"Кристалл-Сити": инвесторал рачIиналде хьулалгун

«Кристалл-Сити» абураб индустриалияб парк батизе бегьула Каспийск шагьаралда аскIоб. Паркалъул ракьал «МахIачхъала-Аэропорт» трассаялда гIагарда руго. Дагъистаналда тIоцебесеб гьеб паркалъе хIукуматалъ ракьалъул 18 гектар бихьизабун буго.

Щиб жолъун кколеб индустриалияб парк? Гьоркьохъеб ва чIахIияб бизнес цебетIезабиялъе гIоло гIуцIула гьединал бакIал. Гьел парказда бизнесчагIазе чIезарула гIемер шартIал: нухал, ток, лъим, складал, хIалтIизе залал ва инфраструктураялъул цогидал алатал. ТIадежоялъе, гьеб паркалда гъорлъ ругел фирмабазухъа бакIарулеб магъалодул къадар официалияб къадаралдаса цIакъ дагьаб букIуна.

Жибго паркалда цохIо индустриялда ай промышленносталда гъорлъ ругел фирмаби гурелги, росдал магIищаталда, даран-базаралда, текстилалда ва гь.ц. бизнесазда гъорлъ ругел фирмабиги рукIуна.

«Кристалл Сити» паркалъул нухмалъиялъул лъазабиязда рекъон, гьеб паркалъ республикаялде инвесторал цIазе руго. «Гьединал регионалиял проектаз хIалтIул бакIал гIемер кьола, экономика лъикIлъизабула, инвестициял рачуна», - илан абуна паркалъул нухмалъулев МухIамад Мусаевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, паркалда руго чамалиго гьитIинаб фирма ва щуго кIудияб фирма. Мисалалъе, паркалда КIикIуниса консервазул комбинат бугин абуна Мусаевас. Гьесул рагIабазда рекъон, пачалихъалъул рахъалдаса паркалъе кумек букIина ва республикаялъул хIукумат хIадур буго парк цебетIезабизе.

Дагъистаналъул индустриалиябгун дараналъул ва инвестициябазул министерлъиялъ лъазабуна, проекталъе гьезул идараялъги ва пачалихъиял цогидал идарабазги лъикIал къиматал кьунин.

Гьединго, министерлъиялъул нухмалъулев Юсуп Умавовасул рагIабазда рекъон, инвесторал республикаялде рачIиналъе гIоло индустриалияб парк гуребги, цогидал шартIалги чIезаризе руго. Мисалалъе, кинаб-букIаниги завод базе къасдгун республикаялде рачIарал инвесторазе инфраструктура гIуцIиялъул рахъалъан кумек гьабизе ракIалда буго Дагъистаналъул хIукуматалда.

Экономист Андрей Меламедовасул рагIабазда рекъон, гIадатиял бизнесчагIазе нух гьеб паркалде бахъине захIмалъила.

Андрей Меламедов: «Индустриалияб парк ккола бизнес гIуцIиялъул формабазул цояблъун. Гьел паркал гIуцIула пачалихъалдаса фирмабазе кинаб-букIаниги кумек щвеялъе гIоло, мисалалъе, магъало дагьаб кьезе рес буго паркалда ругел фирмабазул. Дида кколеб букIана, гьеб паркалда кинал-рукIаниги цIиял фирмаби рачIилин. Амма, мисалалъе, нилъеда лъала КIикIуниса комбинат гьеб паркалде гъорлъ араблъи. Щибизе? Консервазул комбинат магIарухъа Каспийскалдейищ гьез гочинабизе бугеб? Гочинабулареблъи бичIчIулеб буго. Комбинаталъ паркалда жидерго офис рагъизе батула ва гьелдалъун магъало дагь кьезе рес щолеб буго гьезие. Гьединго цогидал фирмабиги паркалда хIалтIилин абизе бегьула. Индустриалиял паркал гIуцIула комбинатал, цехал, гьитIинал фабрикаби гьенире рачиналъе гIоло. Гьел фабрикалгун комбинаталги гьез кисса росилел жакъа? Гьелдалъун гьеб парк дида бихьула жидерго чагIазе пайда букIиналъе гIоло гIуцIараблъун».

Дагъистаналъул минпромторгинвесталъул лъазабиязда рекъон, «Кристалл Сити» паркалъ цебетIезабизе буго республикаялъул индустриалияб комплекс ва гьелдалъун регионалъул экономика лъикIлъизе буго. Экономист Меломедовас «Эркенлъиялъе» бицаралда рекъон, республикаялъул экономика индустриялияб комплексалда бараб гьечIо. Санаидаса санаиде хIакимаз докладал гьарула индустрия цебетIолеб бугин, амма гьел церетIеяздаса батIаго пайда гьечIо регионалъеилан, бицана экспертас.

Андрей Меламедов: «Индустриялдаса экономикаялъе щолеб батIаго кIудияб пайда гьечIо жакъа къоялда. Индустрия цебетIолеб бугин абурал харбазда дун божула, амма статистика жакъа гьадинаб буго: регионалъул экономикаялда индустриялъул 7-8 гурони процент гьечIо. Даран-базар, минаби рай, росдал магIищат - экономикаялъе гьездаса буго пайда. Гьел сфераби церетIезаризе кколаан хIукуматалъ. Амма исана Дагъистаналъул индустрия жеги цебетIезе буго».

Экспертасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул индустрия улка цуниялъул рахъалъ пачалихъиял тIадкъаязда ай гособоронзаказазда бараб буго ва исана республикаялда ругел заводазе гьединал тIадкъаял гIемер щвана. Гьел тIадкъаязда гьоркьоса гIемерисел ккола рагъулаллъун. Меламедовас абухъе, исана Дагъистаналъул индустрия цебетIеялъе гIиллалъун Украиналда бугеб конфликт букIине буго.