Ссылки для упрощенного доступа

Терроризмалъул кьалбал. Экспертазул пикраби


Волгоград, 31Дек2013
Волгоград, 31Дек2013

Улкаялдаго ахIи-хIур бахъарал терактал гьарун хадур, гIемерисел экспертаз хIалбихьулеб буго терроризмалъегун экстремизмалъе къимат кьезе, гьезул политикиял, социалиял ва экономикиял кьалбал ралагьизе. Нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIиял гIалимзабазулгун, экспертазулгун.

Ислам лъазабулев, диниял суалазул рахъалъ эксперт Саидов Садикъица «Эркенлъи» радиоялъе бицана, терроризмалъулгун экстремизмалъул бугин экономикияб кьучI. Гьесул пикруялда рекъон, бокьараб радикалияб идеологиялъул кьалбал руго лъикIаб гуреб социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIал. Кавказ экономикияб рахъалъ цебетIечIеб букIиналъ гьаниб радикализм, ай терроризмгун экстремизм бугоян рикIкIунеб буго Саидовас.

Саидов Садикъ: «Дунялалда бугеб бокьараб идеологиялъул кьучI буго гIадамазул гIумруялъул материалияб рахъ. Гьеб кьуризе бакI гьечIеб хIужа буго. БатIалъи гьечIо гьеб идеология динияб бугониги, светияб бугониги. Терроризмалъе ва эктремизмалъе кьучI лъолеб хIужа буго лъикIаб гуреб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал. ГIадамаз хашго гIумру гьабулеб бакIалда кидаго бижула радикализм. Гьеб буго социалияб дандечIей. Гьеб дандечIеялъул идеология абуни батIи-батIияб букIине бегьула. Гьаниб Кавказалда гьединаб радикалияб идеологиялъун лъугьун буго динияб идеология, щайгурелъул аслияб ва бищун кIвар бугеб идеология гьаниб кидаго букIана ислам. Гьеб букIинчIебани, гьелъул бакI кквезе букIана цоги радикалияб идеологиялъ. Гьединлъидал, Кавказалда бугеб терроризмалъе аслияб гIилла буго социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал».

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул профессор, динияб фанатизмалъул рахъалъ эксперт ЯхIяев Мухтарил рагIабазда рекъон, Дагъистаналда ва Кавказалда терроризм тIибитIиялъе аслияб гIилла буго пачалихъияб даражаялда гьелъие дандечIолеб идеология гьечIолъи. Профессорасул рагIабазда рекъон, Совет пачалихъ биххун хадуб коммунистазулаб идеологиялъул бакIалде рачIана батIи-батIиял радикалиял идеологиял. Цо-цоял ккана динияб экстремизмалъул кверщаликье. М. ЯхIяевасул рагIабазда рекъон, радикализмалда данде чIолеб гIаммаб идеология пачалихъияб даражаялда гьечIебгIан мехалъ, терроризмгун экстремизалда данде къеркьон бажаризе гьечIо пачалихъалда.

Гьединго гьес бицана, терроризмалъе гIорхъичIвазе пачалихъалъе квал-квал гьабулеб бугин жибго халкъалъул гIодобегIанаб динияб лъай букIиналъ. Исламалда ва бокьараб цоги диналда батизе захIмат буго инеги ун гIадамал кьвагьейин, ялъуни живго жинцаго кьвагьизавейин абулеб бакI. Амма лъавукъал гIадамазда гьеб гьедин гьечIеблъи лъалеб гьечIо ва бигьаго терроризмалъул идеологазул асаралда гъоркье кколел руго.

Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго кьвагьулел чагIазда жанир гIемерисеб мехалъ руччаби ялъуни гIурус миллаталъул, ай цIияб дин босарал чагIи рукIин. Гьел динияб рахъалъ кидаго гуро лъай бугел рукIунел абун бицана Мухтар ЯхIяевас «Эркенлъи» радиоялъе.

Терроризмалъул кьалбал социлияб ахIвал-хIалалъулъ рихьулел руго гьединго жамгIияв хIаракатчи, «Дагъистан ракълил ва рагIи дандеккеялъул территория» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Зухумов Зухумида. Амма Дагъистаналда гьеб ахираб заманалда цебетIеялъулъ гьесда бихьулеб буго кинабалиго лъабабилеб къуват, республикаялда рагъ тIамизе бокьараб.

Зухумов Зухум: «Терроризмалда данде къеркьезе кколел рукIин гьеб киназдаго лъалеб, пачалихъалдаса тIасан унареб масъала буго. Амма гьелда данде къоркьолаго гIицIго къуват хIалтIизабулеб бугони, гьелъ терроризмалъе ахир лъоларо. Гьелъул хIасилалда гIайиб гьечIел чагIазе къварилъи ккезе бегьула, гьебмехалъ долги террористазул кьеразулъе иналъе хIинкъи буго. Ахираб заманалда мухIканго бихьулеб буго Дагъистаналда, Кавказалдаго рагъ-кьал тIамизе хIалтIулеб къуват букIин. Гьеб, дир хIисабалда буго къватIисел улкабаздаса. Исламиял пачалихъазда, исламиял республикабазда къуваталда данде кидаго къуват хIалтIизабула, зулмуялъ зулму бижизабула цIикIкIун, гьеб жеги кIудияб терроралде сверичIого рес гьечIо. Гьеле гьеб гьабизе ва хадуб гIунтIун улка хIисабалда Россия биххизабизе къваригIаразул хIалтIи халлъулеб буго. Гьединлъидал, пачалихъалъ ургъичIого, сверухъ балагьичIого къуват хIалтIизабуни, гьелъ тIадеги кинабго хIалуцинабизе рес буго».

Терроризм цебегоялдаса нахъе лъугьун буго социалияб, философияб проблемалъун ва гьелъие цогояб чIванкъотIараб дару гьечIо. Гьелда дандечIезе ккола гIумруялъул киналго даражабаздаян рикIкIунеб буго экспертаз.
XS
SM
MD
LG