Ссылки для упрощенного доступа

ГьедигIан гIемерал бесдалал рагъул заманалда гурони рукIунаро


Дагъистан--Лъималазул Рукъ, Махlачхъала, Авг2012
Дагъистан--Лъималазул Рукъ, Махlачхъала, Авг2012

Лъабго миллионалде гIагарун халкъ бугеб Дагъистаналда руго 10 азаргоялде гIагарун бесдалал. Гьезул 600-ялдаса цIикIкIун лъимер буго лъималазул рукъзабахъ. Руго гIемер лъималги ругел, эбел-инсул цоял гурони гьечIел хъизаналги. Гьез гIумру гьабулеб буго захIматал шартIазда.

ХIалуцараб рагъулаб дандечIей бугеб Дагъистаналда бесдал лъималазул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Мисалалъе, 2007 соналъ лъималазул рукъзабахъ букIана 458 лъимер. Кинаб бугеб республикаялда бесдалазул гIумру-яшав, щай гьел гIемерлъулел, ва кин пачалихъалъ гьезул тIалаб гьабулеб бугеб?

Шималияб Кавказалда бугеб хIалуцараб рагъулаб дандечIеялъул хIасилал хъвалел руго дагъистаниязул киналго гIумруялъул рахъазда. Гьезул цояблъун рикIкIине бегьула бесдалазул ялъуни эбел-инсул кумек гьечIого хутIарал лъималазул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIин. Республикаялда буго бесдал хутIарал лъималазе тарбия кьолеб 34 идара. МухIканго кигIан бесдалал ругелали лъалеб гьечIо, цо-цо экспертазул баяназда рекъон, гьезул къадар буго 10 азаргоялдаса цIикIкIун.

ГьедигIан гIемерал бесдалал рагъдаса хадур ялъуни рагъул заманалда гурони рукIунарилан рикIкIунеб буго Дагъистаналда бесдалал гIемерлъиялъул ва эбел-инсуца лъимал реххун теялъул проблема тIоцебе борхарав Москваялдаса тохтур, дагъистанияв ГIабдулхабиров МухIамадица. Гьес гIуцIана «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абураб жамгIияб гIуцIи ва данде ракIарана гIемерал, бесдалал дагьлъиялъе гIоло хIалтIи гьабизе хIадурал, рес бугел дагъистаниял. Эркенлъи радиоялъе гьес гьадин бицана:

ГIабдухабиров МухIамад: «МухIканал тарихал гьечIо, анцIазаргоялдаса тIаде бахун буго бесдалазул къадар ва гьезул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунебги буго, щайгурелъул дагъистаниял цоцаца чIвалел рукIун гьоркьоса къотIичIого. Щивниги ургъулев гьечIо гьезул лъимал бесдал хутIизе рукIиналда тIад. Ункъго соналъ цебе Дагъистаналда гIемерал лъималазул рукъзал ругилан рагIарабго дун божулев вукIинчIо.

Исламияб республикаялда эбел-гьечIого хутIарал лъимал гьенире кколел ругилан рагIидал гIажаиблъана. Дагъистаниял гIемераб гIарацги хвезабун гIеме-гIемер хIежалде уна, гьанирго ругел бесдалал рихьулел гьечIо. КIудиял харжалги рахъун щибаб соналъ хIежалде иналдаса дир хIисабалда эбел-эмен гьечIел лъималазе кумек гьаби лъикIаб букIинаан.

Нижеца бесдал лъималазе кумек гьабиялъул гIемерал тадбирал гьаруна Москваялда, Петербургалда, Дагъистаналда. ГIемерал чагIаз гьеб ишалда гIахьаллъиги гьабуна. Россиялдаса, цоги къватIиса пачалихъалдаса, хIатта Шамалдасасацин дир гьудулзаби рачIана гьел тадбиразе гIоло.

Бесдалал гIемерлъиялъе кинаб гIилла бугебилан гьикъани, дица тIоцебе рехсела дагъистаниязул моралияб рахъ гIодобе ккей. ГьечIо гIолохъанаб гIелалъе жидедаса мисал босизе бегьулел моралиял лидерал. Руго политикиял лидерал, амма гьезул киналго руго моралияб рахъ загIипал. Цойги рахъ буго – гIолилазул гьечIо социалияб жавабчилъи, балугълъиялде рахъараб гIолеб гьечIо. Ригьин гьабичIого гьарурал лъимал гIолохъанал эбел-инсуца жидерго гIагарлъиялдаса ва гIадамазул хабаралдаса хIинкъун толел руго лъималазул рукъзабахъ».

Бесдал лъимадул берал
Бесдал лъимадул берал
Гьединго МухIамадица бицана дагъистаналдаса бесдалал гIемер дандчIвалин Москваялда. Информациялъул алатаз бицунеб буго рагъулаб дандечIей бугеб Шамалдаса рачIарал кавказалъулал ва гьезда гъорлъ дагъистаниял ругин гьабсагIаталда Нальчикалда ва гьез кумек гьарулеб бугин Россиялъул хIукуматалдаса. ГIабдулхабиров МухIамадица бицана жидеца кIвараб хIалтIи гьабулеб бугин хIукуматалъ гьездехун кIвар буссинабиялъейин.

Дагъистаналъул Избербаш шагьаралда бугеб лъималазул рукъалъ къватIире риччала балугълъиялде рахъарал бесдалал. Гьелъул нухмалъулев ГIабдулаев Сулейманица бицана лъималазул рукъ тун арал бесдалазул кинаб къисмат букIунебали, баян кьуна жидер идараялда бугеб ахIвал-хIалалъул ва данде чIвалел масъалабазул хIакъалъулъ.

ГIабдулаев Сулейман: «Нижер идараялдаса лъимал къотIноре риччан толаро, гьел киналго хIалтIул махщел щвезе цIализе лъугьуна. Гьезул цо-цоял цIалул идарабиги лъугIун гьанирего хIалтIизе тIадруссуна, щайгурелъул гьезда лъикI лъала гьаниб бугеб ахIвал-хIал, гьединал дицаги гъираялда къабул гьарула, гьединлъидал гьел лъикI руго. Лъималазул рукъ буго бокьараб жо лъугьине бегьулеб бакI, гьел лъимал ругелъул. Гьел квешал ругилан абулеб мех гуро, гьелъул гIаксалда, гьанир ругел лъимал хIалтIи гьабизеги лъикIал руго, разилъи гьечIолъиги гьезул букIунаро. Нижер гьанир батIиял масъалаби руго, гьадин кIалъан бицун лъугIиларо, нужго рачIа гьанире бихьизе.

Нижер лагералъухъа нахъе бахъулеб буго хIухьбахъулеб бакI. Я прокуратураялъ, я республикаялъул тIалъиялъ щибниги кумек гьабулеб гьечIо. Россиялда цониги лъималазул рукъалъул гьечIо ралъдал рагIалда жидерго хIухьбахъулеб бакI, гьеле гьеб нижехъа нахъе бахъулеб буго гьанже. Лъимал гьелдаса махIрум гьарулеб мехалъ кумек гьабулев чи ватулев гьечIо. Гьеб суал кIудияб суал буго, рачIун балагьизе ккола гьаниб бугеб ахIвал-хIалалда».

Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росулъа Абу ГIумарица «Миллат» газеталъулгун гьабураб гара-чIвариялда бицунеб буго бихьинчияс гIемерал руччаби рачине ихтияр кьолеб къанун бахъизе кколин пачалихъалъин. Бихьиназдаса руччаби гIемерал руго, рос гьечIого хутIарал руччаби социалияб рахъалъ цIунун гьечIо ва хьихьизе кIоларел лъимал гьез лъималазул рукъзабахъе кьолел руго. Гьеб къануналъ рес кьелаан зинаялдалъун гьарурал лъимал дагь гьаризе ва гьелъул хIасил хIисабалда бесдалазул къадар дагь гьабизейилан рикIкIунеб буго Абу ГIумарица.
XS
SM
MD
LG