ТІекълъигун бадиса бадире

«Текълъигун бадиса бадире. Адвокатазе хІинкъиял кьей ва тІадецуй гьаби Шималияб Кавказалда.» Гьединаб цІаралда гъоркь Amnesty International гІуцІиялъ биччараб докладалда кІвар буссинабулеб буго регионалда адвокатазе профессиноналияб борч тІубазабизе шартІал гьечІолъиялде.
Гьеб гІуцІиялъул пикруялда, бищунго кІудияб квал-квал адвокатазе гьабулеб буго жибго нухмалъиялъ, низам цІунулел идарабаз. Адвокатал хІинкъизари, гьел кире ккаралали лъачІого тІагІинари ва рухигун чІвай къанагІатаб хІужжа кколарин Щималияб Кавказалдайин хъвалеб буго гьелъул автораз.

---------------------------

Нахъе къан чІечІого, гІагсалда жиндирго хІалтІи цІияб гъирагун гьабизе лъугьана Хасавюрталдаса адвокат МахІамадова Сапият лъабго соналъ цебе полициялъул хІалтІухъабаз вахІшиго юхун хадуй. 20І0 соналда гьелъ гІамал гьабулеб букІана полициялъул бутІаялде жание, жиндирго клиенталъухъе щвезе. Амма полициялъулаз гьей гъуждулги кьурун рехун йиго къватІие. Гьелъул рагІабазда, жиндирго документал ва телефон нахъе босизе жинца гІамал гьабулеб мехалда полициялъулаз тІадеги цІикІкІун зулму гьабун буго.

МахІмадова Сапият, адвокат

МахІмадова Сапият: «Гьез цІидаса дун ккІуна кІиябго рахъалдаса ва речІана гІодой. Дир сахлъиялъе зарал ккана. Къокъаб заманалда дун лъавудасаги унцин йикІана. Полициялъулазул цІарал гьикъидал ва гІарз гьабизе бугин абураб мехалда, гьезул командирас буюр кьуна дун полициялъул бутІаялде ехъерхъеян абун.»

ГІолохъанай юрист рехун йиго жиндирго клиент жаний йикІараб камераялде. Гьениб гьелъ бахъун буго чанго сагІат.

Адвокат МахІамадова Сапиятиде кІвар буссинабулеб бугеб гІицІго гьей чІужугІадан йикІиналъ гуребги, гьелъ адвокатасул хІалтІи цІакъ хІалуцараб регионалда гьабулеб букІиналда банги. Гьединал лъугьа-бахъинал Дагъистаналда ва тІолабго Шималияб Кавказалдаги къанагІатаб жо кколаро.

МахІмадова Сапият: «Ихтиярал цІуниялъул ва къанунал тІуразариялъул процессалда цогидал юристазда ва низам цІунулезда гъорлъ ращадал ихтиярал ругел адвокатал руссун руго хІакъикъаталдаги гьужумал гьариялъул, тІадецуй гьабиялъул, хІакъир гьариялъул гІужазде. 20І0-ІІ соназда вахІшиго рухун вукІана щуго адвокат. Гьезда гъорлъан ункъгояй йикІана чІужугІадан. Киналго руччаби жидерго профессияоналияб борч тІубазабулеб мехалда низам цІунулел идарабазул хІалтІухъабаз рухана ва хІакъир гьаруна. Гьезда хурхун цогІаги ишалъул цІех-рех гьабичІо, цогІаги иш диваналде щвезабичІо. Дир ишалда хурхун абуни, дуни юхиялъул цІех-рех гьабиялъул бакІалда, хасавюрталъул жанисел ишазул бутІаялъ дидего данде рагьана такъсирияб иш, дица полициялъул ункъго хІалтІухъан вухиялъул. Дир комплекция бихьарал гІадамални гьелда тІад релъахъилацин рукІна.»

Цо-цо экспертазул пикруялда, гьединаб нахъе цере-балагьичІеб хьвада-чІваядиялде низам цІунулел ругьунлъун руго чачаназул экстремистазде данде къеркьолеб мехалда къануназде кІвар кьечІого тезе бегьулел шартІал рукІиналъ.

Цебесеб моцІалъул ахиралда Amnesty International абураб инсанасул ихтиярал цІунулеб гІуцІиялъ биччараб жиндирго ахирисеб докладалда загьир гьабулеб буго регионалда адвокатазде данде гьабулеб рагъалда хурхун ургъел. Гьелда абулеб буго адвокатал хІинкъизариялъул практика тІибитІараб иш кколин, амма Сапият МахІамадовалъул гІадал лъугьа-бахъиналги жакъа гІемерлъулел ругин.

Amnesty International гІуцІиялъул докладалъул авторазул цояв Денис Кривошеевас рикІкІунеб буго, адвокатаз гьабулеб хІалтІи нухмалъиялъеги данде кколеб гьечІин.

Денис Кривошеев: «ЦІакъ захІматго букІуна Шималияб Кавказалъул республикабазда нухмалъиялде дандечІезе. Юристаз гьеб гьабизе кколеб буго жидерго профессионалияб налъи тІубазабулеб мехалда. БукІине кколеб къагІидаялда гьезда щибниги гьабизе бажарулеб гьечІо, хасго гьез яргъид гІуцІарал къокъабазда гІахьаллъиялъул гІайибал жидеде гІунтІизабурал диваналда цІунулеб мехалда. Гьезде данде чІун буго цІакъ къуватаб система. Гьеб системаялъе цІакъ бокьуларо жинде данде чІолел чагІи».

Amnesty International гІуцІиялъ Шималияб Кавказалъул ва цоги регионазул низам цІунулезде гІайиб гІунтІизабулеб буго гьединго ризго аресталде гъоркье росарал мукІурлъизариялъул мурадалда гІазаб кьеялъул къагІидаби хІалтІизариялъул. ГІадамал рикъи, гьел кире ккаралали лъачІого тагІинари ва гьел чІвай къанагІатал хІужжаби кколарин, хъвалеб буго докладалъул автораз. Полициялъул рахъалъан гьединаб хьвада-чІвадиялъе къимат кьолел юристал, нухмалъиялда диваналъул системаялъул гаранталлъун гурел, гьелъие квал-квал гьабулеб, гьелде дандечІварал чагІи хІисабалда рихьулел ругин, риккІунеб гьез.

МахІмадова Сапият: «ТІоцебе адвокатал рухиялъул хІужжаби республикаялда къабул гьарулел рукІана сенсация хІисабалда. Амма дагьалъ хадуб гІадамазда гьел рихьизе байбихьана гІадатиял лъугьа-бахъинал хІисабалда. Погонал хурал такъсирчагІи тамихІ гьабичІого тей, гьеб буго, актерасе хъатІал кьабигІадин гІадатияб иш жакъа. Сон ниж чурукал рагІаби абун хІакъир гьарулел рукІун ратани, жакъа ниж чІвалел руго. Гьелегури чІвана гІолохъанав адвокат ГІумар СагІидмахІамадов. Гьес рачунел рукІана инсанасул ихтиярал хвезариялъул, гІазаб кьеялда, гІадамал рикъиялда хурхарал ишал. Узухъда, хасал хъулухъаз рухи-чІваялъул къагидаби хІалтІизари гуребги, рилъанхъазарулел руго гьанже инсанасул ихтиярал цІунулезул, журналистазул адвокатазул репутация, къимат-къадру хвезабиялъул къагІидабиги. Жал щалали лъаларел гІадамаз тІиритІизарулел руго чІвазе ракІалда ругел адвокатазул сияхІал ругел тІанчал.»

Гьединал мисалал хІисабалда докладалда бачунеб буго 20ІІ соналъул декабралда Гъабардагун Балкариялда ккараб лъугьа-бахъин. Гьенив полициялъул машина тункун захІматго лъукъун вуго адвокат. Амма гьеб авариялъул цІех-рех гьабизабизе бажарун гьечІо, адвокатасе чанго нухалъ хІинкъиял кьеялъул хІужжаби лъалел рукІаниги.

Гъоркьиса Дагъистаналда полициялъ чІвана адвокат ГІумар СагІидмахІамадов. Нухмалъиялъ лъазабуна гьев вукІанин яргъид гІуцІарал къокъабазул гІахьалчийин. Амма СагІидмахІамадовасул коллегабаз абулеб буго гьев мекъи чІванин ва гьеб кинниги къануналде данде кколеб къагІида кколарин. Гьединал пикраби загьир гьариялъе ва хІакъикъат батизе хІалбихьиялъе гІоло юристазул цояздеги тІадецуй гьабулеб бугин, лъазабулеб буго Amnesty International гІуцІиялъул хІалтІухъабаз.

Кривошеевас абулеб буго Шималияб Кавказалда адвокатазде данде гьабулеб зулму чІезабизе ккани, гьезул ихтиярал хвезарулел къватиял структурабазул хъулухъчагІазе тамихΙ гьабизе кколин.

Денис Кривошеев: «Россиялъул нухмалъиялъ чІезабизе ккола регионалда инсанасул ихтиярал хвезариялъул практика. Гьелда бихьизе ккола юристазе жидерго профессионалияб борч тІубазабизе ресал гьечІолъи. Юристал дандечІун руго бакІалъулаб системаялде. Нухмалъиялда тІадаб буго гьезие ва гьезул гІага-божаразе хІинкъигьечІолъиялъул шартІал чІезаризе. Адвокатазул ихтиярал хвезариялъул цере загьирлъарал киналго хІужжабазда бан гьабизе ккола ракІбацІадаб эффективияб цІех-рех.».

Сапият МахІамадовалдаги бажарун гьечІо полициялъулаз жийго юхиналда хадуб ритІухълъи батизе. Гьелъ гІарза кьун букІана инстанциязде. Амма гьелъ кумек гьабун гьечІо.

МахІмадова Сапият: «Гьанже дида ракІалда буго полициялъул хІалтІухъабазда бан рагьун букІараб такъсирияб ишалъул цІех-рех чІезабиялъул хІукмуялда хурхун гІарза хъвазе.

Гьеб кинабго цІакъго халалъана. ЦІех-рехалъул комитеталъ документазул копияби щвезе квал квал гьабулеб букІана. Цингиги, битІараб бицани, дирго хІалтІиги гІемерлъун буго, заман гІолеб гьечІо. Амма гьанже дица киналго документал ракІарана, дица гІарза кьезе буго гьеб цІех-рех чІезабиялъул хІукму хисизабиялъул. Дир хьулцин гьечІо гьез гьеб гьабизе букІиналде. Гьединаб ритІухъаб галиял хьулал рукІарабани, гьел полициялъулал жидерго хІалтІуда хутІулароан ва гьел жидерго хьвада-чІвадиялъе гІоло жавабчилъиялде цІазе рукІана церего.

Гьанжейин абуни, дида ракІалда буго россиялъул ситемаялда киналго инстанциязде щун, европаялъул инсанасул ихтиярал цІунулеб диваналде гІарза кьезе. Гьеб диваналдени дир гІарза буго. Амма гьанже дица гьенибе букІаралдеги тІаде информацияги жубан кьун хъвазе буго гьеб гІарза. Гьединаб къагІидаялда дица тІалаб гьабизе буго ритІухълъи чІезабизе."