайи босизе бегьула. Гьениб бугеб къайи бичун щвараб гIарацги бесдалазе хIажаталъубе хвезабизе бугин лъазабуна гьеб тукен рагьараб «Дагестан без сирот» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей ГIусманова Раисатица.

Жеги киданиги Дагъистаналда рагьичIебгIадаб тукен хIалтIизе лъугьана гьал къоязда МахIачхъалаялъул Дахадаевасул къотIно бугеб 105 минаялъул азбаралъуб. Гьеб тукада бичулеб буго батIи-батIияб къайи, гIемерисеб гьеб буго партал ва хьитал. Тукадул цойгидазда релълъунгутIиялъул гIаламат ккола гьениса бокьараб къайи бесдал лъималаз чIобого босизе бегьулеблъи.

Гьеб тукен рагьун буго «Дагестан без сирот» абулеб жамгIияб гIуцIияъул хIаракаталдалъун. Гьелъул нухмалъулей ГIусмнова Раисатица «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана тукада бичизе лъурабщинаб къайи гIадамаз гьенибе чIобого бачIунилан. Гьебги кинабго цIияб букIунила.

ГIусманова Раисат: «Гьеб къайи нижехъе бачIуна нижер батIи-батIиял спонсораз. Цо-цоязе цIарал рицине бокьула, цогидазе бокьуларо. Кин букIаниги «Дагестан без сирот» гIуцIиялъ исана анлъго сон бала, гьеб гIуцIаралдаса нахъе кумек гьабулел чагIи камичIо. Цояз гIарцудалъун гьабула, цойгидаз кванил нигIматал рачIуна. Партал, хьитал рачIуна цо-цояз. ГьанжелъагIан гьеб къайи нижеца хIалтIулеб бакIалдасан бикьулаан. Гьанже цо бакIалде гьаб тукаде буссинабизе къасд ккана, гьанире рачIун бесдалаз жидеего данде кколеб жо босизе бегьула чIобого. Нижеда лъалел гьединал лъималазухъа щибго тIалаб гьабуларо, лъаларез жал бесдалал рукIин бихьизабулеб документ бихьизабизе ккола. Гьединго бокьарав чияс бичун босизеги бегьула гьаниса къайи. Гьелъухъ щвараб гIарацги гьединго бесдал лъималазул хIажалъабазе ине буго. Гьелдаго цадахъ тукада ричизе лъун руго бесдалаз жидецаго гьарурал батIи-батIиял тIагIалаби, суратал, угьарал, хьухьарал жал. Гьел ричун щвараб гIарацги гьел гьарурал лъималазухъе кьола».

Бесдалазул петералда къабул гьарулел руго гьалбал

Гьединго Раисатица бицана жакъа Дагъистаналда бесдал лъималазул къадар 5570 чиясде бахунилан. Гьезда гьоркьор эбелги-эменги гьечIел 3000 лъимер бугилан. Щибаб мухъалъул социалияб хIалтIи гьабулеб идараялъулгун бухьен букIунила жидер, гьезул вакилзаби рачIун жидехъа гьеб мухъалда ругел бесдал лъималазе бикьизе къайи босун униланги бицана гьелъ. Гьедин цохIо шагьаралда ругезде гурониги, росабалъ ругел бесдалазе кумек гьабизеги кIвараб хIалтIи гьабулила жидецайилан.

Гьебго жамгIияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун 5 соналъ хIалтIулеб буго бесдал ясазе петерги. Гьенир цадахъ 15 чияс гIумру гьабизе бегьула. ГIолохъанал улбулги лъималги рукIине бегьула гьенирго. Петералда гIумру гьабун гурезе хIажатабщинаб чIезабун букIуна, чIобого кванил нигIматалги чIезарула гьезие. Ясазда тIадаб жо буго иргадал жидеего квен ва рацIцIа-ракъалъи гьаби, гьединго петералда гIадлу цIуни.

Гьаб сагIат петералда гIумру гьабун йиго лъабго яс. Гьезул щиялъул буго захIматаб къисмат. Масала, 2 лъимадул эбел Аминатил гIагарлъиялъул щивниги чи гьечIо, росгунги талихI кьун гьечIо гьелъие. Гьесдасаги ятIалъун шагьаралда хIалтIи балагьулей йиго гьей гьаб сагIат, лъималазул тIалаб гьелъул якьад-вакьадас гьабулеб буго, цо-цо жиндихъеги рачIунин гьелилан бицана Аминатица. Гьаб петер букIинчIебани жинца щиб гьабилеб букIарабали лъаларила. ТIад юссун ине жиндир я рукъ гьечIила, я жий къабул гьабун бажарулеб гIагарлъи гьечIила, жиндие щолеб харжиде рукъккунги кидаго бажарулароанин абулеб буго гьелъ. Аминат цее лъималазул ахикь хIалтIулей йикIун йиго.

Гьединго гьитIинго эбел-эменги хун лъималазул рокъое ккарай Саидаца бицана жиндие жеги хIукуматалъ кьезе кколеб рукъги щвечIила, гьеб гIагараб заманалда щвеялда хьулги гьечIилан. Гьаб сагIат гьей цIалулей йиго колледжалда.

Саида

Саида: «Дун гьалмагъгун цадахъ рукъги ккун йикIана цин, амма гьелъухъ гIарац кьезе къойидаса къойиде захIмалъулеб букIана. Гьалмагъ хIалтIилей йикIана, дие цIали реххун тезе бокьичIо. Дун лъикI цIалула, дие лъикIаб хIалтIиги щвезе бокьун буго. Дицаго гьабун гурони дир тIалаб гьабизе чиги гьечIо. Хадуб дида лъана гьадинаб рахIмуялъул фонд букIин, гьезухъе кумек гьарун араб мехалда, гьез дие петералда бакIги кьуна, дир цIалуе квалквал гьабулареб хIалтIи балагьизеги кумек гьабуна. Кин гьаизе баркала кьелебали лъаларого йикIуна дун. Гьаниб нижеда кинабго малъула. Квен гьабизеги, рукIа-рахъинеги, рукъ-бакI бакIаризеги, нижго нижедаго чIараб гIумруялде хIадурула».

«Дагестан без сирот» гIуцIиялъул вакилзабаз бицухъе жакъа къоялде гьезул аслияб проблалъун хутIулеб буго бесдал лъималазе пачалихъалъ кьезе кколеб рукъ щунгутIи ва гьел хIалтIудалъун хьезари. Гьезул баяназда рекъон Дагъистаналда ругел бесдал лъималазул 30 проценталъе гурони рукъзал кьун гьечIо жеги пачалихъалъ.