Росулъ жанибги байбихьун буго рокъо-рокъоре хьвадун низам цIунулез документазул хал гьабизе.
Унсоколо мухъалъул Балахьунибе рагъулаб техника битIиялъул магIна терроралда дандечIун хасаб операция тIобитIи бихьулеб буго бакIалъул гIадамазда. Амма гьелъул хIакъалъулъ официалияб куцалда бицен гьабураб бакI гьечIо терроралда дандечIараб Миллияб комитеталъул сайталда.
ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда бакIалъул гIадамаз бицунеб буго 8 апрелалъул рогьалилъ гьенир байбихьарал тадбиразул.
Балахьуниса гIадан: «Жакъа гьанибе бачIунеб бугеб техникаялъул лъугIел гьечIо. Бицун бажарулеб хIал гуро. Дир яц йикIана бицуней нухго гьечIеб бакIалде, гохIилъе, бахинабулеб бугоанила «Урал» машина… Дида лъаларо, кодоб таманча бугев чи гьаб росулъ жанив вугищалигицин».
Балахьуниса чи: «Радал сагIат анлъгоялдехун рачIана, нусгоялдаса цIикIкIун машина рехана гьанибе. Цинги вертолеталги рачIана – ункъо-щугониги. МагIардехун ана гьел киналго. Хадуб байбихьана рохь бухIизе. Эб свинабизе ине ресги кколароха нижер. Росулъ жаниб гьабулеб жо гьечIо. Паспортазул хал гьабулеб буго рукъ-рукъалъуре раккун».
ЭР: «Нужер гьенир цереги рукIана гурищ низам цIунулел?».
Балахьуниса чи: «РукIана, Нижний Новгородалдасайищали гIурусал. Гьанже батIиял руго. Нижер гьаниб рагъулаб бутIа гIадаб жоги рагьун, посталги лъун рагъулал хъулухъчагIи чIаралдасани кIигогIаги сон буго. Гьез хал гьабула росулъе жанире-къватIире рачIунел чагIазул. Хасаб операциялдехун бухьен букIунаро гьезул. Гьанже рачIарал чагIи тIубан батIиял руго. Гьелги Дагъистаналдасаго чагIи руго – магIарулалги цогидалги. ЦIакъго гIемераб техникаги буго – «Уралал», «Газелал» … Номерал тIад гьечIел машинабиги руго».
ЭР: «Бицунеб букIана рагъулал хъулухъчагIи нужер гьенире гурелги, Генуреги, Временноялдеги, цогидал росабалъеги рачIанилан».
Балахьуниса чи: «РукIана, анкьалъ цере – Генурги Майданскоеялдаги. Гьанире, Балахьунире, рачIун рукIинчIо… Нижехъе рачIунеб нухда буго кьодухъ лъураб пост. Гьанире рачIине ккани, бахине ккола ункъо пост...».
Хасал операциял тIоритIиялъулги гIадамал тIагIиналъулги рахъалъ гIемер рехсола Балахьуни росдал цIар. Масала, ахирисеб нухалда гьеб росдал цIар бахъун букIана исана февралалда тIагIарав гьениса ГIадалав ИсхIакъовасда хурхун. МагIарзулкъалазе операция гьабизе МахIачхъалаялде арав гьесулгун телефоналъул бухьен 17 февралалда къотIун буго. Каиралда цIалулев вукIанила гьев цо заманалда. РекIехъе Къуръанги лъалаанила.
Гьаниб цебехун бицухъе, кIиго сон бала гьениб паспортазул низам чIезабуралдасаги. Гьединго паспортазухъги балагьун гурони росулъе жаниреги къватIиреги риччалареб низам буго гьенир мадугьалихъ ругел цогидал росабалъги.
Белехьдерида аскIоса гIебеде рагъулаб техника бакIарулеб букIиналъул хIакъалъулъ баянал 30 марталдаго раккун рукIана. Гьедин 2 апрелалда низам цIунулез официалияб куцалда лъазабуна жидеца Унсоколо ва Хьаргаби мухъазда гьоркьоб контртерроралъул низам чIезабунин. РагIалде щванищ гьеб, щвечIищали мухIкан гьабичIо.