Ссылки для упрощенного доступа

Вацал ХIамзатовал чIваялъул цIех-рех халалъулеб буго


Араб соналъул марталда Гъизляралда вацал ХIамзатовал чIваялда тIасан цIех-рех гьабиялъул ишалда сверун цIияб багъа-бачари унеб буго Дагъистаналда гьал къоязда. ЧIваразул гIага-божаразул гьариялда рекъон, гьеб такъсиралъул цIех-рех гьабиялъул иш тIаде босун букIана улкаялъул Жанубияб Федералияб мухъалда бугеб цIех-рехалъул комитеталъ, амма чанго моцIалъ цебе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялде тIад буссинабун буго гьеб. ЧIваразул гIага-божаразул адвокатазе хIинкъаби кьолел хIужабиги загьирлъун руго цадахъго.

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ гьеб хIужаялда сверун хIалтIи гьабизе гьечIеблъи якъинго лъалеб букIиналъ битIун букIанин чIваразул гIагараз гIарза Жанубияб федералияб округалъул цIех-рехалъул идараялдеян бицана Сапият МухIамадовалъ нижергун гара-чIвариялда. Гьеб мурадалъе гIололъун гьез чанго нухалда тIоритIун руго митингал, гьел гIарзалъ инчIел идарабиги хутIун гьечIо республикаялда. Ункъо вацал ХIамзатов Юсупги, ГIусманги, Гъазиявдибирги, МухIамадги, араб соналъул марталъул 23 къоялъ чIвана Гъизляр шагьаралда. ЧIваразул гIагаразул гIарза къабул гьабун буго 2012 соналъул октябралда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хисулев Карнауховасул бихьизабиялда гьоркьоб Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъухъа нахъеги босун гьеб чIвай-хъвеялда сверухъ хIалтIи гьабизе тIад къана Югалъулаб федералияб округалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъухъе.

Гьелдаса хадуб цIех-рехалъулал хIалтIаби рукIине кколедухъ унел гIадаб хIисаб букIанилан абулеб буго адвокаталъ. Сапият МухIамадовалъ ва гьелдаго цадахъ хIалтIулев адвокат Сусланов Мусаги тIаде босун буго чIваразул гIага-божаразул ихтиярал цIунизе. ЧIваразул гIага-божаразда ва гьезул лъудбузулгун цIех-рех гьабун ракIарарал цогидал хIужабазул кьучIалда тIадехун ресхасар вацал чIваялъул гIайиб гIунтIизабун буго анлъго чиясде.

Амма исана марталда гьеб чIвай-хъвеялда сверухъ цIех-рех гьабиялъул тIадбуссун кьун буго цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъухъе. Сапиятил рагIабазда рекъон жамгIияталъул кIвар бугеб даражаялъул чIвай-хъвей гьечIин гьебилан абун буго гьелда цIех-рех чияс.

Сапият МухIамадова: Щуго чи чIваялъул бицунеб такъсир гьабиялъул иш жамгIияталъул кIвар бугеб такъсир гьечIилан багьанаги чIван нахъбуссинабуна гьез. ЧIваразул гIага-божараз кIудияб къоги бихьун кIун букIана гьеб иш федералияб даражаялъул цIех-рехалъул идараялъухъе ккезабизе, гьезин абуни нахъбуссинабуна. Нижехъе щварал баяназда рекъон такъсир гьабиялде хурхен бугел чагIаз 30 миллион гъурущ кьун рагIула гьеб нахъбуссинабизе букIине. ЦIех-рех тIобитIулезда нижеца гьикъана гьалъул магIна щибилан, гьев мукIурлъана жинда гьабизе кIолеб жо гьечIилан. Балагьараб мехалъ гьесиеги кьолел руго хIинкъаби. ЦIех-рехалъул идараялда жидерго чагIи ругин такъсир гьабуразулилан абулеб буго».

ЦIех-рех гьабиялъул иш Дагъистаналда бугеб бутIаялде тIадбуссинабун букIиналъул лъазабун гьечIо чIваразул гIага-божаразда. Гьелда рази гьечIолъи гьаз загьир гьабурабго гьездехун тIадецуй гьабулеб букIиналъул хIужабиги загьирлъун ругилан бицана Сапият МухIамадовалъ хадубги. Щибаб гьезул галуда хадуб бугин унеб халкквей, чIвай-хъвеялдехун хурхен бугел цогидал нугIзал хIинкъизарун руго гьез, гьезда кIолеб гьечIо кинал ругониги баянал кьезе.

ЧIваразул гIага-божаразул ихтиярал цIунизе рукIиналъул гьезулгун къотIи-къай Сапиятицаги цогидав адвокатасги гьабун буго маялъул микьабилеб къоялъ. Чанго къо ун хадуб гьез гIарза кьун буго рехсараб чIвай-хъвеялда сверун хIалтIи гьабулев цIех-рехчи Умалатов Шамилихъе жидеда ракIалда бугин гьеб хIужаялда тIасан тIадеги баянал швезелъун цогидалги нугIзабазулгун гара-чIвари гьабизе, амма гьелдаса хадуб байбихьун гьезие хIинкъи кьурал кагътал рачIине телефоналде. Сапият МухIамадовалъ рикIкIунеб буго хIинкъаби кьеялда нахъа хIакъикъат бугилан.

Сапият МухIамадова: «Баладаса нижеца гьедигIанго кIвар кьечIо гьел лъазабиязде, амма хадуб бичIчIана хIинкъаби кьолезул лъазаби махсаро гуреблъи. Нижеда ракIчIун лъала лъил хIалтIи гьебали, амма ругел гIиллабазда бан нижеда кIоларо гьезул цIарал рехсезе. Щайгурелъул гьел тасдикъ гьабизе гIурал далилал гьечIелъул нижехъ. БичIчIулеб жо бугоха гьел далилал гьечIоги нижеца гьеул цIарал рехсани гьеб хIужаги нижедаго данде хIалтIизабизе буго гьез. Гьединлъидал нижеца хIукму гьабуна гьелъул хIакъалъулъ гIарза цIех-рехалъул комитеталде битIизе, гьединго информалатаздаги тана нижеца лъазаби. Нижго цIунизе ресал ралагьулел руго нижеца».

Гьелда бан Сапиятицаги гьелъул пишацоясги гIарза битIун буго улкаялъул цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Бастрыкинихъе. Жидее хIинкъи кьолезда тIасан уголовияб иш рагьиялдаго цадахъ Сапиятица гьарулеб буго вацал ХIамзатовал чIваялда сверун цIех-рех гьабиялъул иш тIадбуссун жанубияб мухъалъул Федералияб округалъул цIех-рехалъул идараялде тIадбуссинабеян гьединго чIваразул гIага-божаразе хIинкъи кьолеб букIиналда тIасанги такъсир гьабиялъул иш рагьеянги.

XS
SM
MD
LG