ХIамида лъун хъапалгун унев херав, хъабарчаги ретIун кIусарал гIадамал, оцазда нахъ рилълъун рекьарулел рос-лъади, хIайванал, кIудаби ва жеги батIи-батIиял скульптураби руго Нажибатил махщалил рокъор. Гьел киналго гIамлъизарула цо хаслъиялъ: киналго скульптураби руго разиял, гьими кIутIбузда хъварал. Жийго Нажибатица рикIкIунеб буго гIумруялда гьадинги гIемер бугин къварилъи, искусствоялъ чиясул рекIелъе рохел ва гьурмаде гьими бачIинабизе кколин.
Нажибатил хIалтIаби церелъун рукIана чанго выставкабазда, амма цониги жиндирго выставка гьелъ гьабун гьечIо. Нажибат Кандаева кколей йиго Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъа. Кин магIарулазе хасиятаб гуреб гьунар гьелъухъе щварабали цIехедал, махщелчIужуялъ бицана гьитIинаб къоялдаса нахъе букIанин щагIил хIалтIаби гьариялде рокьи.
Нажибат Кандаева: «Цебе заманалда, щибаб росулъ, мухъалда вукIана жинди-жиндир щагIихъаби, къадал устарзаби, гIарцул устарзаби ва къебедал. Инкъилаб бахъаралдаса гьеб тIагIана, хIажатги букIинчIо. Дун кин махщалиде ячIараяли абуни, гьитIинаб заманалдаго, щагIил батIи-батIиял жал гьаризе рокьи букIана. Амма бачIиндаго эбел-эмен данде рукIана, дица бищараб махщалида. Гьезда, гIемер цогидаздаго гIадин кколеб букIана гIицго экономист ва цогидал профессияз гурого чед балагьун бажаруларин, гьез гьукъулеб букIана щегI къакъазе. Амма хадуб, гьеб дихъа бажарулеб букIин бихьидал, гьез цIехон, лъуна художественниябгун графикалъул факультеталда цIализе».
Жиндирго щагIил хIалтIаби гьаризе сипатал Нажибатица росулел руго гIадатияб, бокьараб магIарул росулъ дандчIвалел сюжетаздаса. Щибаб росулъ рукIунел хараби, хIайванал, хуриб хIалтIи гьабулел, годекIанир кIусарал, яги сухIматалда ругел гIадамал. Нажибатил хIалтIабазухъ балагьидал щивасда ракIалде щола жидеда лъалел цо-цоял.
Жакъа Дагъистаналда халкъиял махщелал ссун унел ругин рикIкIунеб буго Нажабатица. Дагьлъун ругила бархъалисезе хасиятал щагIил тIагIалаби, гьединго тIубан лъугIун гьанже цIигьабун бугила Суливкенталъул щагIил хIалIти, амма гьеб Россиялъул Скопиноялдаса махщалида релълъун бугила.
Нажибат Кандаева: «Нилъер гьаниб художниказдехун, дунго гьейлъун дица рикIкIинчIониги, бербалагьи лъикIаб букIунаро, гьединабго букIана дир эбел-инсулги бербалагьи. Амма жакъа бахъинабулеб буго Дагъистаналда халкъиял махщелал, гьелго табасараназул халичабиги, Сулевкенталъул щагIил махщелчилъиги бахъинабулеб буго, гьенилъидал, тIубанго тIагIиналде, хутIараб цIунизе, цогидазухъе кьезе ккола. Киналго Дагъистаналъул махщелал, жакъа, абизе бегьула, цIунун хутIун ругин, лъикIаб магIнаялда бетIер сверарал чагIазе гIолон, гьел махщалабазе гIумру кьураз цIунун рукIиналъ».
Т1алъиялъул кумак бугищан цIехедал, Кандаевалъ жаваб гьабуна, Дагъистаналъул Культураялъул министерлъиялде, грант щвезе гIахьалъизе хIалтIи кьолеб букIанин. Амма гьелда бичIчIизабун буго, гьеб гIададисеб иш букIин. КIудияб кIвар бугин, пачалихъалъ махщелал цIигьариялъе биччалеб гIарац ва сурсатал мустахIикъал кодоре ккеялъул, амма кIудияб къадар гьединаб гIарцул кколезухъе щоларин рикIкIунеб буго гьелъ.
Скульптураялъул факультет, жиндир заманаялъ Нажибатица лъугIараб, жакъа къан бугин, лъагIалида жаниб гьенире кIиго чиясдаса вачIунарин, тIолго Худграфалде цIалулелги гIицго 20-30 чи вугин бицана гьелъ.
Нажибат Кандаева: «Байбихьул классаздаса бахъун лъималазе рес кьезе ккола махщел рагьизе. Щколазда суратал рахъиялъул, искусствоялъул дарсал кIиабилеб сорталъулаллъун рикIкIунел руго. Лъималазе суратал рахъиялъул махщалил дарсазул бакIалда гIурус мацIалъул дарсал яги математика кьолеб буго. Киназего хIажат буго юристал, экономистал рахъинаризе, гьебго заманалда гIадатиял махщелал ругел, гIадатиял хIалтIухъаби гьечIо.
Гьелъ гьанже хIукуматалъ кIвар кьолеб буго училищаял, техникиял коледжал рагьизе. 10-20 соналъ цебего къан, тIубан лъугIун бугин абизе бегьула скульптураялъул факультет, художественниябгун графикаялъул училищаялда жакъа 25 чиясдаса лъугьунаро цIализе. Скульптураялъул факультеталда рукIана щегI бежулел корал, цогидал махщалил тIагIалаби, жакъа гьеб кинабго тIагIун буго. Гьенир цIалулел ругел студентазул аслияб къадарги махщел цIубарал гьечIо».
Нажибатида ракIалда буго скульптура гьабизе малъулеб школа рагьизе. Лъимадухъе сурат бахъизе кагъат къалам ва пластитилин яги хIарщ кьунани, гьез тIаса бищулин пластилин яги хIарщ, щай гурелъул гьелъ гIемер ресал кьолин лъимадул пикру цебетIезабиялъейин бицана махщелчIужуялъ.