Шагьада битIи ДАГIШалъе гьа бай гуро

Постсоветияб Россиялда гIурусазул бусурбабазул умма бижи кканин гIуралъ машгьураб, жамгIияб пикруялде асар гьабулеб факторлъунин, рикIкIунеб буго диналъул цIех-реххчи Казаналдаса Раис Сулеймановас. ГIурус неофитазда, ай ислам босаразда хурхун гьес гьабураб цIех-реххалда, авторас рехсолел руго гьединал гIадамазе гьеб галиялъе багьаналъун чIарал хIужабиги.

Сулеймановасул пикруялда, гIурус бусурбабазул умма бижунеб букIин кколеб буго гIурус мацIалда гьабулеб исламияб пропагандаялъе щолел бергьенлъабазул хIасил.

Цогидаз, хасго пачалихъияб политикаялда рази гьечIез ислам босиялъул багьаналъун кколеб буго гьеб дин «протесталъул дин» хIисабалда бихьулеб букIиналъги.

Цингигийин абулеб буго авторас, хъизаназда християниял гIадатал хIалтIизарунгутIи, бусурбабазулгун ригьин гьаби ва ГIурус Православияб гьатIаналъул жиндирго уммаялъулгун бухьенал тохал рукIинги, кколин гIурусазул цоял бусурбабазул диналдеххун гали босиялъе багьанабийин.

Амма гIалимчияс абулеб буго гьединго, гIурусазги цогидазги ислам босулеб букIин бусурбабазе ракIалъе гIолеб букIаниги, гьелда нахъ бугин хIинкъи бугеб тенденциягийин. Ай, гьединазда гъорлъ гIемер ругин, радикалияб исламалъул, пачалихъалде дандечIеялъул вариант бищулеб гIадамалин. Гьел кколин исламиял террористазул кьеразул потенциалияб «базайин».

Исламиял цIех-реххазул централъул бетIер Руслан Гереевас рикIкIунеб буго Сулеймановас «хIинкъиял» кIодо-кIодо гьарурал ругин.

Руслан Гереев: «Проблема буго. Руго гьединал радикалияб исламалде руссунел, жидерго хадусеб гIумру яргъида хурхинабулел, эксремистияб позиция бищулел. Амма гьединазул къадар цIакъ гьитIинаб буго.

Киналха рукIине бегьулел бусурбанлъиялде руссаразул аслияб къадаралдаса проблемаби?! Я улкаялъе, я жамгIияталъе гьездаса кинаб гIаги хIинкъи гьечIо.

Гьеб гуребги, жакъа лъиданиги кIоларо радикалистасул сипат-сурат, хасият мухIканго бихьизабизе.

БукIине кколеб къагIидаялда Къуръаналъулги Суннаялъулги тIалабалги тIуразарун ругел гIадамаздаса кинаб хIинкъи букIунеб?!

ГIагсалда, Россиялъул къануназе, жамгIияталъе, халкъазул гIадатазе заралгун дин билъанхъизабулел гIадамазул жибго диналъул ургъел букIиналда щаклъизарулел руго. ТIалъи нахъеги реххун, жидерго къагIидаби чIезаризе къваригIарал гIадамал нилъеца радикалаллъун рукIкIуна.

Гьединаб рахъалдаса балагьун абизе бегьула, дир коллегабаз гьеб проблемаялъул кIодо-кIодо гьабун бицунеб бугин. У, буго хIинкъи гьединал радикалал «цIиял» бусубрбабазда гъорлъ рукIиналдаса, амма, такрар гьабила, гьезул къадар дагьаб буго».

Сулеймановас жиндирго цIех-реххалда абулеб буго, ислам босарал гIадамазде кьолбодасаго бусурбабилъун кколезул тIубараб божилъи киданиги букIине рес гьечIин, ахирисез гьел киданиги жидералголъунги къабул гьаруларин. Авторасул гьединаб тезисги нахъ чIвалеб буго Гереевас.

Руслан Гереев: «Чияс ракI-ракIалдаса Шагьада рикIкIун бугони, я дир, я дур, я бокьарав цогидасул гьечIо ихтияр, гьесул бусурбанлъиялъул «даража» чIезабизе. Бусурбанлъи бахьизабулеб баянаб критерий живго ТIадегIанасул буго.

Шагьадаялда хадуб парз, киналго тIалабал тIуразарулел ругони, щай гьединал бусурбабазда хурхун щаклъи букIине кколеб? Щай гьезде батIияб бербалагьи букIине кколеб? Бокьарав хIакъав бусурбанчи вуго нилъер щивасул вацги, гьалмагъги».

Гереевас тасдикъ гьабулеб буго бусурбабазул жамгIиятазда гIагсаб, ай бусурбабилъун рижарал цо-цо гIолохъабаз цогидаб дин босулеб букIиналъул Сулеймановасул рагIаби. Гереевас абулеб буго гьеб процесс Чачаналъ хутIизегIан Шималияб Кавказалъул киналго республикабаздаги загьирлъулеб бугин.

Руслан Гереев: «Жакъа чанги этникиял дагъистаниял рихьизе рес буго хъанчIгун яги цогидал диналъул гIаламаталгун. Гьаниб бицен гьабулеб гьечIо, абухъего, гIадатиял диназул - христианлъиялъул, иудаизмалъул. Бицен гьабулеб буго диназул гIаркьалабазул, мисалалъе, евангелистазул, баптистазул, Мунил гьатIаналъул ва цогидазул.

Дагъситаналда жакъа анцI-анцI гьединал гIуцIиял ругин абизе бегьула. Осанна гьатIаналъул, мисалалъе, вуго нус-нус чагIи. Амма гьез жидерго ишал гьарулел руго къануналъул гIорхъабазда.

Гьезде дандечIей гьабулеб буго радикалиял диниял гIуцIабаз. РукIана гьединаб диналде руссарал рухиналъул хIужжабиги.

Гуро гьел балъго гурел хIалтIулел. Гьел хIалтIулел руго къануназда рекъон, рагьараб къагIидаялда. Гьезул диниял хIаракатчагIи, пресвитерал рачIуна аслияб къагIидаялда Пятигорскалдаса. Гьез, Чачан республика рикIкIинчIого, жидерго хIалтIи гьабула Шималияб Кавказалъул киналго республикабазда. Чачаналъ гьеб хъачIаб къагIидаялда гьукъун буго».