Гъизляралдаса ХIамзатовал чIваразе диван гьа бараз гьабизе буго (видео)

12 сентябралда Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналда байбихьана Гъизляралдаса вацал ХIамзатовалги гьезул яцалъул васги чIваялъул цIех-рехалъул халгьаби. Гьел кколаан МухIамад, ГIусман, Юсуп, Гъазидибир ва гьезул яцалъул вас МухIамад ГIумаров.

Щуявго чIвана гъоркьисала 18 марталда. Гьел киналго кколаан бизнесменал. МухIамад абурав вукIана Гъизляр шагьаралъул депутатги. Гьезул дармил комплексалда цебе лъун букIун буго Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовасул хъаравул Заирхан МухIамадгIалиевасул автомобиль. Гьеб нахъе бачеян комплексалъул бетIергьанас абидал байбихьун буго дагIба, цинги – цоясда хадув цояв гьавун, вацал чIвазе.

Гьеб такъсиралда бан туснахъ гьавун вуго анлъго чи. Гьел кколин Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Виноградовасул хъаравулзабиян бицана ЭР-ялъе адвокат Сапият МухIамадовалъ. Амма туснахъ гьаруразул адвокат Джафаровас абуна Виноградовасда бараб жо гьениб щибниги гьечIин, гьединго гьениб гьечIин я политикаялда, яги бизнесалда бараб жо. ТIоцебесеб иргаялда, гьел киналго – чIваралги туснахъалда ругелги – кколин гIагарал чагIи.

ГьабсагIат туснахъ гьарун ругел Заирхан ва Залимхан МухIамадовазул эбел кколей йиго чIварал вацал ХIамзатовазул росулъа – ЦIумада мухъалъул КIванадаса - гIадан, эмен – ГIандиса. Гьединго ХIамзатовазул хъизаналде жий ригьнаде аралдаса 22 сон бугин, гьебщинаб мехалда я берталъ, я зигараяда, ялъуни цогидаб мехалда гьезул цониги чи вихьичIого вукIинаандайин жинда гьел чагIи цоцазе гIагарал рукIараланиян гьикъана Натальяца. Гьей ккола чIварал ХIамзатовазул цоясул лъади.

Наталья, чIварасул лъади: «Гьеб киналъего байбихьи гьел Заирхангун Залимханица гурелъул лъураб, гьел руго гIицIго гьеб пиша рагIалде бахъинабурал чагIи, жидерго хважаинасул тIадкъай тIубарал чагIи».

Авокат Сапият МухIамадовалъул рагIабазда рекъон, туснахъалда ругел чагIи ккола унголъунги Виноградовасул хъаравулзаби. Амма гьанже гьез гьеб иш батIайисан сверизабулеб буго, гьениб гьоркьоб Виноградовасул цIар букIинаредухъ. Документазда рекъон, гьел кколел руго кирниги хIалтIуларел гIадамаллъун.

Туснахъ гьаруразул гIагарлъиялъ ЭР-ялъе бицана гьезда гIайиб гьечIин, гьел тохлъукьего ккарал чагIи ругин туснахъалде.

Амма гъоркьисала 18 марталда Гъизляралда гьеб чIвай-хъвей бихьарал чагIи руго. Гьез нугIлъи гьабулеб буго киналъего. Гьединго Наталья ХIамзатовалъги гьадин тIаде жубалеб буго.

Наталья: «Гьел чагIи жалголъидал кверде рачIарал. ГIайибиял рукIун ратичIони, щайха гьез гьедин гьабураб? Гьез цо рахъалде рехун батараб ярагъалда щибин абилеб, гьезда ратарал гьезул килщазул расеназда щибин абилеб? Баллистикияб экспертизагийищ гьереси гьабилеб? Гьеб кинабгогийищ тохлъукьего ккараб жо?!».

ХIамзатовал чIваялда щаклъи бугев анлъавго чияс Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналда гьарана жидер ишалъе хIукму гьаб баразул диваналъ къотIизе тейин. Гьедин 12 сентябралда букIана диваналъул цебеккунисеб данделъи. Гьеб лъугIизегIан туснахъ гьаруразде ахIдолел, хьандолел, нагIанаби кьолел рукIана ХIамзатовазул гIагарлъи. Гьезул адвокат Сапият МухIамадовалъ ЭР-ялъе бицана ХIамзатовазул ишалдаса инкар гьабичIони, чIвалин хъвелин абун хIинкъаби кьун хъвадарулел ругила жиндихъе телефоналде. Гьеб хъвай-хъвагIай лъил пишаяли лъазабизе гьанжегIагар цIех-рехалъул ишги байбихьун буго низам цIунулез.

Туснахъ гьаруразул гIагарлъиялъ жидер чанги хIалал рихьанин бицана ЭР-ялъел чIварал вацазул цоясул лъади Натальяца, хас гьабун жиндиеги кьунила хIинкъаби, хадуб лъикIаб бицанила, гьелъулги жо ккечIеб мехалда гIарац кьезе лъугьанила гьел жидее. Амма росасул хоб бичун босизе ракIалда гьечIин жинца лъазабидал, доз гьадин жаваб кьунила жидее.

Наталья: «Босуларищ нужеца гIарац? Гьедин батани гьеб гIезегIан лъикI босулебин гьа баразул диваналъул чагIаз, нижеца гьел ричун росизе руго. Гьеб мехалда долги къватIире риччазе руго».

Натальяда кколеб буго туснахъ гьарураз кьураб ришватги босун, диваналъул нухмалъулев жиндирго хъулухъалдаса махIрумлъизе чIеларилан. Гьа барал диванчагIийин абуни сундасаниги махIрумлъуларила гьеб босунилан.

Наталья: «Гьа барал диванчагIи нилъго гIадал гIадатиял чагIилъидал кколел, гьелги рукIине бегьула рикъзи къваригIарал, ялъуни сункьаниги хIинкъарал гIадамал. Гьединлъидал диваналъул нухмалъулесда дандеккун гьезулгун хабар бицине бигьа букIуна».

Гъоркьисала Гъизляралда вацал ХIамзатовал чIвараб къоялдаса нахъе хъвадарулелги, нухал къалелги, цогиlал тадбирал гьарулелги руго гьезул гIагарлъи. Гьезие къваригIун буго унголъунги такъсиралъе гIайибияв чиясе тамихI гьабизе. Доб мехалда республикаялъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас рагIи кьун букIана гьелъие. Гьединго абун букIана цIех-рех лъугIизегIан Виноградов хъулухъалдаса эркен гьавизе вугилан. ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго жиндирго бакIалда.

Вацал ХIамзатовал чIваялда бан гьабураб цIех-рехалъул халгьабизе буго гьа баразул диваналъ. Гьенире гIадамал тIаса рищизе руго 7 октябралда

Вацlал Хlамазатовазул гlагарлъиялъ 2012 соналъул 21 маялда Махlачхъалаялда Авар театралда цебе тlобитlараб митинг.