КIалги къан чIараб прессаялъул суалал гIемер рукIунаро

Киб ва кинаб букIунеб эркенаб пресса?

Дагьалъ цеве Россиялъул халкъияв артист Владимир Назаров нахъе лъугьана ОТРялъул, ай Россиялъул жамгIияб телевидениялъул мажлисалдаса. Гьелъие багьаналъун ккана жамгIиябин жиндир цIар бугониги, телевидениялъ баянго рихьулел ритIухълъи гьечIолъиялъул лъугьа-бахъинал кIвар кьечIого тей. Цо-цо журналистаз ва блогераз хъвалеб буго, Назаровас Россиялъул жамгIияб телевидениялда хурхун абурабщинаб цIакъ данде кколин Россиялъул кинабго пачалихъиял СМИязе къимат кьолеб мехалдагийин.

Социалиял сайтазда ва форумазда кIудияб кIвар буссинабуна Россиялъул жамгIияб телевидениялъул мажлисалъул гIахьалчи, халкъияв артист Владимир Назаровас рачарал унеб соналъул «хIасилазде». Гьесул пикруялда, Россиялъул жамгIияб телевидение абураб цIар гьеб каналалъе данде кколеб гьечIо.

Александр Назаров: «Баянаб жо ккола, гражданияб жамгIият гьечIеб шартIазда, кинаб гIаги магIна гьечIеб жо ккола Россиялъул жамгIияб телевидение жибго букIинцин. ГIагсалда, гьелдаса заралцин буго. Щайгурелъул гьеб ккола улкаялда демократия гьечIолъи бахчизабулеб пардав гIадаб жо.

Гьедин букIаниги, хIалтIулеб буго телевидение, гьелъул пуланал рейтингалги руго. Гьеб зама-заманалдаса рехсолебги букIуна. Амма дида ккола, Россиялъул жамгIияб телевидениялъул роль жакъа хIалеб бугин "Дождь" телеканалалъин. Амма гьелъ ОТРалъ гIадин магъалаби кьолезул гIарац хвезабулеб гьечIо.

Жакъа улкаялда цо-цо статистикаялда рекъон, рагъул заманалдасаги цIцIикIкIун руго жидер бетIералда тIад тIох гьечIел лъимал. ОТР кIалги къан чIун буго.

Катастрофияб къагIидаялда гIодобе кколеб буго гIадамазул гIумруялъул шартIазул даража. КъватIире рахъулел руго учительзаби, тохтурзаби, хIалтIухъаби. ЧIун руго заводал, хIалтIулеб гьечIо промышленность. Гьеле гури Москвалде рачIун рукIана "дальнобойщикал". ОТР кIалги къан чIун буго. ОТРалъе гьел кколаро къимат кьезе кколел хIужжаби.

Генералияв прокурорасул лъималазда хурхарал Алексей Навальныясул цех-реххалъ баянлъизарурал цIакъ вахIшияб коррупциялъул хIужжаби. Гьесул гIуцIиялъ бахъараб фильм - гьелъухъ балагьаразул руго миллионал. ОТРалъе гьеб кколаро кIвар кьезе кколеб хIужжа. ОТР кIалги къан чIун буго.

ТIадегIанас цIунегиха, талъиялъул ракI хвезабиялдаса! Лъеха батани, Россиялъул жамгIияб телевидение гуреб, нухмалъиялъул телевидения абураб цIар. Гьеб мехалда кинабго жо букIине буго жидерго бакIазда».

Назаровас рехсарал хIужжабазул рагьун бицарал пачалихъиял информалатазул сияхI гьитIинаб буго.

Амма цо-цо социалиял сурсатаз кIудияб кIвар буссинабуна гьесул «хIасилазде». Гьезул цоязда хъвалеб буго, Назаровас гьабураб лъазаби жибго ОТРалда гуребги, Россиялъул кинабго пачалихъияб прессаялдаги хурхараб бугин. Гьединал СМИяз хъулухъ гьабулеб гьечIин пачалихъалъе, гьез гьелъие лагълъи гьабулеб бугин.

Гьединаб пикруялда разилъулаго "Коммерсант" газеталъул журналист Муса Мурадовас абулеб буго, Россиялда информалатал аслияб къадар ругин пачалихъияб бетIергьанлъиялъул ва гьеб кколин лъиданиги бачIеб прессаялъул гIатIилъи улкаялда дагьаб бугин абурабин.

Муса Мурадов: «Телевидение, радио ва цогидал информалатал - гьел рагьана пачалихъалъул, нухмалъиялъул идарабаз. Гьезие гIарацги биччала пачалихъалъ. Гьединлъидал, баянаб жо ккола, гьезда цере лъолел масъалабиги, гьезул идеологияги бараб буго бетIергьабазда, ай, гьел пачалихъиял идарабазул бутIрузда. Гьединал информалатазул аслияб мурад ккола, къокъго абуни, пачалихъиял структурабазе информациялъулаб квербакъи гьаби.

ЭР. – Дуца бицунеб гIадахъги босун, гьединал информалаталги «прессаялъул эркенлъи» абураб терминалъул бугищ кинаб гIаги хурхенго? Логикаялъни гьеб кIиго жо батIаго чIезабун бугин.

Муса Мурадов: «Бегьулищ гьел информалатаз кинал рукIаниги инстанцияби какизе, абун гьикъулеб бугони, позитивияб жаваб кьезеги бегьула, амма гьеб бараб буго гьел инстанциязул даражаялда.

Цо рахъалъан балагьани, пачалихъиял информалатазул хIалтIи релъараб бугин абизе бегьула пуланаб идараялъул пресс-хъулухалъул хIалтIиялдайин. Муса Мурадов

Централияб СМИязул рес букIуна регионазул даражаялъул талъи яги хъулухъчагIи какизе. Нилъер регион босун, абуни, узухъда республикаялъул информалатаз нухмалъи какуларо.

Гьединаб хIужа ракIалде босун, лъиданиги бачIеб яги эркенаб журналистикаялъул бицен гьаниб букIине ресцин гьечIо. Амма баянаб жо ккола, информалатаз, жалго рагьарал структураби, гьелъул бетIергьаби каки ккола, жинцаго лъим гьекъолеб гъуйялъубе тулеб гIадаб жо. Гьединлъидал гьезул хIалтIул эффекталъул, гьезул машгьурлъиялъулги бицине бегьула гьел гIицIго пачалихъиял структурабазул бутIа, информациялъул рахъалдаса квербакъи, хъулухъ гьабулеб бутIаби рукIин, ракIалдеги босун.

Цо рахъалъан балагьани, пачалихъиял информалатазул хIалтIи релъараб бугин абизе бегьула пуланаб идараялъул пресс-хъулухалъул хIалтIиялдайин.

Гьаниб бицен гьабулеб гьечIо гьел информалатазул журналистазул къвакIиялъул яги тамахлъиялъул. Дуца журналист яги редактор хIисабалда пачалихъияб информалат бищун батани, мун гьениве хIалтIизе лъугьун ватани, дуда цебего лъалеб буго, шив ва щиб дуда какизе бажарулебали. Гьай-гьай журналистас яги редакторас тема бищулеб мехалда, жинцаго какизе бегьулеб объект бищулеб мехалда гьев валагьизе кколев вуго нахъе-цеве, мухIканлъизабун абуни, тIадеххун. Гьелда нахъ буго жиндирго логика».

Мурадовас рагIабазда, Шималияб Кавказалъул республикабазул пачалихъияб прессаялда буго цого хьвада-чIвади, гьез хIалтIизарулел руго цоцада релъарал къагIидаби. Аммайин, абулеб буго Мурадовас, пачалихъалъул гурел информалатазул къадар цIакъ гьитIинаб бугин регионалда. Эркенаб къагIидаялда жидерго пикраби журналистаз загьир гьариялъул рахъалъан гьабин абизе бегьулел алатал гIицIго Дагъистаналда гурони, жинда лъаларин абулеб буго гьес.

Муса Мурадов: «Басма тайпаялъул информалатал росани, доба буго цIакъ машгьурал ва гIуралъ бихьулеб жигарлъи бугел, пачалихъиял структурабазда рачIел газетаби. Босила мисалалъе добго "Черновик". Гьелъул бицунаго, "бацIадаб" къагIидаялда гьеб ва гьелда релъарал газетаби лъиданиги рачIел ругин абизеги нилъеда кIоларо. Щайгурелъул гьезда нахъги руго яги бизнесменал, яги пачалихъиял структурабазде, талъиялде хурхен гьечIел, амма гьенире щвезе гIамал гьабулел къокъаби яги политикиял элитаби. Гьез гьединал газетабаздасаххун гIамал гьабула жидерго позиция бихьизабизе ва хIалтIизабизе. Гьеб квеш бугин дица абиларо.

Гьединаб информалаталъул «кверал» рухьарал гьечIо пачалихъиял СМИязул гIадин. Гьезда бажарула республикаялъул бутIрузул гьаб яги доб хIукмуялъе жидерго къимат кьезе.

Дида лъала, "Черновикалъул" цо-цо макъалабаз республикаялда резонанс багъаризабула, гьезул асар гIуралъ бихьулеб букIунин, абизеги бегьула.

Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасцин абулеб буго, жинца гьеб газеталъул макъалаби кIвар кьечIого толарин, гIагсалда гьезул макъалабаз жиндие кумек гьабулеб бугин. Ирагадулаб номер цIалулеб мехалда, гьесул бербалагьиялдаса, объективияб пикру бугеб мехалда, жибго газетаялъул гьумералда жинца хъвалин, щиб лъица кидал ва кин гьабизе кколебали жавабиял хъулухъчагIазалиян.

Гьебго заманалда Россиялъул федералиял идарабазе ракIалъе гIолеб гьечIо гьеб «Черновикалъул», «Новое дело» ва «Республика» газетазул машгьурлъи ва гьелъ билъанхъизабулеб информациялъулаб политика.

Россиялъул миллияб политикаялъул агентлъиялъул бетIер Игорь Бариновас дагьалъ цебе какана гьел информалатал, гьел улкаялъул нухмалъиялъ билъанхъизабулеб политикаялде данде хIалтIи гьабулеб бугин, гьезул хIаракатчилъи экстремизмалдацин хурхараб бугин ва гьениб пачалихъалъ жиндирго ресалги къуватги хIалтIизабизе кколинги абун".

ЭР. - Муса, дуца гIицIго Дагъистаналъул информалатал гурони рехсолелго гьечIо мисалалъе. Унгогийищ дуца рикIкIунеб, Шималияб Кавказалда гьечIин тIокIал гьединал пачалихъалъул гурел информалаталин?

Муса Мурадов: «Цогидал республикабазда добго чачаналъ, Гъарачайгун Чергессиялда, Гъабардагун Балкариялда, Адыгеялда, Шималияб Осетиялда аслияб къагIидаялда руго гIицIго пачалихъиял информалатал. Гьединлъидал гьенир рес гьечIо жирналистазул жамгIияталъул гьединаб дандечIей республикаялъул, республикаялъулни щиб, федералияб нухмалъиялде бихьизе. Жидерго информациялъулабь политика билъанхъизарулел пачалихъиял информалатал гьел республикаялда дида лъаларо».

Гьедин лъазабулеб буго чачаанлъ жиндир кьал бал ругев журналист Муса Мурадовас.

Адыгеялдаса машгьурав лъиданиги вачIев журналист Аслан Шаззоцаги абулеб буго, жидер республикаялда лъиданиги бачIеб прессаялъе кинал гIаги ресалцин гьечIин. Жинца билъанхъизабулеб сайталъе, абухъего, хьухьцIазецин толеб гьечIин тIалъиялъин, гIарз гьабулеб буго гьес.

Аслан Шаззо: «Дица анцIго гIанаб соналъ нухмалъулеб буго "Нартпресс" абураб сайталъул. ТIоцебе нижер букIана команда. Талъиялъе байбихьудасаго нижеде кIудияб тIадецуй гьабулеб букIана. Гьанже хIакъикъаталдаги дун хутIана дунго. Вуго штатал гурев чанго чи дунгун хIалтIулев.

Проблема хурхараб буго чIечIого нижер сайталде вирусал ритIулел рукIиналда. ХIалтIул ресал тIагIинарулел руго чIечIого батIи-батIиял низам цIунулел гIуцIабаз, гьездаго гъорлъ ФСБялъ доре цIан, гьанире цIан. Нижеца кинаб гIаги къанун хвезабулеб гьечIониги, гьез хIаракат бахъулеб букIуна нижер хIаракатчилъи экстремизмалда хурхинабизе. Щай? Щайгурелъул нижеца тIалъиялдаса, гьелго низам цIунулел гIуцIабаздаса тIалаб гьабулеб букIана къанунал тIуразари».

ЭР. – Аслан, рес бугищ дур ва аскIосел адыгазул республикабазда басмаялда рахъулел пачалихъалъул гурел информалатал рукIиналъул? Ругищ гьединал газетаби, журналал?

Аслан Шаззо: «БатIараб бицани, дида лъаларо Шималияб Кавказалда, Дагъистан тун цогидал бакIазда ругищали лъиданиги рачIел кагътил информалатали. Дида лъала дора руго цIалдохъабазул къадар кIудиял газетаби. Цогидал республикаби росани, Гъабардагун Балкариялда машгьурав инсанасул ихтитярал цIунулев Валерий Хатажуковасул буго машгьараб сайт.

Зама-заманалдаса адыгазул халкъазул республикабазда хIалбихьула сайтал гурелги басмаялъул информалатал рагьизе. Гьединаб хIалбихьи нижер республикаялда дицаги гьабун букIана. Амма ниж талъиялъ ккезарула букIинилъе, мисалалъе, гьабин абизецин бегьулареб багьанаги ургъун, гьез ниж рехъерхъула диваназде кIиго-лъабго соналъ. Ахир-къадги ниж финансазул сурсатаздаса махрумлъула иргадулаб къагIидаялда ва ниж ккозарула байбихьараб иш теялде. Мисалалъе, пачалихъияв хъулухъчияс авария гьабун чIвана ункъго чи. Нижеца бицана гьеб ишалда хурхараб диваналъул процессалъул хIакъалъулъ. Нижеде абулеб буго, нужеца бугътан лъунин. Хадур ниж жалгоги чIезаруна диваналда цере. Гьеле гьединаб бугоха схема».

Мурадовас рехсараб Россиялъул миллияб политикаялъул агентлъиялъул бетIер Игорь Бариновас гьабураб лъазабиялде нахъ руссун, щай гIицIго нужер «Новое дело», «Черновик» ва «Республикаялде» кIвар буссинабулеб бугин федералияб идараялъул хъулухъчиясин лъураб суалалъе жаваб кьолаго, «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас абулеб буго, гьеб идара жидерго нухмалъулесул гIайибал мекъал рукIиналъе мукIурлъанин ва кагътал хъван жидедаса тIаса лъугьин гьаранин.

Your browser doesn’t support HTML5

ХIажимурад Сагитов

Кинаб рукIине кколел гьоркьорлъаби пачалихъиял гурел информалатазулги нухмалъиялъулги? «Черновик» газеталъе комментариял гьарулаго, машгьурав журналист ва жамгIияв хIаракатчи Алик ГIабдулхIамидовас абулеб буго, цIодораб ва жавабчилъи бугеб нухмалъиялъе лъиданиги бачIеб пресса ккола жамгIияталъулгун диалог гIуцIиялъул ва жамгIияталъул сигналал щвезарулеб тIокIаб канал.

«Махшел тIокIал информалатал демократияб пачалихъалда ккола жамгIияталъул хIакъаб хIал бихьизабулеб индикатор ва жидедего хьибалалдаса балагьизе бугеб рес», - ян жубалеб буго ГIабдулхIамидовас.

Амма бокьун бугищ жакъасел пачалихъиял хъулухъчагIазе жалго хьибилалдасахун еса рихьизе , абураб суал актуалияб букIине бегьулин гIицIго хIакъаб демократияб бугеб пачалихъалдайин, рикIкIунеб буго живго журналистас.