Гьеб тадбиралда аслияб кIвар буссинабураб регионлъун ккана Дагъистанги. Ахираб къого соналда жаниб гьенир чIварал журналистазул къадар бахуна 17 чиясде. Ахирисевлъун ккана исана июль моцIалъ чIварав «Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор хисулев АхIмаднаби АхIмаднабиев. Гьев чIварал чагIи жеги ратун гьечIо, гьединго жеги диваналда цере эхетун рагIуларо пашманаб сияхIалда ругел 16 журналист чIварал чагIиги.
ГIицIго Москваялда 2008 соналъ чIварав Ильяс Шурпаевасул ишалда сверухъ унеб цIех-рех рагIалде бахъанин. Амма кинабго бухьинабунин рукIа-рахъиналъу
Цеве «Черновик» газеталъул вукIарав бетIерав редактор Бияхъай МухIамадовас абулеб бугоан журналистазде экстремистазе кумек гьабулел чагIи ругилан гIайиб гьабулеб букIун батани цебе, гьанже дагьалги инжитал рогьрал разе байбихьун бугин гьезда.
Гъалгъаязул республикаялдаса блогер Муцольгов МухIамадица кIвар буссинабулеб бугоан соц сетазда гIадамал цоцаде гьусизе тIамулеб хасал гIадамал хIалтIулел ругин, гьез гIарацги кьун тIамулел ругин цоцадаса мацIал гьаризе, какдезе ва гьоркьоб бугьтан лъун дагIба- рагIи хIалуцинабизе.
ХIасил-калам тIалъиялъ гьеб киналдехунго кIвар буссинабиялъул мурад букIана гьеб тадбиралъул гIахьалчагIазул.
Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьоб Дагъистаналда гIадин эркенаб журналистика цIебетIураб регион цоги батиларилан бицана «Эркенлъиялъе» «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевас. Гьединаб эркенаб пикруялъул пресса республикаялда цебетIеялъе биялда барахщичIел гIадамалги ракIалде щвезаруна гьес. Амма гьединаб даражаялда лъиданиги бачIеб пресса республикаялда хIалтIулеб бугониги бищунго квеш ккараб жо бугин хIукуматалъ кьолеб гIарац гьезие щечIого цохIого жо хъвалел республикаялъул официалияб газетазе унеб букIинилан тIадежубана Милрадица. Гьесда лъикIаблъун бихьулеб буго прессаялъе кьолеб гIарцуда жаниб хIукуматалъ грантазулаб къагIида хIалIтизаби. Гьелда рекъон биччайин мисалалъе газетазул тIоцересел гьурмазда бакI кьезе хIукуматалъул пресс-хъулухъалъ кьурал баяназе, хутIарал гьурмазда журналистазеги кьейин ихтияр жидедаго бихьулеб хIалалъ баянги кьун республикаялда лъугьа-бахъунелъул хIакъалъулъ хъвазе.
Кинаб нух батизе бегьулеб Дагъистаналда журанлистасул гIумру хIинкъи гьечIеблъун букIиналъеян абураб суалалъе жаваб кьолаго Милрадица мисалалъе бачана Финляндиял гIадатияб ДТП кканигицин шагьаралъул нухмалъиялъ тIубараб данделъи тIобитIулин гьеб суалалда тIасан лъил гIайибалдалъун ккарабали лъазе, гьединаб лъугьа-бахъиналда нагагьлъун чи гIумруялдаса ватIалъани улкаялъул хIукуматаллъул даражаялда данделъи тIобитIулин, щив гIайибияв вукIарав, кинаб тамихI гьесие къотIилеб абун. Нилъер анибин абуни журналист гурев цогидав бокьарав чиясул гIумруялъе къварилъи ккей цебего ругьунаб пишалъун лъугьун бугин. Журналистасул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул масъала федералияб нухмалъиялъул тIалабалде гъоркье малъизе кколилан рикIкIунеб буго Милрадица.
Фатулаев Милрад: «Щай, щайгурелъул журналистасул махщел ккола тIалъиялъул ва хIукуматалъул яхI-намусалда бараб хъулухъ. Кинабниги цIуна къай гьечIого, ярагъ кодобгеьчIого цевесев кьерда вукIуна бищунго хIалуцарал лъугьа бахъиназул баян халкъалъе кьолев чи ккола гьев. Гьединлъидал гьесул хъулухъ диванчиясул ва полициялъуласул хъулухъалда рекъон борцине ккола хIукуматалъ. Къануналда цере киналго ращад руго, амма журналистал жидерго гIумруялъе хIинкъи букIаго хIалтIулел гIадамал руго. Гьединабго куцалъ хIалтIулел руго полициялъул хIалтIухъабиги, амма информ.алатазул хIалтIухъанасде дандеккун гьесие гIемерал ресал ва шартIал чIезарун руго хIукуматалъ жиндирго гIумру цIунизе. Журналистасул абуни гьединал ресал ва гьечIо ва живго цIунизе бегьулеб куцалъул гьесие гьарурал малъа-хъвайги гьечIо».
Жакъа кигIан гIемераб гьелъул бицаниги, кинал нухал ралагьизе лъугьаниги рагIизе гIезегIан кьогIаб хIакъикъат бугин гьебилан рикIкIунеб буго «Черновик» газталъул хIалтIхъан МухIмад мухIамадовас. Бокьараб лахIзаталъ чIвазе рес бугеб хIалалъ вугин жакъа журналистал Дагъистаналда. «Эркенлъи» радиоялъе гьес абуна жакъа хIажат бугин чIварал журналстазул цIех-рех рагIалде бахъинабун бажарулеб цIияб къагIида. Лъица гьев чIварав щай ва сундуе гIоло абураб суалалъ рахIат хвезабун бугин халкъалъул, амма жаваб батулеб гьечIин.
МухIамад МухIамадов: «Гьединаб ахIвал-хIалалъе ахир лъезелъун къваригIун буго киналго журналистал цолъун цо пикруялде рачIине. Мисалалъе нижер газеталъе загьир гьабуна гьадинаб пикру. Журналистал чIварал чагIи ралагьизелъун цIех-рех чагIазул кIудияб къукъа гIуцIизе. Мисалалъе гьединаб практика хIалтIизабула къватIисел хIукуматазда, гьелъ лъикIаб хIасилги кьолеб буго. Гьединаб хIалтIуца кьолеб хIасилалъ рази гьарула, щайгурелъул гьениб жункула махщалил даража ва киналаниги кланаз квал-квал гьабуларо дуе. Гьединал къагIидаби хIалтIизаруралани гьелъ гIемераб пайда кьезе букIана журналистасул гIумру хIинкъи гьечIеблъун букIиналъе, щайгурелъул жакъа къоялъ гьесул махщел хIинкъи бугезул рахъалъ полициялъул ва рагъулаб хъулухъ тIубазабулев чисда хадуб лъабабилеб кьерда буго».
Москваялда букIараб данделъиялда Бияхъай МухIамадовас кIвар буссинабуна гьадинаб пикруялдеги. Дагъистаналда жицаго жиндирго адаб гьабулев цониги журналистас киданиги хъвазе гьечIин пуланаб темаялда магIарулав яги даргияв ккун вугин низам цIунулез абун. Макъалаялда жаниб такъсирчиясул миллат бихьизаби гьеб цIакъ инжитаб иш кколин, нагагьлъун гьединал хIужаби загьирлъани, гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизеги кколин.