Имидж информалатаз гуреб, мухIканал бергьенлъияз лъикIлъизабула

Шималияб Кавказалъул имиджалда хурхараб суал гьоркьоб лъун букIана гьал къоялда Ростовалда. Левада-централъги цо-цо экспертазги лъазабулеб буго регионалъул имидж дагьалъ лъикIлъанин. Аммайин абун буго гьениб тIобитIараб хасаб тадбиралъул цо-цо гIахьалчагIаз, гьелъул имидж информалатаз гурин борхизабизе кколеб, гьеб борхизе кколин жалго республикабаз жидеего щварал бергьелъабаздалъунин.

Дотациял, прессаялда ругел стереотипал, регионазул гьадингосеб информполитика — гьелги цогидалги пунктаз Шималияб Кавказалъул республикабазул имидж хвезабулеб бугин абуна экспертаз Ростов-на-Донуялда тIобитIараб гургинаб столалда.

Украиналда конфликт байбихьаралдаса хадуб Шималияб Кавказ ва кавказалъулал прессаялдаги телевидениеялдасаги квешаб рахъалдаса рихьизарулел гьечIин, абуна политолог Михаил Виноградовас. Гьесул рагIаби уяллъун рукIин бихьизабулеб буго «Левада-централъги». ЖамгIияталъул пикру лъазабулеб цIех-рехал гьарулеб гьеб централъул информациялда рекъон, кавказалъулал цогидал регионазде риччазе кколарин абулезул къадар Россиялда 54% букIун батани гъоркьисала, исана гьедин рикIкIунезул къадар 38% буго. Гьединго югалъулаб республикабаздаса рачIараздехун квешаб бербалагьи бугин жидер абулезул къадар гъоркьисала 61% букIун батани, исана цIех-рех гьабуразда гьоркьоб гьедин абулезул къадар гIодобе ккана - 44%.

Амма щай Шималияб Кавказалъул имидж батIаго хисулеб гьечIеб? Политолог Виноградовасул пикруялда рекъон, гьелъие чанги гIилла буго. ТIоцебесеб: загIипаб экономика. «Бищун мискинал регионал руго Шималияб Кавказалда. Федералияб бюджеталдаса гьенире унел дотациязул къадарги цIакъ кIудияб буго», - илан бичIчIизабуна политологас. «КIиабизе абуни, Кавказалъул регионазул хIакъалъулъ хъвалел журналисталги ва гьел макъалаби цIалулелги гIемерисала югалъулаб Россиялда щвечIел чагIи руго ва Кавказалъул республикабиги гьезда стереотипаздалъун рихьула», - ян тIаде жубана Виноградовас. Гьес гьединго абуна СКФОялъул регионазул информполитика гьадингосеб бугин ва гьез хIаракат бахъулеб гьечIин республикаби прессаялдаса лъикIаб рахъалдаса бихьизабизе.

Политикиял цIех-рехал гьарулеб «Кавказ» гIуцIиялъул директор Игорь Соповас гургинаб столалда абуна кин букIаниги югалъул регионал прессаялдаса гIемерисала лъикIаб рахъалдаса рихьизарулел ругин. «"Кавказ" гIуцIиялъ прессаялъулги телевидениеялъулги хал-шал гьабула ва гьелдалъун абизе бегьула кинаб рахъалдаса федералиял СМИяз Шималияб Кавказ бихьизабулеб бугеб. Мисалалъе, октябрялда Шималияб Кавказалъул регионазда хъинтIараб 172 макъала бачIана федералияб прессаялда. Гьезда гьоркьосан макъалабазул 39% букIана лъикIаблъун, 2I% - цокIаллъи гьечIеблъун, 19% - нейтраялияблъун, 21% - негативияблъун. Ва цогидал моцIазде дандеккун абизе бегьула, Шималияб Кавказ лъикIаб рахъалдаса бихьизабулеб макъалабазул къадар 10-15% цIикIкIанилан», - ян бицана Соповас.

Амма къватIисел улкабазул прессаялъул халгьабуни, бихьулеб буго цогидаб хIал. Экспертазул рагIабазда рекъон, гьеб прессаялъул бербалагьи гIемерисала стереотипияблъун ккола ва гьезда Россиялъул Кавказ бихьулеб буго 90-лел соназдалъун. «Шималияб Кавказ къватIисел улкабазул прессаялда гIемерисала бихьизабун буго рагъалъулал конфликтал ругел регионлъун. ТIадежоялъе, Россиялъул хIукуматалъул гIунгутIаби мисаллъун рачунел мехалда прессаялдасан рехсолел руго югалъул республикаби», - илан бицана экспертас. Гьес тIаде жубана Шималияб Кавказалъул имиджалда тIад федералияб центрги хIалтIизе кколин.

Имиджалъулаб пропагандаялъ кьолеб жо дагьаб бугин абуна регионалияв социолог Виктор Черноусица. Гьесул рагIабазда рекъон, экономикаялъул хиса-басиял гьечIони, имиджалъ щибго кьоларо. «Регионазул нухмалъулезе бокьула бицине республикабазда лъикIал хиса-басиял ругин, экономика лъикIлъулеб бугин, социалиял суалал тIуралел ругин ва гь.ц. Амма жиб-жиб соналда нилъеда бихьулеб буго дотациябазул рахъалдаса ахIвал-хIал хисулеб гьечIолъи. ТIадежоялъе, цо-цоял регионазе дотациял цIикIкIинаризехъин руго. Гьелдалъун бичIчIулеб гьечIо, экономика гIодизе кколеб хIалалда бугеб мехалъ, имиджалъулаб пропаганда щибизе къваригIун бугеб. Гьеб гьабизе кколарин абулеб гуро, гьебги букIине ккола, амма, мисалалъе, Дагъистан цебетIураб регион бугилан абиялъ гьеб гьединаблъун бахъунаро», - ян абуна экспертас.

Гьанибго тIаде жубала, Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьосан бачIунеб соналда федералияб бюджеталдаса бищун гIемер дотациял щвезе руго Дагъистаналъе. Регионалияб политикаялъул централъ лъазабулеб буго, дотациябазул 60 миллиард гъурущ кьезе бугин республикаялъе.

РакIалде щвезабила, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас абулеб букIана республикаялъул экономика хисулеб бугин ва энергетикаялъулгун-индустриаялиб рахъалдаса лъикIал хIасил ругин.

«Экономикаялъул рахъалдасан Россиялъул цогидал регионазда гьоркьоб Дагъистан ахирисел бакIазда буго. Республика цебетIезабулеб букIинчIо. Амма ахIвал-хIал дагь-дагь ккун лъикIлъулеб буго ва хIасилалги руго. Экономика цIебетIеялъул рахъалдасан гьанже республика тIоцебесеб бакIалда буго. Аслияб жолъун ккола дотациябаз хьихьиялдаса экономика цебетIеялъул рахъалде буссинаби».

Ростов-на-Донуялда араб гургинаб столалда гьединго бицана, имидж хисизабизе бокьун батани, Шималияб Кавказалда чанги суалазе кIвар кьезе кколин. Гьелги: жанисеб туризм цебетIезаби, федералияб прессагун лъикIал бухьенал чIезари, экономикиял хиса-басиял гьари ва гь.ц.