Политиказ дин сундуе «хIалтIизабулеб»?

Дин ва политика Шималияб Кавказалда жуба-гъубан ругеллъи цIияб хабарлъун бихьизе батиларо кавказалъулазда. Амма тарихалдаса лъала: политика гъорлъ бугеб диналъ конфликтазде ва цо-цо мехалда фанатизмалде рачуна.

Диналдаса батIа-тIун жакъа къоялда политика букIине рес гьечIин, рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Политолог Виктор Лебедевасул рагIабазда рекъон, хIакимал диналъул темаялда хъинтIула лъабго гIилла сабаблъун. Мисалалъе, кинаб букIаниги динияб тадбир сабаблъун. Гьединго цо-цояз дин «хIалтIизабула» жиндирго авторитет борхизе ва жив диналда гъорлъ вугев чилъун вихьизавизе. Лъабабилезни жидерго политикияб курс ургъунго диналда хъинтIун бачуна.

Россиялъул Кавказалъул регионал бусурбиял рукIиналъе гIоло, дин гьоркьоб тун чIезе хIакимазе кIоларин, хъван буго Лебедвасул докладалда. Мисаллъун гьес рачунел руго Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул батIи-батIиял баянал. ГIабдулатIиповас бичIчIизабулеб буго диниял суалазе пачалихъалъ кIкIвар кьолеб букIин.

Россиялъул хIукумат ГIабдулатIиповас бихьизабулеб буго бусурбабазул рахъ кколеблъун ва гьел бусурбабазда гъорлъ уна кавказулъулал гурелги. «Исламиял пачалихъазул – Сириялъул, Ливиялъул, Ираналъул – ихтиярал ва интересал цIунулеб улкалъул ккола жакъа къоялда Россия, Владимир Путин. ХIукуматалъ гьединго диниял гIуцIяизе кумек гьабулеб буго, исламияб лъай кьеялъеги кIвар кьолеб буго», - ян абуна цодагьалъ цебе ГIабдулатIиповас.

Авторасул докладалда мисаллъун вачун вуго Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировги. Мисалалъе, журналистас гьесда гьикъун буго, республикаялъул нухмалъулев кинав чилъун вукIине кколевали. «Нухмалъулесда лъазе ккола гьев халкъалъул рагьдател вукIин, гьединго гьесда кIочене бегьуларо гьев ТIадегIанасул лагъ вукIинги» - гьединаб жаваб кьун буго Къадировас.

Лебедевасул докладалда хъван буго гьадин: «Къадировас ва ГIабдулатIиповас жидерго динияб рахъ бихьизабичIого толаро. Амма ГIабдулатIиповас живго жинцаго вихьизавула гIадатияв бусурбанчилъун, Къадировни вихьула гIемерисала динияв цевехъанлъун. Гьес жиндирго политикаялда «Аллагьасул нухилан» абула ва жиндирго цо-цо хIукмуязда тIаса баянал кьолаго абула «Алагьас гьедин малъанин». ГIабдулатIиповасда дин бихьула жамагIаталъе пайядаяб социалияб шартIлъун, Къадировасулни батIияб бербалагьи буго – гьес дин рикIкIунаан щивав чиясул гIумрудалъ букIине кколеб аслияб принциплъун».

Экспертазул пикруязда рекъон, улкаялда яги регионалда хIалуцараб ахIвал-хIал бугеб заман щвейдал, хIакимаз бицуна гIемерисала кIиго жоялъул – патриотизмалъул ва диналъул. «Кавказалъулазда гIагараб ракь кин бокьизе кколебали бичIчIизабизе кколаро, гьелдалъун гьениса хIакимаз дин цIала кумекалъе», - ян абуна Лебедевас.

Гьевгун рази вуго жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид Саидов. Гьес абухъе, жакъа-къоялда бугеб хIалалда балагьун, диналъул суал борхи гьесда бихьула учузаб политикалъун.

ГIабдурашид Саидов: «ГIезеагIан захIматаб хIал буго экономикияб рахъалъги, сиясияб рахъалъги, тIолго дуниялалда ругел улкабигун гьоркьоблъиялдаги. Гьеб хIалуцараб заманалъ тIокIаб кквезе гIоркь гьечIеб гIадин хIакимаз диналъул суал борхи дида бихьула учузаб, жидеего къимат щвезе гьабулеб ишлъун. ТIокIаб чIечIого диниял чагIазул мурадал тIуразарулел руго, конституциягун къанунги нахъе къазабун».

Your browser doesn’t support HTML5

ГIабдурашид Саидов - 1

Саидовас гьединго ракIалде щвезабуна, хIакимаз диниял тIалабал тIуралел ругин бусурбабазул тайпаялде балагьунилан.

Your browser doesn’t support HTML5

ГIабдурашид Саидов - 2

Бусурбабаз гIумру гьабулел бакIазда диналъул бицичIого чIезе хIакимазе я кIоларо, я бегьуларо, амма диниял чагIазул цо къукъаялда хадуб лъугьун, цогидаб къукъаялъул ихтияралги, батIияб диналда гъорлъ ругезул ихтияралги, диналде гъорлъ гьечIезул ихтияралги хвезаруни, гIагараб заманалда рачуна конфликтаздеян, рикIкIунеб буго экспертас.