ХарачIи росулъ унеб буго хасаб операция

АрбагI къоялъ Унсоколо мухъалда нахъойги контртерроралъулаб режим лъазабун буго. Аскарияз аслияб гьужум гьабулеб буго ХарачIи росдаде. Росдал гIадамазул рокъоре рачIун чIухь балеб бугилан абулеб буго гIадамаз.

ХарачIи росулъе аскариял рачIун руго лъабабилеб июналда радал хеккого ва гьелдаса нахъе росу сверун ккун бугилан абулеб буго нижехъе щварал баяназда. Росдада тIад рогьаралдаса нахъе вертолеталги ругин тирулел абулеб буго гьениса гIадамаз.

ТIубан Унсоколо мухъалда Контртерроралъулаб режим лъазабун буго сагIат анцIила цо тIубараб гIужалдаса нахъе. Республикаялъул Оперативияб штабалъ кьураб баяналда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъа балагьулеб буго низам цIунулез.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна ХарачIи росдал администрациялъул хIалтIухъан Зиявудинов Хадижалалилгун. Гьале гьес нижее кьураб баян.

Зиявудинов Хадижалал: «Росдал рагIалдаса бахъараб, киса-кибего кьвагьулеб жоялъул сасги буго, гIадамазул рокъоре рачIун чIухьги балеб буго, гьединго росдада аскIоб бугеб рохьорги руго гьел хьвадулел. Чанго рагъулаб техника, вертолеталги руго тIад сверулел».

ХIасил-калам хас гьабун щив валагьизе аскарияз ХарачIи росу сверун ккун бугебали Зиявудинов Хадижалалида лъалеб гьечIо. Информ алатаз тIибитIизабураб хабаралда рекъон гьеб росула 27 сон барав гIолохъанчиясда тIад рагьун буго такъсир гьабиялъул иш. Сириялда рагъулал тунка-гIусиязда гIахьаллъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго гьесде.